Къурбан Рамазанов: «Пандемиялъул заманалда ЧIарада районалда цониги чи хвечIо ковидалъ»

 

          ЦIуриб больница балагьулаго, битIун гьелда аскIосан ун ратана ниж, гьеб районалъул нухмалъиялъул минаянги ккун. ТIадбалагьун, бокьараб районалъул администрациялдаса къураб жоги гьечIоан гьелъул. Амма нижги гIемерго мекъи ккун ратичIо – кидаялиго партиялъул райкомалъеян бараб мина букIун буго гьеб, хадуб больницаялъе кьураб.

      ТIубанго больницаялъе данде ккечIониги, жибго санагIатаб бакIалда, шагьраялдаса гъоркьехун ккола гьеб; къватIисанги жанисанги цIакъ къачIа-кIатIанги буго, гьечIоан больницабазда жаниб букIунеб цо гIадатияб махIги.   

      Гьелъул бетIерав тохтур Къурбан Рамазановги фейсбукалдасан хъвадарун гурони, жеги бал битIун вихьун вукIинчIо. Кутакалда гIаданлъи бугев чи ватилин ккана гьев, тIубараб коллективгун цадахъ нижеда дандчIвазе азбаралъув вахъун чIун ватидал.

         Цинги Къурбан Рамазановас газеталъе бицана больницаялъе цоги корпусги кIиго специалистги хIажат вукIиналъулги, ковидалъул заманалда жидеца хIалтIи гIуцIараб куцалъулги, больницаялъе квербакъулел меценатазулги, цогидалъулги.  

 

Баян:

   МахIачхъалаялда мединститут лъугIун хадув Къурбан Рамазанов тохтурлъун Псков областалде витIана. Гьедин 1981 соналдаса 1985 соналде щвезегIан гьев хIалтIана психиатриялъул больницаялда отделениялъул заведующийлъун, бетIерав тохтурасул заместительлъун, цингиги — больницаялъул бетIерав тохтурлъун. Псков областалде кIудияб хъулухъалде тIамулев вукIун, цевесев нухмалъулес жиндирго бакIалде Къурбан Рамазанов вихьизавула.

   Дагъистаналде гьев тIадвуссана 1985 соналда. Цинги ичIго соналъ хIалтIана ЧIарада ТМОялъул психиатр-наркологлъун. 1994 соналда Къурбан Рамазанов коллективалъ вищана гьеб ТМОялъул бетIерав тохтурлъун.

1997-2008 соназда гьес нухмалъи гьабуна районалда бугеб Госсанэпиднадзоралъул централъе.

2008 соналдаса нахъе Къурбан Рамазанов ккола ЧIарада районалъул больницаялъул бетIерав тохтур.

Гьесул руго ДРялъул мустахIикъав тохтур, сахлъи цIуниялъул отличник абурал цIаралги.

 

 

Долгострой

— Партиялъул райкомалъе бараб мина буго гьаб. Гьединлъидал больницаялъе данде кколаро гьаб проект. Гьоркьоса къадалги рахъун, чанги кабинетал цолъизаруна дица гьанир палатаби гьаризе.

     ГIезегIан соназ халатбахъинабуна гьаб базеги. Долгострой абула гьалда. Гьанибе биччараб цемент бакъулев ватун цо прораб (батIияб миллаталъул чи) жанивгицин тIамизавуна райкомалъул председателас. ЛъикIги-квешги, ниж гьанир жанире рахъана 1997-1998 соназда. Хадур нижеца тIаде рана поликлиника, инфекционный корпус. Гьеб корпус бан букIинчIебани, ковид тIибитIараб мехалда щибдай нижер ккелаанин вуго дун. Биххун тIатIала ккезе къачIан, цIад банщинахъе мокърукьбакI гIеккон, чияда сурараб куцалда букIана гьеб корпус. Гьеб мехалда кумек гьарун дун ана сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Иляс Мамаевасухъе. Гьес витIана экономикаялъул министрасул заместителасухъе, гъосги – цогидасухъе. Дун тIаса вихьизавулев гуро гьез вукIарав. ХIажатал документал ракIаризе тIамулев вукIана. Доб мехалда районалъул нухмалъулесдацин лъалароан дица инфекциялъул отделениялъе цIияб корпус базехъин букIин.

     ГьабсагIаталда нижер больницаялъе чара гьечIого къваригIун буго административияб корпус. Гьаниб цебе буго гьеб базе гIураб больницаялъулго ракьги. Гьеб бани, цIияб корпусалде рахъине бегьулаан больницаялъул нухмалъулел, бухгалтерия, касса. Гьелдалъун эркенлъилаан унтарал чагIи регизаризе тIадеги бакIалги.  

      Гьединлъидал районалъул нухмалъулев МухIидин МухIамадовасда дандги бан, нижеда ракIалда буго гьеб суал 21 июлалда борхизе – гьеб къоялъ ЧIарада районалде вачIине вуго ДРялъул бетIер Сергей Меликов.

— Камурал отделениял кинал ругел?

    — Киналниги гьечIо! Гьаниб буго 20 чи вегулеб терапиялъул отделение, 14 койкаялъе бакI бугеб лъималазул отделение, 16 койкаялъе гIураб хирургиялъул отделение, 18 чIужугIаданалъе бакI бугеб лъимал гьарулеб ва гинекологиялъе къваригIунеб отделение. Гьединго — 10 чи вегулеб инфекциялъул отделение.

     Гьелда тIадеги районалда буго ремонтал гьарун, къачIараб участкаязул ункъо    больницаги  кIиго амбулаторияги.

        ГIицIго хIажат буго Сачадаги Хитабги фельдшерлъиялъул кIиго пункт базе. Сачада бухIун букIана гьеб пункт.

 

ХIажат вуго анестезиолог-реаниматолог ва хирург

           Тохтурзабазул рахъалъ абуни, дие хIажат вуго анестезиолог-реаниматолог ва хирург. Гьанив вукIана кутакалда лъай бугев хирург (дир заместительги кколаан гьев), Хьаргаби районалъул больницаялде бетIерав тохтурлъун тIамуна гьев гъоркьисала.

     Гьесул бакIалда хирурглъун гьанже гьанив гIолохъанчи, дирго дурц вуго. Амма цохIо чиясухъа бажарулеб жо букIунаро тIубараб районалда гьеб хIалтIи. Цогидаб махщалил анцIго тохтур гьечIониги тIувалин ккола дида, цохIо хирург гьечIого хутIизегIан. Гьединлъидал хIалбихьи бугев хирург ватани, нижеца хIалтIуде восилаан гьев. Хъизан-лъималгун цадахъ жанир чIезе бакIги кьела, цогидаб кумекги гьабила.  

   «Земский доктор» абураб программаялда рекъон хIалтIизе рачIарал гIезегIан васал-ясал руго нижер больницаялда. Амма хирургал гьечIо гьезда гьоркьор.

    Байбихьуда, битIараб бицани, цо-цоязда дир ракIчIолебги букIинчIо. Амма дагь-дагьккун тIубанго хисана гьел, цоцаздаса мисал босун хIалтIизе журана. МоцIрое щолеб харжил гурони ургъел букIунарилан, цо-цо больницабазул бетIерал тохтурзабазе бокьуларо гIолохъанал махщелчагIи хIалтIуде росизе. Щиб жо лъалел чагIи гьелилан, кверги хьвагIун тола. Амма дида гьезул цониги чияс гьикъичIо жидее кигIан гIарац щвезе кколебилан. Жидедаго малъараб ва тIадаб жоги гьабун, парахат чIола дир нервабиги хвезаричIого.

