Медицинаялъул гIуцIабазе – 33 машина

 

  Дагьал церегIан къоязда республикаялъул медицинаялъул гIуцIабазе, хIажатабщинаб къайиялдалъун хьезабураб хехаб кумекалъул 33 автомашина кьуна. МахIачхъалаялъул, Каспийскиялъул ва республикаялъул цогидалги шагьаралгун районазул медицинаялъул гIуцIаби хIажатал автомашинабаздалъун хьезарулеб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, гьесул заместитель Мурад Казиев, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева.

 

  «Жакъа тохтурзабазе кумекалъе щвана хIажатабщинаб медицинаялъул тIагIелалдалъун ва аппаратаздалъун хьезарурал хехаб кумекалъул машинаби. Инсанасул гIумруялъе хIинкъи бугел минутазда гьев сах гьави гIемерисеб мехалда бараб букIуна хехаб кумекалъул хъулухъгун хIажатабщинаб дару букIиналда ва медицинаялъул лъикIаб техникаялдалъун хьезабиялда», ­ ян абуна Татьяна Беляевалъ.

  Исана апрель моцIалда Дагъистаналде вачIун вукIарав Россиялъул премьер-­министр Михаил Мишу- стинидехун Дербент шагьаралъул больницаялъул хIалтIухъабаз гIарз гьабун букIана гIураб къадаралда хехаб кумекалъул машинаби гьечIин шагьаралдаян. ХIукуматалъул бетIерас лъазабун букIана медицинаялъул къайигун цадахъ хехаб кумекалъул 16 машина босизе гIарац биччаян. Мишустинил тIадкъаялда рекъон, хехаб кумекалъул 16 автомашина кьуна Дербент шагьаралъул медицинаялъул гIуцIабазде. КIиго реанимобильги «В» классалъул хехаб кумекалъул кIиго автомашинаги ­ тахшагьаралъул, цо реанимобиль – Каспийскиялъул хехаб кумекалъул хъулухъалде кьуна.