Гриппищ, «Омикронищ» яги кIиябго цадахъищ?

Ковидалда сверухъ республикаялда ахIвал-хIал нахъеги хIалуцине байбихьана. Сордо-къоялда жаниб 150-200 унтаразул ахIиял къабул гьарулел руго поликлиникабазгун амбулаториялъулал сахлъи цIуниялъул идарабаз. Киналго унтарал жиндир заманалда больницабазде щвезаризелъун, по- ликлиникабазе тIадеги кьун буго цIияб автотранспорт. Гьединго боль- ницабахъ цIикIкIинабун буго койкабазул къадарги. Унтаразул рахъалъ бищун кIудияб къадар букIана араб гьатIан къо- ялъ, 23 январалда — 342 чи. Итни къоялде гьезул къадар гIодобе ккана 283 чиясде, амма ноябрь моцIалда цо сордо-къоялъ унтун рукIаразул къадаралда дандеккун гьеб тарихги кIудияб букIана — доб мехалъ сор- до-къоялда жанив унтун вукIана 210 чи. Гриппгун ОРВИ гIадал унтаби тIиритIулел рукIиналда бан, 24 ян- варалдаса байбихьун республикаялда цо-цо школазда лъазабун буго рокъосанго цIалиялъул низам. Мисалалъе, Буйнакск районалда киналго школал къан руго. Гьедин- го цо-цо школал къан руго Бабаюрт ва ЛъаратIа районазда. ТIуранго къан гьечIониги, бутIа-бутIа ккун рокъосанго цIалиялде руссун руго Гъизилюрт, Каспийск ва МахIачхъала шагьаразда, Новолак ва Нугъ- ай районазда ругел цо-цо школалги. ГIаммаб къагIидаялъ рокъоре къотIун руго 12 544 цIалдохъанги 2289 школалъул хIалтIухъанги ва 978 учительги. Дистанциялъулаб низамалде рачунел школазул къадар дагьабги цIикIкIине рес бугин абуна республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъ. Гьедин буго гьабсагIат иш гIодоблъиялда. МагIарухъ кинаб ахIвалхIал бугебали цIех-рех гьабун чанго районалдаса ахирисел баяналги ракIарана нижеца.

ЧIарада

— Нижер районалда гьабсагIат коронаялъ унтун больницаялда вегун вуго кIиго чи. Цебесеб анкьалъ вукIана лъабгояв. Амбулаторияб къагIидалъ ун- тун вуго 18 чи, цебе букIараб ахIвал-хIалалда дандеккун гьеб кIудияб та- рих кколаро. «Омикрон» абураб, коронавирусалъул цIияб штамм районалде жеги щун гьечIо, цо талихIалъ. ГIаммаб куцалъ абуни, гьабсагIат районалда чIара-хьараб хIал буго ковидалъул рахъалъ. Дару-сабаб гIураб къадаралда буго, лабораторияги кинабго хIажатаб къайи-цIаялдалъун хьезабуна, экс- пресс-тесталги хIалтIулел руго. ХIинкъизе ккараб хIал гьечIо. Щайин абуни микьго-ичIго чиги сордо-къоялда жанив унтарал хIужаби рукIана, гьанже Аллагьасе рецц гьабизе ккола, унти дагьаб гIодобцун букIиналъ. Гьалдаса хадубги хIалуцинареб батила. Унтуда дандечIеялъе нижецагоги хIалтIи гьабулеб буго. ГьабсагIат рай- оналда вакцина гьабун буго халкъалъул 71 проценталъ. Планалде босун букIараб къадаралда рекъон балагьани, гьеб лъик1аб хIасил ккола. Асли- яб къагIидаялъ вакцина гьабурал чагIи ккола бюджеталъул идарабазул хIалтIухъаби. Бищун гIемер вакцина гьабуна лъай кьеялъул хIалтIухъабаз — 91 процент. Бокьилаан гIолохъабазги гьелде кIвар кьолебани, вакцина гьа- буразда гьоркьор гIолохъанаб гIел дагьаб буго. Гьедин буго гьабсагIат ЧIарада районалда ковидалда сверухъ бугеб ахIвалхIал, — ан бицана райбольницаялъул бетIерав тохтур Къурбан Рамазанова

Гъуниб

Районалда гьабсагIат батIаго квешаб хIал гьечIо. Больницабазда вегун вуго ичIго чи. «Омикрон» штамм жеги районалде щун гьечIо. Щибаб къойил гIадин росабалъа ПЦР-тесталги ракIарула нижеца. «Омикрон» бугищгьечIищали циндаго лъазеги кIоларо. Анализал цин Москваялде ритIизе ккола, гьезул хIасил хадуб гурони лъаларо. Жалго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазда гьоркьорги положительниял тестал ратарал чагIи ругин абуна, тIокIалъ чIечIого вирус бугел чагIазда гъорлъ хIалтIулел ругелъул гьеб бахинчIого хутIилищха. ГIаммаб къагIидаялъ абуни, хIалуцин гьечIо районалда. Дару-сабабги къваригIарабщинабги буго, батIаго хIинкъизе ккараб хIал гьечIо, — ян бицунеб буго Гъунисан нижехъе щвараб баяналда.

