Редакциялъул гьалбал

ЛъикIаб ишалде пикру буссараб гIел

 

Редакциялъ тIоритIарал къецазул гIахьалчагIазе шапакъатал кьуна

МагIарул газеталъул 100-сонилабги Шамил имамасул 220-сонилабги байрамазул ва КIудияб Бергьенлъиялъул хIурматалда редакциялъ тIоритIана хъвавул хIалтIабазул къецал. Араб анкьида нижехъе гьоболлъухъ щвана къецазулъ гIахьаллъарал Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул школазул цIалдохъаби. Гьебго къоялъ редакциялъул хIалтIухъабазулгун лъай-хъвай гьабизе нижехъе бачIана Гъоркьа Чирюрт росдал школалъул цIалдохъабазул къокъаги.

Данделъи рагьана «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камаловас. Гьес бицана миллияб басмаялъул халкъалъе бугеб кIваралъулги, гьелъул тарихалда лъикIаб лъалкI тарал редакторазулги, мухбиразулги хIакъалъулъ. Гьес кIварбуссинабуна рахьдал мацI цIунизеги, редакциялъулгун гьудуллъи гьабизеги ккеялде.

Гьелдаса хадуб къецазул гIахьалчагIазе сайгъаталги дипломалгун баркалаялъул кагъталги кьуна. Баркалаялъул кагъат кьуна газеталъ гIуцIарал конкурсазде цIалдохъаби хIадуризе хIаракат гьабулев МухIамад-Расул Расуловасеги. «Редакциялъе баркала буго лъималазе пайдаял къецал гIуцIаралъухъ. Гьезда гIахьаллъулаго, гьез цIех-рех гьабула эбел-инсуда, чIахIиязда, лъазабула росдалги тухумалъулги тарих. Бат-батIиял росабалъа лъимал ругониги, дица жигар бахъана жидерго гьунар загьир гьабизе гьезие кумек гьабизе. ЦIалдохъабиги гьезул гIагарлъиги ралагьун чIун рукIуна газеталъул иргадулаб номер бачIиналъухъ. Цересел соназда тIоритIарал къецазул гIахьалчагIазул эбел-инсуца баркала кьолеб букIана лъикIаб ишалде жидер лъималазул пикру буссинабуралъухъ. Гьединлъидал, дида ракIун абизе кIола, редакциялъ цIакъ пайдаяб иш гьабулеб бугин. Исана ниж рачIун руго нужер байрамалъул хIурматалда гIуцIараб адабияталъул композицияги хIадурун», — ан бицана МухIамад-Расулица.

Хасавюрт районалъул Къарланюрт, ЦIияб Гъадари, Муцалаул росабазул ва Сагьада поселокалъул школазул цIалдохъабаз рикIкIана чIварал журналистазде, магIарул газеталде, миллияб мацIалдегун шагIирзабазде гьарурал кучIдул. ЦIалдохъабазул жигаралъе къимат кьолаго, Муцалаул росдал кIиабилеб
гьоркьохъеб школалъул директор Багьавудин ХIамзатовас гьадин абуна: «Жакъа щибаб школалъул директорасда цебечIараб масъала буго миллат цIуни. Гьеб цIуниялъул аслияб бутIалъунги ккола рахьдал мацIалде рокьи куцай. Камулел гьеч, жидер лъималазе магIарул мацI хIажат гьечIин жагьилаб пикруялъул рахъкколел умумулги. Амма гьезда бичIулеб гьеч, гIаммаб болмацI тIагIани, гьелдаго цадахъ тIагIунеблъи нилъер тарихалъул кIудияб бутIаги. Школалъул администрациялъ гьелде кьезе ккола цIикIараб кIвар. КIаралал, цIунтIал, багвалал яги чIамалал ругин гIиллабиги ратун, болмацIалдаса инкар гьаби дида мекъаб
лъун
бихьула. Жакъа гьелъул хIисаб гьабичIого, халкъалъул бечелъиялде мугъ рехун чIани, метер нилъер наслабаз нилъее нагIана кьезе буго. НекIсиял умумуз кодоб ярагъгун цIунана халкъалъул цолъи. Гьеб цолъизабуна гIаммаб къисматалъги, цогояб тарихалъги, киналго къавмазе гIахьалаб болмацIалъги. Гьеб хIужа кIочене бегьуларо.

Нилъеца лъималазухъа болмацI бахъани, гьел махIрумлъизе руго Расул ХIамзатовасулги, ЦIадаса ХIамзатилги, Фазу ГIалиевалъулги, Залму Батировалъулги камилал ва гIакъилал кучIдуздасаги», — ян.

МацIалъ гIуцIана магIарул тарих…

Гьунар, бажари бугел ратана Гъоркьа Чирюрталдаса цIалдохъабиги. Гьезул программа гIуцIун букIана магIарул мацIалъулги адабияталъулги учительзаби Аминат ГIабдурахIмановалъги Аминат Насрулаевалъги. Гьез гьадинал рагIабаздалъун баркана ГIали Камаловасда 70-сонилаб байрам:

Баркала ритIухъал макъалабазухъ,

Баркала пайдаял ишазухъ дуе.

Баркала эркенаб пикру цIунизе

Квербакъи гьабурав тIадмагIарулав!

ЦIалдохъабаз рикIкIана ва ахIана магIарул кучIдул. Киназго цадахъ ахIана миллаталъул гимнлъун лъугьарал Расул ХIамзатовасул «Дагъистан» абураб кочIол рагIабиги. Нижер ракIал хIайран гьаруна киналго цIалдохъабазул пагьмуялъ. Хасго кIудияб асар гьабуна ПатIибика Юсуповалъ рикIкIараб «Дир рахьдал мацI» абураб Фазу ГIалиевалъул кечIалъ:

Гьеб мацI дие кьуна мугIрул чIужуялъ

Жиндирго хирияб хазина гIадин.

Эбелалъ жиндийги кьун букIанила,

Кьейила дуцаги дурго лъимазе.

Гьеб мацI дие кьуна магIарулаца,

МагIарул намусгун, бечедаб ирслъун.

БацIадго цIуне гьеб, бечед гьабе гьеб,

Гьелда ах дуца хIасратаб кечIин.

Биччанте гьеб дагьаб хъачIаб букIине,

ХъачIал кьурабазда гIураб букIине.

ГIагараб рахьдал мацI, дир магIарул мацI,

Дир рекIелъ бессараб, бидулъ бетараб,

Дицаги кьела мун рахьдада цадахъ

Дирго лъималазе: «Ма, босе!» — йилан.

КочIол щибаб рагIи рекIелъе бортуледухъ цIалана ПатIибикаца. Жакъаго хIалтIизе бегьила миллияб театралда, — ян рецц-бакъги гьабуна киназго гьелъие.

Аминат ГIабдурахIмановалъ редакциялъул хIалтIухъабазе сайгъат гьаруна жинца хIадурарал ва басмаялде рахъарал словарал.

Миллаталъул чIухIилъунги маданияталде рокьигун гIолеллъунги рихьана нижеда гьеб къоялъул гьалбал.

Рахьдал мацIалъул къоялде

Харбица хур бекьулебани…

Миллиял мацIазул Халкъазда гьоркьосеб къоялъул хIурматалда дандеруссин

ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гIелмиябгун цIех-рехалъул институталда ракIарун рукIана районазулги шагьаразулги школазул вакилзаби. ГIаммаб данделъиялда, кидаго гIадин, гIодор чIезе бакIцин щвечIо киналго учительзабазе. Бищунго гIемер рукIана магIарул мацIалъул учительзаби.

Данделъи рагьана институталъул директор Марина ХIасановалъ. Гьелъ киназдаго баркана Рахьдал мацIазул къоги, гьарана хIалтIулъ икъбалги. «Халкъалъул тарихгун маданият цIуниялъе кIудияб кIвар буго миллияб мацIалъул», — ан абуна гьелъ.

