МухIамад ГIарипов: «Дие данде ккола хIалтIи кьолеб мехалда, дихъа бажариладай гьебилан гьикъулел чагIи»

 

     Ахираб заманалда республикаялда нухмалъулезул гIуна чанго батIияб гIел: умумузул бакIазде рачIана гьезул лъимал. Амма 35 соналъ хиси гьечIого Гъуниб районалъул КIогьори консервазул заводалъул директорлъун хIалтIулев вуго Гумбет районалъул Ингишоса МухIамад ГIарипов.

    Институталдаса хадуб Росдал магIишаталъул министерствоялда хIалтIулев вукIарав гьев Гъоркьияб Гъазданущиве консервазул заводалде витIулев вукIун, ахирги къисматалъ магIарухъе вачана. Гьелъулъ букIана цоги магIнаги – къокъабго заманалда жаниб КIогьоривги хIалтIун, республикаялъул тIалъиялъ МухIамадида тIад къазехъин букIана хIукуматалъул кIудияб хъулухъ. Цере кадраби гьедин гIезарулел рукIиндалха.

    Амма 35 соналда жаниб республикаялда чанцIулго тIалъиги хисун, МухIамад я МахIачхъалаялде тIад вуссинчIого, я жиндирго Ингишове инчIо. Жакъа республикаялъул экономикаялъулъ хасаб бакI ккола гьеб заводалъ. I9 соналъ тIатIалаго заводалъ бергьенлъи босана «Сто лучших товаров России» абураб конкурсалдаги. Россиялда къанагIатаб хIужа ккола гьеб.

    Гьединго кIагьадерил заводалъул цIар рагIана Россиялъул регионазда гуребги, Турциялдагун Германиялдаги.

    Завод хIалтIулеб буго I949 соналдаса нахъе.

     Гьеб киналдаго тIасан гьадинаб гара-чIвари ккана нижергун МухIамад ГIариповасул.

 

 

    — МухIамад, батIияб районалдаса чи хIисабалда, байбихьуда КIогьориве вачIиндал, гIадамазул дудехун кинаб бербалагьи букIараб?

    — Дица гьезда бачIинахъего бичIчIизабуна дун гьаниве диего хайир цIехон вачIарав чи гурев, унго-унголъунги гьезул гIумру лъикIлъизаби мурадалда хIалтIизе вачIарав вукIин. Хадуб байбихьана диего мина базеги ах гIезабизеги. Цинги дирго лъабайго ясги цIалана гьаниб дицаго бараб школалда, хъизанги гьанийго хIалтIана учительницалъун.

   Совхозалъул директорлъун иналде гIакълу дандбазе дун щвана цеве гьаниб совхозалъул директорлъун вукIарав Ругъжаса Чупан Мажидовасухъе. Районалъул тIоцевесев секретарьлъунги вукIарав, дозги веццулев чи вукIана гьев. Чупанидаса хадув тун вугоан МухIамаднаби ГIумаров. Гьесухъеги ана дун.

    — Дида рагIана консервалги къватIире риччан чIечIого, совхозалда гъорлъ ругел росабазул хIажалъабиги тIуралаанин дуца…

     — Доб мехалда завод совхозалда гъорлъ букIана. Гьединлъидал дунго лъикIав лъугьун тIаде росулаан дица гьел ишал. Амма щибго гьабичIого чIаниги, дида тIадкIалъалев чиги вукIунароан.

     Заводалда хурхинчIел суалал тIуразе ресалги гIезегIан рукIана доб мехалда. Совхозалъе щолеб пайдаялъул 90 процент кколаан заводалъе щвараб, гIицIго I0 процент – совхозалъул.

     ХIукуматалъ бокьанагIан гIарацги биччалаан хIалтIулев чиясе: нухал рахъизе, минаби разе ва цогидалъе. ГIицIго заводалъул хIалтIиги гьабун чIечIого, совхозалда гъорлъ ругел росабазул цо-цо хIажалъаби тIураялъе квербакъилинги ракIалде кколаан дида. Масала, ХIотIочIиб росдае къваригIун букIана лъим. Гьезул руччаби хасалоги къаси сагIат кIиго тIубазегIанги къулгIадухъ рукIунаан иргаялда гIертIалги лъун. ТIадежоялъе, Чачаналде гочинарун рукIиналъ доб хIукуматалдаса разилъи гьечIолъиги букIана гьезул гIадамазул.

   Гьедин дица хIаракат бахъана кIагьадерил магIардаса ХIотIочIибе лъим бачине. Жакъа къоялда гьеб лъим росдал гIадамазул рокъо-рокъоб буго.

