БежтIа участокалъе районалъул статус къваригIун буго

 

      40 сон Краснодаралдаги бан, гIагараб БежтIе тIад вуссана ХIусен ХIайбулаев. Екатеринал шагьаралда Олимпиялъул резервалъул школалъул директорлъун хIалтIулев вукIарав машгьурав спортсменас 2019 соналъул июлалдаса нахъе тIуразарулел руго БежтIа участокалъул нухмалъулесул ишал.

  БитIараб бицани, спортсменал политикаялде рачIунел рукIиналдаса цо-цо чагIазул бугеб разилъи гьечIолъи дидеги «бахун» буго. Амма БежтIа бараб кIиго къоялда жаниб ХIусенилгун ккараб лъайхъваялдаса хадуб дир гьеб пикру тIубанго хисана. Щайин абуни, гIодоса эхедего хас гьабун муниципалияб хъулухъалде хIадурарав чиясда гIадин, тIокIкIун лъалел ругоан гьесда БежтIа участокалъул масъалаби. Бихьулеб буго гьел тIуразе ХIусенил бугеб гъираги гьелъие гIураб даража букIинги.

       Гьелъулъ жиндие кIудияб квербакъи спорталъги гьабунин бицана гьес нижергун букIараб гара-чIвариялда.

Гьединлъидал рехселин ХIусен ХIайбулаевасул спортивияб карьераялдаса хIужжабиги. Гьеб халат бахъана 1981 соналдаса 2000 соналде щвезегIан.

Росулъ школа лъугIун хадув ХIусен цIалана Краснодаралда, физкультураялъул институталда. Цинги ана армиялде. Гьениса вуссиндал, цIидасан Краснодаралдего ана.

Институталда ва хадув армиялда тIадчIей гьабуна самбоялда ва дзюдоялда.

    Гьев самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъана щуго нухалда, ункъо нухалда – Европаялъул чемпионлъунги. ЩуцIул щвана дунялалъулго кубокги. Бергьана Олимпиадаялъул гурел спорталъул тайпабазул рахъалъ ункъо соналда жанир цоцIул тIоритIулел тIолгодунялалъул хIаязда.

     ХIусеница спорталъулгун къо-лъикI гьабуна 2000 соналда. Лъималазда цо приём бихьизабулаго, мугъзал гьодалъе жагъаллъи ккун буго гьесие. Гьедин ХIусенида тIадкъала тIадегIанаб спортивияб махщелчилъиялъул школалъул директорасул заместителасул хъулухъ. Дагьаб заманалдаса гьев вахъана гьелъул директорлъун — Олимпиялъул резервалъул школаян цIар хисана гьелда.

    Гьебго заманалда ХIусен заочно цIалана МВДялъул Университеталдаги.

    ГIезегIан шапакъаталги руго гьесул – «ВатIаналда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» кьолеб орденалъул 1 ва 2 даражабазул медалал, «Кубань цебетIезабиялъе гIоло» кьураб Кубаналъул тIадегIанаб меседил орден, «Россиялда Олимпиялъул багъа-бачари цебетIезабиялъе гIоло бахъараб хIаракаталъухъ» кьолеб Россиялъул Олимпиялъул комитеталъул орден ва цогидалги.

    2017 соналде щвезегIан Олимпиялъул резервалъул школалъул директорлъунги вукIун, гьелдаса хадув ХIайбулаев Дагъистаналде гочана. Ахираб кIиго сон буго БежтIа участокалъул нухмалъулесул ишал тIуралев вугелдаса.

 

ТIОЦЕРЕСЕЛ МУГIАЛИМЗАБИ

 

— ХIусен, БежтIа гIурав дуда самбоги дзюдоги кин лъараб?

       — Сверухъ ругел районаздаса лъималги рачIун, щибаб маялъ гугариялъул къецал тIоритIулаан БежтIа. Музгар Ражабов абун тренерги классалъул нухмалъулевги вукIана нижер. Гъоб мехалда киналгIаги спортзалалги рукIинчIо гьанир. Гьединлъидал хIурул цIурал, басриял матабиги тIиритIун, классалда жанир ругьун гьарулаан гьес ниж.

       Цинги микьабилеб классалде рахъиндал, ниж куцазе лъугьана доб мехалда районалде нухазул магIишаталъул начальниклъун вачIарав Расул ГIалихIажиевас. Гьев кколаан чидаоба абулеб гуржиязул гугариялъулги, эркенаб гугариялъулги, самбоялъулги рахъалъ спорталъул мастер.

     Гьеле гьесдасан щвана дие самбоялъул рахъалъ тIоцебесеб хIалбихьи. Школа лъугIун хадуб цIализе росдал магIишаталъул институталдедай иневин вукIарав дир пикру хисизабуна нижер росуцояв, художник Зубайр МухIамадовас (кватIичIого гьесул суратазул выставка тIобитIизе буго нижеца БежтIа, живго гьев Санкт-Петербургалда вуго гIумру гьабун).

     Зубайрица абуна щайдила дуе росдал магIишаталъул институт, Краснодаралда бугила физкультураялъулгун спорталъул институт, гьениве айила цIализе. Гьедин ккана дун дове. Амма цIакъ кIудияб конкурс батана эркенаб гугариялъул отделениялда. Гьединлъидал дун самбоялъулалде ана. Доб мехалда аттестаталда 4,5 балл бугев чияс самбоялъул отделениялде лъугьине ккани, кIиго экзамен кьезе кколаан – специализацияги биологияги. Специализация дица кьуна «щуйилалда» – самбоялъул приёмалги рихьизарун. Биологиялъе щвана «ункъилаб».

       Гьенив цIалулаго, лыжабазда хъещтIезе, гьединго спорталъе гьунар букIинги бихьун, тренер Геннадий Поторокаца дзюдоялъеги ругьун гьавуна дун. Гьедин тIоцересел къецазде ана Типлисалде.

 

КРАСНОДАР

 

— 40-гIан соналъ Краснодаралда гIумруги гьабун, жеги къадруяб хъулухъалдаги вукIун вуго мун. Амма гIемер рагIула кавказиязулгун бакIалъул гIадамазул миллатчилъиялда хурхарал тунка-гIусиязул, дагIбакъецалъул хIакъалъулъ.

     — Гьединал хIужжабиги камуларо. Масала, Олимпиада байбихьилалде гIемер бицунеб букIана гьениб КIудияб мажгит базехъин бугин, амма тIасахун гьелъие квалквалал гьарулел ругилан. Гьале жакъа къоялъги гьечIо Краснодар краялда цониги мажгит, гIицIго какал ралел гьитIинал рукъзал гурони. Рузман базеги цогидаб къваригIелалъги бусурбаби КIудияб мажгиталде, Адыгеялде уна. Краснодар краялда «Немецкая деревняялда» гIагарлъухъ буго чанго соналъ цебе бараб как балеб кIитIалаяб рукъ – хвел букъизеги цогидалъеги кутакалда кумек букIуна гьелъул. Дагъистаналъул муфтияталдаса витIарав имамги вукIана гьенив хIалтIулев. Амма, уставги цогидал документалги рагIа-ракьанде щварал гьечIолъиялъ, гьанже къалеб бугилан рагIана гьеб.

     Гьединго гIемерисеб жо нилъедаго барабги буго – гьоболлъухъ араб бакIалда нилъерго рокъор ругел гIадатал рилълъанхъизаризе лъугьине бегьуларо. Нилъералин абуни (киналго гурелха), лъугьуна тIасан кканщинал жал гьаризе, бакIалъул гIадамазул адаб рехун тараб куцалда хьвада-чIвадизе. Гьединлъидал гьединазе законги гьабула. Амма гьебги квеш букIун, ахIи-хIур бахъинабизе, кумек тIалаб гьабизе журала. АнцIгоялде гIагарун соназ Дагъистаналъул жамгIияб гIуцIиялъе нухмалъи гьабуна дица, гьединлъидал гIемер рихьулаан гьединал чагIи. Цояз телефонал рикъун, цогидаз руччабазда зулму-хIал гьабун, лъабабилез щалалиго кьабун, ункъабилел – вокзалазда гьардухъ лъугьунел ратун, автобусалдаги рекIинарун Дагъистаналде ритIулаан. ПалхIасил, аслияб куцалда гьединал рукIунаан нилъеразда хурхарал гъалмагъирал. ДРялъул хIукуматалъ Краснодар краялда тарав официалияв вакилгун цадахъ лъугьун тIуралаан нижеца ракьцоязул суалал. Краялъул чанго шагьаралда тун рукIана нижерго вакилзабиги.

     Гьединго нижеца гIезегIан тIоритIулаан Дагъистаналъул культура бихьизабулел тадбиралги. ГIуцIун рукIана кьурдабазул кружокал. Краялда гIумру гьабулел къадруял ракьцоялги ахIун, санайилго кIодо гьабулаан Дагъистан гIуцIараб къоги. Краснодар шагьаралъулгун краялъул нухмалъулез кIудияб кумекги гьабулаан нижее.

 

— Дуца нухмалъи гьабураб Олимпиялъул резервалъул школалда дагъистаниялги рукIун ратила ругьун гьарулел?

 

    — РукIана. ГIемер миллатал журараб школа кколаан гьеб – нилъералги, гуржиялги, эрмениялги, грекалги – камурав чи вукIинчIо.

     Жидерго ракьцояв гьенив нухмалъиялда вукIин лъайдал, Краснодаралда цIалулел студенталги рачIунаан гьенире, гьадинго, жалго лъадаризе. Лъабго тайпаялъе ругьун гьарулаан гьенир — эркенаб гугариялъе, дзюдоялъе ва самбоялъе.

 

«ВАТIАНАЛДАСА ТIУН ЧIЕЧIО ДУН»

 

— Мунго вижараб росу-ракьалъулгун кинаб бухьен дур букIараб?

    — Дица хIаракат бахъулаан щибаб соналъ БежтIе щвезе.

— Гьеб кинабгоги тун гьаниве, БежтIа участокалъул бетIерлъуде кинха ккарав?

     — Чияр ракьалда вукIунилан, тIубан ватIаналдаса тIун чIечIелъулха дун. Росулъе, республикаялде щванщинахъе дандчIвалаан цере нижер гьанир рукIарал нухмалъулелгун, гьудул-гьалмагълъигун, росуцоялгун. Гьединлъидал гьез бицунги, дидаго бихьунги лъалаан нижер росабазе къваригIараб-тараб. Масъалаби абуни, гьанир дагьал гьечIо. Масала, тIоцебесеб иргаялда нижее къваригIун буго БежтIа участокалъе районалъул статус чIезабизе. Ахираб 30 сон буго гьелда БежтIа участокилан абулелдаса.

     Ниж ЦIунтIа районалда гъорлъ ругеб мехалда мугIрул габурлъиялда нахъа ругел Кидеросаги цогидал росабалъаги гIадамазул гIарзал гIемерлъун рукIунаан жидее райцентралде рачIине захIмалъулеб бугилан, нух рикIкIад бугилан. Гьеб мехалда гьабураб рикьи букIана гьеб – БежтIа участокги гьабун, ЦIунтIа районалъул центрлъун Кидеро лъазаби.

    Доб мехалда республикаялъул бетIерлъуда вукIарав МухIамадгIали МухIамадовас заманаялъе гьабун букIараб гьеб хIукму юридикияб рахъалъ жеги цойиде ккезабун гьечIо.

     Гьелда бан киса-кирего нижеца хъварал кагътазе чIванкъотIараб жавабги щолеб гьечIо. БежтIа участок районлъун лъазабунгутIиялдалъун нижее гIемер квалквалал кколел руго. Мисалалъе, гьечIо документациялъе хIажалъулеб нижго бетIергьанаб код (заманалъулаб код гурони). Гьединлъидал нижехъа ракIарарал транспорталъул налогал ЦIунтIа районалде уна. Гьеб мехалда дагьлъун рихьула нижеца ракIарарал налогалги, гьелда рекъон дагьлъула тIад буссун республикаялъул бюджеталдаса нижее биччалеб гIарацги. Гьебги хIисабалде босун, исана дида кIвана шагьранухал къачIазе ЦIунтIа районалде биччалеб гIарцул бащдаб БежтIе битIизабизе. Гьелъие квербакъана ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магIишаталъул министерствоялъ. Гьеб гIарац харж гьабизе буго Балакурисан бахъулеб нухалда тIад.

      Гьединго нижер рес гьечIо улкаялъул ва республикаялъул даражаялда тIоритIулел цо-цо программабазулъ гIахьаллъизе. «Мой Дагестан – комфортная городская среда» абураб миллияб проекталда рекъон, араб соналъул ахиралда БежтIа рагьана лъималазе расандизе бакIал ругеб парк. Амма кагътида хъвай-хъвагIай гьабуна гьелъул заказчиклъун росдал администрация кколилан.

 

РАЙОНАЛЪУЛ СТАТУС ГЬЕЧIОЛЪИЯЛЪУЛ КВАЛКВАЛАЛ

 

— ХIукуматалъе гьедигIан захIматаб жойищ гьеб – участок районлъун лъазаби?

    — ХIакимзабаз жаваб кьола гьедин гьабуни, цогидалги рачIунила жидееги бокьун бугин лъидасаниги ратIаги тIун, район гIуцIизе абун.

— Гьелдаса рорчIизе нух бихьулеб бугищ дудаго?

   — Буго. Дица гьеб бицина ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасда. КватIичIого нижехъе рачIине руго МахIачхъалаялдаса гьалбал. ГьабсагIаталда чIванкъотIун лъаларо живго Меликовищ вачIинев вугев, яги хIукуматалъул делегацияйищали. Амма кин батаниги, хьул буго республикаялъул гьанжесеб тIалъиялда, хасго Меликовасда, нижер къварилъи бичIчIилилан. Районалъул статус чIезабиялда цадахъго, нижер гьаниб чара гьечIого тIубазе ккола нухазул суалги. Масала, Балакури участокалда шагьранухлул лъабго-ункъо километр буго гIатIид гьабизе кколеб. «Мой Дагестан – мои дороги» абураб миллияб проекталда рекъон, гьеб рагIалде бахъинабизе ракIалда буго нижеда.

   Гьаризе ракIалда ругел ишал гIемер ругоан нижер, амма бюджеталъул мукъсанлъиялъ гьелъие рес рекъолеб гьечIоха. Бихьуларищ администрациялъул минагицин хутIун бугеб куц (гьелъул кIиабилеб тIала буго сверун хъорщоца къараб, амма жаниб тIокIаб хIалтIи гьабичIого тараб – авт.).

   Участокалъе хIажатал социалиябгун экономикияб кIваралъул объектазул (масала, Культураялъулгун Спорталъул кIалгIаби) сияхI битIун буго нижеца республикаялъул тIалъиялде. Гьанир цониги школалда гьечIо спортзалал.

   Гьединлъидал бажаруларо хасало киналгIаги спортивиял тадбирал тIоритIизе. (Амма гьелъул магIна кколаро нижеца спорт тIубан рехун тун бугин абураб. Гуро. Нижер гьаниб кутакалда цебетIун унеб буго футбол, волейбол, гугари, самбо, дзюдо. БатIи-батIияб заманалда БежтIа участокалда рахъарал БахIарзазул, машгьурал гIадамазул цIаралда тIоритIула турнирал).

    Нижер участокалда гьечIо Культураялъул кIалгIаги. Администрациялъул минаялда жаниб бугеб гьитIинабго рукъ хIалтIизабула участокалъул дандеруссиназеги къватIиса гьалбалги рачIун гьарулел батIи-батIиял тадбиразеги. Амма гьенибги 30-40 чиясе гурони бакI гьечIо.

    Исана нижеда ракIалда буго участокалда кIиго ФАП базеги, ХашархотIа рагьараб спортивияб объект базеги.

    Республикаялъул хIукуматалде битIараб доб справкаялда нижеца бихьизабун буго Балакури росулъ 60 лъимералъе бакI бугеб ясли-ах базеги. Гьединго «100 школа» абураб программаялда рекъон, гъоркьисала Кьадали, Гьунзиб, Гъарбулъ, Балакури росабазул школазда хисана гордал-нуцIби, лъуна хIухьладалъун хинлъизарулел батарейкаби, къачIана къадал, мокърукь бакIал, чIабар. Республикаялъул Лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министерствоялъ гьелъие биччан букIана 12 миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ. Гьел школазда гьоркьоб бищунго басрияб буго кьадалисезул. Гьединлъидал гьенир киналгIаги хIалтIаби гьаругеян чIун рукIана росдал гIадамал. Щайин абуни, гьел хIинкъун руго 1940-1950 соназдаго бараб цIулал гьеб школа гьанже тIаса-масаго къачIа-кIатIанги тун, цIияб школа кьучI лъечIого хутIилилан. Басралъиялъул кутакалъ цо рахъалдехун гьетIунгицин буго гьеб. Амма нижеда гьеб гьедин тезе ракIалда гьечIо. Кьадали 80 лъимералъе бакI бугеб школа хIажат бугилан ахIи балеб буго нижеца республикаялъул тIалъиялде.

