Фазул рекIел тахида бакI киназего гуро щолеб букIараб

 

 

Мариза МухIамадова ккола ИЯЛИялъул гIелмияй хIалтIухъан. Гьей йикIана гIемераб заманаялъ Фазу ГIалиевалъул кумекчIужулъунги. ШагIиралъул гIумруялъул ахирисел къоязде щвезегIан гьелда аскIоса камичIей, жийго Фазуца жиндирго рекIел тахида тIадегIанаб бакI кьурай Маризахъе гьоболлъухъе щвана ниж ва хабар ккана, шагIир Фазул гуреб, Фазу чIужугIаданалъул хIакъалъулъ

 

— Мариза, тIоцебе Фазу ГIа­лиевалъулгун лъай-хъвай кин ккараб?

— Нижер лъай-хъвай Дагъистаналъул гIелмияб централда ккана — гьелъул юбилей гьабулеб сон букIана доб. Институталъ тIобитIулеб букIана ТIолгороссиялъулаб гIелмияб конференция. ГIемерал гьалбал, гIалимзаби, шагIирзаби, хIакимзаби, республикая­лъул бетIер вачIун, Россиялъул даражаялда гьабулеб кIудияб тадбир букIана гьеб. Фазуги ячIун йикIана захIматаб унтудаса хадуб гьеб данделъиялде. Дир гIелмияб хIалтIиги, аслияб къагIидаялъ, гьелъул асаразда тIасан букIиндал, докладги хIадурун букIана кIалъазе яхъине. Доклад гьабун бахъиндал, киназго хъат кьабуна: «Бищун лъикIаб доклад цIаларай Маризае, дир бищун лъикIаб, бищун кIудияб квацIи босе гьанибе!» — янги абун, Фазуца дунго яхчулебгIан кIудияб тIугьдузул квацIи кьуна дихъе, баркалаянги абун.

Гьебго къоялъ, конференция лъугIун хадуб, гьелъ дун аскIое ахIана, къахIан дир кверги ккун, гьимулаго абуна: «Дуе Фазу ГIалиевалъул кумекчIужулъун йикIине бокьун гьечIищ?» — ин. Дица божилъи гьабуралъухъ баркала кьуна, амма бачIинахъего щиб абилебали лъаларого хутIун йикIана. Хадубги Фазуца тIаде жубана: «Мун ургъе, щибаб къоялъ, бокьа-бокьарав чиясе кьоларо Фазу ГIалиевалъ гьединаб предложение», — ян.

Аллагьас хъвараб жоялдаса кьуризе бакI букIунарелъул, долдаса нахъе гьелъул гIумруялъул ахирисеб къоялде щвезегIан, цадахъ ккана дун.

— РитIухъ гьабунищха дуца гьелъул божилъи?

— Фазуца абухъего, бокьа-бокьарав чи гьелъ аскIове гIагар гьавулароан, амма рекIелъе виччан хадув, гьес щулияб бакI гьелъул гIумруялъулъ кколаан.

Дой йикIана цо балагьарабго гIадамасе къимат кьолей гIадан. Кинаб бералдалъун гьей гIадамазухъ балагьулей йикIарай, кин гьелда чиясул рекIелъ бугеб бихьулеб букIарабали дида лъаларо — Аллагьас кьураб хасаб гьунар батилин толаха. РитIухъавги хиянатавги чи, бачIинахъего ватIа вахъизе лъалаан долда. ТIоцебе берчIварабго тIаса вищулаан Фазуца жиндиего хIалтIухъан. Гьеб тасдикъ гьабизе кIола гьелда цадахъ хIалтIизе кканщинас — «МагIарулай» журналалъул ясазги (Фазуца тIаса рищарал ясал руго гьенир хIалтIулел), «Руччабазул союзалъул» хIалтIухъабазги.

Дида цIехани, дица лъиего, кидаго ва сундулъго ритIухълъи цIунула — Фазу ГIалиева, Муса МухIамадов, гIадатияв инсан вукIа, щив ватаниги батIалъи гьечIого. Лъида аскIой кканиги, дица дида тIадаб жо гьабула ва бадибе абула абизе ккараб рагIиги, щивниги чи ватIа вахъичIого, лъиениги хIеличIого. Аманат цIуниялдаса хирияб ва къиматаб жо гьечIо ракьалда. Божилъи гьабизе бегьулев чи ватиги — кIудияб талихI буго инсанасул. Бищунго къиматаб, бищунго батизе къанагIатаб гIамал буго гьеб. ГьитIинаб къоялдасаго дир бидулъ ва рекIелъ эбелалъ лъун букIана хиянат гьабизе бегьунгутIи. Дида божилъи гьабураб жо Аллагьасда цебе аманат гIадин цIунизе яхI бахъулаан кидаго, щивго ватIа гьавичIого. Фазуе батIияй, цогидазе батIияй йикIинчIо дун. Гьеб гIамал гьелда бихьун батани, лъалароха, мун кутакалда гьунар бугей гIадан йиго, гIисинлъиялъ чIвазе йикIунгеянги гIемер абулаан гьелъ дида. Дица гьелда гьикъичIо щай дуца дун тIаса йищарайин абун. Амма гIаламалъго тIаса йищарай, улкаялъго кIодо гьаюлей, бищун тIадегIанал шапакъатал жиндие щварай, сундулъго тIокIай шагIиралъ тIаса йищун йикIарай ятани, кигIан ритIухъайлъун, божилъи цIунулейлъун дун йикIине кколей. Дида бичIчIулаан хиянатчагIазул гъугъдуца чIварай Фазуе кигIан хIажат йикIарай дунали. ТIадежоялъе, гьей дир гIакълуялде хьул лъурай, дир рагIуде гIин тIамулей, гьеб хIажатай йикIарай ятани (гьелъ абухъегоха). Жакъа нужее гурони, жеги лъидениги бикьараб пикру гуро гьаб. Дие цониги жо лъугьине гурин, хIинкъулаан дой, мунагьал чурад. Гьеб гуребги, жиндирго миллаталда, халкъалда, улкаялда цебе гьелъул букIараб ритIухълъи, гьезие гIоло рухI кьезе хIадурлъи, кIийиде кьабун дидеги бахунаан, кIицIуса цIикIкIун дидасаго тIалаб гьабулей дунги йикIунаан. Бажарараб хIалалъ тIаде ккараб хIалтIи тIубалаан: «Дица гьабги-добги гьабунин, гьабулеб бугин, гьабизе бугин» ахIи бачIого, ишаздалъун божилъи тIубазе яхI бахъулаан.

— Аслияб хIалтIи щибха бу­кIараб дуца гьабулеб?

— Фазу йикIана жигарай хIал­тIухъан. Дунялалда бараб 83 со­налда жаниб гьелъ хъван тарабщинаб жоялъул хIисаб гьабизе ккани, чанго чиги, чанго сонги къваригIина. Нусгоялдаса цIикIкIараб тIехь хъвана гьелъ, макъалаби, докладал, кIалъаял, гара-чIвариял, цогидаб гьабураб хIалтIи рикIкIинчIого. Дагъис­таналъул миллаталъул ри­кIкIе­налдасаги цIикIкIараб тираж бу­кIунаан гьелъул тIахьазул — щуго миллионалде бахъунаан цо-цо тираж советияб заманалда. Исана, гьале дагьаб цебегIан, къватIибе бачIана республикаялъул Миллияб библиотекаялъ хIадур гьабураб Фазул библиографиялъул указатель — «МугIрузул улкаялъул гьайкар» абун цIаралда гъоркь. Дица хъвараб цеберагIиги буго гьелда. Цебе чIезабизе бигьаяб ирс гуро Фазу ГIалиевалъ нахъе тун бугеб гьеб указателалъухъ халгьабураб мехалъ. Кинабниги библиотекаялъул архивазда цIунун ругел гьелъ къватIире риччанщинал тIахьазулги, макъалабазулги, таржамабазулги сияхI гьабун рикIкIани, 1913 материал буго гьениб. Гьединлъидал, кигIанги гIемер букIана гьабизе ккарабги, гьабурабги, хадубккун гьабизе бугебги хIалтIи.

Дун лъараб къоялдаса нахъе Фазуца лъихъениги кьечIо жиндирго асарал. Щибаб цIияб асар компьютералде босулаан дица, битIизабулаан, дирго пикру бицунаан. Хадубги Фазуца хIисаб гьабулаан жинцаго хъвараб-таралъул, цинги газет-журналазде кьолаан, ялъуни тIубанго тIехь хIадур гьабулаан. ЦIакъ кIвар кьун гIенеккулаан дица щиб абулищали жиндирго цIияб асаралъул хIакъалъулъ. Асаралъул загIипалги къуваталги бакIал нижер данде ккани, цо пикруялде рачIани — цIакъ разилъулаан. Кинабниги 5-6 тIехь буго магIарул ва гIурус мацIазда хъварал дица хIадур гьарурал. Гьезие цеберагIиги дица хъвалаан. Цадахъго унеб букIана гьелъул вас, мунагьал чураяв МахIач МухIамадовасги дицаги хIадур гьабулеб, Фазуца гIурус мацIалда хъванщинал асаразул томазда тIад хIалтIи. Щибго гъалатI ккезе бегьулареб, таржамачагIи мухIкан гьарун, щибаб асаралъул хъвараб заман чIезабун, гIезегIан чIамучIаб, хIалуцараб хIалтIи букIуна шагIиралъул тIаса рищарал асарал данде гьаризе ккани. Кинабниги 12 том гIуна нижер гIурус мацIалда рахъарал гьелъул асаразул. Фазул юбилеялде хIадурлъулел рукIана гьел, АлхIамдулиллагь, рагIалдеги рахъана. Исана къватIире рачIиналде хьулги буго.

