«Мунго дудаго божичIони, магIишат цебетIоларо»

 

    Шамил районалъул МачIадаса АхIматIов Ибрагьим лъаларев ва гьесул бицунеб рагIичIев чиги къанаг1атги ватиларо магIарулазда гьоркьов. Гьес нухмалъи гьабулеб Гъизляралъул «Концерн КЭМЗ» ОАОги буго дунялалдаго машгьураб предприятие. Хасго чIахIи-чIахIиял заводазда тIад цебего къоноги чIвараб, заманаялъул «гудракьа рорчIизе» кIвечIого гьел хIурудахъ араб мехалъ, жакъаги АхIматIовас нухмалъи гьабулеб заводалъул гуч буго.

    Араб анкьалъул ахиралда редакциялде вачIарав Ибрагьимилгун харбида рукIана ниж. АхIматIовас бицана миллияб газеталъулгун жиндир киданиги гьоркьоблъи тIечIиланги, заводалъул жакъасеб хIаракаталъулги, санкциязулги, дандчIвалел квалквалазулги ва цогидалъулги хIакъалъулъ.

 

    «Сахал гIадамал рихьулел гьечIо, цере чIаниги»

    — Жакъа нилъер пачалихъалда хIалтIулев чиясул гьабулеб къимат бихьулеб гьечIо, — ян байбихьана Ибрагьимица. – Мисалалъе росизин халкъияб информациялъул алатал. Цебе, дун гIолохъанаб заманалда, телевидениялдасан, хIатта кинофильмабаздасанги, рихьизарулел чагIи рукIана захIматчагIи. Вехьасул, дояркаялъул, хурухъабазул, гьез гIетIги тIун гьабураб магIишаталъул кIудияб адабалда бицунаан. Гьанже балагье, щал рихьизарулел ва щал реццулеб ругеб телевидениялъ, газетаз? Артистал, кочIохъаби ялъуни ботIрода жанир гьури бахъарал, блогерал ругин жалин чIарал цо къавмалъул бицуна киса-кибего. Бащдал толохIочарал, тIадагьаб хьвада-чIвадиялъул артисткаби ялъуни кочIохъаби — гьел руго жакъа ссиялда. Амма инженералги махщелчагIиги кIочон тун ругеб гIадаб хIисаб буго.

   РакIалда буго, «Рен-ТВ» каналалъ жидерго эфиралдасан чанго нухалда бицана Гъизляр шагьаралъул х1акъалъулъ. Амма гьезул хIалтIухъабаз бачIинахъего абуна, нужер заводалъ гьабураб хIалтIиги, хIадур гьарурал алаталги, нужер бергьенлъабиги хIажат гьечIила жидер каналалъе. Жидеца, тIоцебесеб иргаялда, бихьизабизе бугин щиб бак1алда кьвагьи гьабурабали, чIваравали, лъица кибехун чороклъи гьабурабали. Гьелейин жидер аудиториялъе къваригIараб тема. Лъица гьелде гьел ругьун гьарурал? «Щуабилеб колоннаялъ». Гьез гьабуна Чачаналда рагъги, гьез нуцIа рагьана кинабго чорокабщинаб, нахъегIанаб, къабихIабщинаб гIала-гъважаялдеги.

   СШАялъул вукIарав президент Джордж Бушица рагьун абуна жидеца барахщичIого 30 миллион долларги кьун, Россиялъул журналистал жидедехунго (СШАялъул сиясаталде) руссинарунин абун. Гьаризеги гьаруралъулха. Щибха гьел журналистаз хъурулеб букIараб жо? Нилъ (дунги цогидал магIишатчагIиги) ругин щибниги гьунарги такъваги гьечIел тухьулаби, щибниги гьабунги бажаруларел, кверда махщелги гьечIел пакъирзаби. Нилъер я авиация, я техника гьечIин. Нилъ рагIула рацIцIадал гIабдалзаби.

   Амма бищунго квеш букIараб жо бицинищ, дуца сах-саламаталилан тарал чагIиги гьеб чIандаялда божулел рати. Дир цо лъикIав гьудулгьалмагъ вуго гIемерал соназ Гъизилюрталда судиявлъун хIалтIарав чи. Гьевги вуго цо нухалъ нилъер авиацияго гьечIин чIанда бицунев. Гьесда щиб гьеб лъалеб? Гьев гьелда нахъа вукIарав чийищ? Буго нилъер авиацияги цогидаб къваригIанщинабги. Дунлъидал гьелда нахъа вугев чи.

     Цебе чан завод нилъер букIараб, жакъа чан бугеб? Жакъа базаралда бичулеб бугеб къайи-цIаялъул 90 процент къватIиса бичун босула нилъеца. ЦохIо Турциялъухъа босула 35 млрд. гъурщиде махх. Гьезухъа бичунги босун, нижер заводалъ лъагIалие къватIибе биччала 4-5 млрд. гъурщиде къайи-цIа. Цебе кинабго букIана пачалихъалъул къайимлъиялда, гьединлъидал гьелъухъа кумекги щолаан магIишатчагIазе. Гьанже кинабго хасаб бетIергьанлъиялде, АОязде буссиндал, гьелги мугъ рехун чIана. Жакъа нижер ургъел бугев, кумек гьабизе бокьарав хIаким ватулевго гьеч1о. Гьезие нижеца гьабулеб хIалтIулги, къватIибе биччалеб къайи-цIаялъулги ургъелги гьечIо. Сордо аги, къо аги, кисинире кколел гъурщал къотIугегиян абухъе руго. Узухъда, гьеб бихьичIого хутIулеб гьечIо гIолеб гIелалдаги. Жакъа гIолохъаби Инстаграммабаздасаги Ватцапаздасаги тIезарун, магIишаталдехун, захIматалдехун руссинаризе къваригIун буго. Гьезулъ ватIан бокьи, захIмат бокьи, умумузул магIишат-пишаялдехун гъира цIикIкIинабизе къваригIун буго. Гьеб рахъалъ гIемераб хIалтIи гьабулеб буго нужер газеталъги. Дида гьеб бихьула ва газета цIалула рес кканщинахъе. Гьединго цIакъ рекIее гIуна тарихчи ШагIбан ХIапизовас хъвараб тIехьги, гьебги босун дихъе щвезе вачIун вукIана гьев, — ан бицана АхIматIовас.

Лъидениги мугъчIвазе бегьулеб заман гуро аб

     — Амма гьалдаго цадахъ дие бокьилаан чIагоял, хIалтIулел гIадамазул хIакъалъулъ, махщел бугел чагIазул цIикIкIун хъвалебани нужеца газеталда, — ян абуна Ибрагьимица хадубги. — ЗахIматалдехун гIун бачIунеб гIелалъулъ гъира-цIа базабизе, инсанасул кверазухъа борчIараб цониги махщел гьечIеблъи киназдаго рагIизабизе хIажат буго жакъа газеталъул гьурмаздасан. Лъидениги, я пачалихъалде, яги инвесторазде ракIги лъун мун вукIине бегьуларо. Гьеб жо ракIчIун лъала дида. Лъиениги къваригIун гьечIо мун. Кинабго дуцаго, дурго бетIерги хIалтIун, кIиябго кверги квалквадун гьабуни гурони, лъицаниги кумек гьабуларо. Хасго гьеб цIакъго якъинлъана жакъа, бигьаяб гуреб, экономикаялъул заманалда дагьал захIмалъаби гуро дандчIвалел ругел. Мисалалъе, оборонаялъул заказал цIакъго дагьлъана нижер заводалда. Гьелъие гьадинал гIиллаби руго. Цо бугони, нилъер пачалихъалъ тIубазабун буго жиб яргъидалъун хьезабиялъул рахъалъ хIисабалде босун букIараб программа. КIиабизе, гьелъие гIиллалъун ккана санкциял. Нижехъа гIемераб къайи-цIа босулеб букIараб Китайги нахъе кIанцIун чIана СШАялъукьаги хIинкъун. Заказал къабул гьарулелъул, банкалда бараб жоги гIемер букIуна. ГIарцуда хурхарал тадбирал гьенисалъидал гьаризе кколел. СШАялъ жидергун кредиталъулал къотIи-къаял тIокIал гьариларин хIинкъун, Китайги гьелъул банкги инкар ккун чIана. Санкциял, санкциялин абун бицунеб рагIун гурони, чанцIулго гьелда гъорлъе ккарал чагIазда гурони гьелъул зарал бичIчIуларо. Гьедин ккана нижерги.

   Гьебго Китаялъ гIурал квекIенал кипятильникал сабаблъунги гьаруна нижее. Киназдаго лъалел ратила, 30-40 соналъ церего нижеца риччазе байбихьарал лъим бухIизабулел гьел алатал. ГIадатиял гIадамазе гьезул бугеб хIажалъиги бихьун, цо заманалъ Китаялъги байбихьана гьел къват1ире риччазе. Амма гьел рукIана цIакъго учузаб тайпаялъул. Гьединлъидал гIадамаз гьездаса инкар гьабизе лъугьана. Цинги Китаялъ байбихьана гьел кипятильникал, цо коцониса тIуралгIанги, нижеразда релълъинарун, къватIире риччазе. ГIицIго токалда къазабулеб квар (провод) къокъаб букIана гьезул. Амма кигIан нижеда релълъун риччазеян лъугьаниги, «КЭМЗалъул» гIадал щвалде щварал гьел лъугьинищ? Дагъистан тун къватIисагицин гIадамаз гIарзал рачIине байбихьана заводалде цере нужер кипятильникал лъикIал рукIанин, гьанже нужеца къватIибе биччалеб бугеб чIулдагъулди щибилан. Амма кигIан цIакъ гьеб къотIизабизе лъугьаниги, дида гьеб чIезабизе кIвечIо. Нилъехъе гьел учузал кипятильникал тIубарал фурабаца (чIахIиял КамАЗ автомобилал) раччулел рукIана Китаялдаса. Ахирги, ракIсвакан, дица кверги хьвагIун тана гьел. Заводалда жаниб рагьараб предприятиялда тIадкъана гьезул милат гьабиялъул иш. Къокъго абуни, нилъер Дагъистаналда ва Россиялда гIемер руго гьунарги кверда махщелги бугел гIолохъаби. Амма гьезул ракIбатизабизе, пачалихъалъе гьелги, гьезие пачалихъги хIажат бугилан абураб пикру кисанго рагIизабизе ккола. Гьединлъидал дир хьул буго нужер газеталъги гьеб масъалаялде кIвар кьелин абураб. Нижер заводалда гIемер руго махщел камилал гIолохъаби. РачIа нижехъе, гьабе гьезулгун гара-чIвари, бихьизабе гьезул захIмат нужерго басмаялъул гьурмаздасан. Амма жакъасеб роценалда рекъон балагьани, нужеца гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб гьечIо, хъвалеб батанигицин мукъсанго хъвалеб буго, — ян абуна Ибрагьим АхIматIовас.

 

«ХIисабалъул гIелмуги физикаги нахъе цун буго, гIолохъаби куцалел гьечIо»

 

— Дуца абулеб буго гIолилазул заводалда хIалтIизе гъира бижизабизе къваригIун бугин. Амма кин гьеб гьабилеб? Мисалалъе, чанги гIолилал руго Россиялъул регионаздеги ун, хIажат гьечIеб пишаялде руссун. Гьел рекIеда ратизе щиб гьабизе кколеб, кинаб пикру бугеб нужер заводалъул гьелда хурхун? Ялъуни Лъай кьеялъулги ЗахIматалъулгун социалияб рахъалъ цебетIеялъул министерствабазулгун гьарурал къотIи-къаялищ нужер рукIине ругел?

  — Бигьаяб масъала гуро гьеб жакъа, хIакъикъаталдаги. Нижехъе санайил бачIуна Москваялъул МАИ (Москваялъул авиациялъулаб институт), гьединго Бауманил цIаралда бугеб техникияб университет гIадал цIалул идарабазде гIолохъаби къабул гьариялда хурхараб квота. Амма квеш ккараб жо буго жакъа гьединал къадруял вузазде цIализе ритIизе ярагьунел гIадал гIолилал школазда ратунгутIи. Щай? Щайгурелъул школазда математика ва физика хашго малъулеб букIун, гьелъие лъай камилал мугIалимзаби гьечIого. ИчIго школа бугеб Гъизляралда жакъа вуго физикаялъул анлъго учитель. Дир вас цIалулев вукIана гьенив анлъабилеб школалда. Ахираб кIиго соналъ (10-11 класс) гьев цIалана Москваялда. Дове щварав дун гьесул дневникалъухъ балагьидал, физикаялъул микьго дарс бугоан анкьида жаниб. ГIебеде щведал, Гъизляралъул школалъул директорасда гьикъана анкьида жаниб физикаялъул чан дарс нужер школалда букIунебилан. ЦохIо дарсилан жаваб кьуна гьес.

   Каспийскиялда цо рехун тараб объект букIана. Гьенир цо хIалтIаби гьаризе кколаан нижер заводалъ. Цебе гьениб букIараб къайи-цIаялъул ва цогидалъул хIисаб-суал (рассчетал) гьаризе МахIачхъалаялдаса 75 сон барав инженер ахIизе ккана дица. ГьечIо нилъер гьаниб гьелде кIвар кьолеб. Жакъасев цIалдохъанас букIине кколеб хIалалъ ЕГЭ кьечIони, гьев техникияб цониги вузалде цIализе восуларо. Амма гьеб ЕГЭ нилъер гьанибги Москваялдаги кин бугебали бицинищ нужеда. Моcкваялда, мисалалъе, МАИялде лъугьине ккани, къваригIуна 250 балл, нилъер гьаниб техникияб вузалде росула 116 балл щварал гIолилал. Гьединаб буго нилъер гьанибги добаги лъаялъул даража. Цоги нухалда абуниги, гьечIо нилъер гьанир инженералги, ралел бакIазул махщелчагIиги, электромеханикалги хIажат ругин абураб лозунг, тIалабчилъи.

 

Самолёталдаса нусцIул захIматаб буго вертолёт гьабизе

 

— Гъизляралъул КЭМЗалъ гьанже вертолёталги гьаризехъин рагIулилан гьанже гIагар интернеталда хабар тIибитIарабго, бажариладай гьезухъа щвалде щварал вертолётал хIадуризеги, советияб заманалдасаго гьеб ишалда тIадчIарал заводазе конкуренция гьабизегиян хъвалеб букIана.

   — Гьединаб щаклъи гьезул рекIелъ бижиялда дица щибниги гIажаиблъи гьабиларо, битIун гьабун буго гьез, щакдаризе лъугьин. Амма дун дидаго щаклъун гьечIо, бажарула нижехъа вертолётал хIадур гьарун, бажаризе гьечIолъиялда цо гьитIинабги щаклъи букIарабани, нижеца гьеб иш тIадецин босилароан. Цо мисал бачинин. 2015 соналъ цо захIматаб алат хIадурулаго 12 сагIатги бана нижер хIалтIухъабаз станокалда нахъа, амма гьел къуркьичIо. Гьединал гIолохъаби ругеб мехалъ нижехъа бокьараб жо бажарула, вертолёт гуребги. Амма битIун бицани, вертолёт нусго нухалъ захIматаб буго самолёт гьабизеялдаса. Самолетал нижеца риччалелдасани ункъабилеб сон буго. Исана байбихьана композиталъул корпусалъул цIиял самолетал риччазе.

— Гьединаб самолёталъул багьа кигIан букIунеб?

  — Нижеца гьеб бичула 30 миллион гъурщиде. Амма, нижехъаги босун, мисалалъе, Австриялъ гьеб бичула 280 миллионалде.

  — Дуца абуна санкциял сабаблъун къватIисел улкабазулгун рукIарал цо-цо заказал дагьлъанилан. Гьелда рекъон, пачалихъалъул жанисел заказал цIикIкIинариялдейищ нуж руссарал, яги цоги хиса-басиялищ гьаризе ккарал нужерго хIалтIулъ?

  — Жанисел заказалги дагьлъана. Амма гьениб санкциялда бараб жо букIинчIо, дица цебеккунги абухъе, пачалихъалъ жибго яргъидалъун хьезабиялъул масъала тIубаялъ дагьлъана улкаялъул оборонаялъулал заказал. Гьединлъидал ниж руссана цогидаб жоялде. Дица бицен гьабурал вертолёталги самолёталги рагъулаб бутIаялъе гьарулел жал гурелъул рукIарал, гьел рукIана гражданияб авиациялъул заказал. Гьединго нижеца гьарула «КамАЗ» автомобилазе хIажатаб алат, мисалалъе, рулазул гидроусилителал гIадал ва гьелда релълъараб цогидабги къайи-цIа. Оборонаялъулал заказал лъугIунилан, ниж хIалтIи гьечIого хутIичIо.

ХадурагIи

Гьадинаб гара-чIвари ккана редакциялда Ибрагьим АхIматIовасулгун. ГIемераб жо бицана гьес нижее. Бицунеб букIана тIанчидеги валагьичIого, сабурго, пикрабазе эркенлъиги кьун. ГIемераб жоялда квербарав, чанго батIияб пачалихъалде щун, гьезул рукIа-рахъиналъул, магIишаталъул хаслъаби лъазарурав, бечедаб хIалбихьиялъул магIишатчи вукIин бихьана цоги нухалъ гьесулгун букIараб эркенаб накъиталда. Гьединго бищунго ниж рохараб хIасиллъун гьеб къоялъ ккана «ХIакъикъат» газеталъул нусго экземпляр хъвазеги, редакциялъул конференц-зал къачIазеги кумек гьабилин Ибрагьим АхIматIовас рагIи кьей. Садакъабазги сахаватал гIадамаз кумекалъе бегьараб квералъги ккураб заман бачIун бугелъул, щвараб ресалдаса пайда босулеб буго нижецаги. МагIарулазда гьоркьор гIемерлъаги Ибрагьим АхIматIов гIадал сахаватаб ракIалъул ва къвакIараб яхI-намусалъул гIадамал.

 

Ашахан ЮСУПОВ