Чвахе, магIарул кечI

 

НекIогоялдаса урхъун йикIана унго-унгояб магIарул кочIохъ. Ва рекIелъ гьеб хIасратаб урхъигун къабул гьавуна дица газеталъул иргадулав гьобол  Дагъистаналъул мустахIикъав артист, ЧIарада районалдаса ГIумар Тахиев. ЧIарада районалъулги магIарул кочIолги бугеб гьоркьоблъиялъулги магIарулазда лъала. Гьенив кечI ахIуларев чи ватиларин абунигицин мекъиги ккеларо. МагIарул унго-унгояб кечI тIирщизеги тIегьазеги киналго шартIал руго гьенир. Рорхатал мугIрулги, берцинаб гIидраги, мугIрузул каранда угьарал сухъмахъалги, гьел сухъмахъалккун мугIрул ахалъуде чвахунго чвахун унел лъаралги, лъабго гIор цолъун лъугьараб магIаруллъиялъул квацIиги. Гьеб квацIулъ сверухълъиялдаго нур базабулеб цо тIегьги – магIарул кочIол чIор. Гьеле гьеб чIоралъулъ буго ГIумарил кочIол гвангъиги.

ГIУМАРИЛ КОЧIОЛ РОЦЕН

          Щивав кочIохъанасул букIуна халкъалда жив ракIалда чIолеб цо хасаб кечI. Дидаги лъалаан ГIумар «ГIолохъанай цыганай» абураб кочIодалъун. ТIоцебе гьеб ахIулеб рагIараб мехалда, рекIее гьабун букIараб асар жакъаги гьулчун бачIана, ГIумар кабинеталъуве лъугьун вачIиндал.

        — Унтун вукIинчIевани, кечIги ахIилаан-,  иланги абун, махсараги гьабуна гьес.

          Гьавуна ГIумар ХIурухъ росулъ. Школалда цIалулеб заманалдаса нахъе гIахьаллъана районалда ва республикаялда тIоритIарал музыкалиял конкурсазда, фестивалазда. Кида ва кин бижараб магIарул кочIоде рокьийилан ЧIарада районалъул чиясда гьикъи гIададисебги букIинарищха.

      ГIумарил кочIохъ гIенеккидал, хъатиниб лъураб гIадин, цебе рещтIуна магIаруллъи. Чвахун бачIунеб магIарул кочIолъ рихьула рорхатал мугIрузул тIогьаздасагицин тIадегIанлъиялда ругел магIарулалги. Черхалда дагьабниги сири балеб гьечIони, гьеб кечI гурин абула магIарулаз. Буго ГIумар Тахиевасул кочIолъги цохIо жиндиего хасаб берцинлъиялъул гогьар. Гьеле гьеб гогьаралъухъа бажарана магIарул кочIода гIажаибаб расен угьизе. Цин пандрида, цин аргъаналда ракI-ракIалъ ахIулеб кечI рагIидал, бичIчIула гьесул кочIол роцен тIадегIанаб даражаялда букIин. ГIагараб халкъалъ кочIое чIвалеб хъат-  гьеле гьесул кочIол багьа. Киназего гуребха гьединаб талихIги гьимулеб.

    2000-2014 соназда ГIумар хIалтIана гIагараб районалъул Культураялъул рукъалъул методистлъун. Гьелгощинал соназги щулалъулеб букIана ГIумарилги магIарул кочIолги бухьен. Кив гIахьаллъаниги, кивехун аниги – киса-кирего шапакъатал, бергьенлъаби…

     Жакъа чIаго бугеб ва даим чIаго букIинеги бугеб магIарул кочIолъ руго ГIумарил кочIол расеналги. Гьелъул буго жиндирго къиса. ГIумар Тахиевасул кочIол къиса. Гьединабго талихIаб къисматги.

 

КОЧIОЛАБ ЧIАРАДАГИ» ГIУМАРИЛ КЕЧIГИ

 

   Лъидаха лъалареб чIарадисезул машгьураб бихьиназул хор. Унго-унголъунги, рекIее лъугьунеб лазат, ретIун миллияб парталгун магIарул гIолохъаби цере рачIиндал.

   АхIулеб буго кечI магIарулаца. АхIулеб буго ракI-ракIалъ, магIаруллъиялдеги магIарулаздеги рокьиги загьир гьабулаго. Гьеб хIасратаб сипаталъ, гьайбатлъиялъ, чIухIадго свериги бахъун, тIавап гьабула гIагарал мугIуруз тIогьазда. Гьеле гьеб борхалъиялда буго жакъа ГIумарил кечIги.