Рахьдал мацIал школазда малъиялъулги цIалул тIахьаздалъун ва методикиял пособияздалъун учительзаби хьезариялъулги рахъаз институталъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана директорасул заместитель Меседу Шурпаевалъ. Рахьдал мацIазул пашманаб къисмат букIиналъе гIиллалъун гьелъ рехсана хъизамалда мацI кIочонеб букIин. «КIочонел руго миллиял гIадатал, билулеб буго миллияб хасият. Хасго гьеб унти цIикIкIун буго шагьаразда. Лъимералда рахьдал мацI малъизе ккола эбелалъ. Кин гьелъ гьеб малъилеб, жиндаго лъалеб гьечIони? Жиндаго лъалареб мацI лъимералдаги малъизе хIажат гьечIин абулеб буго гьез школалъул учительзабаздаги. МацI хIажат гьечIин чIарал хъизамаздаса лъималазул гъираги букIунаро рахьдал мацIалъул дарсиде хIадурлъизеги гьеб лъазабизеги. Лъимадул букIинеселъул ургъелалда рукIуна эбел-эмен. Сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялда рекъон куцала гьез лъималги. Жакъа нилъер жамгIиятго кьурун буссунеб буго миллияб маданияталдаса. «Рахьдал мацI лъазе ккола» абураб пикруги хутIулеб буго хIакимзабазул рекIеда хъинтIулареб ахIилъун. Амма гьебго заманалда, федералиял законаз гьукъулеб гьечIо рахьдал мацI малъизе. Гьелъие ихтиярал кьун руго. Гьел ихтияраздаса пайда босизе инкар гьабулеб буго нилъецаго», — янги абун, Шурпаевалъ бицана федералияб цIалул планалъулги пачалихъияб стандарталъулги чарагьечIеб бутIалъун кколин миллиябгун регионалияб ва миллиябгун маданияб компонентги.

ДГУялъул профессор, филологиял гIелмабазул доктор НурмухIамад ХIажиахIмадовас бицана рахьдал мацIал цIуниялъул мурадалда рехсараб вузалъулги ДНЦялъул МацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъулги (ИЯЛИ) гIалимзабаз хIадурараб кибербиблиотекаялъул хIакъалъулъ. «Жакъа Интернеталъул бугеб кIвар киназдаго бичIчIула. Гьелъул кумекалдалъун рес буго миллиял мацIал цIунизеги. ГьабсагIаталда нижеца хIадурулел руго рахьдал мацIазул интернет-корпусал. Цо корпус хIадуризе хIажалъула 600 азаргогIан гъуруш. ХIадурун бахъун буго лезги мацIалъул корпус. Буго дагьабго бутIа магIарул мацIалъулги. ХутIарал мацIазе гIарац щоларого буго. Корпусалъухъ чIобого халгьабизе бегьула. Гьединал корпусазул кIудияб кIвар буго миллиял мацIаздаги адабиятаздаги тIад гIелмиял цIех-рехал гьариялъе. Россиялъул гIемерисел регионазда гьабулеб буго гьединаб хIалтIи.

Миллияб мацI цIунун хутIула, дир пикруялда, халкъалъе жиндир хаслъи цIунизе бокьун бугони. Халкъалъе гьеб бокьичIони, пачалихъалъул кумекалъулги кинабгIаги пайда букIунаро», — ян абуна профессорас.

НурмухIамад ХIажиахIмадовас бицараб миллияб мацIалъул интернет-комплекс кин хIалтIизабулебали бихьизабуна ИЯЛИялъул гIалимчIужу Сабина ШихгIалиевалъ.

ГIелмияб данделъиялда гIахьаллъана Россиялъул «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб къецалда гъоркьиса тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъарай Ленинкенталъул №35 гимназиялдаса лъарагI мацIалъул учительница Зарема Жанхуватоваги, рехсараб къецалда батIи-батIиял соназда чIел босарал учительзаби Гулишат МухIамадрасуловаги Зарият Базаеваги. Заремаца кьуна рахьдал мацIалъул дарсги.

МахIачхъала шагьаралъул рахьдал мацIазул учительзабазул методикияб цолъиялъул нухмалъулей Рукъият АбакархIажиевалъул кIалъай букIана цIикIкIараб рекIел асар гьабулеблъун. «Щибаб соналъ нилъ данде гьарулеб къо буго Рахьдал мацIазул къо. Цересел соназда гьеб къоялде гIуцIулел тадбиразулъ гъираялда гIахьаллъулаан дун. РакIалде кколаан, нилъер школазул масъалабазул хIакъалъулъ хIакимзабазда лъаларин, гьеб гьезда бицине кколин ва гьезги, учительзабазго гIадин, хIаракат гьабилин гьел масъалаби хехго тIуразариялъе ресал ратизе. Амма дир гьайбатал анищал санайилго хIорго хутIулел руго. ХIакимзабазда бичIчIулебго гьечIо рахьдал мацIалъул бугеб кIварги магIнаги. Гъоркьиса рохеллъун лъугьун букIана республикаялъул парламенталъул депутатаз рахьдал мацIазул суал цебелъей. Гьел хьвадана школазде, халгьабуна учительзабазе гIуцIун ругел шартIазул, цIехана, масъалаби тIураялъе квербакъулел нухал кинал рихьулин. Хадубккун щиб гьез гьабурабали балъголъилъун хутIана. Исана жеги ракIбакъвазабуна нилъер учительзабазухъаги цIалдохъабазухъаги кодоса цIалул тIахьал рахъиялъги.

Амма, цин-циял гIунгутIабазги квекIеназги ракIбуссинабулел чагIи гуро шагьаралъул учительзаби. ХIисаб гьабе, «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб конкурс Россиялда тIобитIана 10 нухалда ва гьелдаги гIахьаллъун, щуцIул бергьана Дагъистаналдаса учительзаби! Гьединал педагогал рукIаго, нилъер школазда рахьдал мацIазе кинабгIаги хIинкъи букIинаро. Биччанте нилъехъа тIахьал рахъизе, методикиял алатал кьунгутIизе, цIалдохъабазул умумул рахьдал мацIалде данде гьусизе – нилъер учительзаби гьел хIужабаз хIинкъизариларо! Гьез куцарал цIалдохъабаз кучIдул рикIкIунеб мехалда черхалда гъаргъар бала, рекIелъ чIухIиялъул асар щулалъула. Гьедин букIана араб рузманкъоялда шагьаралъул цIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIараб къецалда лъималаз пасихIго, берцинго, щибаб гьаракь ургьибе лъугьунедухъ нилъер шагIирзабазул асарал рикIкIунеб мехалдаги. Баркала нужее, хириял учительзаби!», — ян абуна Рукъиятица.

ГIаммаб данделъиялдаса хадуб учительзаби рикьана мацIазул секциязде. МагIарул мацIалъул учительзабазул горсвери букIана пайдаяблъун. Гьениб бицана учительзабазул ракIунтарал масъалабазул хIакъалъулъ. Къокъго абуни, цоги нухалда такрар гьабуна рахьдал мацIалда цIезабизе кколин классалъул журналалда ругел мацIалъулги адабияталъулги гьурмал, цIалул тIахьал кодоса рахъизе ихтияр лъилниги гIоларин, гьел гIарцухъ ричун росарал ругони, методикиял пособиязул бакIалда МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул сайталда лъурал дарсил планалги цогидал методикиял тIахьалги.

Рахьдал мацIал малъиялда сверухъ хIалуцин жеги цIикIкIине бугин бицана ДНИИПалъул рахьдал мацIазул секторалъул нухмалъулев ХIайбула Вакиловас. «ЦIияб цIалул соналдаса нахъе щибаб школалъ хIадуризе ккола хасаб цIалул план. Гьелъие кьочIое босизеги ккола федералиял стандартаз бихьизабураб цIалул планалъул ункъо тайпаялда гьоркьоса цояб. Гьезда гьоркьоса цоялда рекъон рахьдал мацI школалда малъизе кколаро, хутIараб лъабабго тайпаялда рахьдал мацI малъизе ккола. Рахьдал мацI цIалул мацIлъун босулеб бугони, гьелъие бихьизабун буго анкьида жаниб щуго-анлъгониги сагIат. ГIицIго дарс хIисабалда малъизе бугони – лъабго сагIат. Кинаб тайпаялъул цIалул план тIасабищилебали бараб буго школалъул администрациялдаги, педагогазул советалдаги, умумуздаги. Рахьдал мацI гъорлъ бугеб тайпа тIасабищизе хIаракат гьабизе ккела учительзабазги», — ян абуна Вакиловас.

Гьумер хIадурана

Кавсарат Сулеймановалъ.