ХIалалаб гIумруялда гIасрабаца хьихьаги

Нилъеца къо лъикI гьабуна, баракат-рахIматалъул моцIилан жинда цIар лъураб, хирияб Шагьру Рамазаналъулгун.

 

 

Аллагьас, нилъеца ккурал кIалалги, бахъараб сахIги, гьабураб гIибадат-гIамалги къабул гьабеги ва нилъ киналго кIиябго рукъалъул талихI кьуразул мухъилъги ратаги.

 

 

Нилъ пашманго руго гьеб баракатаб моцI лъугIиялдаса. Кинха паш­манлъиларел, жужахIалъул кавабиги къараб Алжаналъул кавабиги рагьараб моцIалъулгун къо-лъикI гьабулеб мехалъ.

 

Нилъ рохунги руго гьеб моцIалдаса, щайгурелъул, ТIадегIанав Ал­лагьасе гIибадат гьабиялъги, таравихIазул какал раялъги, кIал ккве­ялъги, бусурбабазда гурхIел-рахIму гьабиялъги, нилъер чурхдулги рухIалги мунагьаздаса рацIцIалъана, рухIияб рахъалъ нилъ бечелъ­ана. Гьеб моцIалда жаниб нилъер ракIал ТIадегIанав Аллагьасде це­беялде дандеккун цIикIкIун гIагарлъана ва гьелъ нилъее хадусеб гIумруялъеги цIияб къуват ва диналде рокьиги цIикIкIинабуна.

 

 

Хадубккунги камилго гIибадат гьабизе, къварилъиялда ругезе кумекалъулаб квер бегьизе, цоцада гьоркьор гьуинго рукIине, ни- лъер рухIиял церехъабазул малъа-хъваяздаса битIун пайда босизе, БетIергьан Аллагьас ва Бичасул Расулас бихьизабухъе хьвадизе тав­пикъ кьеги нилъее киназего! Амин!

 

Ассаламу гIалайкум,

Диналъул вацал-яцал,

Дуниялгун ахират

Аллагь разияб кьеял.

 

 

Хириял бусурбаби,

Исламалъул жамагIат,

Халкъ бижарасул цIобалъ

ЦIунун даим хутIаял.

 

 

ГIидалъул баркатаб къо

Баркула киназдаго,

Бичасул хIукму батун,

ХIакълъун нилъее щвараб.

 

 

Байрамазда жанибги

Бищунго аслияблъун,

Инсаният бохизе

Халикъас нилъей тараб.

 

 

Нилъеца ккурал кIалал

Азариде рахаги,

Хирияв Къудратияс

Къабулаллъун гьареги.

 

 

Рарал таравихIалги

Витру-ратибаталги,

Рорхатал зобалазда

Хассал нураллъун чIаги.

 

 

Рахъаралщинал сахIал

Садакъа, сайгъат-салам,

КъапмагIарде бахараб

Кирилъун хъван батаги.

 

 

Сардал рорчIун гьабураб

ЛъикIаб гIамал, гIибадат,

Алжаналъул рагьаби

Рагьулеблъун лъугьаги.

 

 

Шагьру Рамазаналъул

Щибаб лахIзат нилъее,

Нахъ буссун гьеб щвезегIан,

Бакъул хинлъилъун чIаги.

 

 

РахIматал гьарзаяб моцI

ЦIидасан бачIинегIан,

ЧIагояб рекIел канлъи

Киназего гIамлъаги.

 

 

Аралъуб, сапаразда

Нилъер мурад тIубаги,

Нух битIун, ракIал рохун,

Рокъоре тIад руссаги.

 

 

Хъизан-лъимал, гIагарлъи

ЛъикIалда данде чIваги,

Анищабщинабги щун,

Щукрудай камиллъаги.

 

 

                          ***

Квешалщинал хабарал

Халкъалдаса росаги,

Рагъ-кьал, жахIда-хIусуд ссун,

Сабруялъ байрахъ чIваги.

 

 

БетIергьанас Дагъистан,

Дунял урхъараб хIалалъ,

ХIалалаб гIумруялда

ГIасрабаца хьихьаги.

 

 

Гьаб коронавирусги

КватIичIого тIагIаги,

ТIадегIанав Аллагьги

Киназдаго гурхIаги.