ГIуралго соназ хIалтIулев вуго ГIумар Тахиев Авар театралда цебе бугеб «КочIолаб ЧIарада» ансамблялда.

 

КЕЧI-  ДИР КIИАБИЛЕБ ХIУХЬЕЛ

 

       -Бокьула дие магIарул кечI. Гьеб буго дие кIиабилеб хIухьеллъунги. Амма гIагарлъиялъги лъималазги абулеб буго, саналги ран ругин, кечI тани, лъикIаб букIинилан. Диналъе дандекколеб жо гурин кечIилан цо-цояз абидалги, цо-цо мехалда уяб жойиланги ккола, цо-цо мехалда, дидаго лъачIого, кочIол гъумутакье ккун ватула. БитIун бицани, дие кечI букIана гIумруялъго гьудуллъунги къисматалъул расенлъунги. Дир кечIалъ гIадамазе рохел гьурщулеб батани, гьебги ккола дие талихIлъун. Цогидазе талихI гьурщи – гьеб гурищ нилъер талихIги-,  ян абуна ГIумарица.

       АхIула ГIумарица пандридаги, мандолинаялдаги, гьединго аргъаналдаги. Щибаб музыкалияб алаталъулги гьелда цадахъ гIодулеб яги бохулеб щибаб къисмат, щибаб къиса, щибаб хатI. Гьелде тIадеги гьес пулеб буго зурма. Дица цее чIезаюлей йикIана зурмихъе кьурдулей дунго. Амма битIун бицани, зурмихъе хIатIал росизе лъалеб батичIо. Ругелдай гьанжесел гIолилазда гьоркьорги гьединал.

    -Дир инсуда лъалаан зурма пуйзе. Гьеб махщел диеги ирсалъе щвана. Амма пайда щибха – гьанжесеб гIелалда гьеб кIочонеб буго. ГьечIо гьел къанагIатаблъун лъугьун бугеб гьеб махщалие гIолилал куцалелги, гьезие жидеегоги гьелъул ургъел гьечIо. Кинабго цебе тIолеб буго жакъасеб миллияб маданияталда.

  Амма миллияб музыкалияб алатлъун кколеб зурма щаялиго кIочонеб буго. Ахиркъадги гьеб хутIила музеялда. Цо дагьаб заманалдасан бицине батила нилъеца хадусел гIелазе гьале гьаб музыкалияб алаталда зурмайилан абула, гьалъул бакъназухъе кьурдулаан церейилан. Лъицаха гьезда бихьизабилеб зурмил лазатги берцинлъиги-,  ян бицана ГIумарица.

  БитIараб буго ГIумарил пикру. Щай бегьулареб искусствабазул школазда зурма пуйзеги, гьелда гъоркь кьурдизеги малъизе бегьулареб.

        ГIумарилгун гара-чIвариялда, бокьун букIана гьесухъ цо лахIзаталъ, гьес ахIулеб кочIохъ гIенеккизе. Щаялиго дир хьолбохъ рещтIана «гIолохъанай цыганай». Бокьун букIана гьелъ дир къисматалъеги пал тIамизе…

    АхIула ГIумарица ХIамзатил Расулил, ХIажи Гъазимирзоевасул, Залму Батировалъул, Залму МухIамадовалъул ва цогидал шагIирзабазул рагIабазда.

 

НУХ БИТIАГИ, ГIУМАР, ДУР ГЬУНАРАЛЪЕ

 

    Гьал гIагарал къояз ГIумар Тахиевасе щвана «Дагъистан Республикаялъул мустахIикъав артист» абураб цIар. Гьеб буго кочIохъанасул махщалие кьураб къимат. Нух битIаги, ГIумар, дур гьунаралъе. Биччанте чвахизе дур кечI, гIагарал мугIрузде бугеб рокьул саламги босун.

    Биччанте гьеб цолъизе тIабигIаталъго мугIрул каранда угьарал росабазул щибаб рокъоб дур кочIода батизе бугеб хинлъигун.

   Хасаб музыкалияб лъай гьечIониги, магIарул кочIол улкаялда жиндирго си барав, кинаб хIалтIуда вугониги, кечIалъ жиндихъего цIарав кочIохъабаздалъун бечедаб ЧIарада районалдаса     ГIумар Тахиевасги жиндирго гвангъараб лъалкI толеб буго миллияб музыкалияб маданияталда.

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА