«ЧIагояб Дагъистан». Сурукъалги лъикIалги рахъал

 

 

   ДРялъул Миллияб библиотекаялда тIобитIана Москваялдаса журналист Владимир Севриновскиясул тIехьалъул хIакъалъулъ цебелъей (презентация).

  ИчIго соналъ Дагъистаналдеги хьвадун, гьес данде гьабураб тIехьалда цIар лъун буго «ЧIагояб Дагъистан» абураб. Гьенире росун руго нилъер тIабигIат-гIамалалъул, рукIа-рахъиналъул, квен-тIехалъул ва цогидалъул хIакъалъулъ батIи-батIиял басмабазда рахъарал макъалаби.

   Россиялъул киналго регионазда гьоркьоса хас гьабун Дагъистаналъ жиндир рекIелъ ккураб бакIалъул хIакъалъулъ гьадин бицана Владимир Севриновскияс «ХIакъикъат» газеталъе:

 

­   Дида ракIалде ккана Россиялъул киналго регионаздеги щун, гьезул хIакъалъулъ тIехь хъвазе. Гьедин, чанго соналъ цебе къватIибе бачIана «Люди на карте. Россия: от края до крайности» абураб тIехь.

  Хадуб хIукму ккана гьел киналго бакIазда гьоркьоса хас гьабун цоялда тIадчIей гьабизеги. КигIан цIакъ улкаялъул цогидал регионал рокьулел рукIаниги, дица Дагъистан тIаса бищана. Щайгурелъул культураялъул, тIабигIаталъул ва цогидалъул рахъалъ интересаб регион букIин гуребги, сапаралъ рахъине бигьаяб, санагIатаб бакI буго гьеб.

  Доб мехалда, 2012 соналда, Дагъистаналъул имиджги батIияб букIана – республикаялда бугеб унго­унгояб ахIвал-­хIалги Россиялда гIадамаз гьелъул хIакъалъулъ бицунеб хабарги тIубан данде кколароан. Дие бокьун букIана гьеб пикру хисизабизе.

  Гьединлъидалин дун ункъо соналъ Дагъистаналда гIумру гьабунги чIун вукIарав. Хадубги щибаб соналъ гIадин щолаан гьаниве.

 ТIехьалда буго ахираб ичIго соналда жаниб данде гьабураб материал.

Цо халкъалде яги цо росу-ракьалде цIикIкIун кIвар кьун бугищ гьениб?

­   Гьедин ккечIого букIине хIаракат бахъана. Шагьаралги, росабиги, миллаталги, нужер халкъазул рукIа­-рахъинги, мугIрулги, авлахъалги, ралъадги бащадго бихьизабун буго.

Дагъистаналъ гIажаибаб асар гьабула дие. ТIубанго батIи­-батIияб тIабигIаталъул бакI ккола гьеб. Масала, тIолабго северияб рахъ буго авлахъазул цIураб. МугIрузда гIумру гьабулеб буго республикаялъул гIадамазул бащдалдаса цIикIкIараб къадаралъ.

Шагьаразулги буго жиде­-жидер хаслъи. Хасго дие рокьулел шагьаразул цояб ­ МахIачхъала буго хIатталдаса ун гIажаибаб, ракI тIаде цIалеб шагьар. Амма тIоцеве МахIачхъалаялде щведал, виххун хутIун вукIана, дун ккараб бакIго щибин, хъата­масан лъутизе кколин гьанисаян. Дагь­-дагьккун бичIчIана гьеб гьайбатаб шагьар букIин. Гьединабго батана Дербентги.

  Амма дие цIикIкIун росаби рокьула. Масала, кутакалда хирияб Чечень чIинкIиллъиялда бугеб росу.

МахIачхъалаялъул Кировский районалда гъорлъе уна гьеб, гьелдаса гIезегIан рикIкIад букIаниги.

Дуца абуна МахIачхъала гIажаибаб, ракI тIаде цIалеб шагьар кколин. ГIажаибаб архитектураялдалъун гуребги, цоги сундалъун гьеб ракI тIаде цIалеблъун бугеб?

­  Гьелъул архитектураялъ лъикIаб асар гьабулин дица абиларо. Гье­лъул гIаксалда, дир ракI унтула МахIачхъалаялда зама­заманалдасан гъутIби къотIулел рукIиналдаса, Ак­Гель хIор къунеб букIиналдаса.

  Амма асар гьабула МахIачхъалаялда гIумру гьабулел гIадамаз. ТIаде балагьун гьел батIи-­батIиял руго – диналъул, миллаталъул, рукIа­-рахъиналъул, жидедаго цере лъурал мурадазул рахъалдасан. РукIаниги, бахиллъизе бачIуна гьезул рагIидандеккеялда, гъункиялда. Масала, руго цIакъго диниял чагIазул гор­свериял, руго коньяк-­чагъир гьекъон аваданлъи гьабизе гIадамал хьвадулел дискотекабиги, философазул клубалги. Гьединал контрастал къваригIарал чагIазда гьел ратизе рес буго МахIачхъалаялда. Амма лъалев чи цадахъ гьечIони, гьенире рорчIизе захIмалъула.

ИчIго соналъ данде бакIарараб материал инчIин гьеб тIехьалдейин абулеб рагIана. Масала, щиб инчIеб?

­  ТIехьалъе бакIарулеб материал тIадеялдаса тIаде гIемерлъулеб букIана. Гьале гьанже гьеб басма- ялда бахъун хадубги чанго макъала хъвана дица Дагъистаналъул хIакъалъулъ. Азарго экземпляралъул тиражгун биччараб гьеб тIехь бичун ани, ракIалда буго тIаде бачIараб материалги гъорлъе бачун, цIидасан биччазе. Цо-­цо жал гьениса нахъе рахъана композициялъул рахъалъ дандеккечIого. Цогидал макъалаби тIехьалде инчIо дидаго гьенире росизе кIочон теялъ. Масала, гьезул цояб ккола «Лезгинка» ансамблялъул вукIарав тIоцевесев солистасул хIакъалъулъ хъвараб хабар.

 Гьев гьабсагIаталда Америкаялда вуго гIумру гьабун. Кутакалда рекIекълъун вуго дун гьедин ккеял- даса.

ТIехь цIалараз бицана дуца гьениб щибго балъго гьабичIого, сурукъалги лъикIалги рахъал ругеб куцалда рихьизарун ругин.

­   Хварав чиясул хIакъалъулъ лъикIаб гурони, квешаб бицине бегьуларин абула. Гьеб тIехьалда цIар «ЧIагояб Дагъистан» буге­лъул, чIагояб жоялъул хIакъалъулъ лъикIабги квешабги бицине ккеларищха.

Дие цIакъ рекIее гIуна Катя Капустиналъ (Екатерина Капустина,

Санкт­-Петербургалдаса этнограф авт.) Дагъистаналъул рахъалъ загьир гьарурал пикраби: «… в первый раз я не очаровалась, так как мне это было чуждо.

А на следующий год влюбилась по­-настоящему. Меня завораживало буквально все. Любой чабан мог уйти за мечтой и поступить в институт. Никто не сидел на месте, все что-­то делали, и, пусть у них часто не получалось, для меня фраза «на движениях» — до сих пор синоним Дагестана. Потом первая влюбленность прошла, страсти поутихли. Я обнаружила, что любимый и храпит, и косолапит. Если этот момент преодолеть и не разочароваться, то любишь уже со всеми недостатками. Сейчас я все равно что старая жена, которая может прикрикнуть: «Не чавкай!» — но это тоже от любви. Хотя множество мелочей меня страшно бесит».

  Гьеб макъалаги босун буго тIехьалде. Катял рагIабазул магIна ккола гIунгутIаби рукIаниги­ рукIинчIониги, гьелъие Дагъистан кутакалда рекIее гIун букIин, гьелда гьеб тIокIкIун лъан букIин.

МахIачхъалаялъгун Чечень чIинкIиллъиялъ тун батIияб, цоги кинаб росу-ракьалъ мун асир гьавурав?

­  Юждагъалда бугеб КIусур росдаца (Рутул районалда бугеб магIарулазул росу; гьелъул гIадамал гочун руго Бабаюрт районалъул Гъамбулат хъутаналде авт.). Амма дир рекIее бокьичIо  исана хасало гьениса ахирисев чи нахъе ун вукIин (гъоркьисагицин лъабго-­ункъо чи вукIана гьенив авт.).   

 Гьединлъидал кигIан дие цIидасан дове ине бокьаниги, янгъизго хутIарал минаби рихьани, кутакалда захIмалъизе буго рекIее.

ХIукуматалъ машинадул нух бахъаницин жал росулъе руссинин абулеб букIана гьеб росдал гIадамаз.

­  Яндекс ­картаялда бихьизабулеб буго КIусуралде гьединаб нух букIин. Лъаларо, хIакимзабаз документазда бихьизабун батилаха гьенибе нух бахъун бугилан. ПалхIасил, ахираб заманалда дун гьеб рахъалде, Юждагъалде, гIемер щола. Щайгурелъул бакътIерхьул Дагъистаналда лъаларебги, дица хIетIе чIечIебги бакI хутIун гьечIо.

ТIехьалде тIадруссани, гьелдаса кинабгIаги разилъи гьечIолъи хутIун бугищ дур?

­  Авторасул кидаго букIине ккола гьеб – жиндирго асаралдаса разилъи гьечIолъи, дагьа-­макъабниги ракI рекъонгутIи. Гьединго дидаги ракIалде кколеб буго байбихьуда – гьанжего ­гьанже Дагъистаналдеги щун, рохалил цIураб асаралъ кодове восун хъварал макъалабазулъ цо жо гIолеб гьечIин, гьанже – республика цIикIкIун лъайдал, дица гьел батIайисан хъвалаанин.

Дагъистаналъул хIакъалъулъ хъвазе хIисабалде босараб аслияб материал хIадурун бахъаниги, рес кканщинахъе дун щвезе вуго нужехъе.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.