БачIунеселъ гIарада речIчIизе гурин…

Дагъистаналъул миллияб музеялъул ЧIиркъатIа росулъ бугеб филиалалда
буго 3000-гIанасеб экспонат

 

Дагъистаналъул щибаб росулъ буго музей. Гьелъие хасаб мина гьечIел бакIазда музей гIуцIун буго гIагараб ракьалъул тарихалъулги рухIияб нахърателалъулги къимат гьабулел гIадамазул рукъзабахъ. Гьезул хIакъалъулъ чанцIулго хъванги букIана. Гьеб рахъ босани, ЧIиркъатIа росдал музеялъе талихI кканин абизе бегьула, росдал бегавуласдаги районалъул нухмалъиялдаги музеялъул бугеб кIвар бичIчIи. Музеялъе бан буго кIитIалаяб мина.

НекIсияб росу:
хIужаби ва баянал

Росдал рагIалда буго нус-нус сонал рараб тарихияб памятник — гьитIинабго гургинаб си. Гьелъул борхалъи буго 2,5 метр, гIеблъи – цо метр. Гьединаб памятник Дагъистаналда гьечIо, буго чанго гьединаб памятник Африкаялда, гIарабазул улкабазда. Гьеб къанагIатаб памятникалъул хIакъалъулъ нилъехъе щвана гьадинал баянал.
ХII гIасруялда Дагъистаналда ислам тIибитIизабизе вачIарав Абулмуслим шайихасда цадахъ аскаралъул бетIерлъуда рукIун руго гьесул вацалги. Гьезул сапаралъул хIакъалъулъ нахъе хутIарал документал цIакъго мукъсанал руго. БатIи-батIиял хъвай-хъвагIаяздасан ва умумузухъа щварал биценаздасан баянлъула гьадинал хIужаби: ЧIиркъатIа росу буго тIабигIияб рахъалъ кIвар бугеб жаниблъиялда бараб росу, гьеб росулъан унаан лъарагIлъиялде тIощалида хадур магIарулалги, гочунаан гIиги, ЧIегIер ралъдал рагIалчIван Гуржиялъа Каспий ралъдал рагIалде Кавказ къотIун базаргаби хьвадулаан.
Абулмуслим, жиндирго богун Хунзахъе унаго, рещтIун вуго ЧIиркъатIа. Гъоб заманалда росу букIун буго 12-ялдасаги цIикIкIарал кулабаздаса гIуцIараб. Щибаб тухумалъул вакилзабиги ахIун, Абулмуслимица абун буго, щибаб колода мажгит базе рес букIунарин, нуж киналго, цо росуги ккун, цолъизе кколин. Гьеб вагIзаги гьес гьабун буго кIудияб ганчIиде тIадеги вахун. Жиндирго вац ГIалисултан ЧIиркъатIаги тун, Абулмуслим цевехун ун вуго. Гьес вагIза гьабураб ганчIида тIад, досул хIурматалда, бан буго си. ГIалисултание росулъ бан буго мина. Хадуб гьениб рагьун буго мадраса. Хвараб мехалда ГIалисултанги гьеб мадрасаялда аскIов вукъун вуго. Гьениб гьанже зияратги буго.
Росулъа чIахIиял чагIазул биценалда рекъон, гьаб си бан буго, цебе букIараб сиги биххун, гьелъул бакIалда, гIага-шагарго 1690-абилел соназда. Гьеб сиялда жанир рукIун руго кида Абулмуслим вачIаравали, кида гьаниб ислам тIибитIарабали тIад хъварал къанал. Большевикал рачIараб мехалъ, гьез гьел гъурун тIагIинарун руго.
Нус-нус сонал рараб тарихалъул ва архитектураялъул гьеб памятник биххун инехъин буго. Памятник тIад бараб гамачI, гъоркьан лъараца кванан, бортизе къачIан буго. Дун гIемерал бакIазде щвана гьелъул бицун, амма ишалъулаб кумек щолеб гьечIо. Гьединго ЧIиркъатIа росдал ракьалда руго гьанжеялдаса лъабазаргогIан соналъ цебе кьурда рикIун рахъарал сураталги хъвай-хъвагIаялги. Археологал, рос-лъади Котовичаз, гIемераб хIалтIи гьабуна гьел суратал цIуниялъе, амма жакъа гьабулеб хIалтIи цIакъ загIипаб буго. Расулица абухъе, бачIунеселъ нилъеда гIарада речIчIизе гурин хIинкъун вуго дун.

Тарихалъул нугIзал

ГIагараб ракь лъазабиялъулгун тарихалъул музей рагьиялъе квербакъана ЧIиркъатIа росдал гьоркьохъеб школалъул тарихалъул учитель КъумахIажи Шихмирзаевасул хIаракаталдалъун. Гьес данде гьабуна анцI-анцI экспонат ва гьел лъун рукIунаан тарихалъул кабинеталда. Дагь-дагьккун музеялда къайи гIемерлъана ва школалда гьелъие кьуна хасаб кабинет. Гьенибги гIолеб букIинчIо бакI. Гьебмехалда росдал администрациялъ музеялъул къайи лъезе кьуна росдал Культураялъул рокъоб хасаб бакI. Дол соназда музеялъул хIалтIухъ мухьги кьолароан, хIалтIиги гьабулаан жигарчагIазул кумекалдалъун. 2006 соналда Гумбет районалъул бетIер СайгидахIмад АхIмадовасул жигаралдалъун ДРялъул Культураялъул министерствоялъ ЧIиркъатIа рагьана Дагъистаналъул цолъизабураб музеялъул филиал. Рагьана лъабго хIалтIухъанасе штатги. ГьабсагIаталда музеялда вуго щуго хIалтIухъан.
2013 соналда районалъул администрациялъ байбихьана музеялъе цIияб мина базе. Къокъаб заманалда банги бахъинабуна гьеб. Музеялде рачIуна республикаялдаса, улкаялдаса ва улка тун къватIиса гьалбал. Ахираб щуго соналда жаниб гьенире щвана Германиялдаса, Голландиялдаса, Франциялдаса, Югалъулаб Кореялдаса, СШАялдаса гьалбал.
Ибрагьим Ибрагьимов,
ЧIиркъатIа росдал тарихалъул ва гIагараб ракь лъазабиялъул музеялъул директор