Марита МУГАДОВА: «Маданияб ирс наслабазе гьуин гьаби буго мурад»

 

   Исана 20-абилеб нухалда Дагъистаналда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб «Горцы» абураб фестиваль. ГIицIго фольклоралъул, миллияб ратIлил хаслъи сценаялдаса бихьизабун гуребги, фестивалалъ жанибе бачана, гьениб гIахьаллъулеб щибаб коллективалъ халкъияб рухIияб ирс цIуниялъе гьабулебщинаб хIалтIи рагьулел дандчIваял, жиде-жидер ракьалъул махщелчагIазул тIагIел-алатазул церелъеял, палугьабазул гьунар, циркалъул махщел ва цогидабги.

    Дагъистаналъул Халкъияб творчествоялъул рукъ (РДНТ) гIуцIаралдаса 85 сон тIубаялда хурхунги батила, исана гIатIидго тIобитIана фестивалалъул байрам. КъватIисел улкабаздаса ва Россиялъул регионаздаса рачIарал фольклоралъул коллективазул гIахьаллъигун байрамалъул майданал рукIана МахIачхъала, Дербент, Гъизилюрт, Хасавюрт, Каспийск шагьаразда, Унсоколо, Кули, Гъаякент, Табасаран, ГIахъуша, Шамил ва МухIарамкент районазда.

  Индия, Гъиргъизия, Беларусь улкабаздаса, Россиялъул регионал: Калмыкия, Крым, Башкортостан, Ингушетия, Чачан, Марий Эл республикабаздаса, Ставрополь край, Москва, Архангельск, Ростов, Смоленск, Омск, Липецк областаздаса, Архангельск, Пермь, Новгород шагьараздаса рачIаразги Дагъистаналъул 50-ялдасаги цIикIкIун творчествоялъул коллективалъул гьунарчагIазги бихьизабуна щибаб мухъалъул миллияб хаслъи.

БатIи-батIиял соназда «Горцы» фестивалалда гIахьаллъана, гьанже Украинаялда бугеб ахIвал-хIалалъ нилъер улкаялъул рахъ ккуралги, гьелъул гIаксалда — Россиялде рокьукълъи бихьизабулелги улкабаздаса маданияталъул гьунарчагIазул 60-ялдаса цIикIкIун коллективал. Гьел рукIана Азербайжаналдаса, Индиялдаса, Казахстаналдаса, Мексикаялдаса, Словакиялдаса, Турциялдаса, Хорватиялдаса, Ираналдаса, Латвиялдаса, Таиландалдаса, Франциялдаса, Италиялдаса, Узбекистаналдаса, Тажикистаналдаса, Шри-Ланкаялдаса, Польшаялдаса, Румыниялдаса, Сербиялдаса, Чехиялдаса. Жидерго фольклоралъул коллективал нилъехъе ритIана Донецк ва Луганск халкъиял республикабаз.

Рехсарал улкабазул цо-цо коллективал руго Дагъистаналда тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб фестивалалде чанцIулго щваралги.

 

 

Щулалъараб пикру

 

Дагъистаналда Халкъияб творчествоялъул (РДНТ) хасаб идара гIуцIи байбихьудаго букIана республикаялъул миллатазул гIадат-гIамалалъул, гьунар-махщалил хаслъи цIуниялде буссараб. Гьеб идараялъул нухмалъуде Марита Мугадова ячIана 1993 соналда.

  Улкаялъул маданияталъул тIалаб тIадчагIазда кIочарал, культураялъул рукъзал чIунтизе тарал гьел соназ Мугадовалъ байбихьана Дагъистаналъул миллатазул хаслъи цойиде бакIарулеб хIалтIи гIуцIизе. ЧанцIулго хъван букIаниги, такрар гьабунин абун зарал букIинаро — тIубараб Культура- ялъул министерствоялъ гьабулелдаса бетIералъ тIокIаблъун, хIажатаблъун ва берцинаблъун би- хьулаан Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хIаракатчилъи. Гьезул чIаголъиялъ Дагъиста- налъул хаслъиялъул гугьар рагьана, дунялалъул батIи-батIиял улкабазда тIоритIулел гIемерал тад- биразда. Нилъер росабалъ лъугIун унел гIадатал фольклоралъул коллективазул репертуаралде- ги росун, лъутIа-къотIун гIуцIана бакIалъулал гьунарчагIазул ансамблял, халкъияб театралъул коллективал. Гьез хIадурана, жиде-жидер хаслъи жанибе бачарал, халкъалъе къиматаллъун лъугьарал, кигIан кIудияб даражаялдаги рихьизаризе бегьулел церерахъинал.

Абизе ккола, районазул фольклоралъул коллективазул хIалтIи цебетIеялъеги Халкъияб творче- ствоялъул рукъалъул малъа-хъваяз квербакъулин.

Цо рахъ буго хасаб лъай щварав чи хъулухъалде тIами, цогидаб рахъ буго гьев чиясе жиндирго махщел-иш бокьи, гьелда гъорлъе лъугьун лъазаби, балъголъаби рагьи.

 

 

«Дунялалъего рагьана гьудуллъиялъул къуват»

 

  Халкъияб байрамлъун лъугьараб фестивалалъул къояз, Дагъистаналъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул директор, культураялъул министралъул заместитель, Россиялъул искусствоялъул мустахIикъай хIаракатчIужу Марита Мугадовалъ абуна: «Сонисебги кIочене течIого, метериселде ургъун, наслабазе батуледахъ жакъ- асеб хIалтIи гIуцIи — гьеб буго Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хIалтIул магIна. «Горцы» фестиваль бижиялъул пикру, кIудияб хIалтIи тIадебоси — гьеб буго Россиялъул, дунялалъулго миллатаз жидерго умумуз нахъе тараб рухIияб ирс цIуни. Нижер мурад буго миллияб маданияб ирс наслабазе гьуин гьаби. Нилъ рижараб ракьалда батараб лъикIабщиналъул къимат гьабурасул гIумру берцинлъула, гьудул-гьалмагълъи цIикIкIуна. «Горцы» фестивалалъ дунялалъе жеги гIатIидго рагьана миллатал гIемераб Дагъистаналъул тIолабго рухIияб бечелъи, гIасрабаз цIунарал гIадатал, халкъазул берцинлъи, гьудуллъиялъул къуват».

  Фестиваль къалеб гала-концертги букIана лъикIаздаса лъикIал коллективал цолъун, щивав гIахьалчиясул рекIелъ хутIулеб хIалалъ гIуцIараб. Халкъияб творчествоялъул рукъалъул юби- лейги баркун, тIолалго гIахьалчагIазе баркалаги кьун, гьезул хIалтIул жакъасеб ва метерисеб къоялъе бугеб кIваралъул бицун гала-концерталда кIалъана Дагъистаналъул бетIерасул вакил Муслим Телякавов, Халкъияб Собраниялъул рахъалдаса Камил Давдиев, Россиялъул ва Дагъистаналъул машгьурал культураялъул хъулухъчагIи.

  Жидерго умумузул рухIияб ирс бокьулез цогидал миллатазул гIадатазулги хIурмат цIунулин абула. Гьеб хасият чорхолъ бессарав чияс рес гьечIо миллатчилъиялъул суал борхизе, жамгIияталъе заралияб нух бищизе. Миллатазда гьоркьоб гьудуллъиялъулаб бухьен цIикIкIиналъе сабаблъун бугин абизе бегьула «Горцы» фестиваль.

Улкаялъул президентас исана лъазабураб Россиялъул халкъазул искусствоялъул, рухIияб ирсалъул соналъ тIобитIараб бищунго берцинаб тадбирин абизе мустахIикъаб букIинин ккола анлъго къоялъ нилъер республикаялда халат бахъараб гьеб байрам.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА