Нилъер гIумруги шагIирасул гIакълабиги

Зоб роцIун цIад банани, цIакъ бохула тIабигIат,
ГIадамил ракI роцIунеб цIад хIажатаб ракьалда.
(Инхоса ГIали-хIажи)

ГьацIул хъабинибе хъублъи ккараб, нилъго ки­рехун унел ругелали нилъедагоцин лъалареб гьаб хIабургъараб заманалда, шагIир, гIакъил, гIалим Ин­хоса ГIали-хIажил асараз къобахъанагIан гIажаибаб асар гьабулеб буго дие. Гьале жакъаги, кодобе гьесул тIехьги босун, гIакълудал ралъдалъ бищунго гучал карачелазул цояллъун ругел кицабазулги алфазазул­ги магIна босулей йиго.

ХIурматиял цIалдолел!

РачIаха цоги нухалда борхизе шагIирасул гIакълудал цIурал шигIрабазул лълъар. Биччанте гьелъул тIокIкIарал къатIраби хутIизе нилъер ракIал рацIцIад гьарулеб хIикматаб цIадлъун:

 

— Нилъго лъикIалин рецци — роцен гьечIеб ба­лагьин,

Берда цебе лъечIого, лъикIабин кунин загьру.

Дир пикруялда, гьеб роцен гьечIеб балагьалъул кIичIикье, жидедагоцин лъачIого, ккун ратулел руго цо-цоял. Кинха ракIкъварилъичIого хутIилеб, жал бищунго цIакъал-тIокIалин абулел гIадамал рихьи­далги ратидалги. Цо-цоялин абуни, тIир-тIирунцин чIола жидер пагьму-гьунаралъухъе вахарав чи гьечIилан. Гьеб гьедин батанигицин, рецц-бакъалъул къорикье ккарал гьезда бичIчIулеб гьечIеб куц кинаб унти жидер чорхолъ бессулеб бугебали:

 

— Рецц бокьун рекерулел,

                                    какилин жал хIинкъулел,

ХIалим вугин рачIунел

                                    чIухIбуздаса лъикI цIуне.

 

Яги:

— Жиндиего рецц гьаби чиясда рекъоларо,

КигIан битIарабниги рецци рекъараб гуро.

 

БитIараб буго. Лъиеха бокьилареб цогидаз жин­дирго хIакъалъулъ лъикIал рагIаби абизе. Киназего бокьула гьеб. Амма нагагьлъун ракIалдецин ккани гIадамазеги жив цогидаздаса тIокI вокьулин абун, гIадамаздаги бичIчIула гьединав чи веццизе кко­леблъиги, ва гьезги байбихьула тIад рекъезабизе, вай-аман, жидее цохIого цо мун вокьулин, дулъе вахарав пагьму-гьунаралъул чиги гьечIилан абун. Гьединаб каламлъидалха реццалъ мехтаразе рагIизе къваригIунги букIунеб.

Гьеле гьеб батизеги буго, чорхолъе ккани, сах гьабизе цIакъго захIматаб унти -реццалъул унти. Гьелъул хIакъалъулъги пикраби гьадинал руго шагIирасулги:

 

— Жидерго чорхолъ гьечIел

                                         гьунарал ругин чIолел,

Гьел ритIухъ гьариялъе рияъ чагIи рачIунел.

РикIкIад гьаре дорегIан, данде ккезецин тоге,

Тушман-илбис данделъи лъикIин бищун эздаса.

 

Гьаб гьитIинабго макъалаялда бакI гIеларо ГIали-хIажил шигIрабазул тIокIлъабазул бицине. Дица тIаса рищана цIакъго тIасан ккараб рецц-бакъалъул заралалъул бицунел гьесул жугьаби. Щайгурелъул реццалъ бецц гьарулел ругел гIемерлъулел ругелъул. Гьединазда жидерго гъалатIалгицин тIокIлъабилъун рихьулел руго. Цогидал хIангутIиялъул, жойиде гьарунгутIиялъул хIасилалда гьезул ракIазулъе лъу­гьунеб буго жахIдайилан цIар бугеб хIапаро. Гьелъ инсанасул чорхолъа, рахIму тун, бачахъула лъикIлъи. Гьединазда гIицIго жалго гурони рихьуларо, ва гьел релълъуна, хъублъи къватIибе чIехьанигицин, бацIцIалъулареб къвачIида. Гьезда бихьуларо гIарац-меседлъун жидеда сверухъ ругезул тIокIлъиги тIадегIанлъиги:

 

— Гъосол цIураб къвачIиниб

                                        гIарац-месед кин балеб,

Хъублъи къватIибе чIехьон, жаниса чуричIого.

 

Цо-цо гьадинги кколаха:

— Найица тIегь кванала, тIотIоца гъвес кванала,

Бичасул хIикматалда дун цIакъ тамашалъула.

Гъосолъ бугеб тIотIоца тIогьолъ бугеб найиде

Дун лъаларищ гьвелроцан

                                             рогьо къабихIаб бала.

 

Нахъеги бегулеб буго, гIакъиллъиялъул куназ угьарал шигIрабазул цIураб, ГIали-хIажил тIехь. ШагIирас цоги нухалда гIумруялъул пикру гьаби­зе тIамулей йиго. ГIасругун бащдаб заманаялъ цере хъварал гьесул асарал жакъаги къиматал жавгьарал­лъун кенчIолел руго нилъер гIумруялъул маржаназул цIалалъулъ.

Реццалъ унтарал кидаго рукIун руго, гуребани шагIирасул гьеб калам бижизе ресги букIинчIо.

Макъалаги лъугIизе толеб буго даимлъиялде арал, абадияб гъасда беролеб цIалъун ругел Инхоса гIалим, гIакъил ва шагIир ГIали-хIажил алфазаздалъун:

 

— ГIагарал гьуин гьаре — гьелъулъ буго дур икъ­бал,

Эбел-эмен лъикI хьихье — бихьила рекIел кан­лъи.

 

Ва ахиралдаги:

— ЛъикIал гьудулзаби ккве,

                                  ккаралъуб кумек гьабе,

Квер дуде битIарасда батIаго аскIове къай.

Эл цере кквей — даража, дурго черх нахъе тIамун,

ТIаде-гъоркье гIемер ун,

                                        гIатIидго гьумер бихьун.

 

Гьале цогиги:

ГурхIелгун рахIму гьаби — рикъзиялъул кIул буго,

Нахъехун пикру гьаби — балагьал гьукъи буго.

 

Нилъее киназего тавпикъ кьеги ГIали-хIажи кIудил гIакълабазул магIна босизе. Биччанте гьесул гIумруялъул дарсазги цо хасаб бакI кквезе нилъер щивасул къисматалъул тIехьалда.