Авартеатр — басриябги цIиябги

 

   Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъ лъазабураб рагьараб конкурсалда рекъон, Авартеатралъул директорлъун вищана МухIамад БисавгIалиев. Гьеб цIияб хабар лъана араб итни къоялъ. 5 октябралъ, ай хадусеб къоялъин абуни, цIияв директор хъулухъалде тIамулев вукIин бицине, коллективалъул гьесул лъай-хъвай гьабизе Авартеатралде ячIун йикIана, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Мадина Жаватханова. Директор хIисабалда цIияв вугониги, Авартеатралъе жив цIияв, чиярав вукIинчIин абуна БисавгIалиевас саламалъулаб калам гьабулаго.

— Миллияб театралъул хIалтIул даража борхизаби, гьеб халкъалъе гIагараблъун лъугьинаби буго мурад, — ин абуна гьес цадахъ рекъон хIалтIиялде коллективги ахIулаго.

Нижер баян:

   Машгьурав журналист, публицист, хъвадарухъан, ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан МухIамад ГIалиев (БисавгIалиев) гьавуна 1973 соналда ЛъаратIа районалъул Салда росулъ. 1998 соналда лъугIизабуна ДГУялъул авар ва гIараб мацIазул факультет. Журналистасул нух байбихьана республикаялъул «ХIакъикъат» газеталда. ХIалтIана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалда Расул ХIамзатовасул кумекчилъун. Гьениса БисавгIалиев ахIана жидерго районалъул «ЛъаратIа» газеталъе нухмалъи гьабизе. 2011 соналда гIуцIун, 2018 соналде щвезегIан къватIибе биччана жамгIиябгун политикияб «Миллат» газета. 2014 соналдаса нахъе БисавгIалиевас бетIерлъи гьабуна республикаялъул «Дагъистан» журналалъе. 2021 соналда, «Балъгояб даптар» («Тайная тетрадь») тIехьалъухъ МухIамадие кьуна пачалихъалъулаб премия.

ВАКЪУН ХОЛЕСЕ САДАКЪА ГIАДИН

   Жиндир гIумруялда жаниб Авар­ театралда 16 батIияв директор хи­санин хъвалеб буго «Дир театр» абураб тIехьалда мунагьал чураяв МахIмуд ГIабдулхаликъовас (гье­зул цояв живгоги вукIана). МахIмуд аралдаса жеги лъабгоялги хисана. Гьезда гьоркьоса бищун цIикIкIун заманалъ директорлъи, мунагьал чураяв, ХIабиб ХIажиевас гьабуна. Театр борхалъуда бугел, ахалъуде ккарал, цIидасан куркьбал рорхизе хIаракат бахъарал, хисардулеб политикаялъул сонал рукIана гьел. Советияб заманалъул гIуцIи биххиялда цадахъго хисана халкъалъул театралде бербалагьи, хъантIиялъ кверде росарал хIакимзабаз хIулун хутIарал гъурщал, вакъун холесе садакъа гIадин рехулаан культураялъе. Бихьулаго чIунталиде ккун букIана миллияб маданият. Авартеатралдайин абуни, хIукуматалъул бюджеталъул рахъалдаса тIоцересел бакъул чIоралги щун, ремонталъул хIалтIаби байбихьун рукIана. Гьеб заманалда, «ХIакъикъат» газеталда рагьараб миллияб телестудиялъ хIадурун букIана театралъул хIакъалъулъ передача. Гьеб бихьизабун букIана РГВК каналалъги. Мурад букIана театралъул хIакъикъияб гIумру, масъалаби рагьи.

   Авартеатралъул нухмалъулел, режиссерал, актерал гурелги, гьенир кIалъан рукIана театр бокьулел, гьелъул кIварги хIажалъиги бичIчIулел магIарул интеллигенция. Гьезул цояв вукIана МухIамад БисавгIалиевги. Цогидаз пригласительный тIалаб гьабулеб заманалда БисавгIалиев вукIунаан, босун билетгун, цIи лъуралщинал спектаклязде хьвадулев. Школа лъугIун магIарухъа шагьаралде вачIаралдаса нахъего театралъулгун бухьен тIечIев МухIамад гьанже директорлъун тIамидал, дица цIидасанги хал гьабуна, 15 соналъ цебе хIадурараб передачаялда, гьес загьир гьарун рукIарал пикрабазухъ.

