Асият Оз (ТIинаева): «Гьеб букIана рекIел бацIцIадаб ният»

 

 

   Турциялъул тахшагьар Анкараялда, лъабазарго тиражгун, басмаялда бахъана турк мацIалде буссинабураб МухIамад ХIамзаевасул «Имам Шамил» абураб тIехь.

   Турциялда ругел магIарулазулгун лъай-хъвай бугезда бихьула умумузул ватIаналде чIалгIен гьезул бидулъго букIин. Кавказалъул рагъул кьогIлъигун пачаясул низамалъул вахIшилъи лъан чияр улкаялде гочарал Кавказалъул халкъазул пашманаб къисаги наслабаз цоцахъе кьун цIунун буго гьез. ЧIухIигун ва бухIигун рехсола дунялалъулго тарихалда бахIарчилъиялъул лъалкI тарав Шамил имамасул цIар, хIаракат бахъула имамасул кIодолъи рагьулел ишал гьаризе, тадбирал тIоритIизе.

   ХIамзаевасул тIехьалъул таржама гьабурал рос-лъади Яшар ва Асият Оз руго Турциялъул тахшагьаралда гIумру гьабулел магIарулал. Яшар — Анкараялда бугеб магIарулазул жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан, Турциялда ругелщинал дагъистаниязул бухьен щула гьабиялъе хIаракат бахъулев, Ингишосагун ГIандиса умумузул вас. Асият — Бакуялъул университеталда филологиялъул лъайги босун, гьенибго гIелмияб хIалтIи цIунарай Къабакъчолиса магIарулай. Нилъер гIемерисезда гьей лъала мацIазул гIалимчIужу Асият ТIинаева хIисабалда.

   ТIехь басмаялда бахъизе хIаракат бахъун буго Яшарил яцалъул вас Кая Волканица, гьелъие редакторлъи гьабун буго Волканил лъади, турк мацIалъул филолог Кая Амина Делтаца.

   Дизайнерлъи гьабун буго магIарулазул наслуялъул вас Айбэрк Таланица. Гьевги вуго Дагъистаналъул тарих, маданият лъазабизе хIаракат бахъулев чи.

   ТIехь къватIибе бачIин баркизе, лъикIаб ишалъухъ баркала загьир гьабизе нижеца бухьен гьабуна Асиятилгун.

 

 

— Кавказалъул рагъул, имам Шамилил хIакъалъулъ турк мацIалда бахъараб чанги тIехь батила. Кин бижараб пикру гьеб тIехьалъул таржама гьабизе?

 

     — МагIарул мацIалда хъвараб исламияб ва цогидаб литература киб батаниги цIализе бокьула дие. Цо чанго соналъ цебе «Ассалам» газеталъул сайталда батана ХIамзаевасул «Имам Шамил» тIехьалъул хIакъалъулъ бицен. Дагъистаналдаса вачIунев гIагарав чиясда гьарана гьебги цогидалги тIахьал росеян. ТIехь цIалун хадуб нижеего гьабураб асаралъ тIамуна гьеб турк мацIалде буссинабизе. Нижер мурад буго гьанир гIолел магIарул наслабазе, тIолалго турказе хIакъикъат рагьи.

    Телефоналъул номерги тIалаб гьабун, ахIана ХIамзаевасухъе, бицана нижерго пикру. Гьевги разилъана.

— ЗахIмалъанищ?

    — БицинегIанасеб захIмалъи букIинчIо, эркенго цIалулеб мацI буго ХIамзаевасул. БичIчIулареб рагIуе баян гIицIго словаралда ба- лагьун течIого живго авторасдаги гьикъулаан. ГIурус мацIалде буссинабурабги цIалана дица гьеб тIехь, гьелъги кумек гьабуна.

— КигIан заманаялъ хIалтIарал гьелда тIад?

   — Цо лъагIелалъ. ТIехьалъул таржама гьабун лъугIидал, дида макьилъ вихьана имам Шамил. КIудияб асар гьабуна гьелъ, гIажаибго рекIелъ бикIун хутIана макьу.

— Цебеккун гьединаб кIудияб, жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи гьабун букIун батиларо нужеца. Гьединаб ишалъулъ гIакълучагIиги хIажалъула. Басмаялда бахъилалде тIехь лъида бугониги бихьанищ?

   — Умумуз абухъего, анкьцIул борцине ккеларищха. Типографиялде кьелалде тIехь цIалана Турциялъул хIукуматалъул хъулухъчи, шагIир ва хъвадарухъан АхIмад Чинарица, Яловаялда бахъулеб «Дагъистан» журналалъул редактор Шигьабудин Озденица, Муш вилаяталдаса лъабго болжалалъ депутатлъун вукIарав магIарулав Йылдыз Сахабединица ва турк адабияталъулгун мацIалъул бичIчIи ва лъай бугел нилъер миллатцояз. Жинцаго асарал хъвачIониги, адабияталъул тарихалъул бичIчIи, гьелдехун рокьи буго Яшарилги. ЦIакъго кIудияб жавабчилъиялда тIаделъун вукIана гьев гьеб ишалде.

— ТIехь биччаялъе сурсатазул рахъалъ лъица кумек гьабураб?

    — ТIехь бахъизе гIарац гьарун ниж лъихъего инчIо, гьеб букIана бацIцIадаб рекIел ният. Щибго реццбакъ, цIар хIажалъун яги гьелдаса щолеб хайиралде ургъун гьабураб хIалтIи гуро гьеб. Шамил имамамасул, Дагъистаналъул тарих Турциялда ругезда лъазаби — гьеб тIадаб налъилъун бихьула нижеда.

— Имамасул хIакъалъулъ рахьдал мацIалдаса турк мацIалде буссинабураб тIехь къватIибе бачIин кIудияб лъугьа-бахъинлъун бу­кIина Турциялъул магIарулазе. Гьелъул цебелъей (презентация) киб гьабизе бугеб?

   — ТIехьалъул цебелъей гьабизе пикру буго, исана риидал тIобитIизе хIисабалде босараб, Дагъистана­ лъулгун Турциялъул тарихалъул ва маданияталъул симпозиумалъул программаялда гъорлъеги бачун. Пандемиялда бан хутIана гьеб тад- бир нахъбахъун. Дагъистаналдаса тарихчагIи, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулел, хIукуматалъул хъу­лухъчагIи, машгьурал спортсменал ахIун руго гьенире. Дагъистаналъул культура, искусство рагьулеб махщелчагIазул выставкаги букIине буго гьениб.

— Гьеб тадбиралъул аслияб мурад щиб?

    — ГIасрабаз цоцалъ рекъон анцI-анцI миллатаз гIумру гьабулеб гьайбатаб Дагъистаналъул хIакъалъулъ Турциялъул халкъалда рагIизаби, гьелъул бечедаб ва бахIарчияб тарих, культура бихьизаби. Щибго политика жубараб тадбирги гуро гьеб. Кинаб улкаялда гIумру гьабун ругониги, нилъер умумузул мацI, тарих, маданият цIуни буго щивасда тIадаб налъи. Жакъа нилъеца гьеб кIвар гьечIого тани, метерисеб къоялъ наслабазе кIудияб зарал ккола, гьеб битIизабизе рес букIунаро.

— Асият, гьединабго кIваралъул цоги байбихьараб хIалтIи бугищ?

    — Ункъо мацI жанибе бачараб (авар-азербайжан-турк-гIурус) словаралда тIад хIалтIулаго 15 сон буго дир, гьеб рагIалде бахъинабизе бокьун буго. Кириллица лъазабизе бокьарал магIарулал гIемер руго Турциялда. Цо-цояз абула магIарулазе хасаб алфавит гIуцIизе кколин. Гьанже рахъун цIиял хIарпал ургъиялъ жеги захIмалъаби дандчIвазе руго. Нилъер тарихалъул нахърател аслияб къагIидаялъ кириллицаялда гьечIищха. Гьеб алфавит лъазабиялъ рес кьезе буго миллатцоязулгун бухьен щулалъиялъе.

 

Гара-чIвари гьабуна ПатIимат ГЬИТIИНОВАЛЪ.