ГIакъилай, къиматай магIарул шагIир

 

 

 

МугIрул чIужугIаданалъе лъураб памятниклъун бихьула Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъул адабияталда ккураб бакI. Гьеб памятникалъе сипатлъунги шагIиралъул гIумру буго.

Залмулгун щибаб дандчIвай, рекIей хIалхьи кьолеб, гIакъилаб дарслъун лъугьуна, гьелъ бицунебщинаб, цогидазеги мисаллъун букIине, къалмиде босизе анищан ккола. Ункъойилъе сонал рахарай гьелъул рекIехъе кучIдул цIализе бугеб пагьмуялдаги бахиллъула.

Иргадулаб нухалъ нижехъе редакциялде щварай Залмулгун букIараб накъиталъул цо бутIа цIалдолезеги рагьизе пикру ккана гьанжесала.

 

— Залму, дур гьунаралъул нухлул байбихьуда букIунаанищ чIахIиял шагIирзабаз гIисиназе гьабулеб критика, малъа-хъвай? Гьеб кин къабул гьабулеб букIараб?

 

— Гъоб заманалъ букIана цIакъ гъваридаб, лъикIаб, гIолохъанав хъвадарухъан кIудияв гIезе кумек гьабулеб критика. Дирго бицани, дица критика къабул гьабулаан диего кьолеб дарс хIисабалда, чIахIияз рихьизарурал гIунгутIаби ритIизаризе хIаракат бахъулаан.

ГьабсагIатги нахъе цIунун буго дица ГIу­мархIажи Шахтамановас гьарурал хъвай-хъва­гIаял. Доб заманаялъго хъвараб, «КигIан рагъ ри­кIкIада букIананиги» абураб поэма ГIумархIажи Шахтамановасухъе кьун букIана дица цIализе. Гьеб поэма цIалулаго, тохал, лъикIал бакIал къалмица жаниреги рачун хъварал гьадинал рагIаби ругоан: «штамп», «ерунда, убери», «классика», «молодец, вот так продолжай», «повтор». Дун цIидасан тIадги хIалтIун, лъикIаб поэма лъугьана гъолъул. Амма, ГIумархIажица гъодинан критика гьабун букIинчIебани, дир гъоб поэма лъикI лъугьине рес букIинчIо.

 

Эбел хвараб кечI буго Бесдал эбел цIехолеб

 

— Гьанжесел гIолохъанал шагIирзабазе дуца малъа-хъвай гьабулищ?

 

— Жакъасел хъвадарухъабазда «ерунда» абуни, гьез дун тушманлъун кквела. ЧIандайин абизе жоги гIемераб буго, такрарлъаби руго.

— Жал шагIирзабиян чIарал чагIазул кучIдузулъ ратулел руго цогидал авторазул творчествоялдаса мухъал. Дур кканищ гьединаб хIужа?

 

— Дир кIиго кечI жидерго тIехьалдацин лъун батана, цо-кIиго мухъги хисизабун. ЦIалдолезда лъала, цо гIолохъанай хъвадарухъан ячIана дихъе жиндиринги абун, дир кучIдулги росун. Жиндир ботIролъ рижарал ругин абун тIирун гьей чIедал, рихьизаризе кканаха, церего къватIире риччарал тIахьалги рагьун.

 

— КучIдул хъвалел гIадамал руго гьанже, жидецаго хъвараб гурони классиказул, халкъиял шагIирзабазул асарал цIалуларел. Гъол эхе-эхеде кIанцIезе рахъуна жидее критика гьабуни. Гъол чагIазул щиб пайда букIинеб, нилъер адабияталъе?

 

Гъозул пайда щибха букIинеб. Гъол жидедаго тIад хIалтIулел, классиказул поэзия цIалун, гье­лъул пикру гьабун гъварилъуде раккулел ругелани, мадарги букIинаан. Гьел поэзиялда жаниса тIагIун унел цIарал руго. Рифмаялда гIуцIанин абун кечI лъугьунаро.

Намусалъул гьаркьихъ гIенеккичIони,

ГIолохъанлъиги щай, гIумруги сунде?

 

— Цо-цо руччабазул гIищкъул асарал цIакъго гьалагал, зани бегарал руго гьанже. Гьезде щиб абулеб дуца?

 

— Поэзия, художникас бахъараб сурат, сценаялда лъураб спектакль — гьеб букIине ккола чиясе тарбия кьолеб, гьелъ чи куцазе ккола лъикIаб рахъалдехун вачIунеб хIалалъ. Гурони, гьеб искусство, поэзия гуро, лъие гьеб гьединаб хIажатги бугеб!

«Вокьулаян» хъвазе кколаро рокьул кечI хъвалаго, гьеб загьир гьабизе, асар гьабулел, цоги рагIаби ратула унго-унгоял шагIирзабазда. Дица цо данделъиялда абунги букIана магIарул кечIалъ тIаса горде бахъун букIанин, гьанже тIажуги бахъун бугин. Гьелъ ракI унтизабула.

 

— Мун гIадин, кIудияб хIасилгун хъвадарулел чагIазе эркенаб заман гIезегIан къваригIунеб батила. Хъизан-рукъ тIубан, творчествоялда тIад хIалтIизе заман кин батулеб букIараб?

 

— Институталда цIалулеб мехалъго хъвазе байбихьараб, лъугIичIеб чанго поэма ва цоги гIезегIанго жо букIана дир. Дарсал лъугIарабго кванан, хех гьабун библиотекаялде гIедегIулаан дун. БотIролъ барщун щвалде щвараб мехалъ гурони кечI яги поэма хъвазеян дун гIодой йикIинчIо кидаго. Къад рачIарал пикраби кIочон течIого рукIине къокъал хъвай-хъвагIаял гьарулаан, регIараб мехалъ гIодое йиччан хъвалаан.

ГIезегIан захIмат букIунаан творчествоги, хIукуматалъул хIалтIиги, хъизан-рукъги цадахъ бачине. Хъизанги дир кIудияб букIана, гъол кваназарун, регизарун хадуб сордо дир букIинарищха. Ункъабилеб классалдаса нахъе дица лъимал ругьун гьаруна жидерго ретIел бацIцIине, ратIлида иту чIвазе. Гьезда гьоркьоб бикьун букIунаан рукъалъул хIалтIи, гурони дир рес букIинчIо. Якьад-вакьадги рукIана, жидеегоги кумек гьабизе кколел, цIикIкIарал чагIи.

 

— Рукъалъул хIалтIи гIемер бокьуларелъул васазе, инкар гьабулароанищ гьез?

 

— Малъараб гьабичIого цониги лъимер течIо, кьварараб гIадлуялъул эбел йикIана дун гьезие. Инсулгун эбелалъул цокIалаб тарбия лъикIаб буго рокъоб. Нижер лъималазда киданиги бихьичIо росасулги дирги дагIба-рагIи. Данделъараб мехалъго СагIитилги дирги къотIи букIана къацандичIого чIезе.

 

Дур гIоразул бакънал рагIичIелани,

Дилъ гьал кочIол бакънал рижилароан.

 

— Пикраби кида ва кир бищунго роцIарал рачIунел?

 

— Дунго цохIо йигеб сихIкъотIи бокьула хъвадаризе. Цо-цо мехалъ рос ватула нахъа эхетун халгьабун. Дица гьесда гьарула тIаде валагьугеян, дир хIалтIи лъугьунарин. Хунзахъ, гIатIидаб сверухълъи цебе тIибитIараб кьурул рагIалда рукIиндал нижер рукъзал, гьениб цIияб къуватгун чIаголъула шигIриял пикраби, гьениса тIабигIаталъухъ балагьун рижулаан гIемерисел кучIдул. Машгьурав хъвадарухъан Леонид Соболев вачIун вукIана нижехъе дир эмен, Югославиялъул БахIарчи, МухIамад Батировасул хIакъалъулъ хъвазе. Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухма­лъулев вукIана гьев доб мехалда. Гьевгун рукIана Москваялдаса журналистал, МухIамад Сулиманов, ГIумархIажи Шахтаманов. Дос гьарана жив вегизе гьавугейила къаси, гьанив рагъида гIодов чIун тейилан. «Временами, местами я плакал», — ин абуна гьес радал. Гьединаб асар гьабулеб КьилимегIер, ГъунимегIер, ГIакаромегIер бихьулеб, Тобтил лъабго чваххи цебелъолеб, поэзиялъе бижарабго гIадаб, берцинаб бакIалда руго нижер инсул ригьзал.

 

— Шагьаралда киб батулеб дуда пикраби цIилъулеб бакI?

 

— Шагьаралда гьеб балагьизе регIичIо, гьелъий заманги букIинчIо. Цо-цо ралъдахъе унаан. Гьениб хъвараб буго дие бокьулеб цо кечI:

 

Рилълъа, гьудулзаби, хъахIил ралъдахъе

ГIолохъанлъиялъул лъалкIазда хадур.

Релъиги гIемераб, гIодиги хехаб,

ГIанчIал арал къоял ракIалде щвезе.

Нилъ гIодорги рукIун, руцIцIухIунги чIун,

ГIенеккилин кочIохъ карачелазул,

Цо-цо, мех-мехалда цоцахъ ралагьун,

ЦIалилин гьурмада рекIел пикраби.

Доб мехалъ бичIчIичIеб, рагьизе кIвечIеб,

КIвеладай нилъеда жакъа бичIчIизе.

Соназул нур свараб беразул канлъи

КунчIиладай гьанже доб мехалъ гIадин.

Нилъеца бицина хъизан-рукъалъул,

Хъулухъалъулъ ругел гIунгутIабазул,

Амма пикрабазул тIинда хутIила

Лъиего рагьичIеб, кибго бицинчIеб.

Къацанди бокьуларо

Дун дирго ханги йиго, дун дирго лагъги йиго,

Дир рекIел пачалихъги дидаго кодоб буго

 

— Мун, ункъо нусалъул якьад кинай йигей гьезие?

 

— Цо гIаданалъ, дихъ ракI гурхIараб гIадин, цIехана дида: «Вуй пакъир, ясги гьечIого, нусалгунгIаги кин йикIуней мун?» — илан. «Баба, бабаян элги рукIуна, уяб жойин ккун дунги йикIуна», — ян дица кьураб жаваб гъой гIаданалъги тIибитIизабун батана.

Нусазул гIунгутIи бихьидал, гIолохъанаб мехалъ дунго кинай йикIараяли ракIалде щвезаюла. ГIумруялъулго къотIи букIана диего бокьулареб чияй гьабиларин абун. Дица гъоб цIунана. Гьеб пикруялде дун ягьизаюна гIумруялъул хIалбихьиялъ, гIолохъанго цадахъ хIалтIизе ккарал гIакъилал гIадамаз. БадибчIван абичIого, мисалги бачун, кантIизарула дуца нижин абула нусаз. Дунгоги нус квешай йикIинчIо, диеги гьел Аллагьас лъикIал кьуна.

 

ПатIимат ГьитIинова

 

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъго баркулеб буго Залмуда гьайбатаб юбилей. Гьарула сахлъи ва икъбал.