   «Расул ХIамзатовасул кечIцин букIана: Щай театралъул цебесеб кьерда ТукенчагIи ругел, гьеб бичIчIуларо, — ян. Гьел рагIаби хъвалеб заманаялъ театралде белтал щвеялъул масъалайищ букIарабали лъаларо. Жакъа театралъул цебесеб кьерда цониги тукенчи яги министр вихьизе гьечIо. Замана хисун буго. Москваялъул, Ленинградалъул яги Европаялъул церетIурал пачалихъазул чIахIиял театрал рукIуна интелектуалияб элита, хъулухъчагIи, гIаммаб къагIидаялъ абуни — дунялалда битIккарал чагIи унеб бакIлъун. Авартеатралда гьанже рукIуна, зал цIезеян, билет босичIого жанире риччарал университеталъул студентал, Родопалъул бульваралда тира-сверулаго гьениб спектакль букIин лъан жанире лъугьарал чагIи. Гьединго, дагьал ругониги, гьоркьохъеб даражаялъул, унго-унгоги театр бокьулел гIадамалги. Гьединаб буго театралде бачIунеб гьанжесеб публика, зритель».

РУХIИЯБ ТIАЛАБ БУКIУНА РЕКIЕЛ

   Расул ХIамзатовасул 80 сонил юбилеялде Авартеатралъ бихьизабун букIана «Сонал, саринал, сапарал» абураб литературиябгун музыкалияб композиция. Живго Расулил гьариялда рекъон гьеб композици­ялъе сценарий хIадурун букIана МухIамад БисавгIалиевас. Сценаялда гьеб лъуна СалихI Имангъоловас. Гьеб ккана театралъул сценаялда Расул ХIамзатов цеве вахъараб ахирисеб тадбирлъунги.

  ЦIидасан ракIалде щвезарила дол соназго БисавгIалиевас абурал рагIаби:

«Цойги, аслияб масъалалъун Авартеатралъ рикIкIунеб жо буго нилъер миллияб драматургия гьечIилан. Доб заманалдаго ЦIадаса ХIамзатица, ГIабасил МахIамадица, цо-цо хъвадарухъабаз хIалбихьиялъе хъварал пьесаби руго гъоз лъолел. Драматургия кин букIинеб, гьеб хъвалев чи гьечIелъул нилъер. Нагагь вугониги гьеб хъварав чи разияб хIалалъ мухь, харж гьечIо кьолеб. Кинабгоги тIубан нахъе хутIарал гъурщазде ккун буго культура. Театр букIине ккола, тIоцебесеб иргаялда, гIадамасе тарбия кьолеб бакIлъун. Литератураялъулго гIадин, театралъулги аслияб масъала буго берцинаб берцинаблъун, сурараб сурараблъун, гьунар гьунарлъун, рогьо рогьолъун бихьизаби. Гъова хIалев геройги лъугьине ккола халкъияв геройлъун. Тарбия кьеялъул масъалаги тун, театр гIемерисеб мехалъ рекIелгъеялде буссун буго. Гуржиязул, асатIиназул, кабардиназул цо-цо асарал авар мацIалдеги руссинарун рихьизарула сценаялда. Дида ккола, цIияб хъвараб миллияб драматургия батичIони, букIа абе гьагъавго ЦIадаса ХIамзатил «Айдемир ва Умайгьанат», «Хьитазул устар», «Балагьалъул гъамас», «КIодоласул ригьин», ГIабасил МахIамадил лъабабго пьеса, «ХъахIаб росулъа МахIмуд» трагедия, МухIамад Сулимановасул асар. Авартеатралъул аслияб масъалалъун букIине ккола магIарулазул гIумру бихьизаби. Гьаб ахIи-хъуй гIемераб шагьаралда, батIияб мацI, батIияб культура, хьвада-чIвади бугеб бакIалда жанив вугев чиясул рухIияб тIалаб букIуна рекIел. Гъов чи магIарул театралде уна магIаруллъи бихьизе…».

ТЕАТРАЛЪ БАЛАГЬАРАВИЩ КУЦАЛЕВ, БАЛАГЬАРАС ТЕАТРАЛЪУЛ РЕПЕРТУАРИЩ?

  «Театр букIин рагIизабизе ккола» — гьадин абулаан Авартеатралъул режиссер, мунагьал чураяв СалихI Имангъоловас. Гьунаралда гугьар бугев, гIамалалда нур бугев чи вукIана гьев. Гъобго передачаялда, театралъул масъалабазул бицунаго, гьадин абун букIана Имангъоловасги: «Миллияб драматургиялъул цIилъи гьечIо, цебе гIадин гьеб жанралда хъвадарулел гьечIо нилъер гьанжесел хъвадарухъаби. Нилъерго миллияб драматургия репертуаралда цIикIкIун гьечIони, магIарул халкъалъул тарихги бихьизабичIони, магIарулал данделъулеб бакIалъул къиматги къадруги дагьлъула».

   Доб мехалъ гIезегIанго харжал гьаризе кколел рукIана телевидени­ялда, киналго гIенеккулеб «Прибой» радиоялдасан реклама кьезе. Гьанже гьел ресал гIемер рукIиналъ батила, спектаклязде гIадамал рачIунел руго. «РачIа, рачIа нижехъе», — ян Родо­палъул бульваралде, ралъдал рагIалде рачIунезде ахIи балеб зурмил накъит­гицин букIуна театралъул кIалтIа. Амма щалха цIазе кIварал театрал­да жиндихъего: ричарухъабийищ, рокъор эркенго ругел руччабийищ, рукъалъул хIалтIудаса хIухьбахъизе бокьарал захIматчагIийищ, интеллигенцияйищ? Театралъ зрителищ куцалев вугев, зрителасул даражаялде театралъул репертуарищ бачIун бугеб? Хал гьабураб мехалъ, цIун зал бугониги, интеллигент гIадав чи гьенив нагагьги вихьуларо. ЦIун зал бугони, гьенир гIодор чIарал кинал ругониги батIалъиго гьечIин театралъеян кколеб бугоха. Хъат балеб бугищ, релъулел ругищ — гьеле аншлаг, бергьенлъи, лъугьана спектакль, къабул гьабуна халкъалъ. Щиб бицунги гьабунги, гIадамал релъизари буго мурад.

   «МагIарул мацIалъул рагIаби рицине бажари гуро магIарул мацI лъай. Лъазе ккола щибаб рагIул магIна, кинаб къагIидаялъ ва киб гьеб рагIи хIалтIизабизе бегьулебали. Гъорлъе раккун лъазабизе ккола гIолохъанал актераз нилъерго мацI. Гьезие бокьани, гьеб бажарула». Гьадин абун букIана халкъияв артист ХIусен Казиевас, тIадехун бицен гьабураб передачаялда.

   Жакъасеб сценаялда гIезегIанго руго магIарухъ гIурал, чваххун мацI бицунел, лъикIаб гьунаралъул актерал. ЦIалуладай гьез аваразул классикал, раккуладай адабияталъул халкъияб нахъраталиде яги жидерго роль лъазабиялдалъундай лъугIулеб магIарул мацIалъулгун гьоркьоблъи? МагIарул роль хIалел актерал ритIун ккезаризе гIурусалъ мацIалъ режиссер ахIтIолев, малъулев режиссер вугони, актеразулги мацIалъул гIала-гъважа лъугьунарищ?

   БитIун бицани, театралде ракIцIалароан ахирал соназ. ЖанахIалъуре лъугьарабго, гьениб дандчIвалеб гIурус мацIалъ гали нахъехун тIамизе бокьулаан. БисавгIалиев театралъул нухмалъуде вачIин — гьеб буго театр бокьулезе унго-унгояб рохел. Халкъалда рагIарав чи вугелъул, жавабчилъиги гьесда тIад цIикIкIараб букIина. ЛъикIалщинал хьулал рухьинарулел руго магIарул интелигенциялъ гьесда. Жинцаго I5 соналъ цебе абухъе, интеллигенция гьенибе цIалеблъун театр гьабизе, шагьа­ралъул халкъалъул рухIияб тIалаб тIубалеблъун, миллияб къеч хьва­леблъун гьеб лъугьинабизе къуватги кьеги БисавгIалиевасе ва театралъул тIолабго коллективалъе.

«ХIакъикъаталъул» редакциялъ баркула МухIамадида гьаб миллаталъе кIвар цIикIкIараб хъулухъ ва гьарула чIахIиял бергьенлъаби.

 ПатIимат ГЬИТIИНОВА