Шамил МухIидинов: «ГIумруялъ учительлъун хутIана дун»

 

   Сунда тIасан хабар гьабуниги, тIубараб къоялъ аскIор рукIаниги, чIалгIунареб каламалъул чи вуго Шамил МухIидинов. ТIахьазги оргтехникаялъги сверун ккураб гьесул рокъоб жеги таманал сагIтал разе рукIун ратила, квен цIоролеб бугилан Шамилил лъади ПатIимат жание яккичIейани.

Советияб заманалда кIиялго директораллъунги рукIана гьел: Шамил МухIидинов – БакьайчIи росдал школалъул, ПатIимат – халичаби рессулеб фабрикаялъул.

  Цинги 23 соналдасан Шамилица хIалтIи хисана. Гьесда тIадкъана Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул редакторасул хъулухъ. Гьелдаса хадув гочана МахIачхъалаялде, ана Сириялде, хIалбихьана преподавательлъиялъул, таржамачилъиялъул, публицистикаялъул, шагIирлъиялъул. Гьесул руго рикIкIен гIемерал цIалулги (гIараб мацIалъул), бекьечIдерил тарихалъулги, кучIдузулги тIахьал. КватIичIого къватIибе бачIине буго баснябазул тIехьги.

Амма гьеб киналдасаго цIакъ Шамил МухIидиновасе рекIее гIола мугIалимлъи, насихIатчилъи. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

 

 

   — ТIехь босизе гурони лъачIо гIумруялъ. Даран-базарги цогидабги киданиги гьабичIо. Доб мехалда почалдасан заказ гьарулаан дица тIахьал. Хасго магIарул мацIалда рахъарал тIахьал росичIого кинго толароан. Сириялде цIализе индал, дорасаги кьуна дие гьезул цо къадар.

Гьадаб шкафалъул тIасиял полкабиги руго мунагьал чураяв инсул рукIарал гIараб тIахьазул цIун. Институталда вукIарав цо преподавателас абулаан жиндир рокъор ругин Сталинилги Хрущевасулги тIахьал, гьел цоцалъ рагъулелги гьечIилан. Гьедин дир гьанирги руго исламиялги атеизмалъулги тIахьал, гьелги цоцалъ рагъулел гьечIо.

— Атеизмалъул тIахьал кин ккарал дур гьанире?

   — Советияб заманалда гьединаб магIна гъорлъ гьечIого цониги тIехь бахъулароан. Инхоса ГIалихIажиясулцин тIехь бахъулеб мехалда аслияблъун гьабун букIана «Будун-дибир абула, дандамаял, гьороял» абураб кечI, гьев исламалда дандечIарав чи вукIарав киниги. КIалалъ исламалъул бицаниги, гьелда рекъон хьвадуларел будун-дибирзабазде хъван буго гьес гьедин.

ЧIанкIагун МахIмудги рихьизарулаан исламалда дандечIараллъун. Диналда данде чIарав кин, масала, ЧIанкIа вукIунев, гIараб мацIги лъалев, дибирлъунги хIалтIарав чи. Рокьуца вухIулеб мехалда, рекIелъ бугеб хIасрат бихьизабизелъун хъвараб гьесул кIиго мухъ букIунаан гелдезабулеб.

Масала, ЦIадаса ХIамзатица «Алип» абураб кочIолъ гьадин хъвана: «Гъайирбег, лъица аб дур хатI куцараб, кагътил гьумер цIолеб цо-цо мухъ бугин», «Аб пакъир, Къапалъул къули бихьулищ къайи баччун унев хIамбалав гIадин».

   Хас гьабун Гъайирбег абурав чиясул хатIги какун ХIамзатица хъвараб гьеб кочIолъ доб мехалда рикIкIунаан гIараб алфавит какун хъвараб кинниги. Кин гьес гьеб какулеб, гIурус хатIалъ жинцаго цониги кечI хъвачIев чияс. Доб заманалъул политика кинаб букIарабали лъаниги, цоцо чагIаз ХIамзатиде гIайиб гьабула совет хIукумат беццун кучIдул хъванилан. Дица гьабуларо, щайин абуни, гъосда нахъасанги хъвадарулел чагIи рукIана –дибирлъун вукIанин, гIараб гIелму цIаларав вугин, Сибиралде щай витIуларевин абун. Амма гьев цIунун хутIана ГIабдурахIман Данияловасулгун лъикIаб лъайхъвай букIиналъ, кIиабизе, Сталинги Конституцияги беццун хъваялъ. ХIакъикъаталда абуни, ХIамзатил хъвай-хъвагIаялъул магIна батIияб букIана. Масала, росе «ГIумруялъул дарсал» — рас хутIичIого МухIамад аварагасул хIадисал руго поэзиялдалъун къватIире кьурал. ХIамзат гьедин цIодорго хIалтIичIевани я Расул вукIунароан, я ХIажияв виччалароан цеве ваккизе.

— ТIахьазде рокьи кин дуе щвараб?

   — Дилъ бугебщинаб тIокIлъиги тIадегIанлъиги мунагьал чураяв эмен МухIидинидасан бачIанилан тола дица. Учитель вукIана гьев. 17 сон тIубазегIан Манасалда, Жунгуталда мутагIиллъунги вукIун, хадув гьев гIахьаллъана гражданиябги КIудияб ВатIаниябги рагъазулъ.

Исламияб гIелму цIалун букIиналъ, гьелдаса кьуричIо эмен, амма учительлъун хIалтIулеб мехалда какал балъго разе кколаан. 23 соналъ БуцIра, Могьохъ ва цогидал росабалъ авар мацIалъул дарсалги кьун, гьес дир эбелалда абун буго гьал рахчун какал рай чIалгIанин жинда, гьединлъидал учительлъи тезе бугилан.

Росулъе, колхозалъул председателасул заместительлъун, вачIана эмен. Амма бащдаб лъагIалицацин гьабичIо гьес гьеб, хIакимлъи бокьичIого. Хадув бригадирлъунги вукIана. Хъутаналде ун, хIалтIана колхозалъул паромалда, складалда ва цогидал бакIазда.

  Инсуца гьитIинго малъана нижеда Къуръан цIализе. Инкъилаб ккун хадуб гIезегIан бусурбабаз рахъкколеб букIана большевиказул – бечедал чагIазул зулмуги букIунха доб заманалда. Гьедин, 1925 соналда, эменги лъугьун вукIана большевиказул партиялде. ГIажамалъ гьес хъварал протоколал ратана дида рокъор. Хадуб мухIканлъи эбелалда цIехедал, инсуца партиялда дагьаб мех гурони бачIин бицана гьелъ – лъицаяли гIарз гьабун буго гьес какал ралилан. Райкомалдеги ахIун, инсуда лъазабун буго какал раялдалъун гьес партиялъул устав хвезабулеб бугилан. Гьедин батани, жинда нужер устав цIунизе кIоларинги абун, инсуца гьениса нух босун буго.

— Эмен учительлъун вукIиналъ, школалда цIалиги цебетIураб букIун батила дур.

  — Байбихьул классазда дир рукIана лъикIал учительзаби. Хадусел классазда гьел хъачIал ккана ва дун 8 классалде Хъаладухъе (ГIарани) ана цIализе, 9 классалде – ГьоцIалъе, анцIабилелде — Хунзахъе.

ПалхIасил, школа лъикIал къиматаздалъун лъугIизабичIо. Гьединлъидал инсуца колхозалда цIулал устарлъи гьабизе тIамун вукIана. Хадув армиялде ана. Гьениса вуссиндал, Хунзахъ бухгалтерлъи гьабуна, военкоматалда хIалтIана.

   Гьелдаса щуго-анлъго сон индал, цо лъикIав гьудулас абуна бегIераб пикруялъул чиги вугин мун, цIализе бажаричIевилан дудаса загIипал чагIаз гIад-хочIги гьавун вукIиналдаса, цIализе щай унаревилан. Гьес куркьбалги гъун, пединституталде, къватIисел улкабазул мацIазул факультеталде лъугьана. Школалдаса лъикI цIалана гьенив.

Инсуца малъулеб букIараб гIараб мацI щвалде щун лъазаби букIунаан дир мурад. Амма хехго гьевги хун (63 сон байдал), гIагалун хутIана гьеб. БатIи-батIиял гIалимзабазда аскIове ун, гьикъулаан лъалареб жо. Гьезулин абуни цо кIудияб гъира букIунароан гьеб малъизе. Жидедаса мацI гьабилин хIинкъун рукIун ратила – репрессиял гьарун, гьездаса цебесеб гIелалъе гIезегIан гIакъуба кьедал. Гьелъ дун, Москваялдаса заказ гьарун гIурусгун гIараб словарьгун ва гIараб мацIалъул цIалул тIехьгун, лъугьун вукIана мацI лъазабизе. Амма кутакалда захIмалъулеб букIана.

  ГьоцIалъ вукIана дир инсуда цадахъ рагъда вукIарав, тIарикъаталъул устар — ГIабдулмажидов МухIамад. Гьесги абун букIана дуца гIараб мацI лъазабейила, дуе гьеб къваригIине бугилан. Амма пединституталда (гIарабги букIинчIого) ингилис мацI лъазабуна. Цинги 23 соналъ нижерго росдал школалда хIалтIана учительлъун, завучлъун ва директорлъун.

Цо къоялъ районалдасан хабар бачIана «Росдал захIматчи» газеталъе редакторлъи гьабиларищин абун. Дора рахъулел рукIарал дир макъалаби рекIее гIун руго дозие. КигIан школа бокьулеб букIаниги, бачIинахъего разилъана. Гьелдаса цебе «Лачен» журналалъул редакторлъун МахIачхъалаялдеги ахIулев вукIана Расул ХIамзатовас, амма цIалдохъаби рехун тезе кIоларин, инкар гьабун букIана. Амма цIакъ захIматаб хIалтIи букIана доб. Цониги лъимералъухъа гъалмагъир ккани, росдацаго гIайибги гьабулаан директорасде.

   Райгазеталъул редакторлъун тIамуна демократия байбихьараб 1991 соналда. Ункъо соналъ гьабуна дица гьеб. РагIуе эркенлъи гуребги, хъвадарун гIезегIан гIарацги щолаан. ХъулухъчагIазе бокьарабги хъван, диего бигьалъи тIалаб гьабулевищ дун вукIинев яги халкъалъул мурадал цIунизейищ лъугьинев абун суал лъуна дица дидаго цебе. КIиабилеб тIаса бищана. БитIун диналъе эркенлъи кьураб мехги букIун, исламалде цIикIкIун кIвар кьезе байбихьана. Гьелъие гIоло «Рузманкъоялъул вагIза» абураб гьумерги биччалаан. Гьеб данде кколароан райкомалъул чагIазе. ХIакимзаби лъугьана тIадецуял гьаризе, дуца жал суриза- рулел ругин — гьез гьабураб бикъахъамиялъул хIакъалъулъ рачIарал материал гIодор лъун толароан дица. Ахиралда гьез дие хIинкъаби кьезе байбихьана. Дицаги гьез абуабураб жо газеталда бахъана, гьедин халкъалъ дир рахъги ккуна. БатIи-батIиял районаздаса чагIицин хъвадарана баркала кьун. Хадуб хIакимзабаз дун тана.

Ункъо соналдасан къисматалъ МахIачхъалаялде вачана. Гьелъие гIиллалъун ккана Хунзахъ мадрасалда лъималазе дарсал кьезе Египеталдаса гIарабав вачIин. ТIубараб районалда дун гурони ватичIо гьесда, тIаса-масаго бугониги, гIарабалъ кIалъазе бажарулев чи. Лъазехъин бугин дида гIараб мацI абураб божилъи бижизабуна гьев чияс дилъ. Гочун шагьаралдегун, пединституталда гIараб мацIалъул кафедраялде хIалтIизе лъугьана. Гьениб дида тIадкъана «Методика преподавания арабского языка» абураб лекция цIализе. Дагьалъ чIун студенталгун цадахъ Сириялде экскурсиялъ арав чи, дун хадувккун дова лъагIалица цIализеги ана, Сириялда чIарав нилъерго гьаниса чияс кумекги гьабун. Гьениса тIад вуссиндал байбихьана пединституталда гIараб мацI малъизе. Гьеб мехалда киналго лекциялги данде гьарун, гIараб мацI лъазабиялъул тIахьалги (самоучителал) къватIире риччана.

ГIумрудул 70 сон тIубайдал, институталдаса нахъе ана. Гьенив хIалтIулеб заманалда цадахъго дица тIуразарулаан теологиялъул институталъул ректор Макъсуд Садикъовасул заместителасул ва ингилисгун гIараб мацIазул учителасул хъулухъалги.

   Гьанже хIалтIулев вуго цо хасал чагIи бетIергьанаб школалда – гIараб мацI кьолел учительзабазе кумек гьабула лъималазда гьеб предмет малъизе. Пединституталда лекциял цIалулеб мехалдаго букIараб анищ ккола гьеб – школлъималазда гIараб мац1 малъи. Амма цIалул тIахьал гьечIилан изну кьолароан гьелъие. Гьа, гьедин батаниян, рахъана дица гьел. Рахъун хадурги, дандечIей бихьизабуна. Цо министрас байбихьуда куркьбал гъуна дида жин- ца квербакъилин тIахьал цIалул планалда Москваялдасан тасдикъ гьаризеян. Амма анкьидаса гьес жинцаго щибаб школалдеги ОНОялдеги кагътал хъван ратана гIараб мацI малъизе лъугьани, нужер аттестатал хIакъикъияллъун рикIкIине гьечIилан. ГIемер мехго иналде гьев министр хIалтIудаса нахъе вахъана.

Кин кканиги, Аллагьасул кумекалдалъун, 10 классалде щвезегIан цIалдохъабазе гIараб мацIалъул тIахьал рахъана. Цо заманалда гьез- даса пайда босулебги букIана. Амма тIубанго гьеб суал роцIцIинабизе квалквал гьабуна гIараб хIарпакьа хIинкъарал цо-цо хъулухъчагIаз.

МагIарул мацI кьеялъулги буго гъобго ахIвал-хIал. Цо чияс абуна дида магIарул мацI лъазабизе лъугьин бугила газалдаса инкарги гьабун, тIинцIи бухIизе лъугьин гIадаб жо.

МацI цIуниялъе ресал ралагьулел руго гьанже гIемерисел. Амма гьелъул буго чанго батIияб дара- жа. МагIарул мацI цIунун хутIула гьеб мацIалда хъвалеб прозаги, кучIдулги, гIелмиял хIалтIабиги ругони, гъоб цIалулел ва гъолъие къимат кьолел чагIиги ругони.

— Амма глобализациялъ тIад тIенкел чIвачIого теладайха гьелда…

  — Глобализация абураб жо буго кIудияб ахIмакълъи. Щай абуни кинавго чи цоцада релълъинавизе бегьуларо. Лъугьунаро магIаруласул гIурус чи.

— Шамил, дуцаго мунго щивлъун рикIкIунев: мугIалимлъунищ, журналистлъунищ, шагIирлъунищ?

— МугIалимлъун, насихIатчилъун. Бокьулареб хIалтIи киданиги гьабизе ккечIолъиялъ кутакалда талихIав чилъун рикIкIуна дица. Цо-цо чи вукIуна гIумруялъ цо ишалда тIадги чIун, гьелъул хIасил ккезабулев. Дирин абуни вахъинчIо я кандидат, яги доктор, щвечIо цIарал. Гьединлъидал дун вуго мугIалим, насихIатчи. Дун гьевлъун вукIана учительлъун вугеб заманалдаги, райгазеталда хIалтIулеб мехалдаги, гьевлъун вуго хъвалел кучIдузулъ. КъотIносан унаго чанги чияс бачуна дир квер мун жиндир учитель вукIанин абун. Дица гIемер батIи-батIиял бакIазда кьуна дарсал, цIалана лекциял (педуниверситеталда, теологияб институталда). Хунзахъ мадрасаги рагьун букIана дица. ПалхIасил, гIумруялъ учительлъун хутIана.

Амма гьанже цо-цояз дида публицист-журналистилан, поэтилан, цIалул тIахьазул авторилан абула. Масала, ахираб кIиго-лъабго соналда жаниб кечI хъвачIеб цониги къо гьечIо дир. Цере дица гьел цо сунцаниги, лъицаниги гьабураб асар сабаблъун хъвалел рукIун ратани, гьанже хъвала гIумрудул хIалбихьиялъул насихIатал хIисабалда. Цо-цо политикаги жубалаха гъорлъе. «Къулуге» абураб кечI букIана хъван (кколареб бакIалда хIелхIедуге абураб магIнаялда). ГIемерисезе бокьана гьеб.

— Гьанже поэтал цIакъго гIемерлъун руго. Амма Расулил, Фазул гIадаб даражаялъул поэтал гьечIо.

— Гьединаб даражаялъул поэтал гурилан, тIубанго гьезда тIасан хIучч цIазе рекъон гьечIо. Чиясул ракI бекизабизе бегьуларо. Ругезулги къимат гьабулеб гьечIо гьанже. Дица дагьалъ цебе тIаса бетIер босичIого цIалана МухIамад ГIабдулхIалимовасул «Азаралда цоабилев асир» абураб тIехь. Чачаналда ккараб рагъул хIакъалъулъ хъван буго гьеб. Бищун лъикIав гIурус хъвадарухъанасулалда бащадаб гьунаралдалъун хъван буго. Амма цIикIкIун чиясда рагIарабищ гьеб асар, букIине кколеб куцалда къимат живго хъвадарухъанасулги гьабулеб бугищ?

— ГIабдулхIалимов советияб заманалдасаго цIар бугев хъвадарухъан вукIана. Амма гьанже щивав кIиабилев чи лъугьун вуго кучIдул хъвазе, тIахьал рахъизе. Гьеб лъикIищ яги квешищ?

