ЛъикIав устарас наслаби куцала

  

 

  Республикаялда культураялъул бутIаялда гьабулеб хIалтIул ва хадубккун хIисабалде босаралъул бицана, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ 13 сентябралда журналистазулгун букIараб дандчIваялда. Министралъулгун пресс-конференция гIуцIун букIана республикаялъул «Дагъистан» информациялъул агентствоялъ (РИА «Дагестан»).

 

Бицана исана Дагъистаналда гIатIидго кIодо гьабулеб бугеб Фазу ГIалиевалъул юбилеялъулал ва «ХъахIал къункъраби» тадбиразул, «Пушкинская карта» программаялдаса пайда босиялъ гIолилазе, школлъималазе культураялъулгун искусствоялъул бичIчIи щвеялъе кьурал ресазул.

 «Культура» миллияб проекталда рекъон гIезегIанго хIалтIаби гьарун рагIалде рахъанин бицана Бутаевалъ.

Миллиял газетазул вакилзабазул букIуна жиде-жидер миллаталъул масъалаби рорхарал суалал. «ХIакъикъаталъ» министралъе кьурал суалал рукIана росабалъан байбихьун нилъер миллияб рухIияб ирс цIуниялда, халкъиял махщелчагIазул гьунар наслабазухъе кьеялда, магIнаго биххараб эстрадаялъул кочIолаб искусствоялда хурхарал. Нижеца рехсарал рахъазда ругел гIунгутIаби тIуразариялъул жавабчилъи бакIалъулал нухмалъулезда тIад букIин бичIчIизабуна министралъ: «Жидер росдал хаслъи цIуни, гьенир ругел гьунарчагIазул махщел гIатIидго рагIизаби, къанагIатаб махщалие цIиял гIелал куцай — гьеб буго кинабго культураялъул идарабазул нухмалъулезул, росабазул ва районазул бутIрузул бичIчIигун лъаялда бараб иш. Бицун хIалкIолареб берцинлъиги, тIабигIиябгун маданияб бечелъиги буго Дагъистаналда. Нилъеца гьеб киналъулго къимат гьабизе ккун буго, росулъ яги шагьаралда яшав гьабун ругел гIадамал батIалъи гьечIого. Нилъерго ракь, гIадатал, культура бокьизе ругьун гьаризе ккола гьитIинаб къоялдаса нахъего. Гьелъие руго нилъер республикаялда искусствоялъул школал. Гьел школазда дарсал кьолев мугIалимасул намусалда бараб буго цIалдохъан батIи-батIияб махщалие куцай. ЛъикIав устарас жиндирго махщалил дарсал цогидазеги кьола, гьеб буго метериселъе бечелъи.»

Росабалъ клубазулги библиотекабазулги хIалтIи хашлъаралдаса анцI-анцI сонал ругин абуна Зарема Бутаевалъ:

— Киналго масъалаби цин-цадахъ тIуран рахъинищха, кибего нижер берги халгьабиги щвезе буго. Дагъистаналда буго 957 культураялъул рукъ ва 970 библиотека. Гьезул бащдалгIанасел руго цоял риххун унел, цогидал къачIазе ккараб хIалалъ. Федералиял ва республикаялъул нухмалъулезул кIудияб кумек щвана гьал ахирал соназ культураялъул рахъ цебетIезабиялъе. «Культура» миллияб проекталда рекъон бана цIияб 6 культураялъул рукъ, цIигьабун къачIана — 60, ремонтал гьаруна анцI-анцI культураялъул идараялда. ГIолилазулги рачIине гъира кколеб хIалалъ цIигьабулеб буго библиотекабазул хIалтIи.

Цоги нухалъ такрар гьабила — чIунталиде ккараб клуб росулъ букIин — гьеб буго бакIалъулал нухма­лъулезул кIвар гьечIолъи. Бугеб ахIвал-хIалалъулги бицун, хIажатал документалги ракIарун, гьел рачIине ккола нижехъе.

Культураялъул министралъ абухъего, министерствоялдаса чийищха вачIинев росабазул маданияб гIумру гIуцIизе?