    Хадурго заводалъул ресалдаса ХIотIочIирги, Хьиндахъги, Гъоркьияб КIогьорибги ясли-ахалги минабиги рана дица. Масала, цо ясли-ах букIана изолентаялъ рацIцIарал походный кроваталги жанир лъураб, жагъаллъараб, цIорораб бакIалда. Дица рана хIухьладалъун хинлъизарулел, киналго санагIалъаби чIезарурал ясли-ахал.

    Дун дове вачIараб заманалда, заводалъул общежитиялъул кIиго рокъоб бугеб 4 классалъул школаян цIарги лъун, кIиго классалда хIалтIулей кIиго учительница йикIана. Гьениса нахъеги рачун, цIияб школаги бана. Гьелдалъун жеги 28 чиясе хIалтIизе бакIалги щвана.

    Заманаялъ къватIиса вачIарав чиясул гIадаб бербалагьи гьабичIо дица киданиги Гъуниб районалъул гIадамаздехун. Масала, ХIотIочIиб росдал хабалазда аскIоб букIана кIудияб цо хур. Дагьабниги жо бажарулел чагIи рачIунаан аскIоре, гьеб хур щвезе жидее кумек гьабеян. Амма дица гьезие инкар гьабуна, щайгурелъул кватIичIого хабзалги цIун, гIадамал рукъизе бакI хутIизехъин букIинчIо росулъ. Жакъа иш гьелде ккунги буго. Гьанже хварал чагIи гьеб хурир рукъула хIотIочIисез.

   ХIабургъарал I990-абилел соназда районалъул кIиго нухмалъулев вачIана дир рокъове цо чагIигун цадахъ, ХIотIочIиб тукенги Хьиндахъ бугеб совхозалъул администрациялъул минаги гьезие бичеян гьаризе. Бокьарас бокьараб гьабуниги, хадуб хъаравуллъи гьечIеб заманги букIана доб.

    Гьез бичIчIизабулеб букIана гьеб ишалда гьоркьоса саламатаб давла диеги щвелилан. Амма дица инкар гьабуна гьеб бакI росдал хIажалъабазе толеб бугилан.

     Гьеб кутакалда лъикIги ккана. Гьале жакъа къоялда совхозалъул контора букIараб кIитIалаяб минаялъуб Хьиндахъ байбихьул школа буго, тукен букIаралъуб абуни ХIотIочI росдал администрация буго. Дол чагIазе инкар гьабичIебани, гьеб мина цо хасав чиясе щвезехъин букIана.

    Генпланги бахъун, мадугьалихъ вукIунев чи тIаса вищизе гIадамазе жидехъего ихтияр кьуна минаби разе, ахал лъалъазе насосазул станциялги рана. Амма ранигищиб, насос къачIазецин гIарацги бакIаричIого ракъвазе тун руго гIадамаз ахал-хурзал. Масала, гьелдаса нахъе араб 28 соналда жаниб цониги нухалда лъалъачIого гьез гьел насосаздалъун. ЦIад базе бегьулилан чIолел руго.

     Гьединго ахикье кIанцIун, хIайваназ гъутIби кваназехъин рукIин рихьун, хъаравул щай гьенив толаревин гьикъана рахIатхварав дица ракьазул бетIергьабазда. Гьеб мехалда цояв вуго абулев жиндиени къварилъи гьечIила гьелъул, жиндир хур гъоба бакьулъегIан бугила, гьенире щвезегIан жеги гIезегIан хурзалги ругила. Балагье цо нилъер гIадамазул гIамал-хасияталъухъ. Дица батIаго дирго эбел-инсул бакI букIиналъищ гьенибе лъим бачараб ва цогидаб гьабураб?

    Цо нухалъ насосазул станция балаго ккаралъулги бицинин.

    Цо нухалда районалдасаги МахIачхъалаялдасаги хIакимзаби рачIун рукIана нижехъе.

     Гьеб мехалда райкомалдеги ахIун, цо хIакимас дида абуна дуца гьабсагIат гъулбас лъейила насосазул станция бан лъугIанин абураб кагътида гъоркь. ВахI, гьелъул магIна щибин лъугьана дун. Дуца гьабсагIаталда гъулбас лъейила, гьаз хадуб лъугIизабулин гьеб станция банилан, тIаса вичIулев вукIинчIо райкомалъул хIаким. МахIачхъалаялдаса хIакимзабазда цебе гьес бахъулеб хIаракат букIанаха живго вихьизавизе бокьараб. Амма документазда гьарурал хъвай-хъвагIаязул жаваб хадуб дицалъидал кьезе кколеб букIараб. Гьединлъидал дунги тIирун чIана, гъулги басичIо.

