Дир кIудадаги жиндирго чахъаби рикъарав цIогьорги

 

 

 

(Байбихьи 37-аб. номералда)

 

— Мун щай гьев чигун къацандулев? Гьес бикъун буго жиндир чахъу, гьеб нилъер чахъу гуро.

— Гьес абулеб бугогури ни­лъерал рикъанин, щай гьел гьесул рукIунел? — ин ццин бахъун кIалъан вуго лъебелав.

— Гьеб буго гьесул чахъу. Дуе гьес абулеб жо щибизе? Дида мухIканго лъала гьев чияс бикъараб жо гьев бетIергьанаб жо букIин, — ан чIун вуго кIудада. Ас бицунеб жо бичIчIуларого рукIун руго дов гIолохъанчиги хералги.

— Аллагьас рикъзи бикьулеб мехалда нилъее щвараб боцIуда гъорлъ букIуна нилъее къисматабги, нилъер гуребги. Гьенир руго цо бутIа циялъе, цо бацIазе, гъеду-хIинчIалъе, хIутI-хъумуралъе, чакъалазе ва цогидаб рухIчIаголъиялъе кколеб. Гьединго руго гIисинал цIогьазул бутIаги, гIисинал, мукъсанал, хIинкъарал цIогьазе кколеб. Гьезул букIунаро гIи жидецаго хьихьизе гIураб гIакълугун тадбирги, бикъичIого тезе гIураб имангун яхIги. Гьеб буго гьесул ризкъи. Мун щай къацандулев гъосдехун, гъос жиндие къисматаб жо босанин. Нилъер ццин букIунарогури кьегIер чIвазе бачIунеб чакъалалде. Нилъеца хIалкIун цIунула, амма ццин букIунаро гьелде. Вилълъа, бахIарчи, сверун вахъе дуе хутIа-тараб бугищали, нижер цо бицунеб хабар буго. Дир щибго дагIба гьечIо дуца дуе кколеб жо бикъа­нин, — ян абун буго кIудадаца цIогьорасда. ГIолохъанчи щиб абизе кколебали лъаларого хутIун вуго, хадув гъулгъудилаго ун вуго гьениса нахъе, хераз релъизе байбихьун буго. Гьелдаса нахъе хераз хасгьабун хIурмат гьабизе байбихьун буго кIудадал ва рачIанщиназе бицунеб букIун буго «жиндирго чахъу бикъарав» цIогьорасул.

Гьединал ракIалдещвеял, харбал рукIунаан кIудияв инсул гьалбадерие. ГIадамал калам тун гIенеккун рукIунаан гьес бицунеб хабаралъухъ, гьес гIадин махщалида бицине лъалев чи дагьал дандчIванинги ру­кIунаан. Живго хутIараб мехалда кидаго каказда вукIунаан кIудияв эмен, дида ракIалда руго гьесул халатал, чIегIераб кьералъул чIумал, кидаго гьелги сверун, я бакараб цIадуде, я гордухъан сверухъ мугIрузде валагьун, хиялалъ вукIунаан гьев. Цо-цо мехалда кIудаэбел ялъаргъун махсарабиги рукIунаан. Цо жо гуржи мацIалда абун, хадуб пашманаб лугъаталда азербайжан мацIалдеги вахун, жиндиего ахIулеб цо кечIалда релълъараб жо букIунаан:

«Дагъустан дагъ ериди,

Гуржистан гуль ериди.

Анасы ульмюшь Балакен,

Гызларин бол еридир…»

МухIканаб таржама гьал рагIабазул дида лъаларо, гIага-шагарго гьадинаб бугин абуна лъалез:

«Дагъистан мугIруздехун буго,

Гуржистаналда ахал тIогьолъ руго,

Амма берцинал ясал

Бищунго цIикIкIун

Белоканалда руго», — ян абураб.

