«МацI кинаб бицаниги щиб, нилъер кьибил цо буго…

 

 

     Гьалгощинал соназ журналистинги йикIун, бежтIадерил хаслъи лъазабизе гIамал гьабичIолъиялдаса дунго намуслъана дагьал церегIан къоязда гьение щведал. КигIанго гьайбатаб сверухълъи бугониги, сурат бахъизе лъалхъизе бегьилин ккечIо гьенире унаго, лъалеб букIаралъул нижехъ балагьун БежтIа участокалъул гIадамал ругеблъи. Кутакалда кьварун документазул хал гьабулеб аскариязул посталда бащдаб сагIаталдасаги цIикIкIун чIезаридал, къватIисеб улкаялде унеб хIисаб бугин абун, йикIана дун. БежтIа росулъе лъугьунаго минаби рараб къагIида, сверухъ бугеб тIабигIат бихьидал, хIакъикъаталдаги батIияб улкаялде щвараб гIадаб асар гьабуна. МагIарул калам гьабулев чи дандчIвалезулъ гIемер вукIинчIелъул, жанире щварабгIан гьеб пикру щулалъулеб букIана. ГIурус каламин абуни нилъеда БежтIа гуребги, бацIцIадаб болмацI бугел мухъаздаги жеги гIемер рагIулелъул.

    Дидаго кутакалда берцин бихьана бежтIадерил бодул мацI. Гьеб мацIалда, кIалъан гурелги, ахIулел руго кучIдул, хъвалел руго асарал. Кин бугониги, магIарул газеталъул вакилзаби ругелъул, гьениб данде­лъиялда нижер гIемерисез болмацI бицана. Гьеб бичIчIуларев чи данде­ лъаразулъги вукIанин абизе кIоларо.

   — Лъица щиб мацIалда калам гьабуниги, нилъер кьибил, кьучI цо букIиналда щаклъуларо, — ян абуна данделъи лъугIидал аскIое щварай цо гьайбатай бежтIаселъ. Хадуб гьелъулгун нижер лъай-хъвай гьабуна жиндир чIаголъиялда киналго бахиллъарай ГIашуратица. Кистаманида магIарулалъ кIалъазе ниж журайдал, «гьай тумай йигин» баянги кьуна гьелъ. Кьурдулезулъ кьурдулей, хIалтIулезулъ хIалтIулей, бежтIадерил мацIалда бакъан биччалезулъ цебесеб кьерда — кибго халлъулеб букIана Кистаманил чIурканаб гIахьаллъи.

   Рохьил рацIцIалъуда, полпихун чвахулеб лъарал рагIалда гIуцIараб тепсиялдаса батIаги тIун, тIогьол расалъудехун сверана ниж гарачIвари гьабизе. БежтIадерил лъикIлъиялъул бицунаго, гьелъ харилъ хъирщун ретIулел рукIана бищунго гьайбатал тIугьдул.

   — ХIикматаб, гьаб тIогьол квацIи гIадаб гьайбатаб бакI буго нилъер Дагъистан. Кин абизе бегьулеб гьаб тIегь доб цогидалдаса сурукъаб, кьерукъаб бугилан? ГIурдада тIугьдузго гIадин, цояз цогидазе берцинлъи кьолел миллатал руго нилъер республикаялъул. Киназулго гIаммаб кьучIлъун буго Дагъистаналъул ракь. Дица гIемер пикру гьабула гьелъул, — ан бицана гьелъ.

 

   Кистаман ГIалиева (Элдарова) гьаюна ва гIуна Кули районалъул Цовкра росулъ. 1993 соналда гьей росасе ана БежтIаса МухIамадрасул ГIалиевасе. ВукIинесев росасулгун лъай-хъвай ккана МахIачхъалаялда, кIиялго студенталлъун ругеб заманалда. Кистаманил буго маданияталъул махщалил лъай. КIиго сонгIанасеб заманалъ хIалтIана ДРялъул Халкъияб творчествоялъул рокъой, магIарул маданияталъул аслияй махщелчIужулъун. БежтIе щведал, хIалтIана ХашархотIа росдал клубалъул директорлъун, гьебго заманалда БежтIа росдал искусствоялъул школалда хореографиялъул дарсалги кьолаан. Хадуб, гьебго школалда, завучлъунги хIалтIана. Гьанже гьелъ «Бежтинка» лъималазул кьурдул ансамблялъе нухмалъи гьабула. РекIее гIагараблъун лъугьараб росасул ватIаналъул фольклор лъазабизе, гьеб дарсазда гъорлъе бачине хIаракат бахъулеб буго гьелъ. Кистаманил буго щуго лъимерги.