    — Тахшагьаралдаса хIакимзабазда цеве нечезавурав хIакимас хадубккун мун хъулухъалдаса нахъе рехизе хIилла ургъичIого кин тараб?

   — Гьединал ишаздаса хадуб халкъалъ дир рахъкколеб букIана, гьединлъидал берда бихьулаго дие квалквалал гьаризе нахъе къалаан хIакимзаби. Доб мехалда дир гIезегIан лъай-хъваялги рукIана республикаялда. Гьединго бадирчIваял гьаризеги рес кьолароан дица хIакимзабазеги цогидазеги.

    Дун директорлъун вугебгIан заманалда цониги хIалтIухъанас дида тIасан гIарза хъвараб хIужаги ккечIо. Дица гьезие шартIал чIезарулаан. Масала, байбихьана заводалъул хъаравулзабазе жанир чIезе квегIенаб рукъ баялдаса (цере гьел ведроялда жаниб цIаги бакун, сагулаги ретIун квачан холел рукIунаанин бицуна).

    Дие сундулъго дуруслъи, чIванкъотIи бокьула. Пихъ босун заводалде рачIарал гIадамаздехунги гьединалго тIалабал рукIуна. Масала, метер вачIаян къотIиги гьабун вугев чи жакъаго заводалъул кIалтIа чIун ватана цо нухалда. Амма дица гьесие инкар гьабуна, щайгурелъул гьес гIадлу хвезабун. Гьесул гурелги рукIиндал гъора азбар цIурал пихъил машинаби. Жакъа гьев цеве виччан, метер цогидал къабул гьарун, ахиралда гIала-гъважаги ккун, хIалтIул низам биххулелъул. Гьеб мехалда районалда машгьурал чагIигицин ритIун рачIана дов чияс дида аскIоре жиндихъа пихъ щай босуларебилан гьикъизе. Гьездаги бичIчIизабуна дица гьелъие гIилла. Гьебги гIечIого, жеги цоги цо хъулухъчIужуги йиго гьебго суалалъ аскIое ячIиней. Гьале гьаб дие бокьун босуларин абизе ккана гьелдаги. Дуе бокьарабщинаб гьабулеб бакIищин гьабилан чIана гьей. Гьебги гьабулареб мехалда Гумбеталдаса бахъарав дун гьаниве щвезегIан щай вачIаравилан махсара дицаги гьабуна.

    ПалхIасил, гьабун хIалтIи релълъунеб заман букIана доб. Цо лъагIалида жаниб тIубараб магIарул цо районалдагIанасеб хIалтIи гьабун батана нижеца заводалъул ресалдаса. Хадуб улкаялъул гIуцIиги хисана, совхозги биххана, гьелъухъ рукIарал ракьалги гIадамазухъе кьуна. Гьелдаса нахъе чанго сон индал, цо чи лъугьана дие бадирчIваял гьаризе гьел ракьал рукIахъего тезе кколаанилан. ВахI, бищун тIоцеве дур эмен гурищ гьел нахъе тIалаб гьарулев вукIаравилан гIажаиблъана дун. Жидедаса гIакълуги гIумрудул бичIчIиги бугев чи хIисабалда дуца биччазе бегьулароанин гьеб, мун жидехъ щай гIенеккаравилан гьикъана дос.

   Дица байбихьуда бицана советияб заманалда хIалтIизе бокьарав чиясе хIукуматалъ гIарцудалъун гьабулеб букIараб кумекалъул. Гьелдаго цадахъ кьварараб, гIадилаб заманги букIана гьеб. Масала, Гъуниб больницаялъе кIинусго банка компоталъул кьезе ихтияр букIинчIо дир. Босизе кколаан наряд. ТIаде босанагIан цIикIкIун планги лъолаан.

    Заводалда къанщинаб банка I0- I5 машина цIун къойилго Буйнакскиялде («Нагорный Дагестан») цолъиялде битIулаан нижеца. Гьениса вагоназдаги лъун Россиялъул регионазде баччулаан. Цо нухалда Буйнакскиялдаса ахIун бачIана жакъа битIугейила продукция эхебе, лъезе бакI гьечIила. Гьебго жо нижерги букIана – складалги рагьтIа бакIалги цIун. Цинги дица Буйнакскиялде ахIана жакъа нужехъе продукция битIичIони, дица завод къазе кколилан. ГьедигIанги гIемер букIана баркат.

