ЛъагIилухъе сапар

Цо чанго соналъ цебе №35 гимназиялда тIобитIун букIана ре­спубликаялъул «Рахьдал мацIалъул лъагIалил учитель» конкурс. Гьелда гIахьаллъарай мугIалималъ дарсил цо бутIа сайгъат гьабун букIана ГIабасил МахIамадил творчествоялъе. Видеобухьеналъ­ул кумекалдалъун бухьен гьабун букIана шагIирасулгунги. Гьеб къоялдаса нахъе нижер анищ букIана ЛъагIилухъе щвезе. Кинго санагIалъи рекъечIо ва гьедин ана заман.

 

 

Исана нижер гьеб анищ тIубана. Дагъистаналъул Хъвадарухъа­базул союзалъул нухмалъулез­дагун композиторал Кариму­ла ГIабдулаевасда ва АхIмад ГIамирхановасда цадахъ щвана ЛъагIилухъе.

ХIеренаб каламгун дандчIвай гьабуна ГIабасил МахIамадил лъа­ди Савдатицаги. Щвана ГIабасил МахIамадил хабадеги, бихьана гьес наслабазе тараб музейги би­блиотекаги.

 

ЦIулакьодул гъутIбуз сверун ккураб минаялда аскIоб бугоан «ЧIобого кьолеб къайи-цIа» абун хъвараб тукен. Гьебги бугин бица­на ГIабасиласул хIаракат.

Къалъудаса хадуб киналго данделъана шагIирасул цIар кьураб школалда. Гьенибги бицана ГIабасил МахIамадил творчествоялъул хIакъалъулъ, цIалана кучIдул. ЦIакъго бакъ багIарараб къо букIиналъ, хадусеб данделъи тIобитIана росдал клубалда. КIудияб асар гьабуна Авар театралъул арти­стазул церерахъиналъги. Гьез би­хьизабураб ГIабасил МахIамадил «МахIмуд» абураб сценкаялъ ки­налго хIайран гьаруна.

 

Гьеб киналдасанго нижеда бичIчIана халкъияв шагIирас хвел гьечIеб лъалкI ракьалда тун бугеб­лъи.