Маххгицин мукIурлъула

 

 

«ПатIимат», «Ансадерил бахIарай», «ЦIва»… Арсен АсхIабовасул щибаб курхьеналъул буго жиндирго цIар.

 

   «ЦIар кьураб мехалда рекIее парахалъи щола, щибаб тIагIелалъул букIинесеб къисматалъул пикру гьабизе бачIуна. Гьезда рухI лъезаби гIадаб жо ккола цIар лъей», — ян бицана ГIахьвахъ районалъул ГIарчоса меседил тIагIелазул устарас. Гьесул тIагIелазул цоял руго дунялалъулго музеязда, цогидал – къватIисел улкабазул хасал коллекциязда, лъаба­билел – берцинал ясазул килщаздагун рукьабазда

   Махщел камилав устар хIисабалда цIар бигьаго щоларо. БукIине ккола хасаб къагIида, цогидазда релълъинчIеб хатI, инсан хIайранлъизавулеб гIаламат. Арсен АсхIабовасул нус-нус тIагIелалда гьоркьор руго меседилги гIарцулги, къиматаб багьаялъул нагIлиялъ гвангъизаруралги, цояб цогидалда релълъинчIеб расеналъ берцин гьаруралги, щибалъул буго жиндирго хаслъи. Масала, «Ансадерил ба­хIа­ралъул» хаслъи ккола ансаде­рил накъишал тIад рекьи. Гьес гурони, гьединаб къагIида хIалтIизабуларо.

Гьарула АсхIабица хунжрулги – гьезиеги кьола цIарал. «Машгьурал рагъул церехъаби» абураб хунжрузул коллекциялда буго Шамил имамасул мазгарул сипатгун гIарцул гьабураб ханжар, цогидалда буго Александр Македонскиясул сипат. Гьабуна гьес адмирал Федор Ушаковасул сипат бугеб ханжарги. «Маххул тахтаги босун, къваригIунареб бутIа нахъе къотIула. Гьеб бигьаяб иш гуро, амма ракI тIаде цIалеб хIалтIи буго. Ушаковги вугелъул гIажаибав рагъул цевехъан: гьев хIалхьиялда чIана, рагъулъ босараб 43 бергьенлъиги букIаго, ва цониги рагъулъ къечIо гьев», — ан бицана АсхIабица.

   Бицана гьес Шамил имамасул ханжар гьабиялъулги. Гьеб букIана «АхIулгохI» абураб мемориалиябгун тарихияб комплекс балеб заман. Гьеб бан бахъана – гьабун лъугIана ханжарги. ГIемер чиясул гъира букIана гьеб ханжар жиндиего босизе, амма Арсеница хIукму гьабуна ханжар музеялъе сайгъат гьабизе. ГьабсагIаталда Шамил имамасул сипат тIад бекьараб ва дунялалдаго цо бугеб гьединаб ханжар лъун буго «АхIулгохIалъул» музеялда.

Устарас тIоцебе гьабуна Македонскиясул ханжар. АнцIго соналъ вукIана гьев гьелда тIад хIалтIулев. «Дица сурат бахъула кваранаб квералъ, амма хIалтIула квегIалъ. Школалда учительницаялъ гIемер хIаракат бахъана кваранаб квер хIалтIизабизе дун ругьунлъизавизе. Ручкаялъ рухулаан кверал. Ахирги хъвадарула ва суратал рахъула квараналъ, амма меседил тIагIелал гьаризе хIалтIизабула квегIаб квер», — ан бицана Арсеница.

Меседил устарлъиялде Арсен машгъуллъана 1991 соналда. Устарас абулеб буго, жиндие гьеб гьунар кIудияв инсухъа ирсалъе щун батилин абун. КIудада вукIана кверзул махщел бугев чи. ГIарчосел гурелги, сверухъ ругел росабалъа гIадамалги рачIунел рукIун руго гьесухъе къваригIелалъ.

Кверзул махщел букIана Арсенил эбелалъулги – гьелъ угьун къачIалаан бахIаралъул гурдал.

   Школалда цIалулаго ва Советияб Армиялда хъулухъ тIубалаго, А. АсхIабовас рахъулаан суратал, берцинго къачIалаан плакатал ва стендал. Меседил тIагIелал гьаризе унго-унгояб гъира Арсенилъ бижана МахIачхъалаялда, Узбекгородокалда бугеб гьоцIдерил художествияб комбинаталде щведал. Гьеб заманалда Россиялъул халкъияв художник МухIамад Жамалудиновас бакIарулеб букIана меседил устарлъиялъе ругьунлъизе гъира бугел гIолилазул къокъа. Гьелда гъорлъе ккана Арсенги. Цогидал гIолилаз гьанжего-гьанже рагьулел рукIана махщеллъиялъул балъголъаби. Арсен АсхIабовасин абуни, гьеб заманалда гьабуна жиндир тIоцебесеб тIагIел – гIарцул курхьен. Ва бичана гIарцухъ.

   МухIамад Жамалудиновас, гIоли­ласул пагьмуги гъираги бихьун, кубачиязул устарзабазда гьарана Арсенида устарлъи малъеян абун. Жидерго махщалил балъголъи чияр чиясе киданиги рагьуларо кубачияз. РагьичIо гьез гьеб Арсениеги. Гьес тIаса бищизе ккана жиндирго сухъмахъ – захIмалъабигун гъалатIал гьарзаяб, амма лъидаго релълъинчIеб, гIицIго жиндие хасиятаб. ЦIаличIо гьев художествиял школаздагун академиязда, амма хIалтIана, кIвахIги свакги кIочон тун. Ва бачIана махщел. Гьесие гIемераб кумек гьабуна М. Жамалудиновасги. АхIана комбинаталда хIалтIизе. Амма доб букIана захIматаб заман. Комбинатги къана, улкаялда рукIарал цогидал предприятиялго гIадин.

«Дол соназда хадур гъун рачIунаан заказал – заман гIоларого букIунаан курхьабиги, хунжрулги, баргъичалгун рахсалги гьаризе. Республикаялде щолел гьалбал гIемерлъун рукIана ва ракIалдещвеялъул сайгъатлъун гьезул щивас цадахъ босулаан гIарцул тIагIел. Гьел унаан хIежалде унеб мехалдаги – Маккаялда ричизеян абун. Гьанже иш абизегIан лъикI гьечIо. Махщелчи вакъун хутIулеб заман буго. Щайгурелъул цо пикру гIумруялде бахъинабулаго, гIезегIан заман уна ва гьадингоги гIемер гьечIел заказал рилула. Щивасда гуро бичIчIулеб цо тIагIел гьабулаго, устарас гьелда тIад хвезабулеб заманги, гьесда бихьулеб захIматги, гьелъие хIажалъулеб сабруги. Учузго къваригIуна гьеб босулев чиясе. Гьелъ устарасул ракIбакъвазабула: учузаб багьаялъ гуро – жиндир хIалтIул къимат гьабунгутIиялъ», — ан бицана Арсеница.

ГьабсагIаталда А. АсхIабов хIал­тIулев вуго Гъизляралъул предпринимателасул заказазда тIад – гьарулел руго нусал, хунжрул. Гьесул хIалтIаби ричулел руго дунялалъул батIи-батIиял улкабазда. Гьанже щибаб тIагIелалда жиндирго цIарги хъвала гьес.

А. ГIабдурахIманова