РакIгъураб гъанситухъ

 

 

  КигIанги гьунар-махщел бугев чи хъулухъалдаса гIодов чIедал, гьев кIочон толеб гIадат буго. Нагагьги чи рекIеда ватуларо гIемерал соназ росдал, районалъул, республикаялъул гIумру берцин гьабуразе баркала кьезе. Гьединаб, гIемеразе мисаллъун рехсезе бегьулеб тадбир гIуцIун букIана ЧIарада райадминистрациялъул, лъай кьеялъулгун культураялъул идараялъ гьал къоязда.

  Маданияталъул къо кIодо гьабун, ЦIуриб культураялъул кIалгIаялъуб гIуцIараб тепси-сурпаялде ахIун рукIана кIикъогоялдасаги цIикIкIун, соназ росабалъ ва райцентралда хIалтIарал культураялъул ветеранал.

   Гьеб гъасде ракIараразулъ рукIана Дагъистаналъул халкъияв артист Цемериса Абакар Жамалудинов гIадал, республикаялда машгьуралги, камилаб махщел бугониги цIаразда хадур лъугьинчIого рижараб ракьалдаго чIаралги гьунарчагIи. Щивас жиндир росдал хаслъи цIуниялъе анцI-анцI сонал кьурал, жегиги жамагIаталъул тадбиразда гIахьаллъулел ГIириса ГIалиасхIаб ГIалиасхIабов, Хьинуса ХIажи ХIажиев ва Ибрагьим ГIабдулаев, кIикъого соналъ культураялда хIалтIарал ЦIуриса Садрудин ва ПатIимат Хадулаевал, Гьочоса МухIамад ГIумаров, Муккукьа Лаюзат МухIамадова, Мугурухъа Кусум ГIисаева, Мощоса Зияудин Халикъов, Гьилиса Ибрагьим ШагIбанов, Дорониса Зумруд Валиева тIолалго магIарулазда лъазе мустахIикъал руго. Тадбиралда данделъарал киналго ветераназул цIарал рехсон гьаниб хIалги кIвеларо.

   Цебесеб заман ракIалде щвезабулаго, иргадал кодобе музыкалиял алатал росун, ватIаналде рокьи загьир гьабулел кучIдулги ахIана гьез, жакъасеб культураялъул ахIвалхIалалъул биценги гьабуна. Цебесеб заман ракIалде щвезабулаго, иргадал кодобе музыкалиял алатал росун, ватIаналде рокьи загьир гьабулел кучIдулги ахIана гьез, жакъасеб культураялъул ахIвалхIалалъул биценги гьабуна.

 Щивасул цIарги рехсон, кочIол мухъаздалъун гьезие баркала загьир гьабуна тадбир нухда бачунез. Райадминистрациялъул рахъалдаса ракIалдещвеялъе сайгъаталги культураялъул хIалтIухъабазул кочIолаб саламалги щвана ветераназе.