Гьудуласул къватI

ГIабдула Даганов гьавуралдаса 80 сон тIубаялде)

 

Дун унев вуго дирго гьудуласул цIаралда бугеб къватI ккун. Унев вуго гIодове виччан. Пи­крабазда. Гьаб къватI МахIачхъалаялъул цогидал къватIаздаса берцинабги, чIухIарабги, бацIцIадабги гьечIого батизеги бегьула, амма дие гьаб бищун берцинаб буго: гьанир ругел минабиги дида берциналлъун рихьула. Дида ккола гьел дунгун гаргадулел ругин, хIатта гъветI-херцин.

Дун зама-заманалда щола дирго гьудуласул цIаралда бугеб къотIнове. Дида ккола гьев, цевего гIадин дунгун гаргадилев, кидаго гIадин, махсараби гьарулев вугин, гьесул аваданаб релъи, гьа­ракь рагIулеб бугилан.

 

Дун унев вуго дирго гьудуласул къотIносан. Гьенир цо-цо минабазул къадазда, хасго къватIал рикьуда дица цIалула «Улица имени Абдуллы Да­ганова» абун. Дун валагьун чIола, цоги нухалда цIалула ва дир ракI бохула.

Дир ракIалъ рикIкIуна ГIабдулал кечI:

Гьудул, дуцагун цадахъ

Борхулелъул чогърол лълъар,

Дида ккола гьеб рекIел

ХIасраталъул цIун бугин.

 

ХIакъикъаталдаги кIудияб хIасраталъул цIураб, берцинабщиналдаса, лъикIабщиналдаса бохулеб, хинлъулеб букIана поэтасул ракI. Бохулаан радал баккулеб бакъудаса, къотIноб, эбелалъул кверги ккун, бачун унеб лъимадаса, тIегьараб гъотIодаса, шагьаралда бараб цIияб минаялдаса.

Гьеб букIана гьесул гIумру бокьиялъул, гьелдаса чIухIиялъул цо къагIида. Рорхатал мугIрузул тIогьив гIурав, тIугьдузул майданалда гIицIал хIатIалгун васандарав, тIоцересел бакъул чIоразукь нусго батIиял кьералгун паркъолел тIугьдуз гIажаиблъизавурав, магIарда гIухьбузул цIадухъ маргьадулъ гIадал сардаз паналъизаву­рав ГIабдулада гIумруялъул берцинлъи лъачIого букIине рес букIинчIо. Гьесда гьеб лъана ва би­хьана щивав чиясда гIадин гуреб — вукIинесев шагIирасда гIадин. Ва гьеб киналъго асар гьабу­раб хIасратаб рекIеца тIалаб гьабула гьеб асар, хIасрат, шавкъ къватIибе загьир гьабизе. Ракьулъ хIалуцараб лъим къватIибе кIанцIулеб гIадин.

ГIабдулаца хъвадаризе байбихьана школалда цIалулеб мехалдаго. ТIоцересел кучIдул рахъун рукIана районалъул «ГIияхъан» газеталда. Гьел рукIана ракьулъан хIинкъадго раккулел ихда­лил тIугьдул гIадал, лъимаца абулел тIоцересел рагIаби гIадал. ГIабдула хъвадарана. Пикраби камиллъанагIан, гIумру лъанагIан рагIи цIубана, бегIерлъана. АнцIила микьго сонилаб гIумруялда гьес хъвана:

 

 

Хасалил магIудулъ тIирщарал хурдуз

ТIабигIаталъул кьер хисизабуна.

Дир бахьинаб кьегIер ссанул рагIалда

ГIурччинхарил лазат босулеб буго.

 

 

Хадурго хъварал лирикаялъулал кучIдузул цо­ялда, жиндирго сурат бахъулеб гIадин, хъвана:

Дун, черхалъе цIияб жангун щавкъ щварав,

ЦIияб къоги баркун, вахъана къватIив,

Ахикь дихъ ралагьун ратила гъутIби,

Къо лъикIаб бихьулин, чIахъаги рогьел!

 

Гьеб букIана гIолохъанав шагIирасул гьале ду­нилан халкъалда лъазаби, жив къватIиве вахъа­нилан борхатаб ва ракIчIараб гьаракьалъ лъазаби. «Ахикь дихъ ралагьун ратила гъутIби», — ян абулеб буго. Щай гъутIби? ГъутIбуз пихъ кьола. Пихъил гъветIги шагIирги — гьезул буго цого философияб магIна. ГIабдула вахъана тIагIамаб пихъ кьолеб гъветIлъун гуревги, лъикIав ахихъанлъунги.

ГIолохъанав шагIирасул шигIрияб творче­ствоялъул байбихьи берцин ва бечед гьабуна гIадамазул магIарухълъиялъулаб гIумруялъул кьер-кьерал накъишаз. Рекьарухъаби, хурухъа­би, гIухьби гIадал рахIат-хIалхьи лъаларел гIуцIарухъабазул хIалтIиги махщелги бищунго хIажатаблъун ва къиматаблъун бихьулеб буго шагIирасда ва гьезие гьабулеб буго рецц-бакъ.

Буйнакскиялъул педучилище лъугIигун, Да­ганов цIияб гIумруялде лъугьана. РухIиябгун гIамал-хасияталъулаб даража гIемерго бечелъарав шагIирасда церечIола цIиял ва тIубанго батIиял творчествоялъулал ресал, рорхалъаби, гIумруялъул цереккун лъаларел рукIарал, рихьичIел кьерал, нухал, батIияб дунял.

 

 

Буйнакск, гьал шагьаразул

Мун бищун гIолохъанаб,

ГIолохъанаб дир доб мех

Дуца беэдараб куц.

Педучилище, сонал, —

Дир гIумрудул ункъо их,

Щулалъи дир куркьбазе

Бокьахъе щвараб мактаб.

 

РекIее щварабщинабги ботIролъ данде гьабу­рабщинабги къватIибе загьир гьабизе цо шигIрияб махщел гIей гьечIеблъун бихьула гIолохъанав, амма жаналъул цIураб ракIалъул поэтасда ва хъва­ла хабариял асарал: «ТIогьилал ганчIал», «Эбел, дун ва кечI» абурал къисаби. Амма хадубккун ха­бариял асарал хъваялдаса инкар гьабуна.

Дагановасул гIамал-хасиятги ракIги, ва жеги гIумруги, хабариял асарал хъваялдалъун хIебтIичIо, гIодобе буссинчIо. Гьев вукIана хIалхьи гьечIев, гIищкъуялъ кодове восарав, воржине куркьби гIоларев инсан. Гьединаб рекIее хIажалъула поэзия, роржен, хIасрат. Гьединлъидалин Дагановасулъ тIолабго творчество, мугIрузул гьава тIугьдузул махIал гъорлъ росараб букIунеб гIадин, лирикаялъ, «махIитIа босараб» бугеб: кинаб асар босаниги гьелъул хIасратаб бакъан рагIулеб, рекIел хIасрат, хIеренлъи бихьулеб. ГIагараб ракьалде, гIадамазде, тIабигIаталде, чIужугIаданалде ва жеги гIагарал мугIрузде рокьи, тIолабго творчествоялъулъ бес­сун буго ГIабдулал. РекIел бухIи, бидулъ беролеб цIа, рахIатхвей, хIасрат махщалида рагIабаздалъун загьир гьаби ккола захIматаб искусство.

 

 

Мисалалъе босизин «ВатIан» абураб кечI.

Дир гьайбатаб ватIан, тIугьдузул квацIи

Рогьалилъ хурдузда тIад кенчIолеб щуб.

ТIегьай, тIегьай, тIегьай мун их кинигин,

Гвангъе хъахIил зодихъ багIарбакъ гIадин.

Дир гьайбатаб ватIан, гьунаразул ицц,

Васал космосалде роржараб улка.

ЦIилъе, цIилъе, цIияб къо кинигинан,

КъвакIе, къвакIе жеги чараналдаса.

Дир гьайбатаб ВатIан, дир кенчIолеб цIва,

ЦIвабигIан эркенал гIадамазул, ракь.

ЧIухIула, чIухIула, чIухIула ватIан,

ЧIухIи гьечIел гьал дур бахIарзаздаса.

Махщел бугел кочIохъабаз шагIирзабазул тIахьаздаса хъирщула, тIаса рищула пасихIал, бер­цинал, чвахун рачIунел ва, гьайгьай, магIнавиял кучIдул. ГIабдулал гьаб кечI ахIулеб рагIараб ме­халда щивав чиясул рекIелъе лъугьунеб батизе буго ватIаналдеги кочIол авторасдеги рокьи ва хIурмат.

 

Дагановасул творчествоялъулъ, харилъ гьай­батаб тIегь гIадин, маргьабалъ хIинкъи-къай лъа­ларев нартав гIадин вихьула хIурмат тIадегIанав инсан. Кинаб кечI, кинаб поэма босаниги, кивго вихьула, ватула гIадан. ШагIир чIухIула гьесда­са, шагIир унтула гьесул унтиялъ, шагIир вохула гьесда цадахъ. Инсанасдаса къиматабги хириябги жо шагIирасул щибго гьечIо.

ГIадан хиралъи, гьудуллъи, инсан кIодо гьа­ви — гьеб букIана ГIабдулае хасиятаб гIамал. Гьеб бутIаялда гьев лъидасаго бергьун гурони чIолароан. Къварилъи-гIатIилъи ккаралъув бищун цеве хьол­бохъ эхетулаан. Гьединлъидалин гьесул гIемерал асарал ругел хасал чагIазе сайгъат гьарурал.

 

Дир гьудул, Пайзулагь, макьуги кIочон,

Чалухал мугIрузде рилълъа гьаб къаси,

Нилъей тIогьазда тIад цIваби къвакелеб

Къарахъ букIинаан маргьадулъ гIадин.

ТIогьолаб гIурдада гIодорги рукIун,

ГIинтIамизин лъоба тIабигIаталъухъ.

ТIабгI-гIамал берцинал, чилъи борхарал

Хабар умумузул букIина гьелъул.

Гьайбатаб гIумрудул гьалдолел къоял,

Гьарзаго гьез танин нилъей ирсалъе.

 

Гьаб буго «Къарахъ» абураб кочIол байбихьи. Гьал мухъазулъцин бихьулеб буго пикраби рус­сараб бакI. Гьес жиндирго бахIарчи ахIулев вуго магIарухъе «цIваби къвакелеб» тIогьазде рахине, тIабигIаталъухъ гIин тIамизе. Амма аслияб мурад буго чилъи борхарал харабазул харбихъ гIенекки, цересел хараби ракIалде щвезари; нилъер цереса арал гIагаралги, гьудул-гьалмагъзабиги, ишцоял­ги ракIалде щвезари, гьезул лъикIал ишазул би­цин. Гьеб кколелъулха чIаго ругезул тIадаб парз­лъунги, пайдаяб ва кири кIудияб ишлъунги.

ГIемерал руго гьадинал кучIдул Дагановасул. КучIдул щиб — поэмабиги: «АхIулгохI», «ЦIадулал цIарал», «Сталинград».

 

Поэмабазулъцин гурел гIемер кIудиял гьечIел кучIдузулъцин цIалдолезул ракIал тIуркIизе, режизе гьарулеб рухIияб къуват лъезе кинаб захIмат авторас хIехьезе ккарабали бичIчIизе захIмат гьечIо. 2008 соналда «Сталинград» ва «ЦIадулал цIарал» абулел поэмабазухъ Даганов мустахIикълъана Волгоградалъул администраци­ялъул литературияб премиялъе.

Гьезде тIадеги гьес хъвана машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ тIахьалги. Гьел хъваялъул мурад букIана магIарул миллаталъул лъикIал, гьунар бугел гIадамал гIадамазда лъай, гьезул цIарал гIелалъ гIелалъухъе кьун, цIунун хутIи. Щибаб асарги хъвалаан, Аллагьасда цебе гьелъул, гIолеб-гIолареб рахъги борцун, жаваб кьезе кко­леб гIадин.

 

Творчествоялъулаб хIалтIи Дагановас бача­на хIукуматалъул хIалтIуда цадахъ махщалида. Литературиябгун художествияб ва жамгIиябгун политикияб 14 батIияб мацIалда бахъулеб журна­лалъул жаваб кьей — гьеб ккола хIакъикъаталдаги жавабияб ва захIматаб хIалтIи. Журналазул ки­налго хIалтIухъаби рукIана творчествоялъулал гIадамал, гIумруялдеги, хIалтIудеги жинди-жин­дир хасаб бербалагьи бугел. Гьединлъидал ка­мулароан цо-цо бахIсги къецги, амма Дагановас, гIакъилав нухмалъулес гIадин, кинабго берцин­го нухда бачунаан, рекъезабулаан. Гьесдаса ракIхун цониги хIалтIухъан хутIичIо. Даганова­сул лъикIлъи, гьезде гьесул букIараб нухмалъуле­сулаб тIалаб-агъаз, гьесие хасиятаблъун букIараб гIаданлъи лъазеги гьелъул бицинеги лъугьана гьев гьечIого хутIидал.

Даганов ГIабдула вукIана росдаеги гIемерал гьудулзабазеги цIакъ хIажатав инсан. Гьединлъи­далин гьудул-гьалмагъзабазул ва росуцоязул гьа­риялда рекъон, ЧIарада районалъул Гьочоб рос­дал школалъе кьураб Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабдула Дагановасул цIарги.