Киданиги хилиплъичIо гIагараб ракьалъе

 

 

 

 

20 апрелалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб би­блиотекаялда тIобитIана «Фазу ГIалиевалъул творчествоялъул хас­лъи» абураб дандеруссин. Гьеб гIуцIун букIана шагIиралъул 90 сон тIубаялъул хIурматалда.

Дандеруссиналда гIахьаллъана библиотекаялъул директор ГIали ГIалиев, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул пред­седатель МухIамад АхIмадов, Фазу ГIалиевалъул вас, «Лезгинка» ансамблялъул генералияв директор Жамбулат МухIамадов, респу­ бликаялъул вузазул гIалимзабигун студентал, рахьдал мацIазул учи­ тельзаби ва библиотекаялъул хIалтIухъаби. Данделъи нухда бачана краеведениялъулгун миллияб адабияталъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат МуртазагIалиевалъги культуриял программабазул отде­лалъул нухмалъулей Ольга ГIалиевалъги.

 

   Дандеруссин рагьулаго, ГIали ГIалиевас бицана магIарул ва Дагъистаналъул, гьединго Россиялъулго адабияталда кIудияб лъалкI тарай шагIиралъул гьунарги гIумруги машгьурлъизабиялъул мурадалда библиотекаялъ гьарулел тадбиразул хIакъалъулъ. «Фазу ГIалиевалъул 90 сон тIубаялде библиотекаялда хIадурун руго батIи-батIиял тадбиралги тIахьазул выставкабиги. Дунялалъулго адабияталда кIудияб бутIа лъурай шагIиралъул хIакъалъулъ бицунел тадбирал гъираялда къабул гьарула цIалдолез ва жигаралда гIахьаллъиги гьабула гьезулъ», — ан абуна гьес.

   Жамбулат МухIамадовас баркала кьуна библиотекаялъул хIалтIухъабазе гьезул хIаракаталъухъ ва бицана гьенир гIуцIарал тадбираздасан гIемер цIиял хIужаби загьирлъулел ругин абун.

Хъвадарухъабазул союзалъ тIоритIизе ругел тадбиразул хIакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас ракIалде щвезабуна Фазу ГIалиевалъул яхI-намус, къвакIи, гIакъиллъигун гIаданлъи гъорлъ бессараб гIадатлъи ва ватIаналде рокьи.

   Хъвадарухъабазул союзалъ тIоритIизе ругел тадбиразул хIакъалъулъ бицунаго, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас ракIалде щвезабуна Фазу ГIалиевалъул яхI-намус, къвакIи, гIакъиллъигун гIаданлъи гъорлъ бессараб гIадатлъи ва ватIаналде рокьи.

Дагъистаналъул халкъияй шагIир Космина Исрапиловалъ дандеккуна руччаби-шагIирзабазул къисматал: Ругъжаса ГIанхил Маринилги, Къуркълиса Шазалги, Ногъаялдаса Кадрия Темирбулатовалъулги ва Фазу ГIалиевалъулги.

РАНалъул ДФИЦалъул ИЯЛИялда бугеб Квералъ хъварал асаразул фондалъул нухмалъулей Мариза МухIамадова гIемерал соназ йикIана Фазу ГIалиевалъул кумекчIужулъун. Гьелъ бицана шагIиралъул хасияталъулги гьелъул ракIалъе захIматаб асар гьабурал лъугьа-бахъиназулги хIакъалъулъ. «КIудияй шагIиралъул ракI лъукъулаан рагъ, питна багъарун бугин рагIараб мехалда. ГIагараб ро- сулъги, республикаялдаги, нилъер кIудияб улкаялдаги ва тIолабго ду- нялалдаги ккарал ишал рекIелъан риччалаан гьелъ. Гьелъие аслияб гIиллаги буго ватIан бокьи. «Киб кьвагьи бахъаниги, гулла речIчIула эбелалъул каранда», — ян хъвана шагIиралъ. ВатIанги эбелги – гьезде бугеб рокьи загьирлъула щибаб асаралъулъги», — ян бицана М. МухIамадовалъ, гьеб пикру тас- дикъ гьабулел кочIол мухъалги рехсолаго.

   «Фазу ГIалиева щвана дунялалъ- ул гIемерал улкабазде – Индиялде, Малайзиялде, СШАялде, Бразили- ялде, Европаялъул пачалихъазде. Гьей йикIана гьудуллъи-вацлъи- ялъул ва ритIухълъи цIуниялъул вакиллъун. Амма кие щваниги, щалгун дандчIваниги, гьей киданиги хилиплъичIо гIагараб ракьалъе, кийго йикIана унго-унгояй магIарулайлъун», — ан бицана «МагIарулай» журналалъул редактор, педагогиял гIелмабазул кандидат Баху МухIидиновалъ.

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, «Гьудуллъи» журналалъул кIиабилей редактор, шагIир ТубхIат Зургьаловалъ бицана Фазу ГIалиевалъул хIалтIуде, жинца хъвалеб асаралде букIараб жавабияб бербалагьиялъул хIакъалъулъ. Гьелъ ракIалде щвезабуна, «АнцIила микьабилеб их» абураб поэма хъвалаго, шагIиралъ гьабураб хIаракат: Фазу ана поэмаялъул аслияв багьадур, Совет Союзалъул БахIарчи АхIмад ГIабдулмажидовасул эбелалъухъе, дандчIвана гьесул гIагарлъигун, щвана бахIарчиясул хабаде, гьев къадаралде щвараб Николаев шагьаралде. «Васги хун хутIарай эбелалъул рухIел жиндирго рекIелъанги биччан хъвана Ф. ГIалиевалъ поэма. Гьеб букIана Фазуе бищунго бокьулеб асарги», — ян бицана Т. Зургьаловалъ.

  Дандеруссиналъул ахиралда Каспийскиялъул «Школа №15» абураб лъай кьеялъул централъул педагог-библиотекарь Сейранат ГIабдулаевалъ цIалана «АнцIила микьабилеб их» абураб поэмаялдаса кесек.