    Гъарбулъ росулъги беццилеб хIал букIинчIо гьеб рахъалъ. Борхатаб магIарда бараб кIиго корпус буго школалъе бихьизабураб. Росулъа чагIазул минаби ккола гьел. Амма некIого басралъарал, жагъаллъарал гьел рукъзал тIубан цIи гьаруна нижеца. КIиго класс гурони букIинчIеб бакIалда анкьго класс лъугьунедухъ тIадеги бакIалги рана. БакIал гьечIолъиялъ, кIиго смена гьабун, цIалулаан гьенир лъимал. Исана абуни цо сменаялде рачIине руго.

— Лъимал гIунгутIиялда бан къарал школал кканищ нужер участокалда?

   — КкечIо. ЦохIо лъимер цIалулеб бугонигицин, школал къагеян гурищ Владимир Путиницаги лъазабун бугеб.

    Амма нижер гьанир бищун дагь лъимал руго Гьунзиб росулъ – 20- 21 лъимер. АскIоб бугеб Кьадали росулъе щуго километралъул манзилалда гьел хьвадизаризе бокьун гьечIо нижее. Хасго квачараб мехалда гьеб данде кколеб жо гуро.

 

 

ГIОРХЪАБИ ЦIУНУЛЕЛГИ ТУРИСТАЛГИ

 

— БежтIе рачIунеб бакIалда чIарал гIорхъаби цIунулез документазул хал гьабун бахъинегIан, саламатаб заман бана нижеца. Нужее гьезул квалквал букIунищ?

     — Гьел гьенир рукIиналъ гIезегIан парахалъи буго. БатIи-батIиял байрамаздеги ниж гьелгун цадахъ хIадурула. Щиб къваригIаниги, нижее хIалаеги ратула гьел.

 

     Амма гьез тIалаб гьабулеб низам хвезабизе бокьарал чагIаз абизе бегьула гIорхъаби цIунулезул жидее квалквал бугин. Расги къваригIел гьечIониги, кодоб бугонигицин, паспорт бихьизабиларин, гьезда данде къотIаризе, дагIбадизе лъугьуна цоцоял. ГIададисеб жо гьечIищха гьеб? Киназего гIаммаб законлъидал гьеб, гIадахъ босизе ккеларищ.

— Нужер гIадамазул бетIербахъи аслияб куцалда сундасан бугеб?

     — Жалго бетIергьанал магIишаталги хIалтIизарулел ракьалги руго гьезул — боцIи хьихьула, хIан бахъула (бежтIадерил хIан), картошка гIезабула.

— ГIорхъаби цIунулезе бичизе бегьуларебищ гьез гьеб?

      — КъватIиса чагIазулгун гьарурал жидерго контрактал руго гIорхъаби цIунулезул. Нижер гIадамаз школазе, ясли-ахазе ричула жидеца гIезарурал нигIматал.

— БежтIа бараб кIиго къоялъ ниж хIайран гьарун рукIана нужер тIабигIаталъ. КигIан рикIкIада букIаниги, туристалги щолел ратила нужехъе.

     — Россиялъул чанго регионалдаса туристал рачIун рукIана гьанире. Турагентствоялдаса чи вачIараб мехалда дун росулъ вукIинчIо, амма кутакалда разиго ун вуго гьевги. Нижеда ракIалда буго гьалбадерие хасаб маршрутги гIуцIизе, гьел чIезе рукъзалги руго гьанир. Туристазе бокьулеб буго даруяб ицц бугеб рахъги некIсияб лъел гьобоги бихьизе, бежтIадерил хIан гьабулеб, хьитал (гьаькIаь) хьухьунеб куцалъухъ балагьизе.

