Дарабазул къварилъи гьечIо

Республикаялда коронавирусалда сверухъ ахIвал-хIал къойидаса къойиде хIалуцунеб бугин бицунеб буго тохтурзабаз. МагIарул цо-цо районазда гьеб тIибитIиялъул рахъалъ кинаб ахIвал-хIал бугебали цIех-рех гьабуна нижецаги.

Хунзахъ ЦРБялъул бетIерав тохтурасул заместитель Шарипат ХIамзаловалъул рагIабазда рекъон, Хунзахъ районалда коронавирусалъ унтаразул къадар дагь-дагьккун цIикIкIине лъугьун буго. Гьебги хIисабалде босун, Хунзахъ ЦРБялда 40 унтарав вегизе бакI гьабун буго.

«Жакъа больницаялда вегун вуго 32 унтарав. Больницаялда вирусалде данде ва цогидалги къваригIанщинал дараби чIезарун руго. Гьелдаго цадахъ, унтаразе хIажалъулеб кислородалъулги централизованияб къагIида гьабун буго, кислородалъул концентраторалги руго. Эпидемия байбихьаралдаса нахъе, кIудияб кумек щвана нижее администрациялъул рахъалдасанги. Гьединго «Инсан» фондалъги гIезегIан кумек гьабуна.

Коронавирусалдаса сах гьариялдаго цадахъ районалда вакцинаби гьариялъул хIалтIиги унеб буго. Вакцина гьабуна 7231 чиясе. Прививкаби гьаризе ниж хьвадула хъутабаздеги росабалъеги. Районалде вакцинаялъул 11020 доза бачIун букIана. ГьабсагIаталдаги нижер гьаниб буго лъабго батIияб вакцина. ГIодоркъоязухъ, байрамазухъ балагьичIого гьарула вакцинабиги», — ян бицана Ш. ХIамзаловалъ

 

Гъуниб

 

Гъуниб ЦРБялъул бетIерав тохтур МухIамад Шапиевас бицана:

«КIиго анкьалъ цебеги больницаялда коронавирусалъ унтарав 13 чи гурони вегун вукIинчIо. Коронавирусалда сверухъ ахIвал-хIал хIалуцун кIиабилеб анкь буго. Лъабго отделение рагьун букIаралъуб, кIигоябги къан цохIо отделение хутIун букIана. Гьебгицин къазе бегьилин кватIичIогоян абураб хьулалда рукIана ниж. Жакъа больницаялда вегун вуго коронавирусалъ унтарав 43 чи. Дарабиги гIураб къадаралда руго. БатIи-батIиял росабазул участкабазде щола ниж. Амбулаториял унтаразда хадуб кин хъулухъ гьабулеб бугебалиги хал гьабула. ГьабсагIаталда цо чIараб къагIидаялда буго унтаразул ахIвал-хIал. Цо-цо мехалда больницаялда гIоларого букIуна унтарал захIматго лъугьараб мехалъ хIажалъулеб цIакъ багьаяб кIиго препарат. Гьелъул цо дозаялъухъ 100-120 азарго гъурущ ккола. ЦIакъго, захIматго унтаразе гьабичIого гIоларо гьеб дару. Гьел дарабиги Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдаса гьоркьо-гьоркьор рачIуна больницаялде. БитIараб бицани, гъоркь рачIун рукIаралги лъугIун, гьеб захIматго унтаразе хIажалъулеб хирияб дару хутIун гьечIо гьабсагIаталда больницаялда. Гьелде ккезе рес бугел, захIматго унтарал кIигоял руго гьабсагIат. Нагагь гьеб багьаяб даруялде хIажалъиги ккани, гьебги больницаялда гьечIони, нижецаго гIарац бакIарунги тIалаб гьабула гьеб дару. Рес бугони, унтаразул гIагарлъиялъги абула жидецаги балагьилин. ТалихIалъ, гьединаб ахIвал-хIал къанагIат гурони букIунаро. Районалда карантин гьабизе ккараб хIалги гьечIо», — ян.