«Адабияталдеги маданияталдеги рокьигун йижун ятана»

 

ТIаса лъугьа, шигIраби, нуж гIодизе тIамунин,

ТIурачIел анищазда гьоркьоре нуж реханин,

 Макьу тарал сардаца, сабру хварал къояца

 Къварилъи, кIихIи бикьун, нужер гъуждузда лъунин.

Исана 65 сонилаб юбилей кIодо гьабулеб буго машгьурай шагIир, хъвадарухъан, журналист Париза Гереевалъ. Гьал гIагарал къоязда гьелъухъе гьоболлъухъ щведал, тIахьазда, асаразда, хъвадарухъанасул гIумруялда тIасан гIезегIанго ракIрагьараб накъит ккана нижер.

Париза Гереева ккола Казбек районалъул Хубар росулъа. ЛъугIизабуна ДГПИялъул художествиябгун графикияб факультет. Гьей ккола РФялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, анлъго тIехьалъул автор. Дагьаб цебегIан басмаялда бахъана гьелъул «Васигат» абураб романги.

ГьабсагIаталда Гереевалъ редакторлъи гьабула Хасавюрт шагьаралъул магIарул мацIалда къватIибе бачIунеб «НасихIат» газеталъе. Гьелъул асарал рокьула гIисиназеги чIахIиязеги. Гьелъ гвангъарал лъалкIалги толел руго миллияб адабияталда.

— Париза, гьитIинго магIарул адабияталдегун маданияталде рокьи бижизабиялъе сунца квербакъи гьабураб?

— Дида лъай лъаралдаса нахъе дун ятана магIарул маданияталде рокьи бугейлъун. Радиоялдасан ахIулебщинаб кочIол авторги, композиторги, живго кочIохъанги цIехон, гьеб лъазабулей йикIунаан дун. ТIоцебесеб классалда цIалулей дица, вацасул тIохьодаса цIалун, Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» поэма рекIехъе лъазабун букIана.

Мунагьал чураяв эменги вукIана адабиятгун маданият бокьулев, газет-журналазулгун гьудуллъи ккурав, кучIдул хъвалев чи. Гьесдаса ирсалъе щун батилаха диеги гьаб.

— Кин бижараб тIоцебесеб кечI? Кинал рукIарал творчествоялъул нухде лъолел тIоцересел галаби?

— ТIоцебесеб кечI хъвана 1-2 классалда цIалулеб мехалда. Доб букIана транспорт къанагIатаб заман. ТIоцебе росулъе мотоцикл бачIараб мехалъ, гьелде хъвана тIоцебесеб кечI. Дун, гьебги босун, инсухъе щвана. Гьев, гьебги цIалун, гьимана ва дир ботIрода кверги бахъун, чвантиниб гьебги лъун къватIиве ана. Гьеб кечI нахъе цIунун хутIун гьечIо.

Ункъабилеб классалда дун цIалулеб мехалъ бахъана «Дир Хубар росу» абураб кечI райгазеталда.

Хадуб, ракь багъаридал, ниж ритIана Воронеж шагьаралде. Гьений цIалулаго, дица Дагъистаналде битIана «Дир Дагъистан» абураб кечI тIад «МахIачхъала, «БагIараб байрахъ» абунги хъван. ГьитIинай чIужуялда мухIканаб адресги щибха лъалеб? Дагьаб заманалдаса гьез битIун бачIана газеталда бахъараб дир кечI. Гьеб мехалъ дир рохалие гIорхъи букIинчIо.

«Дир хIасраталъул цIва» абураб тIоцебесеб тIехь басмаялда бахъана 2001 соналда.

 

— Аслияб куцалда кинал темабазда асарал хъвалел? Щал кколел асаразул аслиял героял?

— Лъимерлъуда дица кучIдул хъвалаан патриотикиял темабазда. Хасго, Воронежалда цIалулеб мехалъ, гIемер хъвана ВатIаналъул хIакъалъулъ. Гьенир нижее кигIан лъикIал шартIал чIезарун рукIаниги, рокъоб ракIги лъун йикIунаан дун.

Гьанжейин абуни рорхула батIибатIиял темаби. Масала, дица хъвана прозаялъул лъабго тIехь: «Къисмат», «ГIумруялъул лахIзатал» ва «Васигат» абураб роман. ГIемерал чагIаз абуна дида, дур асаразулъ жидер къисмат рагьун бугин. Дир асаразул аслиял героял ккола гIадатиял магIарулал. Гьезул гIумру, рукIа-рахъин, гIамал-хасият. Бокьула гьезулъ инсанияталъул лъикIал рахъал, гIадамазул лъикIал хасиятал рагьизе.

— «Васигат» романалда сундул хIакъалъулъ бицунеб бугеб?

— Гьеб цIаларазул цо-цояз абуна бухIун щвараб бакъудаса хадуб горо-цIер бараб гIадаб жо гьабун бугин Паризаца. Гьаб нухалъ дица кIиябго рахъ бихьизабуна романалда, лъикIабги квешабги. Гьелда бицен гьабулеб буго нилъер заманалъул гIадатияй магIарулалда дандчIварал къварилъабазулги, гьел къезаризе гьелъ бахъараб яхIалъулги, цин баккун, цин тIерхьун, накIкIукьан хьвадулеб бакъул загIипал чIорал гIадин, гьелда лъарал къокъалго талихIал лахIзатазулги. Гьениб бихьулеб буго рокьи, хIалимлъи, хIеренлъиялда цадахъго, инсанасул рекIелъ бахчун букIунеб нахъегIанаб, вахIшияб асарги.

— Щив дуца рикIкIунев дурго мугIалимлъун, аслияв критиклъун?           

— Дир аслияв критикги, гIакълучиги, мугIалимги вукIана мунагьал чураяв эмен.

 Дий гIумрудул дарс кьурав,

ГIакълу тIокIав мугIалим,

ГIадлу ккараб бакIалда

 Закон хасав диванчи.

Гьес кьолаан дир асаразе къимат, рихьизарулаан гIолел-гIоларел рахъал. Гьесул дарсал кидаго рекIелъ хутIана.

«БагIараб байрахъалде» кучIдул ритIидал, дие малъа-хъваял гьарулев, гIакълаби кьолев чи вукIана Тажудин Таймасханов. Хадубккун, дие лъикIал дарсал щвана ГIабасил МахIамадихъан ва МухIамад ПатахIовасухъан.

— ЦIалдолезул критика кин къабул гьабулеб?

— Узухъда, гьебги гIадахъ босула, гьелъул кIварги буго. Дицаго диего гIезегIан кьварараб хIукмуги къотIула. Асар хъвалаго дун ургъула, гьаб халкъалъ киндай къабул гьабилеб, гьелдаса гьезие кинаб пайдадай щвелаян абун.

РакIалда буго цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Дица цо кечI битIана газеталда бахъизе. Гьез жаваб бачIана гьаб гIемер рагьараб тема бугин, палхIасил, дир кечI нахъ чIвана. ГIолохъанай дие гьеб цIакъ захIмалъана ва гьелдаса хадуб 11 соналъ цониги рагIи хъвачIо. Байбихьудаго дир асаразе кьварараб критика гьабун букIарабани, ругьунлъунги йикIинаан дун. Хадуб, дагьдагьккун бичIчIана хъвадарухъанасе критика чара гьечIого хIажатаб жо букIин. Жакъа цIакъ бокьула хъвараб жоги бичIчIулев, гьелъие ритIухъаб къиматги кьун бажарулев чияс гьабураб критика.

— ЦIияб асар бижизе ккани, щиб къваригIунеб?

— МагIарулазул аби гьечIищха «Рокьи ккарав кочIохъан, керен бухIарав магIихъан», — ан. КечI хъвазе ккани, узухъда, кинаб букIаниги гIилла букIине ккола. Нилъерго гIумруялда ккараб букIаниги, чияр гIумруялда жаниб лъугьараб букIаниги лъугьабахъин рекIелъан биччачIони, асар лъугьунаро.

Хъвадарухъанасда лъала сверухъ кколебщинаб рекIелъан биччачIого бажарулареблъи. Гьев гьелде ругьунавги вукIуна. Хъвадарухъаби рукIуна цIакъ ракI тIеренал, гIадамазул къварилъиялъ пашманлъулел, рохелалъ рохизарулел чагIи. Чара гьечIого къваригIунеб жо буго гIадамасул гIумруги гьелда жаниб лъугьунебщинабги бичIчIи, рекIелъан биччазе бажари.

Хъвадарухъанасда лъала сверухъ кколебщинаб рекIелъан биччачIого бажарулареблъи. Гьев гьелде ругьунавги вукIуна. Хъвадарухъаби рукIуна цIакъ ракI тIеренал, гIадамазул къварилъиялъ пашманлъулел, рохелалъ рохизарулел чагIи. Чара гьечIого къваригIунеб жо буго гIадамасул гIумруги гьелда жаниб лъугьунебщинабги бичIчIи, рекIелъан биччазе бажари.

Дица керен чучула хъвадариялде. Дие бокьула, киналго кьижидал, дунго дирго пикрабаздеги машгъуллъун хъвадаризе. КигIан свакан йигониги, гьеб пишаялъ керен чучизабула.

— ГIезегIан руго дур кучIдул ахIулел кочIохъаби. Дуца хъварал рагIаби жидеего ахIизе санагIатаб хIалалъ хисизарурал хIужаби кканищ?

— Дир кучIдул ахIула Апанди ИсмагIилхIажиевас, Шамил Ханакаевас, Руслан Имамирзаевас, Маржанат ГIабдулаевалъ, жеги гьитIинав, амма гьунар кIудияв СагIид Имамирзаевас, ахIулаан мунагьал чураяй Марижат ГIабдулгIазизовалъги.

Дир кучIдуздехун гьединаб «адаб тей» гьабурал хIужаби ккечIо. Дица гьезда цебеккунго абула хъвараб хIалалъ ахIеян. Жакъа гIемер рихьулел руго жубагъубарал, дораса-гьаниса чIварал кучIдулгун церерахъунел кочIохъаби.

Халлъулел руго цо-цо гьединал кучIдул хъвалел «шагIирзабиги».

— Дуца лъугIизабуна ДГПИ. МугIалимасул нух тIаса бищизе рекIее къабуллъичIогойищ? Яги гьаб хъвадарухъанлъиялъул нухда хутIиялдаса талихIай йигищ мун?

— Дун щуго соналъ хIалтIана Гъизилюрталъул школалда мугIалимлъун. Амма ракIалъ гьаб рахъалдехун цIалей йикIана. ХIалтIана «Вечерний Кизилюрт» газеталда, «ХIакъикъат» газеталъул мухбирлъун, «Чапар» газеталда — цин бетIерай редакторлъун, хадуй — жавабияй секретарьлъун. Жакъа хIалтIулей йиго Хасавюрталъул магIарул мацIалда къватIибе бачIунеб «НасихIат» газеталъул редакторлъун. Дие мугIалимасул хIалтIиги цIакъ бокьулаан.

 Амма рекIел тIиналда кидаго гьаб махщалихъ ккараб рокьи букIунаан. Гьалъул къуват бергьанаха

МухIамад МАНАПОВ