       Гьеб киналъего кутакалда пайда букIинаан хехлъи гьабун нухал къачIан лъугIулелани. ТIасияб соналда Анцухъан БежтIе рачIунеб шагьранухлул 10-15 километрниги, гIатIид гьабун, лъугIизабизе рагIи кьун буго нухазул магIишаталъул идараялъ. Амма гьенибе хъил гIицIго кIиго-лъабго соналдасан гурони тIолеб батуларо, нухде гъунел гьарчалги цогидабги лъугIизегIан.

— ЧIунтарал, рехун тарал росаби ругищ?

    — Кулаби гурони, гьединал росаби гьечIо. Нижер гIадамал гьедигIан гIемер унаро къватIире. Аниги, хъутабазде – Качалоялде, Караозекалде, Кара-Тюбеялде уна. Гьединлъидал минаби разе ракьал гIоларого, магIарда, кIкIалабахъ ва кулабазда рукъзал гьаризе байбихьун буго нижер гIадамаз гьанже.

 

«МОСКВАЯЛЪУХЪА ИЗНУ БОСИЗЕ ККОЛА»

 

— Ракьалъе «зелёнка» гьабизе захIмат бугищ нужер гьаниб?

 

      — Гьунзиб росулъ хутIизегIан, цогидаб бакIалда щибго къварилъи гьечIо. Гьунзиб, щиб гьабизе кканиги, Малмулкалъул министерствоялдасаги Москваялдасаги изну къваригIуна. Щайин абуни, гьеб ккола федералияб кIваралъул ракь. Цебе гьениб росу букIинчIо. Риидал киналго колхозаздаса гIи-боцIи хьихьизе гIадамал рачIунеб ракь букIана гьениб. Гьединлъидал гьанжесеб Гьунзиб росдал ракьги букIана гIи гочунеб бакIлъун. Гьанжени колхозалги риххун, гьанибе бачIунеб гIи дагьлъун буго.

       Гьединлъидал Гьунзиб бугеб школалъулги гьечIо гьеб «зелёнка» абулеб документ. Дие бокьун букIана росда нахъехун полигон (рищникъулалъул – авт.) гьабизе. Москваялдасан изну босизе кколилан, гьелъиеги разилъи щвечIо.

— Нужер мадугьалихъ, ЦIунтIа районалда, цIакъ гIемер ккола цIаял. ЦIа свинабулезул къокъаби гьечIолъиялъищали, росабалъ тIубарал авалал рухIарал хIужжабиги ккола гьенир. Нужер гьаниб ахIвал-хIал кин бугеб гьеб рахъалъ?

    — Цо талихIалъ, гьанир гьедигIан гIемер кколаро гьединал хIужжаби. ЦIа свинабулезул къокъаги буго БежтIа. ГIицIго цо гIунгутIи буго – росулъ гьезие лъим жаниб цIунизе кIудиял хIавузал гьечIолъи.

— Бабаюрт районалдаги буго нужер лъабго росу. Гьезул кинал захIмалъаби ругел?

     — Качалай, Караозек, Кара-Тюбе росаби ккола гьел. ДРялъул хIукуматалъул хIукмуялда рекъон, 2005 соналда гьезие щвана росабазул статус. Амма хъутабазул ракьазда хурхун республикаялъул закон гьечIолъиялъ, гьеб ракьалда тIад бетIергьанлъи гьабизе бажарулеб гьечIо. Нужеда лъалеб батила, дагьалъ цеве Сергей Меликовги ун вукIана гьениве – северияб рахъалде. Гьесги борхана гьеб суал. Гьединлъидал лъагIалил ахиралдехунниги хъутабазул хIакъалъулъ законги бахъун, иш роцIцIине батила.

      Гурони, гьабсагIаталда бугеб хIалалъухъ балагьун, гьел росабалъ щибниги гьабизе бажаруларо – я школалгун ясли-ахал разе, яги газ бачине, ялъуни нухал рахъизе. Щайин абуни – ниж гьеб ракьалъул бетIергьаби кколарого. Гьадаб Гьунзибго гIадаб масъалаха.

— ХIусен, гIумруялъ дуца гьудуллъи ккураб спорталъул кинаб кумек дуе гьаб хIалтIулъ бугеб?

    — Сабру тIагIарал цо-цо чагIи гIодоре руссинаризе кумек букIуна гьелъул (велъулаго). Чи кутакалда жаниса лъадаризавула спорталъ – кьураб рагIи кквезе, хIалтIулъ чIванкъотIи чIезабизе ругьун гьавула.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.