   Кутакалда лъикIаб коллектив буго гьаниб. Дида ракIчIун лъала гьез киданиги унтаразухъа ришват тIалаб гьабизе гьечIолъи, жидерго хасал мурадаздасаги цебе хIалтIул ургъел гьабизе букIин. Цоцаздехун яцал-вацазул гIадаб бербалагьи буго гьазул. Я гьекъолев, яги хъалиян цIалев цониги чиги гьанив гьечIо. Дин гьабулел, чанцIулго хIежалде щварал чагIи руго гIемерисел. Дунгоги 12 нухалда щвана хIежалде. Гьединлъидал коллективалъеги унтаразеги как балеб бакIги гьабуна больницаялда.

Цоги мисалги бачинин.

   РАНалъул член-корреспондент, медицинаялъул гIелмабазул доктор, Москваялъул урологиялъул институталъул директор Олег Аполихин вачIун вукIана нижехъе моцIалъ цеве. ЧIарада район гIуцIаралдаса гьаниве щварав тIоцевесев академик ккола гьев. Аполихинида цадахъ рукIана церетIурал Москваялдаса тохтурзабиги. Районалъул гIадамазул хал-шал гьабулелъул гьезда цадахъ нижер больницаялъул тохтурзабиги рукIана. Дирго хIалтIухъаби реццулеб мех гуро, амма Аполихиница гьезие кьураб къиматалъ кутакалда асар гьабуна дие. Жив улкаялъул гIезегIан регионазде щолила, амма ЧIарада районалъул больницаялда гIадаб дандчIвай жиндие кибниги гьабичIилан абуна гьес.

— Хас гьабун нужехъе щай гьев академик вачIун вукIарав?      

  — «Мужское здоровье» абун федералияб проект буго Аполихинил квербакъиялдалъун билълъанхъизабулеб. Гьелъулъ гIахьаллъана нижги. Цереккун академикги гьесул къокъаги ун рукIана Сергохъала, ЛъаратIа, Болъихъ, Хунзахъ районазде.

  Гьедин Москваялъул тохтурзабаз цадахъ бачIана урологиялда хурхарал суалалги ругеб азаргониги анкета. ГIадамаз гьезие кьурал жавабаздасан тохтурзабазда бихьулеб букIана кIварщумахъалда бараб унти лъил бугеб-гьечIебали. Азарго анкетаялда гьоркьоса нижеца тIаса бищана 316 анкета. 40 сонил ригьалдасаги арал, урологиялъул унтаби загьирлъизе рес бугел чагIи ккола гьел. Росабалъе хьвадун, гьев 316 чиясе УЗИ гьабуна нижеца, биги бахъана. Республикаялъул урологиялъул централъул бетIерав тохтур Дибир ХIажиевас МахIачхъалаялдаса эхеде бачIун букIана гьеб УЗИ-аппаратги (нижер куратор ккола гьев).

  Гьезда гьоркьоса 18 чиясул чорхолъ тIатинабуна гьанжего-гьанже багъаризе хIадурулеб батараб онкология. Заманалда кквезе щвани, кьолболъанго тIагIинабизе бегьулелъулха гьеб унти.

  Гьединго нижеца хIисаб гьабуна гьел чагIазул щал районалдаго сах гьарилел, щал МахIачхъалаялде Дибир ХIажиевасухъе яги Москваялде Олег Аполихинихъе ритIилелали.

    Гьеб кинабго хIалтIи гьабуна чIобого.

— Гьадинаб бацIцIадаб тIабигIаталда гIумру гьабулел нужер гIадамазулъ онкология щайдай батулеб?

    — ЧIарада, Кули, Лак, ЛъаратIа районал рикIкIуна гIадамал бищун гIемер онкологиялъ унтулел бакIаллъун.

— Бицуна советияб заманалда гьел районазда рукъун рагIулин ураналъул хутIелал. Гьелда бараб жо бугодай гьеб?

    — Лъаларо, амма цIа бакаралъуб гурони кIкIуй бахъунарин абулаха.

 

«Унтана, амма хIалтIуда чIана»

— Ковидалда дандечIезе цIакъго захIмалъанищ, гьелъ унтарав чан чи вукIарав районалда?

