ЯхI-намус цIунарал умумузул наслаби

«Рагъул лъимал» — гьединаб букIана 5-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб «ХIакъикъаталъул» редакциялъ тIобитIараб конкурсалъул тема. Февралалдаса маялъул ахиралде щвезегIан газеталъул гьурмазда рахъана цIалдохъабазул хIалтIаби.

Конкурсалда гIахьаллъарал Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги цIалдохъабаз нижехъе ритIун рачIана КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал гIагарчагIазул къисматалъул хIакъалъулъ бицунел макъалаби. Рахъун рукIана авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул сураталги.
Гьале гьаруна конкурсалъул хIасилалги. ГIахьалчагIи рикьун рукIана кIиго номинациялде: тIоцебесеб номинация – 5-8 классал, кIиабилеб – 9-11 классал.

ТIоцебесеб номинациялда чIел босана Болъихъ районалъу­л Ми­гIарсо росулъа ХIайбат ГIабду­лае­валъ. ЦIалдолезда ракIалда ба­тила «ЛъабцIул тезе ккана рижараб росу» абураб гьелъул макъала. Гьениб бицен гьабун буго 1937 соналда ГIалахъ росулъ гьаюрай Шумайсат ХIажимухIамадовалъул къисматалъул хIакъалъулъ. Цо гIа­даналъул гIумруялъул мисалалда ХIайбатихъа бажарана тIолабго росдал жамагIаталъул къисмат цебе лъоледухъ тема рагьун. Рагъул соназда Чачаналде гочинабураб Шумайсатил хъизамалъ лъабго нухалда хисизе ккана гIумру гьабулеб бакI. Авторалъ гьадин бицунеб буго, Гьоркьохъеб Азиялдаса тIад руссинегIан чачаназул минаялда гьабулеб букIараб магIишаталъулги, цо параялъ, гьебги бетIергьабазухъе тIад буссинабун, гIагараблъун лъугьараб бакI тезе ккеялъулги хIакъалъулъ: «Цо къоялъ бакъанида нижеда лъаларел гIадамаз рагьана каву. Азбаралда жанире лъугьарал бихьиназ, цебе кверги ккун, гьабулеб букIана дугIа. Гьезда цадахъ рачIарал руччабазул, лъималазул гIодиялъ ниж киналго рокъоса къватIире кIанцIизе ва хIинкъизе гьаруна. Киналго гIодоре риччараб мехалда лъана, гьел гьалбал рукъалъул бетIергьаби рукIин. Эбелалъги, чачаназул руччабазда цадахъ лъугьун, киназего гIураб квен хIадурана. Гьеб сордоялъ ниж киналго цадахъ, цо гъанситохъ гIодор чIун, кванана. Сордо рогьинегIан эбелалъ нижерго ретIел, къайи-къоно бакIарун, тIатIала лъуна. Радал хехго вахъун, эмен ана нижерго къайи тIад лъезе машина балагьизе. Нижеда тIаса лъугьаян рукъалъул бетIергьабазда гьарун, къалъилелде къокъана ва­тIа­налде», — ян. БичIчIулеб буго, со­гIаб заманалъул кьварараб закон хIал­тIулеб букIаниги, улкаялъул нухмалъиялъул тIекъал ишаз халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялда кьватIел ккезабичIеблъи.

КIиабилеб бакIалъе муста­хIикъ­­лъана Ленинкенталъул №35 гим­назиялдаса Камалодин ХIай­дар­беговги МухIамад ХIасан­хIу­сеновги. «ЗахIматалъ лъадарарай, яхIалъ тарбия кьурай» абураб макъалаялъул багьадур Бахдикай-кIодоца бицунеб буго «захIмалъи бугин, ракъун ругин абун, къо рехараб хабар бицинчIого», араб лъимерлъиялъулгун гIолохъанлъиялъул хIакъалъулъ. Гьеб макъала цIалулеб мехалда якъинго цебечIола рагъул соназул лъималазул гIумруялъул щибаб къо.
«Бицине хIинкъараб квешаб макьу гIадин» гIумру арай кIудияй эбел Калимат ГIусмановалъул хIакъалъулъ бицунеб Гъизилюрт шагьаралдаса ГIайшат ХIабибовалъул макъалаялда. Гьелъиеги жюриялъ кьуна кIиабилеб бакI. «ХIакъикъаталъул» сайталда лъураб гьелъул хIалтIи цIалун ва бокьун бугоан 165 чиясе – гьеб ккола цIалдолез гьаракь кьеялъул рахъалъ бищунго тIадегIанаб хIасил.

Лъабабилеб бакIалде ккана Хасавюрт районалъул Къарланюрталдаса СултангIали Маллаев ва МухIамад ХIусенов.
9-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалъе мус­та­хIикълъана МигIарсо росдал шко­лалдаса ПатIимат Лабазанова. «ХIакимчиясул гIадал калошал» абураб гьелъул хIалтIуе лъикIаб къимат кьун бугоан 163 чияс. «РетIел – гьеб букIана чIортоялда тIад чIортоги букъун, кинаб кьералъул ххам бу­кIа­рабали лъалареб», — ан бицунеб бу­го макъалаялъул багьадур Биасла­нова ПатIиматица. «Я нижго яги эбел унтулел аниян рукIунаан цадахъ цIалулел ясал, гъоб, гьалмагъалъ беццулеб, манный карщги, кинабалиго «борщги» кваназе щвезе бокьун» — гьале гьелъул кIалдисан рагIулел дол соназул лъималазул анищал.
КIиабилеб бакI жюриялъ кьуна Болъихъ районалдаса Шамай ГIабдулмуслимовалъул «Диплом гьечIев гIалимчи» абураб макъалаялъе. Гьениб бихьизабун буго 1931 соналда гьавурав ва магIарул мацIалъулгун адабияталъул цIалул тIахьазул авторлъунги машгьурав педагог-методистлъунги вахъарав АхIмад ХIамзатовасул лъимерлъиялъул хIакъалъулъ. Эбелалда цадахъ Каспиялъул рагIалда хIалтIизе ккарав васас тIуразарулел рукIана батIи-батIиял хъулухъал: «Батагъа­лъул василан» цIарги лъун, киназдасаго бищун гьитIинав АхIмад, лъил кинаб хъулухъ кканиги, гьениве вортизавулев вукIун вуго. Хадув гьев ругьун гьавун вуго «барабан» абулеб жо хIалтIизабизе. Токалъ хIалтIизабулеб гьеб «барабаналъ» ралъдал лъада­лъа къватIибе цIан бачIунеб букIун буго ччугIил цIураб гьин». Рехселин АхIмадил лъимерлъиялъул цо лахIзат: «КIудияй яцалда ракI гур­хIун, АхIмадица лъим цIун, рукъ бацIцIун, боцIи жанибе буссинабун, цо-цо мехалъ гIачи речIчIунцин ратулаан. Гьесдаго тIадкъан букIана гьитIинав вац Аминил тIалаб гьабизеги».

Лъабабилеб бакI щвана Къарланюрталдаса ХIамзат ХIусеновасе.
Конкурсалда гIахьаллъана вузазул студенталги. Гьезда гьоркьоб хасаб сайгъатгун диплом щвана ДГУНХалъул студентка СаихIат НурмухIамадовалъе.
Конкурсалъул хIасилалги гьарун, бергьенлъи баркизе редакциялде ахIун рукIана цIалдохъабиги гьезул учительзабиги. Киназего кьуна дипломалги, хIурматалъул грамотабиги, сайгъаталги. Хасаб баркала кьуна нижеца редакциялъулгун бухьен гьабизе цIалдохъабазулъ гъира базабурал насихIатчагIазе: Къар­ланюрталдаса МухIамадрасул Расуловасе, Ленинкенталдаса ПатIи­мат ХIайдарбеговалъе, МигIар­соса Жамилат ХIамзатовалъе.
Конкурсалъул хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна Жамилат ХIамзатовалъ: «Дагъистаналъул рахьдал мацIазул къоялде Болъихъ районалъул администрациялде ахIун рукIана магIарул мацIалъул учительзаби. Гьениб диеги кьуна районалъул нухмалъиялъул рахъалдаса грамотаги сайгъатги. Дица гьениб бицана «ХIакъикъаталда» тIобитIараб конкурсалъулги хIасилал гьариялъулги хIакъалъулъ. Хасаб кIвар кьуна редакциялъул хIаракаталде, гьез нижее гьабураб гьоболлъиялде. Хьул буго хадусел конкурсаздаги гIа­хьал­лъизе рес щвеялде, районалъул цогидал школазул цIалдохъабазги гьениб бутIа лъеялде», — ян.
КватIичIого лъазабизе буго цIи­яб конкурс. Бокьилаан гьелда гIа­хьал­лъизе цогидал районаздасаги цIал­дохъаби.