ГIелмуги тохтурлъиги

Тохтурасул махщел камиллъиялда бараб букIуна инсанасул сахлъиги гIумруги. ЦIикIкIараб жавабчилъиялъул иш ккола нейрохирургия. Гьеб пишаялда машгьурлъана Россиялъул нейрохирургиялъул цIех-рехазул институталъул гIалимчи, исана октябралъул ахиралда медицинаялъул гIелмабазул докторасул цIаралъе мустахIикълъарав нилъер ракьцояв МухIамад Маматханов.

МухIамад хIалтIулев вуго лъималазул тохтур-нейрохирурглъун Санкт-Петербургалда. Гьев гьавуна 1968 соналъул тIоцебесеб январалда Болъихъ районалъул Чанхъо росулъ. ЦIалана Болъихъ росдал №1 гьоркьохъеб школалда. 1986 соналда тIокIлъиялда лъугIизабуна №19 ССПТУ. 1986-1988 соназда хъулухъ гьабуна СССРалъул армиялда, 1987 соналъул маялдаса 1988 соналъул июналде щвезегIан вукIана Афгъанистаналда.

Афгъанистаналдаса тIад вуссун хадув хIалтIана ХХ партсъездалъул цIаралда бугеб колхозалда ва 1990 соналда цIализе лъугьана И.П. Павловасул цIаралда бугеб Ленинградалъул №1 медицинаялъул институталде. ТIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, цIалана Санкт-Петербургалъул Дипломалда хадусеб медицинаялъул академиялда гIаммаб хирургиялъул кафедраялда. Интернатураялдаса хадувги, 1997-1999 соназда цIалана проф. А.Л. Поленовасул цIаралда бугеб Россия-
лъул нейрохирургиялъул цIех-рехазул институталъул ординатураялда. 2002 соналда цIунана медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1998-2002 соназда, цIалулев вукIаго, хIалтIана И.И. Джанелидзел цIаралда бугеб хехаб кумекалъул гIелмиял цIех-рехазул институталъул нейрохирурглъун ва 2002 соналъул августалдаса нахъе вуго гьебго институталъул штаталда. ГIелмиял цIех-рехазул аслияб тема буго ботIролгун гIадалнахул ругънал сахлъизарулел къагIидаби.
МухIамад Маматханов ккола лъималазул фармакорезистентная эпилепсия хирургияб къагIидаялъ сах гьабиялъул рахъалъ махщел камилав тохтур. Гьев гIахьаллъула гIелмиял дандеруссиназда, гьабула цогидал тохтурзабазе малъа-хъвай ва, кумек гьабиялъул мурадалда, гIемер уна Россиялъул шагьаразде. Гьесул буго «Нейрохирургиялъул» рахъалъ тIадегIанаб квалификацияги «Нейрохирургия» ва «Хирургия» абурал махщелазул сертификатги.

М. Маматхановас хъвана 170-ялдаса цIикIкIун гIелмияб макъала, гьев ккола анкьго цIирагьиялъул патенталъул соавторлъунги. Докторлъиялъе хъвараб диссертация-лъул гIелмияв консультант В.А. Хачатряница гьадинаб къимат кьуна дагъистаниясе: «М.Р. Маматхановасул лъикIаб пагьму буго гIелмиял тIахьаздаса пайда босизеги, унти чIезабиялъулги унтарав сах гьавиялъулги гьанжезаманалъул бищун лъикIал къагIидаби ратизеги, фармакорезистияб эпилепсиялъул операциял гьариялъе санагIатал къагIидаби ралагьизеги ва гьел цIалулгун хIалтIул хIаракаталъулъ гIумруялде рахъинаризеги», — ян.

2006 соналдаса нахъе МухIамад Маматханов хIалтIулев вуго гIелмиябгун клиникияб отделениялъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъанлъунги лъималазул нейрохирурглъунги. Гьев ккола Санкт-Петербургалъул И.С. Бабчинил цIаралда бугеб нейрохирургазул жамгIияталъул членлъунги. Маматхановасул гIелмиял цIирагьияздаса жакъа пайда босулеб буго Россиялъул сахлъи цIуниялъул идарабазда ва медицинаялъул вузазда.