    Гьанже бугеб ахIвал-хIалалъухъги балагьеха: гIемер руго чIун хутIарал яги хIалихъе хIалтIулел заводал. Гьедин букIиналъул лъиениги ургъелги гьечIо.

    — Нужеца сокалда тIад «Зер гут» абун хъваялъул магIна щиб?

    — БатIи-батIиял магIишатазул директорзабигун цадахъ чанго соналъ цеве Ольденбургалде щун вукIана дун. Гьенир рихьизе лъурал соказул хIал бихьулелъул, гьеб шагьаралъул бургомистрас чанцIулго такрар гьабуна «Зер гут, зер гут!» абун (немец мацIалда «кутакалда лъикIаб» абураб магIна – ред.). Гьелдаса хадуб ракIалде ккана продукциялда тIадги щай гьедин хъвазе бегьиларебин абун.

   — МухIамад, заводги гьелъул магIишатги цIунарав мун гьабщинаб мехалда хъулухъалъ жеги тIадегIан вахинавичIолъи бичIчIулеб гьечIо.

   — Гьебго суал чанго нухалда кьуна дие республикаялъул батIи-батIиял идарабазул хъулухъчагIазги. Дица гьезие махсара гьабуна тIокIцIарал ругел чагIазе гурони кьоларин гьелилан (ХIакъикъаталдаги доб мехалда цо-цо хIакимзабазул рукIана гьединал тIокIцIарал – ред.).

    Амма МухIамадтIагьир ГIабдулбасиров РФялъул росдал магIишаталъул министрасул заместительлъун Москваялде ун хадув, гьесул бакIалда хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместительлъун тезе дир документал тIалаб гьарун рукIана МахIачхъалаялде. Амма гьеб хъулухъалда хадув лъугьинейищ кколев вукIаравалиха, хадубккун дица гьелъул цIех-рехги гьабичIо, гьединлъидал хIасилги ккечIо.

    — МухIамад, гьебщинаб мехалда къвал къараб заводалъулгун къолъикI гьабизехъин бугин рагIана дуца. Гьеб кодобе кьезе ракI рекъарав чи вугищ дуда сверухъ?

   — Дие бокьун букIана коллективалда гьоркьоса чияс гьеб тIаде босизе. Гьединлъидал дица бащдаб лъагIалида жаниб лъабго чиясулгун гьабуна гара-чIвари. Щивасулгун хабарги бицана. Цояс абуна жинда гьеб иш бажаруларин абун. КIиабилесги загьир гьабуна гьединабго пикру: заводалъул жанисеб хIалтIи лъаниги, дуца гIадин, кивего векерахъдун, гьеб тун къватIибехун гьабулеб иш жиндихъа букIине кколеб даражаялда бачине кIвеларилан. Лъабабилесги абуна жиндихъа бажариладайила гьеб. Гьеле гьединал чагIи данде ккола дие. Щайгурелъул, жинда гьеб хIалтIи бигьаго бачине бажарулин абулев чи вукIуна хIакъикъаталдаги гьеб иш тIубан лъаларев чи. ХIалтIи лъалев чияс бигьаго гьединаб ургъел ботIроде тIадеги босуларо.

     Нилъедаго тIаса аниги, ракI унтун нилъецаго гIемераб мехалъ гьабун цо бакIалде бахинабураб хIалтIул къимат гьабизе бокьулеб буго хадур рачIунезги. ГIемераб жо хIисабалдеги босун, дида ракIалде ккана генералияв директорлъун вихьизавизе гьабсагIат бетIерав бухгалтерлъун хIалтIулев вугев МухIамадов Шамил -хIалтIиги лъалев, коллективалда жаниб хIурматги бугев, свак гьечIого хIалтIулев, ракI бацIцIадав инсан.

    Гьесдаги кинабго коллективалдаги гьеб ишги баркун, гьарила; баркат бугеб батайги гьабураб хиса-баси!

   Ахиралда кьезе бокьун буго КIУДИЯБ БАРКАЛА – 35 соналъ дида аскIор рукIарал ТIаса ва Гъоркьа КIогьори, Хьиндахъ, ХIотIочIи, Гъуниб росдал, тIолго Гъуниб районалъул росабазул гIадамазе.

   Заводалде пихъ кьолел рукIарал Гъуниб, ЧIарада, Хьаргаби, Хунзахъ, Лаваша ва цогидалги районазул чагIазе.

   Дихъа мекъи ккараб жоялда тIаса лъугьайинги гьарула.

     АЛЛАГЬ ГУРХIАГИ КИНАЗДАГО!!!

 

 Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.