Дун гьаюна мугIрузда

 

   Гьадинаб цIаралда гъоркь Фазу ГIалиева ракIалде щвезаюлеб тадбир тIобитIана араб анкьалда Расул ХIамзатовасул цIаралда бу- геб миллияб библиотекаялда. Тадбир нухда бачана библиотекаялъул хIалтIухъаби, гIагараб ракь лъазабиялъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат МуртазагIалиевалъ, культуриял программабазул отдела­ лъул нухмалъулей Ольга ГIалиевалъ ва Хъвадарухъабазул союзалъ- ул авар адабияталъул секциялъул нухмалъулев, профессор МухIамад МухIамадовас.

  Гьез цоги нухалда ракIалде щвезаруна шагIиралъул творчествоялъул шагьрабиги сухъмахъалги. Тадбиралда гIахьаллъизе рачIун рукIана шагIирзаби Марина АхIмадова, ТубхIат Зургьалова, Сабигат МухIамадова, Аминат ГIабдулманапова, Космина Исрапилова. — Нижее киназего учительлъун йикIана Фазу. Гьелъул гIумруялъул дарсал жакъаги къваригIун руго нижее, — йилан абураб магIна букIана гьезул кIалъаязул. Марина АхIмадовалъ кIвар кьуна шагIиралъул дагьалги кучIдул гIурус мацIалде руссинаризе ва ракIалдещвеязул тIехь къватIибе биччазе ккеялде.

  — Фазу кколаан, цохIо авар миллаталъул гуребги, тIолабго Дагъистаналъул маданият жиндаго цадахъ дунялалъул пачалихъазде босарай чIужугIадан. Гьелъул баргъичазги, курхьабазгун кIилкIазги, къадирабазги, тIад ретIараб парталалъги бицана дунялалъе мугIрузул улка- ялъул гIадатазулги, гIамалазулги, маданияталъулги хIакъалъулъ, — ан абуна ТубхIат Зургьаловалъ.

МухIамад МухIамадовас жиндирго кIалъаялда кIвар кьуна Фазул прозаялде.

  — Фазул кучIдул, киналго лъачIониги, рагIичIониги, гIадамазда лъана, рагIана. Амма гьелъул проза жегиги хутIун буго кIудияб балъголъилъун. ГIемерисел цIалдолезе гьей йокьула прозаик хIисабалдаги. Гьединлъидал лъикIаб букIинаан проза лъазабизе, цIализе гьанжегIаги регIани ва гьел тIахьал цIидасанги къватIире риччани, — ян абуна гьес.

  ШагIиралъул гIумруялъул ахирисел къоязде щвезегIан, гьелъул кумекчIужулъун йикIарай Мариза МухIамадовалъ ракIалде щвезаюна Фазу, шагIир, чIужугIадан, жамгIияй хIаракатчIужу хIисабалда. КIалъазе рахъанщиназ рикIкIана шагIиралъул кучIдулги.

  Дандеруссиналда гIахьаллъизе рачIун рукIана Ленинкенталъул №35 гимназиялъул ва МахIач­­ хъалаялъул №8 лицеялъул цIал­ дохъаби. Гьез магIарул ва гIурус мацIазда рикIкIана шагIиралъул кучIдул. Гьединго шагIиралъул асаразде бугеб жидерго кIудияб рокьи загьир гьабуна Каспийск шагьаралъул №15 школалъул директор Шамил ГIалиевас, гьебго школалъул авар мацIалъул учитель Аминат АхIмадиловалъ ва школалъул библиотекарь Сейранат ГIабдулаевалъ.

  Фазу ракIалде щвезаюна «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул бетIерай редактор Наида МуртазагIалиевалъ ва магIарул мацIалда къватIибе биччалеб «МагIарулай» журналалъул редактор Баху МухIидиновалъ.

— Фазу ракIалде щолареб лахIзат нижер редакциялда букIунаро. Журналги гьелъие бищунго хирияб лъимер гIадин бук1ана. Жеги-жеги абула нижеца Фазуца кинандай гьабизе букIараб, — илан абуна Наида МуртазагIалиевалъ.

—   Дица нухмалъи гьабулеб буго Фазуе дагьабги гIагараблъун букIараб журналалъе. ХIаракатги бахъулеб буго дагьа-макъабниги гьелда релълъарайлъун йикIинеги, хIалтIулъги ретIа-къаялъулъги. Гьелъиего гIадин, диеги рокьула миллияб берцинлъи жиделъ бессарал баргъичал-курхьабиги, кIилкIалги ва шалалги, — ян махсара гьа- буна Баху МухIидиновалъ.

ЛъугIана тадбир ва гьелъ байбихьи лъуна Фазу ГIалиевалъул Соналъе.

 

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА