Зарал ккун батила кочIохъабазе

ГIемерав чиясе чанги батIияб зарал ккараб сон бачIана исана. Куль­тураялъулгун искусствоялъул гьунарчагIазул киндай бугеб ахIвал- хIалилан хIалтIана пикру. Гьезул цо-цо коллективал хIалтIуде хьва­дулел ругоан, инчIого рокъор чIаралги камилищха, киналго районазда цого низам гьечIелъул.

 

КингIагидай рокъор хIебтIун руго гвангъарал концертаз, бечедал бер­табаз, къасисел рестораназул чалу­хал банкетаз хьихьарал кочIохъаби? Гьезул цоялъул зигара чIвана гIинда гьал гIагарал къояз. Махсара жуба­раб гьадинаб кIалъай ккана гьелъул­гун:

— Кеп гьечIо дие гьаб пандемиялъ­ул.

— ВахI, хутIанщиназе сухIматищха гьаб?

— Нужее щиб захIмалъи бугеб, хIукуматалъ харжги кьун ругин рокъор.

— Мунги йигогури, гъоб пуланаб, маданияталъул идараялъул штатал­да? — ян щвезабизе ккана ракIалде.

— Вуя, щиб бицуней мун! АнцIила щуазарго гъурущ! Гьа-гьа-гьа, гьеб сундуе гIолеб жо!

— Йо, анцIазарго гурони харж рокъ­обе бачIунарелги руго гIадамал. Гьез хъизан хьихьула.

— Лъаларо, гьез кинабгIаги эконо­миялда гIарац хIалтIизабизе малъу­леб гIелму лъазабун батила.

— Дуе гIолареб жо щиб? Рукъзал руго хайир кьолел, гьебги цо гуро. Машина буго. Концерт-банкетазде яхъине цIияб партал босизе кколеб гьечIо пандемиялъул заманалъ. Ал­лагьасукьа хIинкъа.

— Щиб дуца бицаниги, дида лъа­ларо гьеб анцIила щуазарго цIулал гъурщида рекъон гIумру гьабизе.

— Гьебги гьечIого хутIани лъазе буго дуда гъурщазул къимат, — ан тана хабар лъугIизе.

Шагьаралъул рестораназда кечI ахIулел кочIохъабазул мухъ­илъ нагагьги ватизе рес гьечIо хIукуматалъул чвантиниса харж щоларев, маданияталъул идараба­зул хIалтIухъанин рикIкIунарев чи. ЛъагIалие лъабцIул гъоб идараялъул тадбиралда цереги рахъун, нахъра­талие харжги карточкаялде чвахун руго, эмехвадал. Ведомосталда гъул­бас гьабун харж босулеб заманалъ, моцIрое цо нухалъниги раккизе кко­лел рукIун ратила «жал хIалтIулеб» идараялде. КучIдулги кинал ва кинан ахIулелали нилъеда лъалаха, маххул къебедас тIагIел гIадин студиязда къачIалеб гьаракь-бакъан, гьениб­ги бищун къуватаб алат — гьитIинаб флешка! Чанго батIияб масъала бор­хун, мисалал рехсон хъвазе бегьила миллияб кочIол бугеб татуго хвараб ахIвал-хIал.

МустахIикъабго гьечIониги, гIемер такрар гьабулеб рагIула «оцол багьаяб кечI» абураб умумузул маш­гьураб аби. Оц кьун руцIцIинарун ба­жарулеб гьечIо, машинаялъул кIулал кодоре щванигицин цIияб щавкъал­да къосинабулеб буго гIалам гIадлу биххараб гIамалалъул кочIохъабаз. МакъратIисалъ гIадин халкъ гьезда тIаде цIалебги щиб хIикмат лъаларо. Гьеб кинабго рихаразул рахъалдаса цо-цо бадирчIваял камуларо хъвада­рулел чагIазеги.

«Щай нужеца хIакъаб рагIи абула­реб, гьагъал гьалагал руччабазда, гье­зий хъат балезда?» «Жал магIарулал, бусурбабиян рикIкIунадай гьез?» «Жидер хIурмат цIунулеб хIалалъги ахIизе бегьулагури кечI…»

Журналистал диванчагIи гурелъ­ул, нижеда кIалгьикъун щай? Лъи­ца щиб бицаниги, жидее къабулаб гуреб рагIи, мохмохалдаса лъим гIадин, гирула гьездаса.

«Культураялъул министерство щибулеб жоха? Гьезул букIунарищ кочIохъабазул магIна-гIиналъул ми­лат гьабулеб отдел?»

Культураялъул министерствоги батилаха, культурный къагIидаялъ ретIа-къан, кагътазда квал- квалдулаго, кабинетазда жаниб къан.

Кин бицаниги щиб, шоу- бизнесчагIазе кутакалда эркенаб гIасру буго, амма сухIматал гьукъа­раб пандемиялъул кваркьи саламат­го хъван батила гьезулги чвантида.

 

Роцен кинаб бугеб гьунар борцунеб?

Гьанибго ракIалде щвана кIиго со­налъ цебе гIассияб цо кечI рагIидал лъугьараб асар.

Райгазеталдаго хIалтIулеб за­ман букIана. Къаде какгун кванда­са хадуб хIалтIуде нуцIа рагьидал, берцинаб кечI-бакъаналъул сас чIвана. Редакциялъул гIолохъанай хIалтIухъан Рисалат йигоан, интер­неталдасан гIисинккун биччараб кочIохъе, клавишабазда хIарпал ри­щулей.

— Гьаб щиб цIакъаб гьаракь-бакъ­ан?

— МагIарулха, интернеталдаса. Модаялда бугеб, гIемеразе бокьулеб кечIха гьаб.

Цо дагьаб гIинтIамуна дицагоги. Зани бегараб рагIабазул такрарлъи- припев:

 

…Герегун герегун,

               рег-регун рег-регун,

Герегун рег-регун

               тIогьол мугIрузда.

Герегун рег-регун,

               рег-регун герегун,

Герегун рег-регун

                 кIиялго цадахъ..

 

— Цоги нухалъ редакциялда жаниб рагIани, гьеб кечIги, компьютерги, мунги Авар гIурулъе риччала!- ян махсара жубараб бадибчIвай гьабу­на.

Шагьра ккун, телалъул квараз бачун, интернеталъ тIибитIизабун магIарухъе бачIанщинаб чIанда гIурулъе бани гIорги загьрулъ­ила. Умумуз абухъего, нацIида ццин бахъун хъабарчаги бухIизе бегьилищ? Месед гIадай нижер хIалтIухъаналдаги компьютерал­даги бугеб багьана щибха? Гьел­де тIадеги, гьаракь-бакъаналъухъ гIенеккун гурони жинца рагIабазул магIнаго гьабичIин Рисалатги йих­ха-йикана.

«Борхатаб» поэзия, «гъваридаб» образ! Гьунар тIокIал шагIирзабаз хъварабдай, кочIохъаналъ жинцаго ургъарабдай? АхIулелги лъаларо, хъваралги рагIичIо. Дида рагIичIони щиб, халкъалъ такрар гьабулеб бу­гелъул.

Нужеца хIисаб гьабе, 700-800 чи гIодов чIолеб концерталъул зал «Герегун-рег-регун» кечIалъ квер­де босараб! ГIив-гIав, чIинкьи-хъат, гIодор чIаралъурго ясазул кьури- кIичIи.. Гьев нус-нус чиги — магIарул гIолилал, нилъер букIинесеб, гIисинал лъималазул улбул.

Гьел концертазда улбузул теле­фоналда бахъаралъухъги бала­гьун «Лег-легун, гелегун»-ин та­крар гьабулел, гьанжего гьанже рахьдал мацIалъул рагIаби абулел гьитIичал! МагIна босизе лъалареб, пикру гьабизе кIухIалаб, нилъер кIваргьечIолъиялъ куцараб наслу.

Дица бицинаро гьел, цIвакарал «цIвабзазул», тIогьол бусабазда «рег-регулел» образаз жал машгьур­лъарал «шагIирзабазул», гьезие къи­мат кьезегIанасеб гIакъиллъи дилъ гьечIо. Амма, суалал рижула гьел «гьунарчагIи» Дагъистаналъул мада­нияталъул ва адабияталъул цебесеб кьерде росулел хIакимзабаздехун. Сундухъ кьолел жалдай «Дагъиста­налъул мустахIикъал, халкъиял» цIарал? Кинаб роценалъ борцун гьу­наргун росулел «шагIирзаби» Росси­ялъул хъвадарухъабазул мухъилъе?!

Культураялъул министерствоян абулеб, Хъвадарухъабазул союзин абулел цIакъ серьезный кьучIалда гIуцIарал солидный бакIал руго нилъер. Рикьулел руго цIарал, кьо­лел руго багIарал книжкаби, каран­да разе шапакъатал. Гьунаралъул махIго гьечIезеги рагьун буго каву кIудияб сценаялде. Щай, сундухъ?! Судухъали бицинаро, жидедаго лъани гIела, халкъалъеги гьеб балъ­голъи гуро. Гьезулго кодоре, ма, бо­кьараб ахIе, бокьараб бице, бокьараб цIалеян кьолел руго миллиял театра­зул, райцентразул маданияталъул кIалгIаби. Рощнол чIарбидаса борхи­не гIечIеб даража гьел «гьунаразул» батаниги халлъуларел маданиятгун адабият роцIинабеян хъулухъалги кьун таралгиха!

Нужеца копоего, гьал цо «рег- рег» тайпаялъул цониги кечI гIурус мацIалде буссинабе лъугьунеб кай­фушниказул каламбур бихьизе!

Мавлид ахIугейин, чи хваралъ­уб панкъ тIамунги садакъа бикьу­гейин, рокъор ругел лъималазул расанкIаби рухIейин, ЦIияб соналъ гьитIичазе ёлка лъогейин вагIза- насихIат гIезегIан рагIула. Амма, гьелде ирга щвелалде щивас жиде- жидер мухъаздаса, росулъа хъвалел ва ахIулел «рег-регазда» рекIелъе иман тIинкIулеб гьуинаб хабар би­цани, вирусго гIадин мунагьал тIиритIизарулелги дагьлъилаан.

 

ХадурагIи

Ахиралдаги абила, гIемераб жавгьар буго халкъалда гьоркьоб, жал цIакъалин цере рахъунарел. ТIабигIаталъго кьураб гьунар гьез рагьула жидер росу-ракь берцинлъи­ялъе, хъизаналъул ва гьудулзабазул горсверулъ. Гьединазул къиматги къадруги кидаго букIана, гьез цо­цахъе кьун цIунунги буго милла­талъул хаслъи. Гьеб рагьизе нижеда­ги тIадаб букIинарищха.