Гьел рагIабалъ гьечIо абизе гIураб я пасихIлъи, я гIакъиллъи, я гъваридаб магIна. Гьел жинцаго жиндиего херав чияс магIарухъ ахIулел мухъаз ва бакъназ гьесухъе бачIунеб букIана жиндирго гIолохъанлъи. ТIоцебе гьеб кечI ахIулеб рагIараб бакI, ЦIор, жеги гIолохъанав, чIагояв живго, цониги гьайбатай гIан­чIай гIолилай Белоканалъул базарчIван уней. Гьеб букIана жиндир гIолохъанлъиялъул ракIал­де­щвеязул дандерижи, ахирисел къоял рикIкIунев, кIодолъарав херав чиясул. Гьединго рукIана пашманал лугъатал ва рагIаби гуржи мацIалда, гьесул бакъан, гьесул как, гьесул дугIа, гьесул калам, кинабго бачIуна цебе, квачараб хасалил гIазул бураналъул ва гьорол сасида гъоркь, цIадухъ бакараб печалъул гьургьуриялда ва къеда сагIтил кIутIиялда гъоркь. ЦIакъго пашманаб лугъат цIикIкIинчIого букIине цо-цо мехалда кIудада сихIкъотIигун гуржи кечIги хвезабун кIудаэбелалде вуссунаан:

— Валлагь гьай гъарини (гъари — херай абураб магIнаялда чIур­мутIалъул лугъаталда) махIрум гьаюна БетIергьанас мацIаздаса, гьадаб росдал лъар бахун добехун алъ чухIулеб жо дунялалда бичIчIуларо. Дун вуго эркенго падар, хъазахъ, авар мацIазда хункар-пашазабигун кIалъазе кIолев чи, — ян релъулаан кIудияв эменги гьесда сверухъ ругелщиналги. КIудаэбел семулаан, ягъулаан, гьав чи, 70 сон баниги, кIудиявго гIолев гьечIин.

1983 соналъул ихдаде кIудада нахъойги унтана. БукIана квешаб, хIехьезе кIо­лареб унти ва макьу тарал сардал. Районалдаса вертолет ахIана эбелалъ, хадусеб къоялъ радал квешго гьава-бакъги кьерхун, бачIине кIвечIо. Автомобилалъул нух доб мехалда букIинчIо. Аппендецит букIана гьесул. Хадусеб къоялъул бакъаниде хIехьезе кIолареб букIараб унти сасана ва кIудада гIетIулъ вецIцIулев вукIана. Эбелалъ дунял роцIцIунеб буго, радал вертолет бачIинин абидал, гьес квер хьвагIана ва абуна:

— Гьанже гьелдаса ана, ГIайишат, гьадинаб букIун буго БетIергьанасул хIукму, гьаб унти дагьаб заманалъ араб жо буго, дир беццабакь бихъун буго жаниб, гьанже лъиданиги кIоларо дун хвасар гьавизе… Хадуй гIодулей эбелалъеги, гьелъул яцалъе ва гьезул ясазе мухIканго бицун буго кин живго вукъизе кколев ва лъида тIад щиб къазе кколеб. 7 апрелалъул рогьалилъ къадаралде щвана кIудада ва добго къоялъ росдал хабалалъ вукъана. Гьесда цадахъ къаникье ана досул гIадатлъиги, гIаданлъиги, махсарабигун кучIдулги, къисабигун харбалги, гIемераб гIакъилаб, досда бихьараб, досда рагIараб, гьес жинцаго гIумруялъухъ ва гIадамазухъ балагьун хIасил гьабурабщинабги. ХутIана ракIалдещвеял. Гьанже кIикъогогIан сон сверун хадуб, дун ЧIороде щвараб мехалда бихьула гьесул реххун тараб рукъ ва гьениб горда гъоркь чвахулеб лъарал гьаркьихъе рагIула дида лъимерлъуда гIинда кIутIараб пашманаб гуржи ба­къан яги падар мацIалда ахIулеб кечI: «Дагъустан… дагъ… дагъ ерди…».

Цо-цо мехалда ккола дов доваго горда гъоркь тIамураб ургуялдаги вегун, кодор чIумалгун, ниж жанире лъугьун рачIиналъухъ валагьун вугин, амма нуцIида даларал, кьавуялъ кьер хисарал кIулалги, бакъуца ва цIадалъ кьер хисараб нуцIаги бихьарабго, щакъраххуна, бадибе магIу бачIуна ва хехго гьениса цо рахъалде ине гIедегIула, цощинаб гIадамазда вихьиладайин. Киназдаго бичIчIуларо кIикъогогIан сон свераралдаса дур пашманлъи… Исана эбелги ана.

2018 с. Ноябрь. МахIачхъала.

МухIамад БисавгIалиев