«Заманалъул матIу»

 

    Гьал къоязда басмаялда бахъана «ХIакъикъаталъул» нусго сонилаб тарихалъул хIакъалъулъ газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абураб тIехь.

Гьединаб басма республикаялъул цониги газет-журналалъул гьечIо.

     П. Пайзулаевас гьелъие материал бакIарана чанго соналъ. Гьелъие гIоло гьев ваккизе ккана пачалихъ- иял архиваздеги. Гьанжеялдаса 70-80 соналъ церего газеталда хIалтIулел рукIарал гIадамазул хIакъалъулъ хIужаби гьенир гурони цIунун хутIун гьечIо.

     ТIехь гIуцIун буго ункъо бутIаялдаса. Гьениб бицунеб буго магIарул газета тIоцебе кин бижа- рабали, гьелъул бетIерал редактораллъун щал рукIаралали, батIи- батIияб заманалда газеталда кинал цIарал рукIаралали. Гьединго кьун руго тIоцебесеб къоялдаса нахъе газеталда хIалтIулев вукIарав щивав чиясул хIакъалъулъ баянал ва батIи-батIиял гIадамаз магIарул газеталъул рахъалъ загьир гьарурал пикраби, кучIдул, коллективалъул суратал.

    ГIемерисезе интерес ккезе бегьула советияб заманалъул байбихьуда газеталда рахъулел рукIарал къокъал макъалабазулги. ТIубан батIиял руго гьез рорхулел суалалги макъала хъвалеб къагIидаги. Масала, цояс хъвалеб буго жинца тIаде босулила ГьоцIалъ росдал жамагIаталда цебе щибаб газета цIализе. Харахьиса чияс мисалалъе восулев вуго росдал кооперативалде жиндирго лъабго хIайван кьурав кверги гIайибав СултIан СагIадулаев. 1934 соналда къватIибе биччараб газеталда хъвалеб буго Гъоркьа Жунгуталда магIарул мацIалъул щибго къадру гьечIилан.

    ПалхIасил, кватIичIого МахIачхъалаялда тIобитIизе буго гьеб тIехьалъул презентацияги.

     Гьеб босизе бокьарав чи «ХIакъикъат» газеталъул бухгалтериялде вачIине бегьула.

    З. ХIАЖИЕВА