«Ярагьунарел тохтурзаби нилъер гьечIо» Медицинаялъул «Хехаб кумекалъул» вакилзабазулгун пресс-конференция

 

    1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тIоритIана Дагъистан республикаялъул къоял.

Цогидазда цадахъго, нилъер гьаниб медицинаялъул «Хехаб кумека­лъул» хIалтIи лъикIлъизабиялъул суалги борхана гьениб.

    Гьелда бан 1 марталда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда гIахьаллъи гьабуна «Медицина катастроф» абураб централъул нухмалъулесул заместитель МухIамадрасул Зиявудиновас.

    Гьесда цадахъ гьенире рачIун рукIана рехсараб централъул хIалтIухъан Артур Даххаев, санавиациялъул тохтур Давид Учуев, Дагъистаналъул медицинаялъул университеталда бугеб «Хехаб кумекалъул» факультеталъул кафедраялъул нухмалъулев Элдар Минкаидов.

 

    ГIОЛОХЪАБИ ЦIА ГIАДАЛ, ХIАЖАТ РУГО КИДАГО

 

     МухIамадрасул Зиявудиновас бицана, бокьараб цогидаб хIалтIул бакIаздаго гIадин, «Хехаб куме- калъул» хъулухъалъулъги гIемерал захIмалъаби ругин. Амма ахираб кIиго-лъабго соналда жанир лъикIал хиса-басиялги кканила жидер хIалтIулъ. Мисалалъе, лъалаго роцIцIун буго хIалтIухъабазе хIажатаб сурсат, хасаб ретIел-хьит чIезабиялъул суал, щун руго «Хехаб кумекалъул» цIиял машинаби. ЦохIо тахшагьаралда гуребги, мугIрузул районазда ругел гьезул станциязеги щун руго гьел.

     — Амма кIвар буссинабизе ккараб суал буго жакъа «Хехаб кумекалъул» хъулухъ лъикIал, махщел бугел хIалтIухъабаздалъун хьезаби. Хасго гьеб рахъалъ квешаб хIал бугин абизе бегьула рикIкIада ругел росабалъ, гьединго районазда гьоркьор ругел «Хехаб кумекалъул» станциязда. Медуниверситетги лъугIун гьенире хIалтIизе унезул къадарги кIудияб гьечIо. Щайин абуни, жакъа гIемерисезе бокьулеб гьечIо гьединал бакIазде хIалтIизе ине. Щайгурелъул гьенир тIалабал цIакъ кьварарал руго ва кинавго чиясухъа гуро гьеб хIехьонги бажарулеб, — ин бицана М. Зиявудиновас.

     Гьеб рахъги хIисабалде босун, церегоялдаса нахъе «Хехаб кумекалда» хIалтIулел, гьанже ригьалде рахарал гIадамалцин чIезарун ругин жидеца хIалтIудаян бицана гьес.

    «Хехаб кумекалъул» шоферзабазул хIалтIуе кинаб къимат дуца кьолебин цIехана гьесда журналистаз. ГьедигIанго беццизе ккараб хIалалда гьечIониги, ахираб заманалда гьеб рахъги мухъде бачIун бугин жаваб кьуна Зиявудиновас. Жакъа кинавго чи рулалда нахъаги вугеб, машинабаз занкIун цIурал шагьаразда гIунгутIаби камун хутIулел гьечIин жидер хъулухъалъул шоферзабигиян тIаде жубана гьес.

    Санитарияб авиациялъул тохтур Давид Учуевас бицухъе, 2020 соналъ 185 роржен гьабун буго гьез унтарал гIадамазухъе. Больницаялде щвезавун вуго 256 чи, гьездаго гьоркьоб — 26 лъимерги.

 

     ЧИЯРАБ БЕРЦИН БИХЬУН, НИЛЪЕРГО ЛЪИКIАБ КIОЧОН

   

    «Хехаб кумек» ахIизе бегьулел гIузрабиги батIи-батIиял рукIунин бицана МухIамадрасул Зиявудиновас.

    — Квеш ккараб жо буго пачалихъалда цебе букIараб лъикIаб къагIидаги тун, жакъа бакътIерхьул улкабазул мисалалда рекъон хIалтIулел рукIин.

     Щивав чиясул къаркъалаялъул гIуцIи цого бугилан кканиги, унтуда данде къеркьолеб хасият щивав чиясул батIи-батIияб букIуна. Цоясе данде ккараб дару-сабаб цогидасе ккечIого букIине рес буго. Гьеб рахъги хIисабалде босулаан цебе.

 

     Гьанже абуни, кIиго чи цого къоялъ, цого заманалда унтун «Хехаб кумек» ахIани, кIиязего гьабизе цого дару бихьизабун буго. Гьеб лъикI гьечIо, — ян абуна Зиявудиновас.

 

    ЦЕБЕСЕБ ГIЕЛ ЦIАЛИЗЕ ГЪИРА БУГЕБ БУКIАНА

 

    Пресс-конференциялда рукIа­ разул цояс гьесда гьикъана дурго хIалтIухъабазул махщалидаса рази вугищ мунилан.

     — ТIуванго гьездаса рази вугин абуни, нужги божизе гьечIо, гьебги гьереси букIина. Бокьараб цогидаб бакIалдаго гIадин, нижер хъулухъалдаги руго гьеб рахъалъ гIунгутIаби. Жакъа «Хехаб кумекалде» хIалтIизе рачIунел гIолохъанал тохтурзабазул гIемерисел руго жидерго цо хасаб пикруялъул, гIамал-хасияталъул гIадамал. Диейин абуни, гьездасаги, советияб медицинаялъул школалъ куцарал тохтурзабигун хIалтIизе бигьа букIуна. Гьединлъидал цIакъ рекIекълъула, битIараб бицани, дир кьералъул хIалтIухъаби мустахIикъаб хIалхьиялде унеб мехалъ. Гьезул чангиязда гьаризецин гьарула, исанаги инчIого чIайин, нужер махщел цIакъ хIажат бугин абун.

Киназдаго ракIалда батила, араб гIасруялда нилъер республикаялъул мединституталъ къватIире риччалел махщелчагIазул букIараб къимат. Махщалил даражаялъул рахъалъ тIубараб союзалдаго ункъабилеб бакIалда рукIана нилъ. Щайгурелъул доб мехалъул гIел цIализе гъира бугеб букIана. Дунги, дир курсцоялги кидаго рукIунаан цIияб тIехь бала- гьулел, цо щиб букIаниги цIияб жо тIаде лъазе кIвелародайилан къеркьо- лел. Бахчиларо, жакъаги хIалтIудаса рокъове щун хадубги чанго сагIат дидаго тIад хIалтIизелъун хвезабула дица. Гьанжесеб гIел гьединаб гьечIо, гьезие цIалдезе бокьуларо. Гьанже кинабго баян интернеталда, гад- жетазда, смартфоназда букIиналде ругьунлъун, гьелда гIей гьабун чIун руго гьел, — ин рикIкIунеб буго МухIамадрасул Зиявудиновас.

     Амма бугониги, ахираб кIиго соналда жаниб гьеб рахъалъги иш лъикIлъулеб бугин тIаде жубана гьес хадубги. ГьабсагIат мединституталда цIалулезда гьоркьор дагьал гьечIо жидерго лъай бечед гьабизе бокьарал гIолохъаби.

     — Нилъ киналго ругьунлъун рукIана, Дагъистаналъул мединститут лъугIарал гIолохъаби, хIалтIи тIалаб гьабун жидехъе раккугеян, Россиялъул шагьаразда игIланал чIван ругин абураб хабаралде. Амма гьел рукIана гIадамаз ургъунго риччарал хабарал.

     Гьедин хIисаб гьабуни, гьелго тIалабал Россиялъул цогидал регионазда цIаларал тохтурзабаздеги рухьинаризе бегьулаан. Гьезулги махщалил даража нилъераздаса цIакъаб букIинчIо. ГьедигIанго ярагьунарел сахлъи цIуниялъул хIалтIухъаби рукIинчIо ва жакъаги гьечIо нилъер. Гьезул чангиял жакъаги Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда, медицинаялъул идарабазда дарсал кьолелги руго, — ян бицана М. Зиявудиновас.

 Ашахан ЮСУПОВ