ГIаздалаб декабралда баккараб тIогьол хинлъиялъухъе /Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон тIубаялде/

 

 

 

ВатIан, мун бокьизе тIоцебе дида

Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?

Лъица абадиялъ унареб хIалалъ

ХIасратаб дир рекIелъ бикIараб дур цIар?

 

Хоралда ахIулеб Фазу ГIалиевалъул гьаб кечIалдасан байбихьана шагIиралъул творчествоялъе сайгъат гьабураб «ЧIагояб классика» абураб фестиваль. Гьенир гIахьаллъана магIарул районазул ва гьединго шагьаразул учительзаби ва цIалдохъабикинавниги 196 чи. Гьезул гIемерисел рачIунги рукIана 11 маялда МахIачхъалаялда, Р.ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIараб тадбиралде.

 

Сухъмахъал рукIуна батIи-батIиял,

Рохел гьурщулелги гьеб чIинтIулелги.

 Дирги цIакъ гIемерал сухъмахъал руго,

 Сухъмахъазул буго жидерго къисмат… (Фазу ГIАЛИЕВА)

 

Гьеле гьел сухъмахъазухъе ахIун рукIана Фазу ГIалиевалъ жиндирго шигIраби рокьулел магIарулал. Гьаб нухалда данделъун рукIана МахIачхъалаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда. «ХIакъикъат» газеталъ гьениб тIобитIулеб букIана шагIиралъул творчествоялъе сайгъат гьабураб «ЧIагояб классика» абураб фестиваль.

ХIурматиял «ЧIагояб классикаялъул» гIахьалчагIи! ТIоцебесеб иргаялда, ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго нужее.

Нужер кумекалдалъун гIуцIун бажарараб байрамалда гIажаибго берцинал накъишал хъван рукIана нужеца. Щивав гIахьалчияс рикIкIунеб кечIалъги прозаялдаса бутIабазги гIенеккарал дагь-дагьккун рачунел рукIана шагIиралъул сухъмахъазде.

Байрамалъул гIахьалчIужу, ахирал соназ шагIиралъул кумекчIужулъун йикIарай, гьабсагIаталда гьелъул творчествоялда тIасан гIелмияб хIалтIи хъвалей йигей ИЯЛИялъул гIелмияй хIалтIухъан Мариза МухIамадовалъ жиндирго кIалъаялда кьуна нужее цIакъго тIадегIанаб къимат:

— ХIурматиял конкурсалъул гIахьалчагIи. Жакъа нужеца гьабулеб буго цIакъго кIвар бугеб иш. БачIунеб гIелалъухъе кьолеб буго авар адабияталде бугеб кIудияб рокьи. Гьаб нухалдаги нужеда лъалеб букIана кIудиял сайгъатазда хадур рачIунел гьечIеблъиги. ГIицIго – грамотабазда хадур. Гьеб гурищ хIикмалъи. Гьеле гьединал гьайбатал гIадамаз берцин гьабун буго дунял. Нужелъ бугеб рухIияб бечелъиялда жакъа дун бахиллъана, — ян абуна гьелъ.

Маризаца абураб битIарабха бугеб. Нуж, дир хириял учительзаби ва цIалдохъаби рукIинчIелани, байрам додигIан берцинаблъун лъугьине букIинчIо. ГIиси-бикъинал гъалатIалги камилищха. Гьел киназулго хIисабги гьабун, тIадеялъул тадбир тIобитIизе ракIалде ккана дагьабги гIатIидго – Авар театралда. Гьеб мехалда киназего жеги рес ккела кучIдулги цIализе жидерго пагьму-гьунарги бихьизабизе. Баркала киназего. Гьеб кинабго лъугьине буго гIицIго нужер гIахьаллъиялдалъун.

Гьанже бицина газеталъул гьудулзабазе нужер рухIияб берцинлъиялъулги хIакъалъулъ.

 

Щибаб лахIзаталъулъ даимлъи буго

 Ралъад, гIодоб биччан, гIунун чIун буго,

ГIемер квачIид бахъун, свакан батила.

Дир гьинал ракI, дуе букIунареб щай

Цо лахIзаталъгIаги хIалхьиялде ин?

 Фазу ГIАЛИЕВА

 

— ВатIан, мун бокьизе тIоцебе дида…

— Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго…

— Балъголъаби руго сардил бецIлъидакь…

— Нухда лъурал гудрал гIемер рукIуна…

— Зодихъ цIваби руго сихIкъотIиялда…

 

ЦIидасанги рагIулеб буго шагIиралъул шигIрабазул гьаракь. Гьезул щибаб лахIзат ине буго даимлъиялде. ШагIиралъул шигIрабазул гъасде сапаралъ рачIаразул къадар цIикIкIараб букIана — ЛъаратIа, ЦIунтIа, ЦIумада, ЧIарада, Хунзахъ, Унсоколо, Хьаргаби, Гумбет, Болъихъ, Гъуниб, МахIачхъала, Буйнакск, Каспийск, Гъизилюрт, Гъизляр ва гь.ц.

Щивав гIахьалчи мустахIикъав вукIана реццалъе. Гьайгьай, гьал киназулго цIарал рехсезе хIалкIвеларо – 188 цIалдохъан ва учитель гIахьаллъана исана тадбиралда. Фестивалалде рачIаразда байрам баркана профессор МухIамад МухIамадовас, шагIирзаби Залму Батировалъ, ТубхIат Зургьаловалъ ва Залму МухIамадовалъ, «МагIарулай» журналалъул редактор Баху МухIидиновалъ. Гьединго кIалъазе рахъана учительзаби – Хунзахъ районалдаса Барин ГIабдулатIипова, Саида ХIусенова, ПатIимат ХIамзатова, цIарал ракIалда чIечIониги, Гъизляралдаса, Буйнакскиялдаса, МахIачхъалаялдаса вакилзаби. ТубхIатица цIалана жинцаго шагIиралде гьабураб кечIги.

Бихьулеб букIана шагIиралъул прозаги поэзияги цIализе лъималазул букIараб гъира. Гьелъулъ букIана тадбиралъул аслияб магIнаги.

Тадбир берцин гьабуна композитор Каримулагь ГIабдулаевас, кочIохъаби АхIсарат ХIайбулаевалъ, Даку ХIажиевас, Салим Камиловас, ПатIимат ХIажиевалъ, Шамсигат Шапиевалъ, Шамил Ханакаевас. Фазул рагIабазда гьез ахIарал кучIдуз кIудияб асар гьабуна байрамалде рачIаразе.

Газеталъул хIалтIухъан МухIамад Манаповас хIадурараб сценариялда рекъон, тадбир нухда бачана газеталъул хIалтIухъаби Зульфия ХIажиевалъ ва МухIамад Дудуевас. Нахъеги рагIулеб буго шагIиралъул гьаракь:

— ГIемерал суратал рахъун руго дир,

Нахъе хутIаразда ракIалде щвезе.

 Амма гьел сураталъ рихьизе гьечIо

Дир бацIцIадаб ракIги роцIараб рухIги.

 

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА