Коронавирус нахъе къалеб буго

 

    Коронавирусалде данде къеркьеялъул мурадалда гIуцIараб опе­ративияб штабалъ тIобитIана иргадулаб данделъи. Гьениб ДРялъул бетIер Сергей Меликовас рехсана вакцина гьабиялъул рахъалъ нахъе ккарал шагьаразулгун районазул цIарал. Гьединазда гъорлъе ккана МахIачхъала, Дербент, Избербаш шагьарал ва Гъуниб район. Рехса­рал муниципалитетазда щай гьединаб ахIвал-хIал бугебали бакIазде щун балагьизе, цIех-рех гьабизе республикаялъул нухмалъулес Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тIадкъана хасаб къокъа гIуцIизе.

   Къокъа гIуцIана ва тIоцебесеб сапар бухьана Дербенталде. Щиб гIиллаялда бан гьениб коронавирусалда данде вакцина гьаби нахъеккун бугебали нижеца цебеги бицун букIана. Гьал къояздайин абуни къокъа щвана гьеб рахъалъ хашал хIасилал ругеб Гъуниб районалде. ДандчIвана муниципалитеталъул нухмалъулев МудунхIажи Къадировгун, райбольницаялъул бетIерав тохтур МухIамад Шапиевгун ва Роспотребнадзоралъул территориалияб отделалъул начальник Заират ХIажиевагун.

   МудунхIажи Къадировасул рагIабазда рекъон, коронавирусалъул тIоцебесеб гьужумалдаса нахъе вакцина гьабиялда сверухъ хIалтIи районалда лъикI гIуцIун буго.

   — Гьеб рахъалъ ахIвал-хIал гьанжелъизегIан квеш букIинчIо. Лъаларо щиб ккарабали, амма ахираб заманалда вакцина гьабулезул къадар дагьлъун буго. Гьелъие гIиллалъул букIине бегьула бичIчIи бугел гIадамазги гьеб гьабун, кантIизариялъул хIалтIи дагьаб нахъеккун букIин. Гьелдаго цадахъ районалда бищун цIорораб заманалда токалда сверухъ букIана гъалмагъир. Гьеб рахъ рукIалиде бачIинабиялда тIад хIалтIулел руго. Гьединго росабалъ участковиял тохтурзабаз, имамзабаз ва бегавулзабаз тIоритIулел руго бичIчIикьеялъул тадбиралги, — ян абуна гьес.

   МухIамад Шапиевас бицана районалда гIемерал гIадамал коронавирусалъул «омикрон» тайпаялъ унтанилан.

   — Дир хIисабалда, вакцина гьабулезул къадар дагьлъиялъе гIилла ккола росабалъ хехаб къагIидаялда «омикрон» тIибитIи. Коронавирусалъ унтарав чиясе бащдаб лъагIалидаса гурого гьабизе бихьизабун гьечIо вакцина. Прививка гьабизе рачIунел дагьлъиялъе буго цоги гIилла. Гъуниб районалда прописка гьабурал чагIазул гIемерисез гIумру гьабулеб буго гIатIиракьалда. Нужецаго пикру гьабе, кинабгоги рехун тун вакцина гьабизелъун гьел гьанире рачIинищ? Руго гIадамал вакцинаялда данде чIаралги. Гье- диназда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабулеб буго гьоркьоса къотIичIого. ГIураб къадар вакци- наялъул районалъул больницаялда буго. Гьединго руго коронавирусалъ унтаразе дарабиги, — ян бицана бетIерав тохтурас.

  Гьесул рагIабазда рекъон, районалда коронавирусалда данде вакцина гьабун буго 10115 чияс (73,5 %), унтун больницаялда вегун вуго ункъо чи.

   Роспотребнадзоралъул территориалияб отделалъул нухмалъулей Заират ХIажиевалъ бицана Гъуниб районалда коронавирусалда сверухъ чIезарурал гIорхъичIваял ва санитариялгун эпидемиологиял тIалабал рукIине кколеб къагIидаялда цIунулел ругин.

    — Гьеб рахъалъ абизе рагIи гьечIо. Вакцинациялдеги кIвар кьолеб буго. БичIчIикьеялъул хIалтIи гьабизелъун нижер ва райбольницаялъул хIалтIухъаби щвечIеб росуго хутIун батиларо. Гьаниб гIумру гьабулел гIадамазул гIемерисез прививкабиги гьарун руго. Гьелъги батила унтаразул къадар къойидаса къойиде дагьлъулеб, ахIвалхIал роцIунеб бугеб, — ан бицана З. ХIажиевалъ.

Темирхан ХIасанов