 

АЛЛАГЬ ГЬЕЧIЕБ БАКI ГЬЕЧIО

   — КигIанго гъваридаб асар букIун батилеб гьадигIан рикIкIадаб чияр росулъ яшав гьабун чIезе бокьизе?

   — Къисмат батила гьадинаб. 1993 соналда данделъана ниж. МахIачхъалаялда цIалулаго лъай-хъвай ккана. Узухъда, кIиябго рахъалдаса эбел-эмен бачIинахъего разилъичIо. Гьезги хIисабалде босун букIаралъул жиде-жидер росулъ лъималазул ригьин тIубаялъул суал. Кин бугониги, кIиго гIолохъанаб рекIел цоцахъе бугеб цIайиялъе квалквал гьабилин тIирун чIечIо нижер эбел-эмен.

  — РакI чучиялъе нилъерго гIагарал гIадамал хIажалъулеб заман камуларелъул, рекIекълъарал къоял кканищ?

   — Киданиги ккечIо. Божизе бегьулев, кьучIаб, бихьинаб гIамалалъул вукIана МухIамадрасул гIолиллъудаго. Кинабго рахъалъ мугъчIвай гьесде гьабуна, чиякълъи, щибго къварилъи бихьизе течIо гьес дида.

  — Гьунаразул хаслъиялъул рахъалъ машгьураб буго Цовкра росу. Гьенибе ракI цIалищ?

  — Кидаго ссунаро гIищкъу нилъго рижараб ракьалде! Гьений гIурай дир чорхолъ бессана магIарухълъиялде рокьи, росдал гIумруялъул тартибалъ куцана лъикIабщиналде. Росулъ лъадарараб хасият букIинчIебани, гьадинаб бакIалда гIумру гьабун бажарилароанин ккола. КIудияй эбелалъул тарбия, гьелъул гIакъилал дарсал рикIун хутIана рекIелъ. Цогидаздаса батIатIун йикIинчIого, гъорлъ жуян, росасул гIагарлъиялъул гIамал-хасиятги босун йикIаян малъулаан гьелъ.

   Росдал тарбия щварав чи къо хIехьолев вукIунин рикIкIуна дица. Гьединго гIемер ракIалде щвезабула инсул кьварараб малъа-хъвай, цо-цо захIматал къояз гьез дие гIемер сабруги кьуна. Эмен тIуван ригьнада данде чIечIониги, тIад юссине дие нух гьечIеблъи кидаго лъалаан. Ро- сасдаса ятIалъун ячIинегIан рухI гьечIеб дур къаркъала къабул гьабизе бигьалъилин кьварун лъазабуна инсуца: «Дур къвакIараб хасият буго, букIинчIебани гьединаб гали тIамилароан. Кинаб ахIвал-хIалалде кканиги, чияр росулъ яшав гьабизеги бажаризе буго духъа. БежтIасаги рикIкIаде вачине рес буго къисматалъ чи. Амма кIочонге:

  — Аллагь гьечIеб бакI кибго гьечIо, гьеб божи рекIелъ ккве. Сундулъго лъикIлъи бихьизе хIаракат бахъе, квешлъи хъирщуге. Нилъеца гIакълуялъ цIадирабазда лъуни, лъикIлъи кибго буго цIикIкIун, квешлъиялдаса», — ян.

    Дилъ жавабчилъи щула гьабизе инсуца кьураб гIакълу даимго кIоченаро. Нижехъе гьоболлъухъ гIемер щола Цовкраялдаса гIагарлъи, дирго яц-вацал. Гьелги рачIуна жидерго гьудул-гьалмагълъигун.

— Палугьанлъиялъе ругьун гьарулаанищ гьитIинаб мехалъ?

   — Нижер тухумалъул рукIана машгьурал палугьаби. Школалда, щибаб физкультураялъул дарсида, 15 минутниги палугьанлъиялъул махща- лие кьолаан. Гъира бугез тIадчIун босулаан махщел. Дагьа-макъабниги гьеб гьунар гьечIев чи нижер вукIунароан цеве.

— Байбихьуда гьание щведал мацI лъазабизе, рукIа-рахъиналде ругьунлъизе захIмат букIанищ?

   — ЗахIмат букIинчIинги абила­ро. ЛъагIалида жаниб босана беж­тIадерил мацI, ругьунлъана кIалъазе. Нижер росдал мацIалъулъги руго бежтIадерил ва магIарул мацIалда релълъарал гIезегIанго рагIаби. ЧIахIиял лъималазда лъала тумазул мацI, гIисиназдаги бичIчIула, гьелги ругьунлъила бицине.

