«Шамил тарихалдаса араб заманго букIинчIо»

 

    Республикаялъул миллиял газетазул коллективалгун дандги чIван, гьал къоязда нижер редакциялдеги вачIун вукIана Виктор Быстров. Гьев ккола гIурус миллаталъул рахъалдаса имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб фондалде вищарав вице-президент. Шамилида хурхун фондалъул хIалтIи гьес машгьур гьабула Гъизляр мухъалда. Журналистазулгун дандчIваялда Быстровас бицана КIудияв имам гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул юбилеялда хурхун дагьалъ цебегIан ДРялъул хIукуматалъ къабул гьабураб программаялъул хIакъалъулъ («ХIакъикъаталъул» цересел номеразда бахъун букIана гьеб).  

Гьелда тIасан гьадинаб гара-чIвари ккана Виктор Быстровасулгун нижер.

 

— Виктор Викторович, гьаб­сагIаталда (Кавказалъул рагъ лъугIун гIезегIан заман ун хадубги) имамасул цIаралъул ки­наб кIвар бугеб нилъер заманалъе?

 

   — Гьебщинаб мехалда жаниб гьеб суал кIочон тараб заманго букIинчIо. Цояз гьадин бицун, цогидаз – батIайисан. Долдаса нахъего гьоркьоб къотIичIелъидал Шамилида сверухъ бугеб бахIс: цояз гьев рикIкIуна БахIарчилъун, миллияв цевехъанлъун, цогидаз абула гьабизе кколароанин дос доб къеркьей, гьагъалщинал гIадамалги гъурун, росабиги чIунтизарун. Гьединлъидал къваригIун буго гьел харбазе ахир лъезе — имамасул унго-унгояб хасиятги доб мехалда гьесда сверухъ лъугьараб хIакъикъатги кинаб букIарабали халкъалда бичIчIизабизе.

    Дида ккола советияб пикруя­лъул хутIел батилин гьел Шамилил хIакъалъулъ тIиритIизарурал сурукъал харбалги. Турказулгун ингилисазул жасуслъунгицин гьавулев вукIинчIищ гьев цо заманалда. ХIакъикъат тIатилин хIинкъун, кигIан кIваниги гъоркь къинабулеб букIана гьесул рахъалъ батIияб пикру. Гьанжего-гьанже буго гьеб дагь-дагьккун къватIибе бачIунеб. 

    Дица гIемер цIалана Кавказа­лъул рагъуда тIасан тарихчагIаз гьарурал хъвай-хъвагIаял. Байбихьуда иш ракълидалъун тIубазе къеркьолев вукIун вуго имам, щайин абу­ни биял гIодоре тIезе бокьичIолъиялъ, руччабигун лъималазда, харабазда гурхIун. Амма доб мехалда букIараб пачаясул хIукуматалъ гьесда цере лъола тIуразе кIоларел шартIал. Гьел тIуран рукIараланиги, халкъалда Шамил вичIчIизе вукIинчIо.   

    Гьединго дица цIалана гIурус тарихчагIаз данде ракIарарал баяналги. Масала, гьенир батIи-батIиял гIадамаз бицунеб буго Калугаялда имам Шамилица гIарцул рахъалъ кумек гьабулаанила лагълъиялда рукIарал жидер умумузе, гIурусазе (крепостные крестьяне – авт.). Гьединго имамас гIурус пачаясухъе кагъатги хъван букIун буго гьеб крепостное право абураб лагълъиялдаса гIадамал тархъан гьареян.

— ???

    — У. Буго гьединаб кагъат (письмо-прошение). КъваригIарав чиясда Москваялда тарихалъул музеялда батула гьеб. Шамилил хIакъалъулъ бахъараб энциклопедиялда дидагоги бихьана1 .

ПалхIасил, имамасул хIакъа­лъулъ битIараб бицине къваригIун буго гIун бачIунеб гIелалда. Дица абулеб гьечIо Шамилил хIакъалъулъ гIицIго лъикIаб жо гурони хъвазе бегьуларилан. Гъоб дица рехсараб энциклопедиялда рихьизарун руго гьесул цогидал гIамалалги. Амма щиб батаниги, битIараб бицине тезе ккола.

   ГIолилазда гьанже тарих, хасго нилъерго тарих, цIакъ мукъсанго гурони лъалеб гьечIо. Яги бищунго гьев имам лъалев гIолохъанчиясдагицин кколеб батула Шамил гIицIго магIарулазул БахIарчи вукIанилан. Гьезда гIайиб щиб, цо-цо мехалда чIахIиязгицин абула гьедин. Тарихалдасан нилъеда лъалелъулха гьесул аскаразулъ батIи-батIиял миллаталги рукIараблъи. Хасго асир гьарурал гIурусал – хадуб гьез ярагъ гьабизеги малъун буго Шамилил рагъухъабазда.

— Дуца цебехун ракIалде щвезабуна имамасе иш ракълидалъун гьабизе къваригIун букIараблъи. Гьелъие ресал рукIанадай?

    — РукIанин тола дица, гьан­желъагIан цIалараб литератураялдаса босун абуни. Амма кIалъан рагIи данде кколарев чиясул хIакъалъулъ гIадин, Шамилил хIакъалъулъ пачаясда батIайисан бицун батизе буго гьев вокьуларел чагIаз. Гьанжеги гьечIищха гьединалго гIадамал, лъикIав чи квешав вугилан чIезабулел. 

1Амма Шамилил тарих лъазабулев гIалимчи ХIажимурад Доногъоца абуна жинда гьединаб документ бихьичIила. Гьединго Калугаялда имам Шамилица хIаракат бахъулаанила пачалихъалъул суалазда гьоркьове лъугьинчIого чIезе. Имамасе кIвар бугеб аслияб суал букIанила жив хIежалде ине виччай.    

 

Зульфия ХIажиева