Вакцина гьабулеб буго

 

     Ковидалъул вирусалде данде вакцинация гьабиялъул хIалтIи тIадбан унеб буго Гъизилюрт шагьаралдаги. Гьелъул хIакъалъулъ нижее бицана шагьаралъул больницаялъул бетIерай тохтур ПатIимат Шабановалъги, гьелъул заместителал Салимгерей Салимгереевасгун ГIалиасхIаб Гьи- матовасги, терапевт ПатIимат Шамсудиновалъги. Гьез бицухъе, вакцина гьабилалде цебе цин хал гьабулеб бугеб щивав чиясул чорхол хIалалъухъ. Гьеб гьабиялъулги буго кIиго бутIа. ТIоцебесеб вакцина гьабун 21 къо индал гурони гьабизе бегьуларо кIиабилебги вакцина.

     Жакъа къоялде Гъизилюрталда вакцина гьабун буго 245 чиясе. Аслияб къагIидаялда гьел ккола медицинаялъулал идарабазул, школазул, ясли-ахазул, шагьаралъул ва районалъул администрациязул хIалтIухъаби. Гьединго халкъал­ да гьоркьор гьарулел руго бичIчIи­ кьеялъулал хIалтIабиги.

    Вакцинаялъ цIикIкIинабула иммунитет. Гьелъ квербакъула унтаразул къадар дагьлъиялъеги. Гьединлъидал гьелдаса хIинкъизе кколаро.

    Вакцина гьабизе бокьарал рачIине бегьула шагьаралъул поликлиникаялде яги гьеб гьабизе шартIал чIезарурал цогидал бакIазде.

    ГIалибег САЛАВАТОВ