     — Гьелъ унтиялда щаклъи ккарав 496 чиясда гьоркьоса 280 чиясул ковид букIин чIезабуна. Республикаялъул даражаялда босани, нижер районалда ковидалъ тIоцевесев чи унтана киса-кибго лъугьунеб жо лъугьун бахъиндал, бищун ахиралда. Гьебги гьаниве зигараялъ щварав шагьаралдаса чияс босун бачIана.

  Гьединлъидал дихъе МахIачхъалаялдасан ахIунгицин бачIана нужер районалда унтарав чигойищдила гьечIев, дуца балъго гьабулеб батилила гьеб. ВукIинчIеб мехалда кисаха дица унтарав вахъилев.

   Сергохъалаялъул больницаялъул бетIерав тохтур ккола дир курсцояв. Гьединлъидал гьалмагъ хIисабалда дихъе кIалъан вукIана гьев жидер больницаялда тIубан инфекциялъул отделениялъул хIалтIухъаби унтун ругила, гьединлъидал нужер гьениса цо чанго тохтур витIиларищилан. Амма доре-гьанире нижерго хIалтIухъабиги ритIун, хадуб гьаниб щиб ккелебали лъалеб букIинчIелъул. Гьезул надалда хъван букIунарелъул жал ковидалъ унтун ругилан. Масала, тIоцевесев унтарав вукIана нижехъе панкреатитги багъарун вачIарав чи. Хадуб гурони лъачIо гьесулъ вирусги букIин.  

   Нижеда мадугьалихъ районаздани кутакалда хIинкъараб хIал лъугьун букIана гьеб мехалда. Къойилго холел рукIана гIадамал. Амма ЧIарада районалда цониги ккечIо ковидалъ чи хвараб хIужа. Цо рахъалъ, Аллагьасул хъвайги букIинарищ гьединаб. Цогидаб рахъалъ босани, инфекциял тIиритIунгутIиялда хурхун гьабулеб хIалтIи нижер гьаниб битIун гIуцIун букIана. ГIемер букIуна гьелда бараб жо. Санэпидстанциялда хIалтIулеб мехалда щвараб хIалбихьиги батила дие гьеб.   

     Дица лъазабуна тIадагьаб куцалда унтарал чагIи рокъо-рокъор сах гьареян, гьоркьохъеб куцалда унтарал – участкаязул больницабазда регизарейин. Райбольницаялде раччана гIицIго захIматал унтарал. Гьел гурони къабулги гьаричIого, цогидал унтабаз унтаразе  къазе ккана больница.

      Гьелда тIаде тохтурзаби къойилго хьвадулаан щибаб рокъореги (цо тохтурги кIи-кIи медсестраги ругеб анкьго бригада букIана гьеб). ЦIа свинабулезул машинаялъ речIчIизабун, тIокIалъ чIечIого дезинфекция гьабулаан къватIазе, гIадамал ракIарарал бакIазе. ГIорхъичIвай гьабулеб букIана районалде рачIунел машинабазеги.

    Республикаялда абуни батIияб къагIида букIана гIадамал больницабазда регизариялъул. Дагьа-макъалго унтаралги захIматаб хIалалда ругелги журазеги гьарун, ахиралда бакIалги гIоларого хутIун рукIана больницаби. Гьелъ рихха-хочизарун рукIана тохтурзабигицин. Гьединлъидал хIалтIизе инкар гьабурал медикалги ккана цо-цо бакIазда. Нижер больницаялда абуни цо чигицин тIуркIичIо. Масала, ункъайго медсестра унтана гьеб мехалда. Гьел хIалтIуда чIана. 

     Гьединго ТIалхIатова Асият абун инфекционистка йиго нижер. Гьей жийго унтана гьаний. Гьелъул эменги вукIана гьеб мехалда гьанив вегун. Амма кигIан нижеца рокъое айин абуниги, хIалтIи рехун течIо гьелъ. Гьабулаго жиндиего дару-сабабгун хIалтIулей чIана. Гьелъул рокъоб абуни гьитIинаб лъабго лъимерги букIана. Зама-заманалдасан дида кколаан моцIаца рихьулел лъималги гьечIин жинда, сваканги йигин, дагьаб мехалъниги жий рокъое йиччаян гьаризе Асият ячIани, щибдай дица гьабилаян.

     Амма цониги нухалъ хIалбихьигицин гьабичIо гьелъ нахъе ине. Гьарарабани, йиччазеги кколаан. Гьеб мехалда гьелъул хIалтIи гьабизе чи валагьизе кколаан. Киса щал ралагьилел рукIаралалиги лъаларо. Больницаялъул медперсоналги сунца квер балелали лъаларого рукIана байбихьуда. ЦIияб вирус букIиналъ инфекционистка Асиятгицин байбихьуда жеги гъорлъе ккун йикIинчIо. Сах гьариялъул къагIидаби хисизареян зама-заманалдасан кIалъан рачIунаан министерствоялъул хIалтIухъабиги. Гьанже гьеб рахъалъ лъикIаб хIалбихьи щвана Асиятие, гьединго нижер цогидал хIалтIухъабазеги.

Меценатал

     Амма гьазие чIезарулел шартIаздаги кьолеб жоялдаги дунги барахщичIоха. Кумек гьарун инчIеб бакIги дун кIалъачIев чиги хутIун ватиларо. Доб мехалда дир кабинет дарабазул кьабун цIун букIана. Дербенталъул мэрлъун вукIарав Хизри Абакаровас тонна дезрастворалъул битIун бачIана  нижее. Цо млн-гун 270 азарго гъурущ бачIана меценат МухIамад Мусаевас. Гьеб гIарац нижеца бикьана больницаялъул хIалтIухъабазе. Инфекциялъул отделениялда хIалтIаразе дагьаб цIикIкIун кьунаха.

      Дарабиги медицинаялъул къайи-цIаги гIолеб гьечIилан республикаялдаго ахIи-хIур бахъараб мехалда нижер гьаниб гьеб гIунги-тIокIги букIана. Масала, ИВЛалъул аппарат букIана цин анкьго. Гъоркь букIараб щугоялда тIаде цо гьеб кьуна ДРялъул ХIисаб гьабиялъул палатаялъул нухмалъулев Билал ЖахIбаровас, цогидаб – сахлъи цIуниялъул министерствоялъ. ГьабсагIат СИЗазулги (средство индивидуальной защиты) саламатаб нахърател гьабун буго нижеца, нагагьлъун цIидасан додинабго къо тIаде бачIани, гьардезе ине ккечIого рукIине.   

    Киданиги ниж рехун толарев чи вуго Дербенталъул чогърол заводалъул гендиректор МухIамад Садулаевги. Бищун захIматал 1990 абилел соназда рикIкIунго рикIкIун миллионал кьолаан гьес нижее. Нужерго больницаялъе бокьараб жо босеян гьел соназда  10 млн гъурущ кьун букIана. Доб мехалда улкаялдаго язихъаб хIалалда рукIана больницаби – макърал шприцалгицин къанагIатал жал рукIана. Цогидал сферабазе бикьун бахъун ахиралда гIарац хутIани, бихьизабулаан медицинаялъеги мукъсанабго гIарац. 

Гьанжени тIубан батIайисан хисана медицинаялдехун хIукуматалъул бербалагьи.

— Ковид тун батIиял унтабазул бицани, районалда бищунго кина-кинал гIузраби цIикIкIун ругел?

   — РекIелгун бидурихьазул унтаби. Цо рахъалъ, гьел загьирлъулел ратила гьанже пачалихъалъ диспансеризация гьабизе тIамулел рукIиналъги. Цогидаб рахъалъ босани, стрессалги гIемерлъун гьечIищха нилъер гIумрудулъ.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.