Шамил

— Райбольницаялъул бетIерав тохтурасул заместитель ГIали ХIамзатовасул баяназда рекъон, араб рузман къоялъ, ай 21 январалда, гIамм гьабун рай- оналда унтаразул къадар букIана 80 чи. Амма, арбагI къоялде, ай 26 янва- ралда рачIарал цIиял баяназда рекъон, гьабсагIат 17 унтарав вуго стацио- наралда ва 112 чи — рокъор дару-сабаб гьабулезул. Гьезда гъорлъ 123 чиясул «Ковид-19» букIин чIезабуна анализаз. Гьаб ункъо къоялда жаниб унтаразул къадар цIикIкIун букIин бихьулеб буго. Ахирисел къоязда унтаразул къадар циндаго цIикIкIун бачIанин ва Гьолокь росулъ ругин бищун гIемер унтаралин абуна Г1. Х1амзатовас. Гьелдаго цадахъ вакцина гьабуразул къадарги цIикIкIана — 21 январалда 9294 чиясе щун букIана «Ковидалде» данде вакцина. 26 январалде гьеб гьабуразул къадар бахана 9543 чиясде.

ЦIалул идарабазда бугеб ахIвал-хIалалъул бицун ва сахлъи цIуниялде данде гьарулел ругел хIалтIабазул баян кьуна лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас. Щибаб къоялъ районалъул школаздаса информация бачIуна гьезухъе. ЦIалдохъабазул ва мугIалимзабазул мухъилъ ковидалъ унтарал гIемер гьечIин баян кьуна гьес, амма гриппалъ унтарал камулел гьечIо. 26 январалъ рачIарал баяназда рекъон, районалда 177 цIалдохъан унтун вуго гриппалъ. Полициялъул нухмалъулев М. ГьитIинамухIамадовас бицана районалда цIуна-къаялъул низам чIезабиялъе ОМВДялъ хIалтIи гьабулеб бугилан. Вакцина гьабураб QR-код гьечIого киналниги тадбирал гьукъун руго. Районалъул оперативияб штабалъ жамагIаталде хитIаб гьабулеб буго щивав чияс жидеего цIодорлъи гьабеян, цIа-кан бахарав чияс, унти балъго гьабичIого, рокъор чIун тохтурзаби ахIеян. Гьединго гьез гьарулеб буго цIикIкIун гIадамал ракIарараб бакIалде инчIого чIаян, рацIцIалъи цIунеян, кверал чуреян, дезинфекция гьабеян ва маскаби раян, — абун бицана Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул бет1ерай редактор ПатIимат МухIамадовалъ

ЛъаратIа

— ГьабсагIаталда районалда «Ковид-19» букIин чIезабун буго 74 чиясул. Гьезда гьоркьоса 14 сонил ригьалде щвезегIан ругел лъимазул ункъояв, 14- 18 сон баразул цо чи ва 18 сон баралдаса тIадехун ригьалъул унтун вуго 68 чи. Амбулаторияб куцалъ сах гьавулев вуго гьабсагIат 22 чи. Сах гьавун къватIиве виччана 50-яв. Больницабазда вегун вуго анкьго чи. ГьанжелъагIан унтаразда гъорлъ хварав чи ккечIо. Вакцина гьабун буго 12 937 чияс. Гьединаб баян щвана нижехъе ЛъаратIа райбольницаялдаса.

ЦIумада

— ГьабсагIат больницаялда вегун вуго щуго чи. Гьезул кIигоял ккола «Ковид-19» бугел, лъабгоял — пневмониялъ унтарал. ЗахIматго унтарал чагIиги гьезда гъорлъ гьечIин бицана райбольницаялъул тохтур-эпидемиолог МухIамад МухIамадкеримовас. Ковидалъ унтарал чагIи гьабсагIат районалда гIемер гьечIо, руго ОРВИ, грипп щварал гIадамал. Гьелги рокъосанго сах гьарулел руго. ЦIакъго хIалуцараб ахIвал-хIал районалда гьечIолъиялда бан, школал къан, рокъосанго цIализе кколеб низамалде рачIине ккараб хIал гьечIин абуна районалъул администрациялдаса нижехъе щвараб баяналда, — ян бицана «ЦIумадисезул гьаракь» газеталъул жавабияй секретарь Зульфия Сажидовалъ. Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул идарабаз халкъалде хитIаб гьабулеб буго цIодорлъи гьабейин, маскаби рачIого къватIире рахъунгейин абун. Кверазде ва гьурмаде пунхъулеб лъамалъи кодоса билизе биччагейин. «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазги киналго магIарулазе гьарула сахлъи. Тохтурзабаз рихьизарурал тIалабалги тIуралаго, цIунакъан рукIа. ЦIикIкIун ражи ва лимон кванай, гьалараб куракул лъим гIемераб гьекъе. Умумузго хIалтIизабураб щулияб дарман бугин, воре, рокъоса тIагIине биччаге. Унтизе чIоге, гьудулзаби.

Гьумер хIадур гьабуна Ашахан ЮСУПОВАС.