— КучIдул хъвазеян рахъинарищха, жибго магIарул мацIго кколелъул поэзия. Гьезул гIемерисезул мурад буго лъиде кечI хъван батаниги, гьев вохизави, гьесул рекIее рахIат гьаби. ХIакъикъаталда абуни, кочIолъ хIажалъула сипатал гьари. Масала, ЧIанкIаца хъвалеб буго:

Бадий балагьани, гьецIо биуна,

Гьимун мун кIалъани, лъим бакъван ккола,

КIалзул жугьабазул жаваб рагIани,

 Ургьиб бугеб лъимер данде кIалъала.

Поэтлъун вахъине ккани, гIемераб жо бихьизеги лъазеги, дунялалъул поэзия цIализе ва гьеб бичIчIизе ккола, къваригIуна тIадегIанаб лъай (чIалгIаде гурелъул Литературияб институт лъугIизабулеб).

  Пуланав чи поэтищ, гуревищали къимат кьезе ккола критикас – кочIол байбихьиги, ахирги, хIасилги, кульминацияги бугищгьечIищали чIезабула гьес. Амма гьедин гьезда лъицаниги абуларо. ГIицIго МухIамад БисавгIалиевасда абизе бегьула литературияв критикилан. Амма гьесги къанагIат гурони кьоларо къимат. Гьединлъидал хъвара-хъварал кучIдул реццулел хутIун руго нилъ. КIурулеб гьечIони, гъотIол хъарахъ лъугьуна.

— БакьайчIи гуманитариял цIикIкIун ругин ккола дида.

— БакьайчIи кидаго гIемер рукIана гIухьбиги мутагIилзабиги. Бицен буго гьезул дагIбаги букIунаанин цоцалъ.

   ХIакъикъаталдаги машгьурал гIухьби БакьайчIиялдаса гIемер кирниги рукIинчIин абизе бегьула. Гьединго мутагIилзабигиха. АнцIго профессор магIарул чан росулъ вугев? Масала, пединституталъул ректорлъун вукIарав АхIмад МухIамадов, археолог Мурад МухIамадов, «Питательные среды» НППялъул гендиректорлъун вукIарав МухIамад Мажидов ва цогидал. Гьединго 70-гIанасев гIелмияв кандидат вуго нижер росулъ. Исламиял гIалимзабиги гьедигIанасебго къадаралъул рукIун руго. БакьайчIиса гIалимчи Шахша-къади вукIана Аваристаналъул муфтилъун. ГьабсагIатги нахъе цIунун хутIун буго кIуди-кIудиял гIалимзабазул букIараб щуго-анлъго библиотека.

Цебехун поэзиялъул бицунел рукIиндал, БакьайчIи гьабсагIаталда вуго гIезегIан лъикI кучIдул хъва- лев 70-ниги чи. Ругониги щиб, гьезда нуж ругилан абулеб гьечIелъул. Масала, гьезда гьоркьов вуго химиялъул учитель, ГIумарил МухIамад. Гьес кучIдул цIалулеб мехалда дида Есенин цеве чIола. Амма кигIан абуниги, гьес бахъичIоха жиндирго кучIдузул тIехь. Гьединго рахъичIо цогидазги.

— Дулъ динияб рахъищ цIикIкIун бугеб, светиябищ?

  — Дица гьеб кIиябго батIа гьабуларо. Аллагьас бижараб гурони диниябги букIунаро, гьединаб гурони светиябги гьечIо. Светияб дунялалда гIумру гьабизе малъула динияб рахъалъ.

   Цо-цо чагIаз динияб гуреб гIелму къабул гьабуларо. Амма гьеб мекъи буго, дир хIисабалда. Масала, щвалде щун жиндирго гIелму лъалев химикас гьединго щвалде щун исламияб динги гьабулеб бугони, гьев чиги Аллагьасул нухда вугев вали ккола. Аллагьасе какалги ран, динияб гIелмуги лъазабун, къватIибе бер баккичIого, рокъов жанив чIарав чиясул хIакъалъулъ гьадин бицен рагIун букIана дида. Гьев чи Аллагьасде гIагарав чи ватилинхаян абун бугила гIадамаз МухIамад аварагасда. Цинги гьесие квен лъица кьолебин аварагас гьикъидал, вацасин бицун буго гIадамаз. Гьеле гьев гIагарав вугин Аллагьасдеян жаваб кьола МухIамад аварагас.

Гьединлъидал лъикIлъи гьабизе нигат бугев ва жиндиего бокьулареб жо чияеги гьабуларев вуго динияв чи.

 Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.