— Дуе Фазул рокьулел рукIарал гIамалал?

— Лъимералъул гIадаб божилъи букIин. КигIан гIемер бухIи бихьаниги, кигIан гIемер хиянат дандчIваниги, доб гьитIинаб лъимералъул гIадаб бацIцIадаб божилъи букIунаан гьелъул чиясда.

Гьелдасаги цIакъ — кутакалда халкъалъе, ВатIаналъе ритIухъай гIадан йикIана мунагьал чурад. Гьаб дунялалда кколебщинаб чIвай-хъвеялъул, квешлъиялъул гIайиб жинда бугеб гIадин, ургъалилъ йикIунаан: «Балагьеха, цо ккун бугеб жо!? Кин кIолеб чиясде квер борхизе?! Аллагьас кьураб рухIалде ишан босизе кканиха! Щибдай гьабун лъикI?» «Доба кибалиго дунялалъул рагIалда бахъараб кьвагьиги дудего тIаде щай цIалеб?» — абуни, жаваб кьолаан: «Дунлъидал халкъияй шагIир. Халкъалъул къварилъиги гIатIилъиги дицалъидал гIахьал гьабизе кколеб. Дидалъидал батизе кколеб хIажатаб рагIи, рагъ-кьалги чIвай-хъвейги ккечIого букIине гьаб ракьалда. Дида батун гьечIоха гьеб зарал нахъчIвалеб рагIи», — йинги абун, ургъалилъ йикIунаан. Гьелъул хIакъалъулъ «Цо къуватаб рагIи къваригIун буго» абураб поэмаялда хъванги буго Фазуца. «Эбелалъул хъахIаб шал» абураб тIехьалде араб поэма буго гьеб.

Дунялалъул квешлъи кIве­кIизе кIолеб цо къуватаб рагIи балагьулаго гIумру анила чанги гIасрабазда гIумру гьабун рукIарал гIакълу-лъай бугел аза-азар шагIирзабазулги, гIа­къилзабазулги, гIалимзабазулги. Аза-азар тIахьал хъванила ракьал­даса питнаги, жахIда-хIу­судги, хъублъиги, чIвай-хъвейги тIагIинабиялъе гIоло. Жиндирги гIумру анила гьеб къуватаб рагIи балагьулаго: «Цо къуватаб рагIи, къвакIараб калам, кинавго чиясул рекIелъе унеб,.. камилаб гIадлу кьун гIадан куцалеб, гьетIараб дунялги битIизабизе» кIолеб. Амма лъиданиги батизе кIвечIила гьаб ракьалдаса хъублъиги питнаги бачахъизе кIолеб къуватаб рагIи. Дунялалда вижанщинав шагIирасдаги, гIалимасдаги, жиндаги бичIчIи­чIила гьединаб къуватаб, къва­кIараб, хIажатаб рагIи нилъехъе Аллагьас битIараб каламалда — хирияб Къуръаналда букIин. Ахир-къадги киналниги дунялалъул рагIабазда гьоркьоб, бищунго хIажатаб рагIи Аллагьасул каламалда бугин, гьелда мугъчIвай гьабуни, кинабниги квешлъиги тIагIунин, нилъее Алжанги насиблъулин хъвана гьелъ. Киндай гIадамал кан­тIизарилаян ургъалилъ йикIу­наан кидаго.

Цоги, гьей йикIана жигарай хIалтIухъан. «ХIалтIизе ккола чи. ХIалтIуца гурони чи гьавуларо. Щивав чияс жинди-жиндир хIалтIулеб бакIалда, жинда тIадаб хъулухъ букIине кколеб къагIидаялъ тIубани, дунялалда кинабгIаги проблема букIунаро, букIинеги гьечIо», — ян абулаан гьелъ гIемер. Жийгоги хIал­тIулаан унта-шокълъия­лъухъ ба­лагьичIого: цояб стол дарабазул, цогидаб стол цIун букIунаан руч­ка-къалама­лъул, рацIцIадал тIан­чазул ва тIахьа­зул.

— Фазуе жиндиего инсанасулъ рокьулел рукIарал гIамалал?

— РитIухълъи. РитIухъав чи вукIана гьелъие бищун берцинавги, бищун цIодоравги, бищун гIакъилавги, бищун лъикIавги чи.

— Рокьуларел?

— РекIкIав, хиянатав чи — абадиялъ тIадвуссунареб бакIалда тIупун, тIокIаб гьесул хIакъалъулъ калам тIад гьабичIого нуцIа къалаан гьелъ гьезда цебе жиндирго рекIелъ. Гьебги — цо нухалъниги чиясул хиянат бихьани. КIвахIалав чиги вокьулароан гьелъие. МацIихъанги бачIинахъего рикIкIад гьавулаан. Гьал гIамалазул кинаб цебе лъелебали лъаларо, амма кIвахIалав чиги хиянатчиги цIакъго рихарал рукIана.

Цоги: «ГIисинлъиялъул бицунел чагIи», — йин абулаан гьелъ. ТIубараб къагIидаялъ щиб магIна гьеб рагIулъ лъолеб букIарабали чIванкъотIун абизе кIоларо, амма «гIисинлъиялъ чIвазе рукIунгеянги» абулаан зама-заманалда.

— Киназулго йиго жидерго Фазу, дур хIисабалда, дур рекIелъ кинай Фазу йигей?

— Къокъаб къагIидаялъ дица цебе хъваралдаса бичIчIизе бегьула кинай гьей дир пикрабазулъ хутIараяли. Гьайгьай, щибаб гIумруялъул лахIзаталда батIи-батIияй Фазу цее ячIуна. ШагIир хIисабалда, щибаб лъугьа-бахъиналда хурхун шигIраби рикIкIуней цее чIола. Кидаго садакъа бикьулей, «жакъа хирияб рузманкъо бугоянги» абун, щиб-щибниги бикьулей йикIунаан кидаго. Унти, макьу-квен тун хIалтIулей цее чIола. Кибниги данделъи букIун, кIалъазе яхъине кколей йигони, 39-ялде цIа-кан бахун бугониги, кигIан унтун йигониги, сихI тун, лъидаго бицинчIого, щибго гьечIей гIадин халкъалъухъе уней. Жийго ине кIолеб хIал гьечIони, тIубанго тату хвараб мехалъ дида божилъи гьабун: «Бокьараб бице, дица мун вакил гьаюлей йиго, лахIавла вала къувватаги баче, дуе нух битIаги», — абун дун нухда лъолей. (Первозванныясул орден щун хадуб Москваялда тIобитIулеб (ЦДЛалде) жиндирго юбилеялдеги гьединго дун йитIана). Форма ретIарав гIолохъанчи вихьани, гьесда аскIоеги ун: «Щиб хIал бугеб, дир месед? КъваригIараб-тараб бугищ? Хъулухъ кин унеб бугеб?» — абун солдатазда, милицонеразда, эбелаб калам гьабулей. Лъазего лъаларев чиясдаха гьелъ гьеб гьикъулеб букIараб.

Гьелде тIадеги, гьей йикIана кутакалда ракI тIеренай, сундуего, лъиего жиндир рекIел хинлъи бикьизе хIадурай, квер гIатIидай. Аллагьасукьа хIинкъулей, йихьизе гурейги, ятулей бусурбанчIужу (жеги бакъвараб чед нахе рехизе кIварай гIадан гуроха гьей — хIакъ батулинги абун). Йижараб ракьалъеги, тIолго дунялалъеги цого къагIидалъ ритIухъай, дунялалъул ургъел гьодитIаги лъун, халкъалъе хIалае батулеб рагIи балагьулей, хIатталдаса ун хIалтIулей, хIалтIулел чагIиги рокьулей, цIа ккаралъуй йортулей, кьвагьи бахъаралъуй цее яхъуней, унго-унгояй ватIа­налъул яс. Гьей йикIана гьаб улкаги, улкаялъул васалги абураб унти бидулъги рукьбулъги бессарай гIадан. Къокъго Фазул хIа­къа­лъулъ бицун бажарулеб жо гу­ребха, кигIан яхI бахъаниги. ТIубараб сипат цебе чIезабизе ккани, дагьа-дагьабниги бицине кколеб буго. Амма гьей йикIана азарго батIияй, лъицаниги гьабун бажаричIеб лъикIлъи, хъван бажаричIеб тIехь хъварай гIадан.

— ЗахIмат букIанищ гьейгун хIалтIизе?

— ЗахIмат букIанищ дуе Фазу ГIалиевагун хIалтIизе абураб суалалъе шагIиралъ щиб жавабдай кьезе букIана?! Гьеб лъазе кIварав чиясда бичIчIила дица кьезе бугеб жавабги. Гьелъул хIакъалъулъ хадусеб гара-чIвариялда бицина, нужее бокьани, иншаАллагь.

Гара-чIвари гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ.