«Гьорол эбелалдаса» хадуб – «Бертадул кечI»

Чанго батIияб халкъалъул бакъанги жубазабун, нилъер цо-цо кочIохъаби цого бакI мерхьунел ругебгIан мехалда, Мордовиялдасаги ячIун, эрзяназул миллаталъул кочIохъан Ежевика Спиркиналъ
кIиабилебги магIарул кечI лъазабуна ахIизе.

Гьебги ккола умумузул «Бертадул кечI». ЧIунтараб Гъамсукь «Гьорол эбелалъул» хIакъалъулъ бахъараб гье лъул клипалъ гIезегIан ахIи-хIур гьабун букIана гъоркьиса. Цоязе къваригIун букIана гьелъ гьениб магIарул миллияб ретIел ретIине. Цогидаз гIайиб чIвана, гьанжесеб къагIидаялде буссинабулаго, гьелъ умумузул бакъан хвезабун бугин абун.
Кин батаниги, нилъер росу-ракьги маданиятги бокьарал гIадамазда сверухъ рикIарди рекъараб гьечIо. Аслияб куцалда гьелъ машгьур гьарулел руго нилъер бакъналги, рукIа-рахъинги, цогидабги.
Чанго сон буго Ежевика Дагъистаналде ячIунелдаса. Хасго Фейсбукалда гIемер рихьула Гумбет районалде гьелъ гьарурал сапараздаса видеоял. ГьанжегIагарги бугоан гьеб районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев МухIамад ГIумардибировас пандурги хъван, Ежевикаца магIарул кечI ахIулеб бахъараб видео. Гьединго, республикаялда гIезе гIан музыкантазулгун, журналистазулгун, художниказулгун лъай-хъвай ги буго гьелъул. Гьей ккола «Ойме» абураб музыкалияб къокъаялъул солистка. Гьел аслияб куцалда некIсиял, халкъиял кучIдузда тIад хIалтIула. Ежевикаца бицана гьанже жинца тумазулгун даргиязул кучIдулги лъазаризе ругилан.

«Гьорол эбелалъулги» «Бертадул кечIалъулги» хIакъалъулъ «ХIа­къикъаталъе» гьадин бицана гьелъ.

— Ежевика, нижерго гьаниса ко­чIохъаби машгъуллъун руго гIицI­го поп-музыкаялде, цого ко­цонир чIва­рал гIадал учузал кучI­дул ахIи­ялде. Лъаларо этномузы­ка гьезда на­хъе ккараблъун, бе­цIаб­лъу­нищ бихьулеб бугебали…
— БакътIерхьул улкабаздаса рок-музыкантазги цогидазги гIемер хIалтIизарула халкъиял кучIдул, церегосел кьурдаби. Гьедин гьезие къваригIун букIуна жал цогидаздаса батIиял рукIин бихьизабизе. Киназго цоцада релълъун ахIулеб бугони, халкъалда чIалгIинарищ?

— «Бертадул кочIол» запись киб гьабураб?
— Цин дирго гьаракь хъвана ТIал­хIат Кантуловасул студиялда. Цинги умумузул бакъанги цогидабги гъорлъе бачун, къачIа-кIатIан, аранжировка Москваялдаги гьабуна. Масала, Авартеатралдаса зурмихъанги гIахьал гьавуна нижеца бакъан хъвалеб мехалда. Амма гьанжесеб къагIидаялда хIалтIизе гьесие захIмалъулеб букIанин ккана. Гьебго жо букIуна нижер дора гIурусазул халкъиял кучIдул ахIулел кIудабазулги. ГьанжелъагIан ругьунлъараб куцалда гурони, дагьабниги хисизабун, жакъасеб къагIидаялда данде ккезабун кечI ахIизе, бакънал рачунел алатал хIалтIизаризе гьезие захIмалъулеб буго.

— Социалиял гьиназда цояз хъвалеб буго дур «Бертадул кечI» гIараб, гIурус ва магIарул бакъналги журазарун ахIулеб бугилан.
— Дагъистаниязул хасият гьединаб буго — цо чи цо жоялда тIад рекъани, чара гьечIого цогидав гьелда данде чIолеб.
ГIараб бакъан аскIобе гIагарун­гицин гьечIо гьениб. Буго I990-абилел соназда Латиналъул Америкаялда баккараб, гьанже дунялалдаго машгьураб реггетон абулеб ахIул ва кьурдул къагIида. Гьеб кечIалъе кутакалда данде ккана гьеб. Пандрил бакъаналда дандеги ккола гьеб.
Жибго гьаб «Бертадул кечI» «Гьорол эбелалдаса» гIемерго батIиябги буго. АхIизе бачIунеб букIин гуребги, гьелда гъоркь кьурдизеги бегьула.

— Гьеб лъица дуда ракIалде щвезабураб?
— Цо бакIалда рагIун букIана, кибали чIванкъотIун лъаларо. Амма гьеб гIезегIан машгьураб кечI бугин абуна дида. Кутакалда асар гьабуна гьелъ дие. Дагъистаниязул кучIдул, аслияб куцалда, рокьул хIакъалъулъ ругин тана дица. Масала, Мордовиялда, гьезего гьечIин абизе бегьула гьел. Ниж, эрзянал (Мордовиялда гIумру гьабулеб халкъ – ред.), дагъистаниялго гIадин, гьоболги хириял, ракI жубарал чагIиги руго. Амма рокьул хIакъалъулъ кучIдул нижер рукIунаро. Руго, масала, тариха­лъул ва батIи-батIияб заманалда нижер рукIарал церехъабазул бицунел кучIдул.

— «Гьорол эбел» ахIун хадуб дуде балеб «гъегъги» камичIо. Масала, лугбал гъорлъан рихьулеб парталгун, чIунтараб Гъамсукь росдада цееги эхетун кечI ахIулей йикIанилан.
— БукIана. Миллияб ретIел ретIине кколаанин рукIана цо-цоял. Амма гьебги ретIун цее яхъарайаниги абилаан, миллияб ретIел ретIине хъулухъ щибин дир букIарабилан. Гьел чагIазул цонигиясин абуни дида гьикъичIо Гъамсукь росдада цееги чIун, щиб дие къваригIун букIарабали. Дица абуни гьениб магIарулалъул роль гуро хIалеб букIараб, «гьорол эбелалъул» (биценазулъ, маргьабазулъ магIарулаз рехсолеб персонаж – ред.) роль хIалеб букIана.
РакIалда гьечIого дир дандчIвай ккана диде гIайиб-гъвел гьабун хъвадарулел рукIарал чагIазулгун. Амма гьезул цонигияс такрар гьаричIо дол гIайибал. РакI-ракIалъ Дагъистаналде дица загьир гьабулеб букIараб рокьи бихьидал, гьел руцIцIун чIана.

— «Бертадул кечIалъе» мужалат хIисабалда бахъараб унго-унгояй магIарул бахIаралъул гIадаб суратги бугоан дур.
— Дица гьеб МахIачхъалаялда этно­централда бахъана. Амма жиб­го сураталда дир балагьи цIакъ­го сихIираб бугин, магIарул чIужу­гIаданалъ берал дагьалъ нечадго гIодоре руссинарулин, яги цо ра­хъал­дехун балагьулин гьейилан, ма­лъа-хъваялги гьарулел рукIана цо-цояз. Амма дир балагьиялъулъги кIудияб бегьунгутIи гьечIо. Гьеб гуребги, жалго дагъистаниязги абула дида Дагъистан батIияб рахъалдасан бихьизабеян.
Жалго магIарул руччабиги нижер эрзянкабазда (Мордовиялдаса руччаби – ред.) релълъарал руго – гьез цин хIехьола иш ахиралде щвезегIан, цинги абула ракIалда бугебщинаб жо.

— Бищунго щиб лъазабизе дуе захIмалъараб: рагIабийищ яги бакъанищ?
— Узухъда, дир халкъалъулаздаса тIубан батIияб свери-хъверия­лъул бакънал руго магIарулазул. Гьединлъидал дун цин гIемер мехалъ гIенеккана архивазда ругел магIарул халкъиял кучIдузухъ. Масала, Муи ХIасановалъухъ. Гьеб рахъалъ дие ТIалхIатицаги (Кантуловас – ред.) квербакъана. Кутакалда бигьа бу­кIана гьевгун цадахъ хIалтIизе.
МагIарул хIарпал рахъизеги цIакъ захIмалъана дие. Хасго «х», «г» хIарпазда хурхарал гьаркьал.

— Гьеб кIиябго кечIалъул магIна бичIчIулищ дуда?
— БичIчIичIони, дихъа гьел ахIун бажарилароан. Дир продюсерасги гьикъула кидаго сундул бицунебин бугеб пуланаб мацIалда (масала, эрзяназул) ахIулеб кочIолъилан.

— КIиябго кечIалъул кинаб ахIизе дуе захIмалъараб?
— «Гьорол эбел». ТIоцебе ахIулеб кечIги букIиндалха.

МагIарулго гIадин, тумазул ва даргиязул кучIдулги ахIизе ругин бицана дуца.
— Гьел рукIина къокъал ва тIубан батIияб темаялда тIасан. Масала, тумазул мацIалда – хIалтIул кечI, дарги мацIалда – цIад гьариялъул хIакъалъулъ кечI.