Къалеб буго улбуз яхIалъул рачел

 
Щиб лъица бицаниги, гьечIо парахалъи улбузул, лъудбузул, яцазул ракIазе. Бихьиназ ярагъ кодобе босидал, мугIрул чIужугIаданалъ ки­даго къана яхIалъул рачел. ЧIобогояб бакIалда рижарал гуро руччабаз къохIехьеялъул, гьезул бахIарчилъиялъул бицарал шигIраби. 
 
 
ЦIадуца боркьараб жергъен гIодоб лъун, 
Жавгьарул хвалченги борчараб дуца.
Чиллайдул гъалалги чахтIинир рахчун,
Чарамул къолденги ретIараб дуца. 
 
 
БахIарчиял улбузул хIинкъараб наслу букIине ресго гьечIо. Рагъда хварав васасул жаназа бачIиндал, лъутун унагойищ яги бахIарчиго вагъулагойищ шапараван цIехолеб букIун буго цересел мугIрул ручча­баз. Гьединазул чан батIияб къисматги къисаги буго тарихалда. Бащдаб лъагIалица Донбассалъул ракьалда вагъулев васасул эбел, къойил йихьулей нижер махщелцоялъул сабруялда бахиллъун рукIуна. «Рагъухъабазул хъизан-лъималазе хIукуматалъул гIарцулаб кумек букIингIаги лъикI, — ин нижер гьалмагъалъ абидал, рагъухъанасул эбелалъ абуна: — ХIукуматалъ гIарац кьунищ гьанжелъизегIанги нилъер умумул рагъарал, — илан?

 
 
 
Гьал къоязда гьелъул вас отпускалъ вачIана. ТIадвуссун моцIрол ахиралда ине вугинги бицана гьелъ: «Эбел, дир гьудулзаби руго дора балагьун, долги хIухьбахъизе жидерго хъизаназухъе щвезе кколелъул», — ин абуна васас вачIарабго. Повестка бачIани, гьенире ине щибго инкар гьечIо кIудияв васасулги росасулги. ВатIан цIунуларел бихьинал рокъор 
рукIун пайда щиб? Спецоперация байбихьаралдаса васал рихьичIел улбул гIемер руго. Гьезул цояй Къебедова Хадижатица бицана: «Вас кIалъанщинахъе магIуги щущан, рагIи абун бажаруларого йикIунаан дун чанго моцIалъ. 
 
Цо нухалъ васас сабру хун абуна: «Эбел, дун дуца рокъов вахчун тезейищ гьавун вукIарав? Гьединав вас вокьилаанищ дуе? Нилъер хъизан-рукъ парахатаб, берцинаб яшавалда буго. 
Хадубккунги гьеб парахалъи ва эркенлъи букIиналъе гIоло руго гIолохъаби гьанир рагъулел.» Гьеб мехалъ ургъана дун, бокьилаандай дие вас вахчарун вукIинеян. Гьесул рагIабаз яхIги гъуна дида. ЦохIого цо бугеб лъимер кигIанго къиматалдаха эбелалъ гIезабулеб.  
 
 
 
— Васасул гьаракь рагIичIого анкьго моцI буго, балъгоял аскараздайищ гьев вугевали, — ян абуна, щокъроб къараб магIил горо бахчизе хIаракатги бахъулаго Мадина МухIамадовалъ. 
 
— ГьитIинаб къоялдаса нахъего васас бищана рагъулаб махщел, гьелъие цIалун тIадегIанаб лъайги босана. «Эбел, сабуралда йикIа мун. Гьаб буго дир гIумруялъул иш, дир хIалтIи. 
Аллагьас хъваралдаса нилъ рорчIизе бакI букIунарин дуцаго гурищ кидаго абулеб. Дур ва кIодоэбелалъул дугIа, гьари — гьеб буго жакъа дие хIажат», — ин хъван бачIана гьес.
 
 
Дун цониги нухалъ гIодичIо, Аллагьасдаса хIинкъана. Жакъа лъана хабар кIиго моцI базе рокъове вачIунев вугин. Рии-ихалъул кьералго рихьуларого йикIарай дие, дунялго гвангъун бачIана. 
Жиндир дурц, повестка щун, Украинаялде анин бицана дир гьалмагъалъ гьал къоязда: – Дица кIиго мисал рехсела гьаб, цо къадаралъул мобилизациялда хурхун. Дир дурцасул йиго загIипабго сахлъиялъул эбел, кIиго гьитIинаб лъимер. Дурцасул эбел васасда йихьуледахъ зигардичIо, гIодичIо, Аллагьасде аманатги гьавун нухбитIана васасе.
Цоги йиго лъикIаб хайир кьолеб даран-базаралъул гIадан. Гьелъул цояв васасухъеги бачIун буго повестка. «Сундухъ дир васас чияр улкаялъул гIолохъаби чIвазе кколел? Виччаларо гьев армиялде», — ян чIун йиго гьей. Жиндир заманалда, гIарацги кьун витIун вукIана гьелъ гьев армиялде, хадубккун лъикIаб хъулухъ щвеялъул мурадалда. Гьанже нилъер улкаялда сверухъ бугеб ахIвал-хIал гьелъ кигIан дагьабниги гIадахъ босулеб гьечIо. ВатIаналъ ахIулей йигони, дунгоцин яхъина хIажаталъуй эхетизе, — ян кьваризабуна гьалмагъалъ. 
 
 
Щибго гIайиб чIваларо лъидаго, кинай эбелалъе бокьилеб кьалде вас витIизе. Амма бугелъулха тIубачIого бегьулареб налъи. Гьеб налъи, щибго цIар-рецц балагьичIого, бахIарчиго тIубана кидаго дагъистанияз.
Сабру кьеги БетIергьанас нилъее киназего, тIолалго улбузул гьариги къабуллъаги.