КочIое кьураб гIелмияб къимат

ХХ гIасруялъул 20-абилел соназда байбихьана МахIмудил асарал басмаялда рахъизе

 

Дагьаб цебегIан Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул мацIалъул, адабияталъул ва искусствоялъул (сангIат) институталъ къватIибе биччана «ШигIраби» абураб ХъахIабросулъа МахIмудил тIехь. ТIехь данде гьабуна, гьелъие гIелмиял баянал кьуна филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. БачIинахъего абизе ккола гьеб бугин гьунар тIокIав шагIирасул ирс бакIариялде, гьелъие унго-унгояб гIелмияб къимат кьеялде лъураб щулияб галилъун.
ХХ гIасруялъул 20-абилел соназдаса байбихьун, магIарул ва гIурус мацIазда чанго нухалъ рахъана МахIмудил асарал. Амма магIна-хIасилалъул рахъалъ щвалде щвезарун, грамматикиялгун стилистикиял гъалатIалги рекъезарун, мухIканал баяналги кьун, захIматал, ричIчIуларел рагIабазул ва рагIабазул дандраязул лугъатги гIуцIун, гьезул къадар, тартиб, тематика хIисабалдеги босун, хронологияги чIезабун, бахъараб гIелмияб басма жакъа къоялде щвезегIан букIинчIо.
ТIехьалъул цеберагIиялда бихьизабун буго араб гIасруялъул къоабилел соназда машгьурав гIурус гIалимчи-лингвист Л. Жирковас «Басрияб ва цIияб магIарул кечI» абураб макъалаялдасан байбихьун ахирал соназде щвезегIан магIарул шагIирасул асарал ракIариялда, гьезие къимат кьеялда хурхун рагIул устарзабаз ва гIалимзабаз гьабураб хIалтIи. Гьениб тIадегIанаб къимат кьун буго пагьмуяв магIарул классикасул кочIоеги гьелъ магIарул халкъалъул рухIияб гIумруялъулъ кколеб бакIалъеги. ТIехь данде гьабурас гьелде жанибе босун буго жакъа къоялде щвезегIан МахIмудилилан абулел рукIарал асаразда гьоркьоса хIакъаблъун чIезабураб 73 кечI.
ХХ гIасруялъул 30-абилел соназдаго байбихьана ХъахIабросулъа МахIмудил асарал гIурус ва цогидал мацIазде руссинаризеги. А.МуртазагIалиевас абухъе, гьеб букIана магIарул классикасул шигIруги махщелги машгьур гьабиялде тIамураб кIвар бугеб галилъун. Щайгурелъул гьесул гьунар, гIагараб ракьалда гуребги, тIибитIулеб букIана Дагъистаналдаги тIолабго улкаялдаги. Гьедин, гьел соназда байбихьана МахIмудил кучIдул Дагъистаналъул халкъазул мацIаздаги басмаялда рахъизе.
ГьанжелъизегIан магIарул ва гIурус мацIазда басмаялда бахъун букIана МахIмудил асаразул 15 мажмугI. ГIа­лимчияс, хронологияб тартибалда ре­къон, гьел киналго тIахьазул гьабун буго сияхI, бихьизабун буго киб, кинаб мацIалда пуланаб тIехь къватIибе би­ччан бугебали. Гьелде тIадеги, МахI­мудил асарал ракIариялъул ва бас­маялда рахъиялъул хIакъалъулъ би­цунаго, жиндирго цеберагIиялда А. МуртазагIалиевас рачунел руго ба­тIи-батIиял заманабазда шагIирасул маж­мугIазе, тIахьазе, гьезулъ дандчIвалел гIунгутIабиги гъалатIалги рихьизарун, магIарул гIалимзабаз (М.-С. Саидов, М. МуртазагIалиев) ва цIалулез (Р. МухIамадов, С. ГIазизов) кьурал кьварарал критикиял къиматалги загьир гьарурал пикрабиги.
ХъахIабросулъа МахIмудил шигI­ра­базул цIияб тIехь ккола, хIа­къи­къаталдаги, мухIканго, щвалде щун гьабураб гIелмияб хIалтIи. Гьеб хIадурун буго кIудияв миллияв рагIул устарасул асаразда тIад тIобитIулеб хIал­тIи цIакъ захIматаб ва жавабияб масъала букIинги бичIчIун.
ГьанжелъизегIан риччарал тIахьазде дандеккун, ХъахIабросулъа МахIмудил «ШигIраби» абураб цIияб басмаялъ тIубанго хисизабулеб буго магIарул классикасул гIумруялъулги поэзиялъулги хIакъалъулъ цIалулезул пикруги бербалагьиги. ЦIалдолезда, хасго гIолеб гIелалда, МахIмуд вичIчIизе кумек гьабизе буго «ХъахIабросулъа МахIмудил гIумруялъул ва адабия­б гьунаралъул тарихал» абураб бетIе­ралда гъоркь тIехьалъул ахиралда шагIирасул хIакъалъулъ кьурал баяназ. Гьез мухIканго бихьизабулеб буго МахIмудил гIумруялъул ва шигIрияб гьунаралъул нух, гьелъул аслиял хIу­жаби, ва гьелдалъун тIоцебесеб нухалъ МахIмудил асаралгун дандчIвалезе рес щолеб буго гьесул гIумруялъул сурат цебечIезабизе.
ХъахIабросулъа МахIмудил шигI­рабазул гIелмияб басма ккола магIарул халкъалъул культурияб гIумруялъулъ кIудияб ва кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун. Гьелъ хасаб рахъалдасан вихьизавулев вуго МахIмудги гьесул ирсги, гьеб кколеб буго жинца магIарул поэзия бечед гьабураб Дагъистаналъул адабияб гIелмуялъулъ абураб цIияб рагIилъун, гьеб цебетIезабиялъулъ таваккалго лъураб цоги галилъун.
Зикрула Илясов