Фазу ГIалиевалъул Соналде

 

«ЧIагояб классикаялъ» цIидасанги ахIулел руго

 

ХIурматиял газеталъул гьудулзаби!

Гьале кIиабилеб нухалдаги нуж ахIулел руго «ЧIагояб классикаялъ». Гьаб нухалда тадбир сайгъат гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъияй поэт, исана жий гьаюралдаса 90 сон тIубалей Фазу ГIалиевалъе — исанасеб сонги лъазабун бугелъулха шагIиралъул лъагIеллъун.

Конкурс тIобитIулеб буго гьал хадусел номинациязда:

1) Фазул проза ракIалдасан цIали.

2) ШагIиралъул кучIдул ракIал­дасан цIали.

3) Фазу хIакъалъулъ цогидазул пикраби, кучIдул ракIалдасан цIали.

4) Дир Фазу. ШагIиралъул хIа­къалъулъ пикраби загьир гьари.

Гьеб кинабго бахъизе ккола видеоялде ва видеороликал ритIе гьаб электроннияб адресалде:

snamay.ka­zanbieva@mail.ru. (Шамай Хъазанбиева)

ГIахьалчагIи, саназда рекъон, рикьизе руго хадусел къокъабазде:

1) Росабазул школазул цIал­до­хъаби:

а) 1-4 классал

б) 5-8 классал

в) 10 класс

2) Шагьаразул школазул цIал­дохъаби:

а) 1-4 классал

б) 5-8 классал

в) 10 класс.

3) ЧIахIиял, ай гIахьаллъизе гъира бугел.

9, 11 классазул гьеб заманалда экзаменал рукIунелъул, гьел гьоркьор риччалел руго.

Нужер суалал ккани, кIалъазе бегьула гьаб номералде: 8-963-413-82-99.

Маялда гIахьалчагIи ахIизе ру­го редакциялде ва, гъоркьиса­го гIадин, щивас бихьизабизе буго жиндирго пагьму. Гьаб ну­халда финал тIобитIизе бу­го МахIачхъалаялда, Расул ХIам­за­товасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, журналисталги, шагIирзабиги, гIалимзабиги, жам­гIиял хIаракатчагIиги ахIун.

ХIалтIаби къабул гьаризе руго 20 апрелалде щвезегIан.