Дир пишадул мугIалим (ГIАБАСИЛ МАХIАМАДИЛ 90 СОН ТIУБАЯЛДЕ)

 

 

 

 

 

 

   АлхIамдулиллагь, школалъул мугIалимзабаз, къо-мех лъикIги гьабун, дун тIойитIараб заманаялъ Аллагьас дие, дир гIумруялъул хадусеб бутIаялъе хIадурун ватана гьелги дирго эменги цолъарав, гIажаибго ракI сахаватав, доб мехалъ гIолохъанал шагIирзабазе рагьараб школа гIадав, жиндир тIалабияб бербалагьиялъ нижелъ божелги, нижедаго ракIчIейги бижизабизе бажарарав баракатав инсан МухIамад ГIабасович! Гьесул бицунеб бакIалдагицин бажаричIо дида ГIабасил МахIамадин абун… гьесдехун бугеб дир адаб къо анагIан щулалъиялъги гIумруялъго гьев дир мугIалимлъун хутIиялъги.

   ДГУялъул лъабабилеб курсалъул студентка йикIаго, гьесул гIакълуялдалъун дун хIалтIизе йосана Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялде, магIарул адабияталъул редакциялде корректорлъун. Дир щуйилазда гьабураб гьесул божел букIана гьебги, жакъа къоялъги, издательствоялда хIалтIулей гьечIониги, гIумруялъго магIарул адабияталъул тIахьазе редакторлъи гьабулей, МухIамад ГIабасовичас диде гьабураб божилъиялъул борч тIубалей йиго дунги.

    АнцIила кIиго соналъ хIалтIана ниж цо кабинеталда: редакторги корректорги гIадин гурелги, эменги ясги гIадин, кутакалда бечедаб адабияб лъай бугев мугIалимги гьеб лъаялъул иццухъ йикIине щвей кIудияб талихIлъун батарай цIалдохъанги гIадин, цо-цо мехалъ, гьес жинцаго цо тIехьалда дие гьабураб тIадхъваялда абухъе, «Дир товарищалъе ТубхIат-бикае» – абун, ракI бащадал товарищаллъунги гIадин.

   Гьаниб ракIалде щвана, гьабсагIатги дихъ бугеб, гьобол-гьудуллъун МухIамад ГIабасовичасеги лъугьарав, ракI гIатIидав, амма цо чIухIи гъорлъ жубараб согIлъи тIоцеве вихьаравго жиндилъ халлъулев дир инсуда юбилей баркун гьес хъвараб кечI. Бокьулаан диеги дунго еццизе, хасго инсуе… Гьениб жаниб буго дихъе байрахъ кьураб хIисаб доб мехалъ гьабураб ункъо мухъ:

 

   «Гьардарав, дир гьобол МуртазагIали, Васасул бакIалда чIолей яс йигев…»

  Гьел сонал ратана, дидаго лъачIого, дир шигIруги дир хъулухъ-пишаги куцарал, камилаб къебелъиялъул сонал! Гьел соназ бичIчIана дида редакторлъиялъул гуребги, адабияталъул,  шигIруялъул гIелму, гьел соназ лъана дида гIакъилаб каламалъул гъварилъи, гьел соназ рагьана дие живго МухIамад ГIабасовичги, гьел соназ гурони, жинда релълъарав тIокIав ватичIев инсанасул бицун хIалкIолареб гIаданлъи, пикруялъул бечелъи, лъилниги гьечIеб, дида батичIеб рекIел сахаватлъи; гьел соназ хиралъана дие дирго миллат, гьелъул тарих, гьелъул мацI, гьелъул адабият, гьелъул маданият!

    Цо–цо мехалъ ккола, гьесул жиндирго гьоболгьудуласдасаги дида цIикIкIун лъанин гьел соназ гьев къанагIатаб хасияталъул инсанги магIарул адабияталда бечедаб мацIалъ бечед гьабураб шигIрияб ирс тарав шагIиргиян. ЦIикIкIараб заман хIалтIуда унелъулги батила, дун лъугьана гьесие хасиятаб дунялалъулги, гьесул гIамалхасияталъулги, гьесул сверухълъиялъулги нугIлъун; гьединго гьесда дунги лъалаан, инсуде гIадин, гьесде ургъел бикьулаан, гьединаб мехалъ кочIодалъунги дир ракI гIодобе биччазабулаан, дур гIумруялда жанир гIемерал дандчIвазе ругин жидерго гIумру рекълъиялъ гIамал тIекълъарал гIадамалин абулаан. Гьединаб мехалъ хIалае кидаго батулеб цо-цо притча бицунаан. Цо нухалъ цIалулеб бакIалда дарсида дир цо мугIалимас цадахъ цIалулезда цебе дида абуна: «ТубхIат, къад цIалулейги, къаденахъе хIалтIулейги йикIиналъ батилаха, дуца тIахьазда гъалатIал толел руго, щай дуе гьанжего хIалтIизе лъугьин букIараб?» – илан. Дида гьеб захIмалъана, цIали щуйилазда бугониги… ХIалтIуде щведал бицана, къварилъахъдилаго, МухIамад ГIабасовичасда. ДидагIанги гьеб квеш букIарав гьес абуна: гьабсагIат дица дуе бицараб притча дуца метер досие бицине рагIи кьейилан. Кьураблъун тана… Гьес бицана: «ВукIун вуго цо хан. Ханлъиялъ пахрулъи кьурав, гьебцин чIалгIарав гьес ахIун вуго вазир, кьун буго гьесие амру: «ЧIалгIана дида ханлъи! Бокьараб гьабе, амма гьал гIагарал къоязда жанив дун аллагьлъун вукIинаве!» – ян. «ТIубала¸ бетIерчIахъад!» – ин уна малъкъосарав вазир.

 

    КIудияб ургъалил гьиргун рогьуна гьес сордо. Ахирги, щибго гьабичIого вукIинегIан, бетIер къотIизегIаги гIилла букIине жинцагоги цогиязе амру кьола ханасул кIалгIаялда цо рукъ эркен гьабизе ва гьелъул чIабар, тIибитIун, ракул цIезабизе. Цо къо уна, кIиго къо уна… Ахирги ханас нахъойги ахIула вазир ва «ТIубарабищ дир амру?» – йин цIехола. «ТIубана, бетIерчIахъад. Дур изну батани, дунгун цадахъ вилълъайин дуда гьаризе…» – ян кIалъалаго, вазирги гьоркьов къотIизавун, ханас абула: «Рилълъа!» – йин. Щола доб чIабар ракул цIураб рукъалъул нуцIихъе. Рагьула вазирас. Доб ракул махIалдаса магIарзукъалалги хъаталъ рахчун, гьелдасан жунулел хIутIалги рихьун, «Гьаб щиб?!» – илан ахIдола хан. Гьеб мехалъ кьола вазирас ханасул доб амруялъе рекъараб жаваб: «Гьев аллагьасе гьаб рижиги гIола», – ян.

МухIамад ГIабасовичас тIадеги жубана: дур мугIалимасда гьеб притча бичIчIичIони, тIадеги жубай: гьев мугIалимас кьураб лъаялъе гьагъадинаб хIалтIиги гIолилан…

Жиндихъ гIенеккун хадуй дун елъидал жиндиргоги ракI бохидал, кочIохъе тIадеги жубана МухIамад ГIабасовичас:

 

«Елъизеги гIедерай,

ГIодизеги хIадурай,

ХIал кквезеги кIоларей,

КIудияйги гIоларей,

 ГIадан йиго мун, ТубхIат».

 

   ГIажаиблъи, жакъаги гьединай йиго… Гьединлъидал батила, гьал тIадехун рехсарал мухъалги эпиграфлъун росун, ахираб заманаялъул цо-цо «къалмазул ракIазул риццалъиялъ» дирго ракI тIерен гьабидал, гьеб бикьизе, бетIералда квер бахъизе дир мугIалим чIаго вукIараванищан ккедал хъвараб дица гьаб кечIги:

Къалмил ракI бикьизе чи щолареб мех

 

БатIаго гIагараб Пушкинил къватIги,

Пишацояздасан чвахулеб кечIги…

 Бищун дун талихIаб издательствоги,

 Инсулаб тIалабгун дир мугIалимги…

Нахъойги лъукъана ритIухъаб дир ракI,

 РекIкIалъ божалида речIчIана туманкI…

 Мидилаго йиго жакъаги уней,

Дун къварид гьаюнин гьесда бицине…

 …Умумул камидал гIураб рукъ гIадин,

 ЧIобого, бестIалго буго коридор…

 Дур хьолбохъ хIалтIараб, дур малълъ босараб,

 Думалъго къан буго нилъер кабинет…

 БачIараб заманалъ лъухьун ун буго

 ЛъикIабщинаб заман дир гIумруялъул.

 РакIал сахаватал рищун ун руго

 ЛъикIалщинал чагIи дир дунялалъул…

Дир мугIалимасде бикьизе тараб

Ралъдалъе чIехьезе уней йиго дун,

— Къалмил ракI бикьизе чи щолареб мех

ЩайтIанлъиялъ цIеялъ, цIорораб ракIгун…

 У, ГIабасиласул мухъазулъ гIадин,

ГIодулей, елъулей жегиги йиго.

 Дирго лъималазцин абулеб гIадин,

 Лъимадул ракI букIун, кIудияй гIечIо…

 

 

…Добго университет лъугIулаго хъвараб дир дипломалъулаб хIалтIиги букIана цIикIкIарасеб бутIа ГIабасил МахIамадил творчествоялъе кьураб. ГIемерисел гьесул кучIдул рекIехъеги лъалаан. Живго лъалев вукIиналъ, гьесул цIиял асаралги къойил гIадин гьес жинцаго хIалтIуда дие цIалулел рукIиналъ, гьесул творчествоялъулъ тIерхьун йикIиналъ квербакъана дир гьеб хIалтIиялъеги. Цо-цо мехалъ гьес абулаан: «ТубхIатида дидаса лъикI лъала дир творчество, элда гьикъейилан».

Цо нухалъ, гьев живгоги ахIун, филологияб факультеталъул студентал гурелги, университеталъулго магIарул студенталги ахIун, гьесул творчествоялъул вечерги тIобитIун букIана дица (сураталда).

    МухIамад ГIабасовичасда дунялалъулго тарихги адабиятги гъваридго лъалел рукIараб куцалъ хIайран гьаюлаан дун. Сиражудин ХIайбулаевас абухъе, республикаялда букIинчIин абизе бегьулаан ГIабасиласул гIадаб кIудияб библиотека (жакъа гьеб гочун буго ЛъагIилухъе, гьесул музеялде). Гьесда лъалаан чанги тарихчагIазда лъаларебги, чанги шагIирасда рагIичIебги, къватIиса рачIинарунгицин библиотекаялда ругел тIахьазул къиматги къисматги. Амма бищунго тIокIаблъун гьесие букIана, тарихалдаги, бахIарчилъиялдаги, гIакъиллъиялдаги цониги пачалихъцин гьесие бащалъуларебин кколеб гIагараб миллат. Бугониги, гьедигIан лъай гъваридав МухIамад ГIабасовичасул гIаданлъиялъулги гIамал гьитIинлъиялъулги бицунаан гьесул рекIел бацIцIалъиялъги, вуцIцIухIун чIун, жиндирго къалмидалъун миллат кIодо гьаби гурони, жиндиего кIодолъи цIехонгутIиялъги, гIагараб халкъалда цеве вахъун кIалъазе бокьунгутIиялъги, гIагараб миллаталъул цIаразул къисаби рицунаго бадиб кенчIолеб магIуялъги…

   Мунагьал чураги дур, рекIел сахаватлъиялъги баракатаб къаламалъги гIагараб, дуе кутакалда хирияб миллаталъул тарихалъулъги адабияталъулъги наслабазда батулеб гъваридаб лъалкI тарав МухIамад ГIабасович!

 

ТубхIат ЗУРГЬАЛОВА