НигIматазул ах гIадинав

ГIамал-хасияталъги, гьабулеб хIалтIи-ишалъги гIемерисел лъимал эбел-инсуда релълъарал рукIуна.

Гьаниб бицен гьабулев НигIматулагьил эмен ХIажилмухIамад вукIана кутакалда гIадамазулъ восарав, ихтилат-кеп бокьулев, росулъ щиб кканиги, тIоцеве гьениве вортулев чи. Гьесулъ букIана цо батIияб жигарчилъиги, гьабулеб-толелъе хехлъиги, дуруслъиги. Бертаби-туязулъги, жамагIаталъул данде-лъабаздаги гьев вищулаан тамадалъунги тадбир нухда бачуневлъунги. Керен цIурал орденал-медалалгун вуссана гьев рагъдаса. Разведкаялда вукIун вуго гьев. 

Инсудаго релълъарав вуго НигIматулагьги. Школалда цIалу-лагоги, студентлъун вугеб мехалъги, хадуб хIалтIудаги гьев вукIана гьудул-гьалмагъзабазулъ восарав, кьураб рагIуе ритIухъав, рекIкIалъе рекIелъ бакI гьечIев инсанлъун. Ругъелда росдал школа лъугIидал, лъагIалица колхозалъул гIиядаги вукIун, армиялда хъулухъги гьабун, цIализе лъугьана мединституталде. Направлениялда рекъон лъабго соналъ БежтIа райбольницаялъул хехаб кумекалъул тохтурлъунги хIалтIун, тIад вуссана Ругъелда росдал участкаялъулаб больницаялде. ХIалтIана лъималазул тохтурлъун ва цинги Шамил ЦРБялъул педиатрлъун.

Абула бахIарчи рагъда лъалилан. Рагъалдаса нахъе ккараб ахIвал-хIал букIинчIо тIоцебе коронавирус районалде бачIараб мехалда. Лъималазул отделениеги сверизабуна гьелъ унтаразе. ТIоцебе букIинчIо чIванкъотIараб, унтарал сах гьарулеб къагIида. РукIинчIо гIолел дарабиги, тохтурзабаз ретIунеб хасаб ретIелги. Чанго сордо-къоялъ отделениялдаса къватIиве вахъинчIого хIалтIулаан гьев.
Бигьаяб хIалтIи гуро 2-3 моцIалъ «багIараб зонаялда» анкьалги ран хIалтIизе ккей. Дагь-дагьккун лъикIлъана тIаде рачIунел дарабиги, хисулеб тохтурзабазул ретIелги. Ратана кумек гьабулел районцоялги.
Гьанжеги тIубанго лъугIичIониги, жеги камулел гьечIо коронавирусалъ унтарал. Амма цебе гIадаб хIинкъиги, рихха-хочиги гьечIо. Щибаб жо жиндирго рахънибе кколелъул.
Гьенир сах гьарулел рукIараз адаб-хIурматалда рехсола НигIматулагьил цIар. ГIемерал баркалаялъул рагIаби абула гьесул адресалда. Районалъул «Цолъи» газеталде НигIматулагьие рецц-бакъ гьабун хъвараб макъалаялда цо унтаралъ рехсолеб бугоан нигIматазул ах гIадав тохтур вугин гьевилан. Гьесул хIакъалъулъ ЦРБялъул бетIерав тохтур Ибрагьим Халиловасги гьадин абуна: «НигIматулагь вуго, кинаб хIалтIи-иш тIадкъаниги, мухIканго гьебги тIубалев, бажари-лъайги бугев, унтаралги кидаго жиндаса разияв тохтур», — илан.
ГIемерал ХIурматалъул грамотабиги щвана гьесие, гьев ккола «ДРялъул сахлъи цIуниялъул отличникги».
2020 соналъул 21 июналда бахъа-раб ДРялъул бетIерасул буюрухъал-
далъун Шамил районалъул педиатр МухIамадов НигIматулагьие кьуна «ДРялъул мустахIикъав тохтур» абураб цIарги. Гьелъие мустахIикъавги вуго гьев.