   Байбихьудаго дун гьаний пана гьаюна тIабигIаталъ. Гьаб тIабигIатго гIадал гIадамалги руго, гьез дун лъикI къабул гьаюна, дие гьалги рачIинахъего къабуллъана. Кумекалъе хIадурал, хIажаталъур ратулел гIадамал руго. Щиб миллаталъул ругониги, нилъер мугIрузул халкъазул хасияталъул бицинегIанасеб батIалъи гьечIо. Дагъистаналъул миллатазул кьибил цого батилин рикIкIуна дица. Хасият-гIамал, ракI гIатIилъи буго релълъараб. Дир кIудияв инсуда лъалаан магIарул, лъарагI, дарги мацIал. Гьел лъанин абун зарал букIинищха, жеги гъункун щулалъила нилъер халкъал. МагIарул мацIги бичIчIула дида, амма чвахун бицине лъаларо. Лъалаан гьебги, цо моцIалъниги бицунел чагIазда аскIое ккани.

— Кистаман, дуца цIакъ панаго бицунеб буго бежтIасезул хIакъалъулъ. Гьаниб гIумру жеги берцинлъиялъе, цебетIеялъе кинал нухал дуда рихьулел?

  — БежтIа участок мустахIикъаб буго «район» абураб статус кьезе. Гьелъие гIураб тIабигIияб ва рухIияб бечелъиги буго гьаниб. Гьеб статус букIарабани, хIалтIизе бакIалги цIикIкIинаан, гIадамалги шагьаразде гочинароан. Гьаб мухъалде хIукуматалъ кIвар кьуни, гьайбатаб тIабигIаталдаса пайдаги босани, хайир киназего букIинаан. Мисалалъе, босе бокьараб магIарул район — гьанибгIан мукъсанаб бюджет кибниги батизе рес гьечIо. РикIкIадаб бакI букIунгIаги батила, хIукуматалъул тIалаб-агъаз гьанибе щолареб.

    ХIакъикъаталдаги, гIисиналго рукъзабахъ, санагIатго гьечIел бакIазда хIебтIун ругоан лъикIал махщелчагIи, хIукуматалъул идараби.

 

БИДУЛЪГО БУГО ТИРИЛЪИГУН ШАВКЪ

     КIиго соналъ цебе рахьдал мацIазул фестивалалда битIахъе хIайран гьаруна бежтIасезул лъима- лазул ансамблялъ, гьез бихьизабураб миллияб кьурдиялъ. Февраль моцI бугониги, рикIкIадаб БежтIаса рахъун гьел рачIиналдаго гIажаиблъун рукIана фестиваль гIуцIарал.

   — РикIкIада ругин абун, ниж нахъекъан чIоларо, гIезегIанго гIахьаллъула республикаялъул тадбиразда, — ян бицана Кистаманица. — Нижер искусствоялъул школалъул хIалтIи, лъикIаб даражаялдеги бахинабун, гIуцIана Абакаров Шамилица. Гьев нахъе индалги кинабго цIунун цебе бачунеб буго Шамилил яс, ПатIимат Абакаровалъ. Гьаниб лъималаз хехго босула кьурдул расен. Гьезул бидулъго буго тирилъи, шавкъ, аваданлъи. Нижеца харабазда гьикъун, кьучIдасанго лъазабула бежтIасезул цебесеб ратIлил хаслъи, некIсияб кьурдул къагIида. Гьелда рекъон хIадурула церерахъиналги.

   Нахъисеб къоялъ радалго кIалъана Кистаман, биччан гьобоги, боркьун корги бугин, цIиххенараб тIех кваназе къватIие яхъаян. ЯчIинахъего гьелъ дун ячана, аскIобго бугеб, гьабигьан ГIайшатил рокъое. Гьениб хIадурун бугоан миллияб кванил тепси. Гьеб нигIматалъул тIагIам босизе тIадего щвана ШугIайб Ражабовги газеталъул хIалтIухъан ГIабашги. Гьенивго ватана Кистаманил рос МухIамадрасулги. ГIайшатил гьабихъ тIохол хIуралъ цIурай дун, БежтIа росдал басриял авалал рихьизе, цо свери бахъизе рилълъаянги абун росасул машинаялде рахинаруна Кистаманица.

   Басрияб росуян абидал, нилъеда цере тIамула ракьул тIохал тIун хутIарал ганчIил къадазул чIваднал. Гьединаб цониги рукъ дида хал­лъичIо. Ригьзал ругоан кIиго, лъабго тIалаял, тIасиял тIалабиги, аслияб къагIидаялъ, хъорщол гьарурал. Гьединаб цо ригьалъул кIалтIе щведал ниж лъалхъана. Гьелда цееги эхетун, Кистаманица ракIалде щвезабуна гIолохъанлъи:

   — ПатIимат, гIенекке, гьас дида шагьаралда бицунаан мун жание ячине жидер лъабтIалаяб мина бугилан. Дунги йохун йикIинарищха. Щунго бахъунареб халатаб нухги тун гьаний рещтIиндал, буго хъорщол мина.

   — Эбел-инсул мина, биххизе те­чIого, цIи гьабуна нижеца, — ян бицана МухIамадрасулица рагьдухъа жанире лъугьунаго. Рукъалъул лъабабилеб тIалаялде рахиндал, данде вачIана гьайбатав гIолохъанчи.

 — Гьав нужер кIудияв вас ватила, — ян абуна дица.

  — Гуро, ПатIимат, гьав дир вац вуго, — ян МухIамадрасулица абидал, дунгоги дагьай гIажаиблъана.       

  — Дунялалда бищунго аслияблъун дида бихьула хъизамалъул бечелъи.

 Эмен цадахъав вац — гьев лъималазулгун гIелбащадав вугониги, цIакъ къиматав вуго дие.

   МухIамадрасул ватана магIнаяб, къапараб гIамалалъул чи. Махсараялдалъун гIакъилго кIалъалев гьес чвахун бицунеб букIана магIарул мацI. Рос-лъадуца аваданго ракIалде щвезабуна жалго данделъараб заман, гIолохъанал сонал.

   — ГIумруялъ кIочене бегьилищха, дие гIоло гьаб ракьалде цоги миллаталъул яс ячIин, дие бокьулебщинаб гьалъиеги къиматаблъун лъугьин. Гьей йичIчIулевлъун вукIине дидаги тIадаблъун бихьула.

    КIудияв вас Шамилил спорталъул цебетIеялдаса, захIмат бихьун гьес цIализе, хIалтIизе бахъулеб хIаракаталдаса разиго ругоан эбелэмен. Улкаялда тIоритIулел самбоялъул (ММА) къецазда гьес росун руго гIемерал бергьенлъаби.

   — Дунялалъул чемпионазе гурони, жанисел бергьенлъабазде кIвар кьолеб гIадатго гьечIо нилъер. Къого бихьичIого щолел жал гурелъул гьал, — инги абун, Кистаманица дида рихьизарулел рукIана къадазда рарал васасул кубокал ва цогидал шапакъатал.

    — Цо нухалъ БежтIе щварав чи гьаниве ракIалъ цIала. Цо анкь базе, хIухьбахъизе рачIа нижехъе, — ян абуна Кистаманица къо-лъикI гьабулаго.

 

ХАДУРАГIИ

 

     БежтIа бараб цо сордо-къоялда жаниб гьудуллъи ккана гIемерал лъикIал гIадамазулгун, бежтIадерил гьунарчагIазулгун, библиотекая­ лъул ва цогидалги маданияталъул хIалтIухъабазулгун, мугIалимзабазулгун, тохтурзабазулгун, хIатта лъималазулгунцин. Бицана жидецаго гьабулелъул, кIалъа-басаялда рижана цIиял пикраби, къотIи-къай ккана кидаго бухьеналда рукIине, гьезул хIаракаталъул, гIузрабазул хIакъалъулъ газеталдаса бицине.

     Ниж гьоболлъухъ рещтIараб МухIамадзагьидил ва ПатIиматил рукъалъул ва хважаиназул гIаданлъиялъул хIакъалъулъ бицани, цоги казият биччазе ккела. ЦIурачадал магIарулазул гIемер батIи-батIиял руго, амма гьезул рокъор кванарал кIалдир риунел ратана.

    — Гьаб гьан нужеца кингIаги белъараб, — ин абулеб букIана, гьеб нигIматалъул батIиябго татуялъ гIажаиблъизарурал нижеца.

    — Нижер тIабигIаталда тIагIамаб гурони нигIмат букIине рес гьечIо, — ян махсараги гьабулаго, нижеда цере белъараб гьанал цIи-цIиял гъудрул лъолел рукIана участокалъул бетIер ХIусен ХIайбулаевас.

 ХIалтIулал сапараз гIезегIан щола ниж росабалъе, щибаб бакIалъ батIа-батIаго тола рекIелъ хатI.

 БежтIадерил расен, гьезул кверзул устарлъиялъул накъишго гIадаб гьайбатаб батана.

 ПатIимат ГЬИТIИНОВА