«МагIарул игитасул» кьурди гьабизе лъалищ нужеда?

 

  МахIачхъалаялда буго «ВатIан» абураб кьурдухъабазул фольклорияб ансамбль. Нужер гIемерисезда рагIунги телевизоралдасан рихьунги ратила гьенир кьурдулел гIисинал васалгун ясал. Гьеб ансамблялъе нухмалъи гьабулеб буго ГIали МухIамадгIалиевас. Исана гьес бана 60 сон. 1988 соналда ГIалица гIуцIараб кьурдухъабазул ансамблялъ исана тIубала 33 сон. Араб анкьалда гьезухъе гьоболлъухъ щвана ниж.

МахIачхъалаялда, Ярагъиясул цIаралда бугеб къотIноб буго «ВатIан» ансамблялъул мина. Къаси сагIат анкьгоялде бащдаб хIалтIидал щвана ниж гьенире. Жанире щун рахъиналде, гьимулаго данде вачIана ГIали. «Нуж рачIинегIан байбихьичIого тун бугин репетиция, хехго жанире», — янги абун, гьеб тIобитIулеб рокъоре къабул гьаруна гьес. ГIатIидаб залалъуб кинабго хIадурун бугоан репетициялде.

 

 

«ВатIаналъул» гIисинал гьудулзабазул кIудияб чIаголъи

 

 

   ТIаде балагьун 10-12 сон барал гIисинал васалги ясалги рукIана кьурдизе байбихьиялъухъ ралагьун чIун. РетIун тIадагьаб ретIелги, хIатIазда гьединалго тIадагьал, мачуязда релълъарал хьиталги рукIана. ГIалица, бетIерги хьвагIун, музыкантазде ишан гьабуна ва залалъуб тIибитIун ана, двар-двариялда бухулеб къололги лъимерлъудаса нахъего рагIун ругьунаб, зурмил къвакъваялъулги лазатаб бакъан.

  Дир кидаго хIалхъублъула берцинго, тIадагьго хIетIеги босун кьурдизе лъалев гIолохъанчиясда. Цо-цоязе тIабигIаталъго кьола гьеб гьунар. Цо-цоязе абуни кьоларо. Амма гьитIинго гьадинаб бакIалде ругьун гьаризе кьуни, щолеб батила берцинго хIетIе босизе махщел чиясе. Гьединал пикрабаз кверде восана дун лазаталда кьурдулел «ВатIан» ансамблялъул лъималазухъги валагьун. Гьезин абуни тIад босизабун букIана репетициялъул гIатIидаб зал. Цин борхун, цин гIодобе би­ччан бачунеб бакъаналда гъоркь гьел цин боржине хIадурлъулеб цIудуца гIадин, куркьбалги рорхун, унаан гIедерго хIатIалги росун. Хадуб шавкъ бачIун, «гьарссаян» гьаракьги гьабун, кIанцIун унаан эхеде. Гьаваялда тIавап гьабулеб цIудуца гIадин, гьенибго цо свериги гьабун, рортун рачIунаан ракьалде, речIчIулаан накабазда, рахъунаан тIаде. Гьеб мехалъги гьабулаан цо гьаракь, тIоцебе гьабун букIараб кIочараб хIалалъ. Хадурги унаан гьаваялде кIанцIун, гьабулаан гьениб цо гьайбатаб свери, бахъулаан гIодорасанди. Гьезул хIатIил росиялда рекъезабун бакъан бачунел музыкантазги цин гIодизабулаан аргъан, хIеренго бачунаан зурма, гьабугьин бухулаан къали. Хадуб цинтIаго зварун тIокIкIараб биччалаан зурмица ба­къан, къватIибеги рагIулеб хIалалъ, кIодого бачунаан аргъан. ГIишкъу речIчIун бачIиналда рекъезабун, эхе-эхеде рехулаго бетIергун, бухулаан къолохъанас жиндирго къали. Гьеб киналъго батIияб чIаголъи, чIагояб рухI речIчIизабулеб букIана кьурдуда.

  Васаздаса нахъе ккечIеб берцинаб кьурди букIана ясазулги. Гьел цин хIорида тIад лъедон унеб хIанкъва гIадин унаан, хIеренго хIатIалги росун, гьаругьин квералги рорхун, намусго ракьалде бералги руссинарун. Хадуб, тохлъукьего бетIерги борхун ккун, гьабулаан цо гьайбатаб кьурди, бахъулаан гIодорасанди. Гьезухъ балагьун паналъун хутIун дунги вукIана. Гьоркьо-гьоркьоб борчIараб гьезул гъалатI битIизабулев ГIалиги вукIана, унго-унгояв мугIалим гIадин, гьезда цевеги эхетун. Берзул ишаналдалъун, кверзул рагъариялдалъун кIолеб бугоан гьесда лъимал жиндихъго гIенеккизаризе, гьесул ракIал жиндехунго руссинаризе. Гьебги кIудияб махщел гьечIищха?

  Гьединаб букIана «ВатIаналъул» гIисинал кьурдухъабазулгун тIоцебе­себ лъай-хъвай ккараб лахIзат. Хадур ниж рилълъана ГIалил кабинеталде. БатIи-батIиял соназда ансамблялъе щварал грамотабазул, баркалаялъул кагътазул, каранда ралел, гIодор лъолел батIи-батIиял шапакъатазул, кубоказул цIун рукIана къадалги, гьединго гьесул кабинеталъул ункъабго бокIонги. Къадазда чIван рукIана батIи-батIиял соназда батIи-батIиял шагьаразда рахъарал ансамблялъул гIахьалчагIазул ва жиндирго сураталги. Цо сураталда гьев лъимадул гIадаб гьимигун вукIана эхетун. Цоги сураталда — гIолохъанав ГIали къамартIго, тIад чухъаги ретIун, боржине къачIараб цIум гIадин, сценаялда кьурди гьабулев.

  1988 соналдаса нахъе ансамблялъул гIумруялда чанги хиса-басиял ккун руго. ЧанцIулго хисун буго гьелъул цIарги. Мисалалъе, цо заманалда «ТалихIаб лъимерлъи» абун букIана гIисинал кьурдухъабазул къокъа. Телевизоралдасан, гьел рихьизарулеб заман ракIалда буго. Гьел рукIана 1990-абилел сонал. Хадуб букIун буго «Имамат» абурабги ансамбль. БукIана заман «Кавказ» абураб цIаргун гьел цере рахъунебги. Гьел киналго рукIанин «ВатIаналъ» хIадур гьарурал проектал, гьел киналго ансамблязда гьелъул «лъималин» абизе бегьулин бицана ГIалица. Щибаб заманалда ва заманалъул чвахиялда дандеккезабун, рекъезарун лъурал цIарал рукIанила гьел.

  — Амма жибго «ВатIан» ансамбль кидаго букIана. ХIабургъарал 1990-абилел соназдаги, гьелдаса хадуб кинаб заман бачIаниги, щибалда хIалги рекъезабун, церехун галабиги тIамулаго ана ниж. 33 сон ана гьеб гIуцIаралдаса нахъе. 33 сон — гьеб буго битIун завалалда вугев гIолохъанчиясул ригь. Гьел соназда жанир «ВатIаналъ» куцан, хIадур гьарун, гIемерал гIолилал ана къватIире. Гьезул цо-цоял жакъа «Лезгинка» ансамблялдаги руго, цоял республика бахун къватIирги руго, цогидал бизнесалдаги ратила, хутIаралги чIара-хьараб магIишатги гьабун магIарухъ, батIи-батIиял шагьараздаги ратила. Бечедаб тарих тана «ВатIаналъ» нахъа, — йилан рекIелъ чIухIигун абуна ГIалица.

 

Огь, магIарул кьурди, кьурдулел васал

 

   Репетицияги лъугIун, жана­хIа­лъур данде-данде руссун, би­хьа-рагIаралъул бицунел ругоан гIисинал кьурдухъаби. Гьезие на­си­хIат гьабулев цо гIолохъанчиги ву­гоан. Гьев ватана ГIали Му­хIа­мадгIалиевасул вас МухIамад.

  — Гьал лъимал руго «ВатIаналъул» гIахьалчагIи, — ян бицана Му­хIа­мадица. — Бищун гьитIинасул буго микьго сон, бищун кIудияв, ай СагIидил 13 сон. Гьасдасан байбихьизе бегьула дуца гара-чIвари гьабизе.

  — БокьунгутIи букIинарогури дур, — илан гьикъана МухIамадица гьесда.

   БукIинарин, жаваб кьуна СагIи­дицаги.

   «ВатIаналде» гьев вачIун вуго микьго сон барав чи. ТIоцебе захIмат букIанищан гьикъидал, бигьагоги букIинчIин мукIурлъана гьев.

   — Бигьаго букIинчIо, масала, байбихьуда гьаниб чIезабураб низамалде ругьунлъизе. ЧIахIияз, мугIалимзабаз бицунелъухъ кIвар кьун гIенеккизе малъула нижеда тIоцебе. ГIадлу хварал жал гьаризе, жегIезе, хIажат гьечIого гIемер гаргадизе бегьуларо. ЗахIматго букIуна гьеб кинабго къабул гьабизе, ниж гIисинал чагIилъидал, чIахIияз абунщинаб босизе гIакълу жеги цIубачIел нижее захIмалъичIого букIинищ. Хадуб, дагь-дагьккун ругьунлъула низамалде, — ян бицана Къурбанов СагIидица.

   — Нужер репетициялъухъ ва­ла­гьун вукIана дун. Бащдаб сагIаталда жаниб анцIго ба­тIиябниги кьурди бихьизабуна ну­жеца. Гьел киналго ракIалда чIе­зарун кин бажарулеб?

  — Щибаб къоялъ тIадчIун куцалел ругелъул, ракIалда чIечIого хутIуларо. Гьелъулъ аслияб жолъун дица рикIкIуна гъира-цIа, кьурдуе ругьунлъизе бугеб шавкъ. Гъира-шавкъ гьечIони, хIасил ккезе гьечIо.

  — Дуего бищун кинаб кьурди бокьулеб?

  — Дие киналго рокьула. Кавказа­лъул халкъалъул киналго кьурдабазе куцалелъул ниж гьанир. Амма бищунго рекIее гIола «Игитасул кьурди» абураб тайпа (Танец джигита). ЦохIо дие гуребги, дида цадахъ ругел киназего бокьула гьеб кьурди, — ян бицана СагIидица

   Гьеб тасдикъ гьабуна ГIалицаги. СагIидидаса цо соналъ гьитIинав вуго гьев. Лъабго-ункъо сон буго «ВатIаналда» куцалев вугелдасаги. ГIага-шагарго СагIидилго гIадал рукIана гьесулги жавабал.

  Щуго-анлъго сон баралдаса байбихьула нижеца лъимал къабул гьаризеян бицана ГIа­ли МухIамадгIалиевасул вас МухIа­мадица. Гьанире рачIун лъагIел арабго бихьула бугищ гьесулъ (яги ясалъулъ) тIабигIаталъ кьураб гьунар яги гьечIищали. Гьединал гьунар бугел лъимал рачIинахъего лъала ратIа рахъизе. Ансамблязде росилалде гьел цин батIи-батIиял бакIазде, конкурсаздеги рачуна. Гьениб лъикIаб кьурди бихьизабурал, бажари бугел васалги ясалги хадур ансамблялдеги росула.

— Мунги ВатIаналъ куцарав чи ватила?

   — Вуго. Амма дун гьаниве вачIине кватIана, гIемераб мехалъ кьурдичIо ансамблялда. Цогидал лъимал гIадин анкьго-микьго сон баравго ккечIо дун гьаниве. РукIун ратилаха гьелъие гIиллаби.

  «ВатIан» школалда кьурдун гIурал гIолохъаби киса-кирго бегьула ратизе. Дагьав чи гурелъулха 33 соналда жанив гьаниса арав. Дида лъала, нилъер руччабазе цIакъ бокьула ихтилат-кеп. Бертабалъ ва цогидал данделъабазда берцинго кьурдулев гIолохъанчи вихьидал, гьагъадин кьурдизе лъалев вас дирги вугеваниян ракIалде ккола гьезул гIемерисезда. Гьеб пикруялда хадур рилълъун, чанги эбелалъ витIун вачIана жиндирго вас нижехъе кьурдизе ругьун гьавизе.

  Нилъерго гьаниб кин гьабулареб, гIурус ракьалда гIумру гьабун ругел гIадамазецин бокьула Кавказалъул кьурдиги магIарул бакъанги. Россиялъул чанго шагьаралде щведал дидагоги бихьана. ТIоцебе нилъер кьурди бихьарал гIурусал цIакъго паналъун хутIула.

   Жакъаги гъираялда рачIуна гьанире лъимал. ХIасратго ахIулеб кечIго гIадин, кьурди-хъат кидаго къиматалда букIараб жо буго. Нилъер умумузеги бокьулаан гьеб, наслабаз наслабахъе кьун жакъаги ссиялда буго гьелде бугеб рокьиги асарги.

 

 

ГIалигъалбацIица «ВатIан» ансамбль «асир» гьабураб куц

 

   «ВатIаналъул» васазул бищун гьитIинав вакил ккола микьго сон барав ИсмагIилов ГIалигъалбацI. Гьесул умумул ккола ЛъаратIа районалдаса. ГIалигъалбацIил кIудияв эмен советияб заманалда районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулевлъун вукIарав чи кколинги абун, гьесул умумузул биография­лъул интересаб бутIаги рагьана ГIалил вас МухIамадица.

  — Анкьго сон барав чи вачIана ГIалигъалбацI «ВатIаналде». ЛъагIа­лидасан гьев ансамблялде восана. ЦохIо соналда жаниб ансамблялъул кьеразулъе къабул гьави — гьеб ккола кIудияб икъбал. Бокьа-бокьарав гIолиласе щолеб талихI гуро гьеб. Гьанир цо-цо лъимал анкьго соналъ куцаниги, ансамблялдеги росичIого нахъе уна. ГIалигъалбацIие тIаби­гIа­талъго кьураб гьунар буго кьурдизе. Гьесул кIудияб букIинесеб батиялда щаклъи гьечIо дир, — илан разиго бицана МухIамадица гьесул хIакъалъулъ.

  Сабурав гIолилав ватана ГIа­лигъалбацI. Гьесиеги бокьулеб буго «МагIарул игитасул» кьурди гьабизе. Лъалел руго цогидал, Кавказалъул халкъалъул кьурдабиги. Гьев «ВатIан» ансамблялъул гIахьалчи вукIин лъайдал, бертабалъ ва цогидал дандеруссиназда кьурдизеги вахъинавулев вуго. ГIалигъалбацIил анищ буго профессионалияв кьурдухъанлъунги вахъун, хадуб жиндирго школа рагьизе. Яги щиб лъалеб цо 10-12 соналдасан «Лезгинка» ансамблялда вихьизеги бегьула нилъеда гьев…

Ашахан Юсупов