Миллаталъул хаслъи бичIчIана, гIадаталъухъ рокьи ккана

 

22-26 ноябралда Невинномысскиялъул пачалихъияб гуманитариябгун техникияб институталда тIобитIана «Кавказский диалог» абураб XII Халкъазда гьоркьосеб гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелъул «Обрядовые традиции Северо-Кавказских народов: от предков к потомкам» абулеб секциялда манзилалъулаб форматалда гIахьаллъана Шамил районалъул ЦIияб ГIурада росдал С. Х. Асиятиловасул цIаралда бугеб школалъул коллективги. Учительзабазги, цIалдохъабазги, улбузги конференциялъул гIахьалчагIазда бихьизабуна «КIач (тIимугъ) букъи» абулеб магIарулазул некIсияб гIадат.

 

 

МагIаруласул гIадатияб рокъоре кIач букъиялъул гваялде ракIарун ругоан гIемерал гIадамал. Гьидерил берцинаб ретIел ретIарал бихьиналги руччабиги машгъуллъун руго ругьунаб ишалде: гьез букъулеб буго, хасало квачалдаса цIуниялъе чара гьечIого къваригIунеб тIимугъ, гьидерил мацIалда абуни, кIач. Гьез рихьизарулел руго кIач букъиялъул киналго бутIаби: цоял руго тIахьал рацIцIунел, кIиабилел – тIехь ххалел, лъабабилел – роцада борцун, тIехь лъутIулел, ункъабилел – букъулел, щуабилел – хIалтIул даражаялъул хал гьабулел. Ахиралда, цо гIолиласда тIадги ретIун, цIияб тIимугъалъе къимат кьолеб буго киназго.

 

 

Умумузул гIадаталда рекъон, гваялда хIалтIулел чагIазул ракIгъеялъе васазги ясазги, хис-хисун риччалел руго бакънал, рицунел руго кепал лъугьа-бахъинал. Гваялда абулеб-бицунеб кинабго жо буго гьидерил мацIалда. Гьебго заманалда, гьидерил мацI лъаларел чагIазда бичIчIизелъун, экраналдасан гIурус мацIалда кьолеб буго кинабго лъугьа-бахъунелъул баян. ГIадаталда рекъон, гваялъул хIалтIи лъугIун хадуб, гьайгьай, букIана квана-гьекъейги, ихтилат-кепги. Рукъ бакьулъ, горсвери гьабун, тIансаялда тIибитIараб тепсиялда нахъа ракIарана хIалтIун свакарал чагIи. ТIагIамаб кваница чахьал рохизаридал, гьез рагьана ихтилат-кепалъул къвачIа: рукIана берцинал каламалги, кепал харбалги, пасихIал тосталги, кьурдабигун кечI-бакъанги. Гьайгьай, киналго цадахъ рахъун, шавкъалда гьабуна гьидерил каш кьурдиги. Къокъго абуни, ЦIияб ГIурада росдал школалъул коллективалъухъа бажарана балагьарал хIайранлъулеб куцалда магIарул, хасго гьидерил, гIадаталъул тIокIлъиги, магIаруласул хасияталъул камиллъиги, нилъер миллияб ратIлил гьайбатлъиги, кьурдабазул ва кечI-бакъаналъул берцинлъиги, кванил гьарзалъиги бихьизабун. Регионазул анцIабго командаялъул церерахъинал лъугIун хадуб бицана бихьизабураб щибаб миллаталъул халкъиял гIадатазул хаслъи-тIокIлъиялъул хIакъалъулъ ва къимат кьуна коллективазул церерахъиназе. Данделъи бачуней Елена Сорокиналъ абуна, Дагъистаналъул командаялъ бихьизабураб гIадаталда релълъараб жо жинда киданиги бихьун букIинчIилан. МацI бичIчIичIониги, гьелъул гIахьалчагIазул рагъа-рачариялдасан бичIчIанила «кIач букъи» абулеб гIадаталъул аслияб магIна. «Нужер маданияталъул хаслъи лъана, гIадаталъухъ рокьи ккана, квеш ккараб жо буго, нужеца хIадурараб батIи-батIияб кванил хIалбихьизе рес гьечIолъи. Баркала киназего», — ян абуна гьелъ.

 

 

Жюриялъул членазги лъикIаб къимат кьуна нилъер командаялъе. Гьезул рукIана гIемерал суалалги. Масала, кIач букъиялъул гваялда цохIо гIагарал чагIийищ гIахьаллъулел? Гьаниб бихьизабизе «кIач букъи» абураб гIадат нужеца тIаса бищиялъе гIилла щиб ккараб? Жюриялъул членазе бищунго кеп щвана «Гьидерил каш» кьурдиялъул, гьединлъидал гьеб цIидасан такрар гьабизеги тIамуна. Гьезда цIакъ берцин бихьана руччабазул ратIлил форма, хасго чаба ва гIоркь. Гьарана гIоркь гьабиялъул ва ретIиналъул хIакъалъулъ бицеян. Абуна жидер хIацIу чвахулеб бугила тепсиялъул бечелъиялъухъ ва гьенир ругел, кирго рихьич1ел гIадал, батIи-батIиял тIагIамазухъ балагьун. ЦIоросаролъул хинкIалги гьезда тIад лъураб бакьги бихьидал, гьезухъа гьаркьалцин рорчIана. Мугь (гьи) щиб тIагIам кколебали гьезда лъалебго батичIо, гьединлъидал, телевизоралдаса лъикI бихьулеб куцалъ цебегIанги босун, бицине ккана гьеб тIагIам гьабулеб ва кунеб къагIида. Дагъистаналъул цIаралдасан Россиялъул халкъалда телевизоралдасан «кIач букъи» абулеб миллияб гIадат бихьизабураб ЦIияб ГIурада росдал школалъул коллективалда «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабазул рахъалдасанги баркула церерахъин.

 

Нури НУРИЕВ