МухIамад ХIасанов: Аллагьасе щукру къойилго гьабе, ЛъикIлъиялъ цIунулин балагьаздаса!

МугIалимлъиялъе гIумруги кьунин,
МагIарухъ гIурал нилъ мугIруздаго лъикI.
КIодолъи балагьун берал рагьичIин,
Росдал агьлуялъул узденлъуда лъикI.

ЛъикIлъиялъе бараб борхатаб хъала,
Буго цIалдохъабаз цIунизе кьураб.
Кириялъе хъвараб хазинаб зарра,
Халкъул гIаламалъе лъилъизе гIураб.

Ихдал балеб гIазу гIурдае регьел

Будунасул как

ХIамзаласе

Рогьалилъ ахIулеб будунасул как,
Сири балеб буго дир гьаб черхалда.
Аллагьасда цеве какикьжоялда,
Квералги цере ккун дугIаялда дун.

РекIел тIеренлъиялъ тIинкIулеб магIу,
Аллагь рехсолелъул лъугьунеб хIасрат.
Чорхолъе рещтIунеб гьаб сабурлъиялъ
Сунареб гвангъилъун кенчIолеб рокьи.

Огь гIумру, гIадамал, гIасилъуге нуж,
ГIодор риччай, дагьалъ цере ралагье.
РакIазе хIеренлъи, чорхой сабурлъи –
ХIалкIолев Аллагьас насиб гьабеги.

Нухда батулареб, мухь кьун щолареб
ГIицIго лъикIлъи буго гьаниб ракьалда.
Рогьалил какица амру гьабураб
Иман буго даим дир рекIелъ рещтIун.

МацIихъанасде

Рагьараб гьумерги, гьимулеб кIалги,
КIалдисан угьулеб хинаб хIухьелги,
Берзул балагьиялъ бакулеб канги,
Каранлъан гьалдолеб махIцараб ракIги.

РикIкIадасан кьолеб кьогIаб саламги,
Кьерхадулъ хисулеб согIаб гIамалги.
ГIаданлъидулъ толеб турараб махIги,
Тохлъидулъ бессулеб сурараб яхIги.

Нахъасан речIчIизе къачIан гуллаги,
Габуралда къараб къватIулаб мацIги.
ЦIаруде баччулеб гучаб рогьоги,
Рачлиде борчулеб чучаб намусги.

НахъегIанлъиялъул гIаламат буго,
«ГIаданлъун» вихьизе хIалев чиясулъ!
ХIалихьалъиялъул цо ламарт буго,
Берцинаб мацI лъалев мацIихъанасулъ.

Гъенараб тIанхилъан тIегь баккуларо

ХIелуге, хIелуге мун хIакимасе,
ХIалтIизе тарав дов дуй хъулухъалъе.
ЧIваге наку, гьудул, гьев залимасе,
Загьрулъизе гурин аб гIаламалъе.

Гьаб гIумру чирахълъун свине биччаге,
Свараб кунчIиялъе нур бакуларин.
Гьаб гIищкъу ракьалда дулъ гъаримлъуге,
Гъенараб тIанхилъан тIегь баккуларин.

ТIогьилаб кьер чIвала хъахIаб савуялъ,
ХъачIаб заз хIенчола чучаб хъерехъалъ.
Чангит хIерен ккуни, хIетI низамлъула,
Намус борхат лъуни, лъалкI узданлъула.

ЧIегIерал ганчIаллъун цIорона ракIал

Намусалъул кваркьи карандеги цIан,
ЦIадул мацI паркъола памятникалъухъ.
Пашманаб сихIкъотIи къезеги гьабун,
Къисматалъ унтарай угьдула кIодо.

Улкадул картаги кодобе босун,
Канлъи сварал бералъ бецIцIула магIу.
Макьилъ бихьаниги ботIролъ гъугъалеб
БакIаб гIарададул гIодула гьаракь.

ЦIарал хабзалазул заназда хъвачIел,
«ХъахIал къункърабилъун» роржана рухIал.
Васал руссиналъухъ ралагьун чIарал,
ЧIегIерал ганчIаллъун цIорона ракIал.

РикIкIада къанщана къваридал сонал,
Къарнуялъ бегана батIияб тIамач.
ТIогьиллъарал кагътаз керен бухIидал,
Квалула гIинзуниб гIунулеб гьаракь.

Гьанже хIанчIаз руго бакънал тIамулел,
КIочараб талихIалъ тавбуги гьабун.
Рогьалил гьуриялъ буго щурулеб,
Щакърахун тамихIалъ магIуги бацIцIун.

Ихдал балеб гIазу…

МахIачхъалаялда цIад балеб бугин,
ЦIорорал мугIрузда гIазу чIанадай?
Ихдалида гъутIби тIегьалел ругин,
ТIогьол расалъуда саву кканадай?

Ихдал балеб гIазу гIурдае регьел,
Хасалил балеб цIад цIорое регьел.

Балъго гьабурабгIан…

Ккураб кIалгицини балъго гьабулеб
Бугебин аманат узденчиясулъ.
Бараб какилцини кирилъун хъвалеб
Хасаб цо гIаламат гIилмучиясулъ…

Балъго борхарабгIан хIежги камилаб,
КантIун гьабурабгIан гIибадат цIакъаб.

Шамилиде

Жакъа бокьилаан борхун хвалченгун,
ХъахIаб айгъиралда Шамил вачIине.
Муридзабазул бо хадубги гьабун,
Гьев къадруяв Имам нахъеги щвезе.

Къан чIолареб барти, бахIарчияб черх,
Боялги хадургун тIад вусса, Шамил!
Духъ урхъун бесдаллъун руго гьал мугIрул,
Вехь гьечIеб гIи гIадин буго Дагъистан!

Дур анищаб кьвари, кьучIаб буюрухъ,
Гьеб гьечIого буго гьаб халкъ гъапуллъун.
Цо рагIиялдаса кьурулареб гьа,
Гьелъул къимат гIечIел руго гIасилъун…

ХIурул мухъ тIад гьабун тIамун бартигун,
Вусса, ХIажимурад, мун чабхъадаса.
Чанги духъ урхъарал, мун кIочон течIел,
ЧIухIарал васазул Дагъистаналде.

Квешлъи гIемерлъараб, лъикIлъи дагьлъараб
Дур магIарул улка цIилъизабизе!
Имамас бахъараб цIияб буюрухъ
Нахъ валагьичIого тIубазабизе.

Хвалчаца къотIуге, къалмида гьикъе

Рогьалилъ киниде тIадеги къулун,
Къиблаялде юссун, дир цIарги абун,
Эбелалъ хIалимго, рахьдал мацIалда,
Рагьулаан дие дунялалде нух.

КочIолаб квацIиги каранлъе регIун,
ГIенеккулаан дун долъул рагIабахъ.
Кинидал мокъихъе къвал дидаги бан,
Къочун гьелчолаан бухIараб хIухьел.

Ахх диеги бачун роол къоялда,
Къокъунаан магъилъ хIалтIизе эбел.
ХIал гIолебщинабги жинцаго гьабун,
Гьелъ жиндирго макьу кьолаан дие.

Кьижулароан гьей гIицIаб сардида,
ГIишкъуялъ къечарай къочулаан гьей.
Къирулаан горду, бацIцIадаб гьава
БецIлъиялда данде диде хъамизе.

Рогьалил гIужалда, ворчIамийилан,
ЧIолаан разиго дихъги ялагьун.
Гьелъул калимаялъ кинабго рокъоб,
Рахьдал магIарул мацI унаан рагьун…

ТIокIалъ гьечIо эбел, ана сапаралъ,
Сахлъулареб ругъун лъуна каранда.
Лъимер, долъул гIужде вахананиги,
ХисичIо дун даим дир эбелалъе.