Залмул сариназул чвахелоялъукь

КечI дихъе бачIана  эмен къанщидал,

Къвал цIун ургъелазул гьиралги раччун.

Дида аскIоб чIана, эбел холелъул,

Чвахун унеб магIил гIор тIобитIизе.

КечI дихъе бачIана кинида лъураб

Лъимералде тIаде къулараб мехалъ.

Къваридал, пашманал, гIумру бигъарал,

ГIадамаца асар гьабураб мехалъ.

    Залму Батирова. МагIарул шагIир. Гьелъул сариназул тIамуралъ бачу­неб бакъан щивасул рекIелъе борту­ла. Бокьула, кинабгоги кIочон тун, гьелъул чвахиялъухъ гIенеккизе. Гьенисан рагIула МахIмудил хIасратал, пашманал кочIол бакъ­нал, цее тIамула гIашикъго гьел бакъназухъ гIенеккарай Муи, би­хьула ХIажимурадил бахIарчияб тIабигIатги. Залмуца жиндирго асаразулъ цIалдолезе рагьула ун­го-унгояй магIарулалъул жанисеб дунялалъул цо-цо балъголъаби. ШагIиралъул ракI унтун буго Дагъ­истаналъул къисматалда ва жакъ­асеб къоялъ дандчIвалел ругел гIузрабаздаги гIунгутIабаздаги.

   Залму Батировалъул асараз жакъа кьерхараб дунялалда халкъалъе кьола гвангъиги кунчIиги. Гьелъул сариназул чвахело чвахулеб буго магIарул халкъалъухъе ва гьезиеги гьеб буго гьекъон къеч хьвалареб лъимлъун.

   Лъабабилеб декабралда Залмуца жиндирго творчество бокьулел на­хъеги данде гьаруна нилъер милли­яб гъасда -Авар театралда.

  Тадбир рагьана Авар театралъул артистаз. Гьез цIалана Залму Бати­ровалде гьарурал кучIдул.

Цинги цее ячIана Залму. Жин­дир кочIол гъасде гьоболлъухъ рачIаразе саламги кьун, гьелъ гьа­буна гьадинаб калам:

   -Хириял магIарулал! Нужехъе ячIунаго, дица нахъа тана халатаб гIумрудул нух. Дун йиго рагъул со­назул лъимер. Дир букIана пашма­наб ва захIматаб лъимерлъи. Росулъ магIирукъ гурого, бертин букIинчIо, къватIал цIун рукIана чIегIер ба­рал улбузги лъудбузги ва бесдалго хутIарал лъималаз. Хадуб бица белъараб, магIица чурараб бергьен­лъи. Бергьенлъи щвараб къоялъги гIодулел гIемер рукIана рохулезда­са. Хадуб школа, институт, шко­лалда хIалтIи. Школалда ана дир бищунго талихIал сонал. ВатIан букIана тIегьан. Амма, 90абилел соназ, гьеб кинабго щущазабуна. Гьеб букIана дир гIумруялъе бищун кIудияб захIмалъи. Амма, кидаго цого хIал букIунаро, дагьдагьккун улкаялъ бетIер эхеде борхизе бай­бихьана. Арал соназ тана нилъее кIиго жо: лъикIлъиги квешлъиги. Гьеб кIиялъулго бергьенлъи бараб буго нилъедаго. Нилъеда тIадаб буго нилъерго гъасда цIаги, милли­ял мацIалги, лъикIал гIадаталги, гIамалхасиятги, тарихги цIунизе.

   Мун, хъущтIун аниги, гIодоб ккун гьечIо,

    ГIедегIе, Дагъистан, тIаде борхизе.

   Дагьаб тараниги, тIагъур бортичIо,

   ЧIухIун балагье мун дуниялалъухъ.

   Залму Батировалда байрам бар­кун кIалъана ДРялъул культураялъ­ул министрасул заместитель Мурад ХIажиев, Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша ГIумахановасул заместитель Шамхалдибир ГIисаев, профессор, Хъвадарухъабазул со­юзалъул авар секциялъул нухмалъу­лев МухIамад МухIамадов, «Гьудул­лъи» журналалъул редактор Мурад АхIмадов, Авар театралъул нух­малъулев МухIамад БисавгIалиев, таржамачи Ибрагьим Стамбуль­ский, Хунзахъ районалъул нух­малъулесул заместитель АсадгIали ГIабдуразакъов ва цогидалги.

   С. ГIумахановасул рахъалдасан Ш. ГIисаевас Дагъистаналъул хал­къалъе гьабураб хасаб хъулухъалъ­ухъ З. Батировалъе кьуна Шамил имамасул цIаралда бугеб орден.

Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хIукмуялда рекъон, Залму Батировалъе, улкаялъул адабият цебетIезабиялъе гьабураб хIалтIухъ Бунинил цIаралда бугеб медаль кьуна Мурад АхIмадовас.

     -Залмул щибаб гали, рагIи, гьа­булеб иш буго гIакъилаб, цIодораб, гIадамазе пайда бугеб. Гьелъул пи­круги ургъелги щвечIеб нилъер мил­латалда хурхараб суал цониги гьечIо. Гьелъул асаразулъ нилъеда ратула бечедаб тарихги, бахIарчиял умуму­зул къисматалги, жакъасеб къоялъул хIакъикъатги. Залму, дуца нахъа тун буго берцинаб, магIнаяб гIумру. Мун гIадан ва шагIир хIисабалда кIудияб борхалъуде яхана. Амма дур бищун лъикIал асараллъун дица рикIкIуна магIарул намус-яхIги гIаданлъиги чорхолъ бессарал дур васал. Ду­даса чIухIула Хунзахъ районги, магIаруллъги, Дагъистанги, -ян абуна Хъвадарухъабазул союзалъул цIаралдасан кIалъазе вахъарав Ибра­гьимил МухIамадица.

Залмул творчествоялъе лъикIаб къимат кьуна М. БисавгIалиевасги:

   -Хунзахъ районалъ нилъее кьуна гIемерал камилал рагIул устарзаби. Нужецаго халгьабе, чанго гIасрабаз цере ккарал тарихиял лъугьа-бахъи­назул хIакъалъулъ хъварал пасихIал фольклориял асаразухъ, масала, Бахтикаде, ГIумма-ханасде гьа­рурал кучIдул. Хадур ЧIанкIаги, ХIамзатги, Расулги, Фазуги, Сули­мановги, ГIабасилавги ва гIемерал анцI-анцI лъикIал шагIирзабиги хъвадарухъабиги. Гьезул кьеразулъе жиндирго гьаракьгун, пасихIлъигун, жиндиего хасиятаб хатIгун ячIана Залму Батирова.

    Бигьаяб жо гуро гъваридал, пасихIал рагIул устарзабазул ВатIаналдасаги ячIун, шигIрияб ду­нялалда хасаб бакI кквезе. Амма Залмуца авар адабияталда кколеб бакI кIудияб ва гвангъараб буго.

   Советияб заманалда, Расулица абухъе, шагIирзабазе мухъазухъ му­гьал кьолел рукIарал ратани, Залмул гьаракь аслияб къагIидаялъ рагIана гьел тарал, 90-абилел соназда. Бати­ровалъ хъвана гъваридал, пасихIал, щвалде щварал кучIдулги, поэмаби­ги, прозабиги, драмабиги, публици­стикиял асаралги.

  Таржамачи Ибрагьим Стамбуль­скияс цIалана гIурус мацIалдаса гIараб мацIалде жинцаго буссинабу­раб Залму Батировалъул кечI. Гьес бицана гьеб кечI Сириялъул хъва­дарухъабазул гIуцIиялъ къватIибе биччалеб “Дунялалъул литература” абураб мажмугIалда бахъун бугин­ги.

   Авар театралъул артистаз би­хьизабуна ДРялъул халкъияй ар­тистка Наира ХIабибулаевалъ Залмул асараздасан гIуцIараб ли­тературиябгун музыкалияб компо­зиция. Балагьаразе цIакъ асар гьа­буна МухIамад Дудуевас, Амина ГIабдулатIиповалъ, ХIайбула Хаса­евас, МухIамад НухIовас рекIелъе рортиледухъ цIаларал кучIдуз.

  Залмул рагIабазда кучIдул ахIана Дагъистаналъул халкъиял артистал Хадижат Жамалудиновалъ, ГIабдула МухIамадмирзаевас, ПатIимат ХIажиевалъ, ДРялъул мустахIикъал артистал ХIамзалав ХIамзаловас, ГIайшат Тажудиновалъ, Шумай­сат ГIабдулаевалъ, гIолохъанал кочIохъаби Салим Камиловас ва Ра­мазан ГIабдулгъаниевас.

   ШагIиралда юбилей баркизе авар мацIалъул мугIалим ПатIимат ХIайдарбеговалъул нухмалъиялда гъоркь рачIун рукIана МахIачхъалаялъул №35 гимнази­ялъул цIалдохъабиги. КIарчамал гьез гьуинго цIалулел шагIиралъул кучIдуз асар гьабичIев чиги залалда хутIун ватиларо.

  Тадбир берцин гьабуна “КочIолаб ЧIарада” бихьиназул хоралъул гIахьалчагIазул церерахъиналъги “Лезгинка” ансамблялъул студия-школалъул цIалдохъабазул милли­яб кьурдуцаги.

  Тадбиралъе ахир лъуна жийго юбиляралъул каламалъ.

  З. Батировалъ кIудияб баркала кьуна, гьаб захIматаб заманалъухъ балагьичIого, жийги кIодо гьаюн гьенире рачIаралщиназе.

  Биччанте магIарул халкъалъе хи­рияй шагIир Залму Батировалъул сариназул чвахело жеги гIемерал соназ чвахизе.

 

МухIамад МАНАПОВ