Ковидалъул лъабабилебги карачел

 

   Коронавирусалъ нахъеги кьаби щвезабизе байбихьана. Унтаразул къадар къойидаса къойиде гIемерлъулеб буго. Тахшагьаралъул больницабазда койкабазул къадарги цIикIкIинабуна. Ковидалъул лъаб­абилебги карачелалъ ахIвал-хIал хIалуцинабизе квер бана.

    21 июналда Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас лъазабуна мажгитахъ тIоритIулел тадбирал, гьединго хабалахъе гьарулел зияратал гьукъулел ругилан. Гьелдаго цадахъ гIорхъичIваял лъазарун руго 150-ялдаса цIикIкIун чи вугел данделъабазеги. Бертаби, гIодорчIеял ва гьел гурелги ихтилат-кепалъулал тадбирал тIоритIугеян абулеб буго Роспотребнадзоралъ. Амма гьезул ахIиялде гIинтIамуларел гIадамал дагьал гьечIо. Социалиял гьиназда руго гьанир-дора тIоритIарал бертабаздаса роликал.

  18 июналдаса байбихьун хIалтIуде рачIунгеян лъазабуна 65 сонил ригьалдаса тIаде арал чагIаздаги.

   22 июналда республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ тIадкъай кьуна МахIачхъала ва Хасавюрт шагьаразул больницабазда койкабазул къадар цIикIкIинабеян. Мисалалъе, МахIачхъалаялъул клиникияб больницаялда тIадеги лъун буго 166 койка. Хасавюрталда унтарал къабул гьаризе руго шагьаралъул аслияб Р. П. Аскерхановасул цIаралда бугеб больницаялъ. ГIаммаб куцалда республикаялъул больницабазда хIадурун буго 2313 койка.

    ХIажимурад Маллаевас нухмалъи гьабулеб МахIачхъалаялъул № 1 больницаялъги бищун цебе гIадин лъазабуна жидецаги койкабазул къадар цIикIкIинабунилан. Гъоркьиса пандемиялъул хIалуцин бугеб мехалъ, бищун гIемер унтарал къабул гьарурал больницабазул цояб букIана гьеб.

  ГьабсагIат гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ нижее бицана бетIерав тохтурасул кумекчи Исрапил Исрапиловас:

  — Нижер больницаялда вуго ковидалъ унтарав 846 чи. ЦохIо араб анкьида жанив 546 чи вачIана гьениве. 22 июналдаги 84 чи къабул гьавуна больницаялъ. Реанимациялда вегун вуго 23 чи, унтаразда гъорлъ йиго лъимаде йигей 9 чIужугIаданги. Республикаялда ахIвал-хIал хIалуцунеб буго къо бахъанагIан. Араб соналде дандеккун балагьани, исана унтаразда гъорлъ гIемерлъулел руго гIолохъаби. Мисалалъе босани, гьел ккола 1995-1996 соназда гьарурал.

— Араб соналде дандеккун балагьани, исана унтул хIалуцин цIикIкIана битIун багIарараб риидалил заманалда. Нужер пикруялда, щай гьедин ккараб?

  — ЦIуна-къаялъул тадбирал гьареян кигIан тохтурзабаз ахIи баниги, гьелде гIинкъаблъун хутIана нилъер халкъ. Маскаби рачIо, кверазде пун- хъизабулеб лъамалъи хIалтIизабичIо, данделъаби гьаруна, бертабалъе ана. Къокъаб хIасил, агъаз гьечIолъиялъ бачана халкъ гьабсагIат лъугьун бугеб ахIвал-хIалалде.

— «Индиялъул штамм» абун цIар бугеб коронавирусалъул цIияб тайпаги щун буго республикаялде…

   — ХIакъикъаталдаги, республикаялде «Британиялъул» ва «Индиялъул штамм» абураб кIиябго гIузру щун букIин уяб жо буго. ГьабсагIаталда «Британиялъул штамм» ковидалъ унтаразул щуго ва «Индиялъул штаммалъ» унтаразул 9 чи вугин республикаялдаян бицана 22 июналда Сахлъи цIуниялъул министерствоялда. Цебе букIаралде дандеккун, гьеб кIиябго вирус цIакъго рекIкIаб бугин абула тохтурзабаз. Мисалалъе, кIиго къоялда жаниб цIакъго захIматаб рахъалде сверун, квешаб бакIалде ккезабулеб буго гьелъ унтарасул ахIвал-хIал, — ин бицана И. Исрапиловас.

    Республикаялда ковидалда ва вакцина гьабиялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицана 22 июналда «Черновик» газеталъул редакциялда тIобитIараб данделъиялдаги. МахIачхъалаялъул №1 больницаялъул бетIерав тохтур ХI. Маллаевасги, республикаялъул Аграрияб университеталъул ректор, вирусолог Зайдин Жамбулатовасги, гьединго республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул хIалтIухъабазги гIахьаллъи гьабуна гьениб. АхIун рукIана журналисталги. Данделъиялъул гIахьалчагIазул рагIабазда рекъон, вакцина гьабизе халкъалъ инкар кквеялъги буго гьабсагIат республикаялда ахIвалхIал хIалуцун. Статистикаялде балагьани, вакцина гьабурал пачалихъазда ковидалъ хваразул къадар дагьаб буго. Мисалалъе, ГIизраилалда халкъалъул 70 проценталъ прививка гьабуна унтуда данде, гьениб ахIвал-хIалги гIодобе биччараб буго.