Гьаваялда бижараб гьунар

 

ТалихIалъул цIваялъухъе гьабураб роржен

 

АсхIабгIали цIалулев вукIана Буйнакск шагьаралда. Киназулго гIадин, гьесулги рукIана жиндир­го анищал. Гьелги гьес жиндирго цIваялда аскIор паракъат гьарун рукIана. Зама-заманалдасан гье­зухъе гьоболлъухъ гьес жиндирго пикрабиги ритIулаан. Цо къоялда, АсхIабгIалидацин гьикъичIого, гье­сул цIваялъ анищазда гъуна куркь­бал ва гьев вачун щвезавуна жин­дирго анищалъухъе гьоболлъухъ. ГIолиласда бичIчIана гьез жиндие рахIат тезе гьечIеблъи. Ва гьез би­гьа гьабун каву къирана гьесул гIумруялъул сухъмахъазде…

 

Гьеб сордоялъ бихьизабизе кко­лаан концерт. Гьенир гIахьаллъулел рукIана доб заманалда магIарулазда гьоркьоб кIудияб машгьурлъи букIарал Даку Асадулаев ва Ма­нарша Дибирова. МагIарул кочIол кидагосев асирлъун лъугьарав АсхIабгIалиги щола концертал­де. Ва гьениб кунчIана гIолиласул цIва – концерталда цеве вахъа­на Дурангъиса палугьан Нажму­дин ШихмухIамадов. Ва гьеб лахIзаталъ тIуркIана гьесул пикра­би — АсхIабгIалиеги бокьана квари­да жиндирго хIалбихьизе. Гьелда­са нахъе гьесул пикрабалъа нахъе унеб букIинчIо гьаваялде боржине къачIараб жиндирго гьунаралъул букIинесеб…

 

 

ТIадегIанлъиялда гвангъараб пагьму

Гьеб кьурдана Турциялда, Пари­жалда, СагIудиязул ГIарабиялда, Крымалда, Россиялъул батIи- батIиял регионазда, Дагъистаналъул районазда ва шагьаразда ва цогидалги бакIазда. Бицана гьелъ дунялалъего Дагъистаналъул хал­къазул тарихалъулги, гIамалал- гIадатазулги, маданияталъулги. Гьеб гьунаралда цIарги буго палу­гьанлъи. Дие бицен гьабизе бокьа­раб гьеб гьунаралъул буго кIиго кваркьи: цояб – Россиялъул теле­видениялъул тIоцебесеб каналалда «Старше всех» передачаялда цеве вахъарав АсхIабгIали ХIасанов ва гьебго каналалда «Лучше всех» передачаялда жидер пагьмуялъе ку­такалда хъатчIварал АсхIабгIалица куцарал гIисинал палугьаби.

 

Гьел церерахъиналги ракIалде щвезарулаго, редакциялде гьобол­лъухъ вачIун вукIарав АсхIабгIалица бицана:

— Гьел рукIана цIакъго хIалуцарал лахIзатал. ГIисинал гьунарчагIаз ква­ридасан бицине кколаан балагьаразе мугIрузул улкаялъул хIакъалъулъ. Ди­еги кIудияб асар гьабуна, гьез нижер гьунаралъе кьолеб къимат рагIидал. Цо-цоял гIодулелгицин рукIана — гьал нилъер ватIаналъул лъимал ругилан­ги ахIулеб букIана гьез. Унго-унголъ­унги, гьезул букIараб чIухIи Дагъи­станалъул гIисинал вакилзабазухъги ралагьун.

Гьеб букIана нижер церерахъи­налъе кьолеб цIакъго кIудияб къи­мат. Гьедин къабул гьаруна ниж киса-кирего. Нижер цадахъаб хIалтIул хIасиллъунги букIунаан гIадамаз чIвалеб хъатги, кибго ба­тараб рокьиги, адаб-хъатирги. Кире аниги, тIад руссана гран-при яги тIоцересел бакIалги ккун.

 

АсхIабгIали ХIасанов кко­ла «Палугьан» абураб халкъияб студиялъул нухмалъулев. Гье- лъие кьучI лъуна 2003 соналда МахIачхъалаялъул № 28 школалда, доб заманалда школалъул дирек­торлъун хIалтIулев вукIарав Азим Юзбековасул гьариялдалъун.

2004 соналда гьеб школалъул гIисинал гьунарчагIи гIахьаллъана «Бегущая по волнам» передачаялда ва ккуна тIоцебесеб бакI…

Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. АсхIабгIали ХIасановасулги гьесул гьунарчагIазулги цIар машгьурлъа­на. Гьеб гьунаралъ жакъаги бицунеб буго Дагъистаналъул бахIарчияб тарихалъул. Кваридасан гьеб бор­жуна нилъехъе. Кинха чIухIиларел гьединал ирсилаздаса – гьаваялда кварида кьурдулеб тарих бихьидал. Гьенир лъималаз гьарулел кьурдабаз ахIулеб бугин ккола жал бахIарчиял умумузул наслаби ругилан.

 

 

Гьунаралъул хIокIаздасан

ТIегьан бачIунеб букIана АсхIабгIалица кьучI лъураб палу­гьанлъиялъулаб школа. Заманалда­сан МахIачхъалаялъул №28 шко­лалда букIараб гьеб гочана №42 школалде.

Гьенире хьвадулаан шагьаралъул батIи-батIиял школаздаса лъимал.

— Ниж гочинчIеб бакIго хутIичIо. Бокьун букIинчIо дицаго кьучI лъу­раб, лъимер гIадин дие бокьулеб гьеб циркалъулаб студия биххизе. Гьединлъидал, кинал захIмалъаби дандчIваниги, бокьун букIинчIо къур­кьизе, — ян абуна АсхIабгIалица.

 

Цинги хадубги гьес бицана:

— Жакъа къоялъ ракIбакъвачIого хутIулеб гьечIо. Берцинго тIегьан бачIараб, дунялалдаго машгьур­лъараб гьеб пагьму-гьунаралде нуцIа къараб къо бачIинин абу­раб хIинкъи камулеб гьечIо. Нижго бетIергьанаб чIейгицин гьечIо ни­жер. Дирго ирсилалгицин хутIиялда щаклъизе бачIунеб буго. Нилъер лъималазе киса-кибего чIвала хъат, бахиллъула гьезул гьунаралда. Амма гьеб цебетIеялъе республикаялда шартIал гьечIо. Кисаниги, лъихъани­ги щолеб кумекги гьечIо. ГьитIинаб кумекалъгицин рохизарула ниж. Гьеб рахъалъан кумекалъулаб квер бегьула Республикаялъул Халкъияб творчествоялъул ва имам Шамилил цIаралда бугеб фондалъул нухмалъи­язги. Гьелъухъги гьезие кIудияб бар­кала буго. Амма гьаваялда бижараб гьеб гьунаралъе гьеб дагьаблъун би­хьулеб буго.

Жакъа республикаялда буго кIиго-лъабго гьединаб студия. Гьеб дагьаб гьечIищ гьадинал пагьмуял лъимал церетIезариялъе? Лъима­лаздаги бихьулеб батила жидерго гьунаралдехун бугеб бербалагьи – цониги гIахьалчиясда ракIалде кко­леб гьечIо гьеб гьунаралда куркьбал гъезе, — ян.

 

ХIакъикъаталдаги, гьеб буго тIадегIанаб гьунар. Пашманаб хIужалъун ккеларищ, цо заманалда­са гьеб гьунар ракьалде рещтIани ва гьенисагицин гьелъул махI лъугIани.

Къо бихьун гIуцIараб гьеб сту­дия кодобе кьезе чи гьечIогоцин хутIиладай гьев?

— Дунги кIодолъулев вуго. Нагагь къваригIанийилан дица цадахъ ва­чуна дирго вас. Ва ккараб бакIалда гьев цевеги вахъуна, — ян абуна АсхIабгIалица.

 

ГьабсагIаталда «Палугьан» къо- къаялда вуго микьго гIахьалчи: щуго ясги, лъабго васги.

Школа дагьабги машгьурлъа­раб «Лучше всех» передачаялда гIахьаллъаразул гьабсагIаталда хутIун йиго цо гIахьалчIужу.

Амма ругьун гьариялъул хIалтIаби гьоркьоса къотIулел гьечIо. Гьелъго борцунарищ АсхIабгIали ХIасановасул жиндир­го хIалтIудехун бугеб жавабчилъи цIикIкIараб бербалагьи Ва цIидасанги цебе бачIунеб буго хIикматго берцинаб сипат:

 

— МугIрузулаб Дагъистаналдаса гIисинал гьунарчагIи. ГIадамазул ракIазулъе гьаваялдасан лъураб кьо. Миллатазул саринал, гьезде дандек­колел кьурдаби, кьурдабазухъ бала­гьун гIорцIулареб сверухълъи, маш­гъуллъараб гIалам…

Церерахъиналъул ахир – Росси­ялъул гимналда гъоркь, улкаялъулги республикаялъулги байрахъалги пар­пазарулаго, талихIалъул бакъназул бакъул чIоралгун цадахъ балагьара­зе баркала кьезе цере рачIунел руго «Палугьанги» гьелъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасановги…